Авторизация

Хилиплъараб рокьиги чучаб гьудуллъиги

14 сонил ригьалда хилиплъараб рокьулги чучаб гьудуллъиялъулги цо хунзахъелъ хъвараб хабар.

Хилиплъараб рокьиги чучаб гьудуллъиги ГIолилай гIодое йиччан, пашманго, жиндирго пикрабалъ къотIносан уней йикIана. Гьей къокъуней йикIана бетIер борхизе хIинкъун, цо бакIалде ялагьун. Цо къватIул гьой гьелде аскIобеги бачIун цIирцIидана. «Дуе кьезе щиб букIанигIаги букIарабаниха, гороч дихъ...».

Гьоялъул ракI гурхIилел гIадал, чIагоял берал кумекалде хьулгун ралагьана гIолилалъухъ, ва жиндиего щибниги вахIшияб рухIчIаголъи-Инсанасдасан щолареблъи лъан, хьвагIезабулаго рачIгун, аскIоса тIурун ана.

Циндаго ракI гъанцIизабулеб хIапигун цололъан тIурун бачIана берцинаб цIуяб гьой, гьелда хадуб лъугьун бугоан гьабзазул тIел. ГIолилалде аскIобе бачIун букIараб гьелгьел-гьоялъ ццидахун тIадги речIчIун чIидриххизаруна гьел киналго жиндирго «йокьулелда» аскIоса ва недегьго гьелдаги баун, хьибил цун бачун гьебгун ххазабуна гьеб гурхIел-рахIмуялъул асар гьечIеб бакIалдаса нахъе...

Рокьи... ГIажаибаб, недегьаб, хиянат гьечIеб... гьабзазулаб рокьи. ГIадамазул щиб? ГIадамазул кинабго гIаксалда буго.

ГIолилалъул сапар букIана жиндирго бищун лъикIай, цо гурого гьечIей гьудулалъухъе. Гьей уней йикIана жиндирго чорокаб ракI рагьизе ва тIаса лъугьаян гьелда гьаризе...

-Вай, мунги йихьулей гIаданищ?! Дир хирияй яцако Зарема!-янги ахIун гьелда хурхана Заира, нуцIа къиридалго-Унго, дир дуде ракI щун букIараб куц! Щай мун пашманго йигей, ккараб-тараб бугищ? Жание ахIизегIан чIечIого Зарема бищун цебе батараб бакIида гIодой чIана.

-Дун духъе кIвар бугеб ишалъ ячIун йиго...

-Кинал ишалгIаги рукIунел гьабщинаб заманалъ цоцазда йихьичIей кIиго гьудулалъул?!

Ишазул цинги бицинин, бице дурго, щиб хIал бугеб дир йокьулей гьудулалъул? Росасе инехъин гьечIищ? Божилищ, кутакалда анищ буго дур берталъ кьурдизе!!! Щай юцIцIун чIарай... Заремал балагьи рещтIана рамкаялъубги лъун столалда эхетизабураб бахIаразул берцинаб сураталда.

-Заира, рачIа гьасул бицине...

-Гьеб щиб харбие гIажаибаб тема?

Заремаца бер тIаса босичIого хал гьабуна гьедигIан жиндиегоги жиндирго бищун лъикIай гьудулалъеги хирияб куцалъухъ, чIегIерал беразухъ, ияхI бугеб ва хъачIаб сипаталъухъ. Сураталдацин бихьулеб букIана гьесул рухIияб хъачIлъи...

-Бице, Заира, мун талихIай йигищ бетIергьанчигун? Бугищ нужер хъизамалда талихI?

-Лъаларо, щай дуца гьеб суал кIанцIун яхъун кьурабали... Амма дуда бицинчIого, лъидаха дица дирго рекIеда унтараб бицинеб?... Дида лъала ХIажимурадие дун йокьулареблъи, лъала нижер рокъоб талихI рещтIине рес гьечIеблъиги... Киналъего гIилла-дида лъимер гьабизе кIунгутIи. Зарема, дир лъимер букIине рес гьечIо-гьедин къотIана тохтурзабаз... Росасги дун хIехьон тун йиго гIагарлъиялъеги бечедав инсуеги гIолон. Гьадинаб талихIкъараблъун хутIизе буго нижер ригьин абадиялъ... -гьединги абун, Заираца магIу бацIцIана, ва, жиндиего хасиятаб къагIидаялъ, щибниги ккечIеб гIадин, щинкIун гьимизеги гьимун-Дурго щиб бугеб? Бицея, бицея, духъ рокьи ккарав иргадулав гIолиласул-ян гьудулалда къвал бана.

-Йохъ. Дун ячIун йиго гьасул бицине,-ян сураталда кьварун килищ тункана Заремаца-жакъа бицинчIони, дида киданиги кIвезе гьечIо дуе ракI рагьизе...

-Вай, гьабго щиб гIаламат?! Гьасул, гьасул... Рокьицин гурищ дур дир росасухъ ккараб?

-Батизе бегьула...

-Щибилая? БичIчIизабе дида. - Заремал берал кенчIана.

-Дица бицина, кинабго бицина... Амма бокьун гьечIо гьесда дун гьаний ятизе.

-Гьев сапаралъ ана. Дун гIенеккун йиго-ян цIорораб кIалъай гьабуна Заираца.

РакIалда бугищ дур абурасулгун дуца дир лъай-хъвай гьабураб къо? Нилъ гIодор чIун рукIана кафеялда, ХIажимурадица цадахъ вачун вачIарав гьесул вацгIал ГIамир вачIун вукIана дун йихьизелъун ва нижер кIиязулго данде ккезабизелъун... Амма кинабго ккезе бегьулареб хIалалъ, мекъса ккана... Дур абурав... ХIажимурад гьеб къоялдаса нахъе дида хадув чIана. Гьес нух толеб букIинчIо дие: я хIалтIуде, я цониги къваригIелалъ къватIие яхъунелъул. Нужер бертин гьабилалде кIиго анкьалъ цебе... тIаса лъугьа... - Зарема юцIцIун чIана гьудулалъул кIаркьабазда кенчIолел магIил гарал рихьидал.

-Гьес дун битIахъего абуни, гъоркье рехана рокьул гIемерго бициналъ, хадув чIеялъ... ХIажимурадица абуна мун цинги хадуй гIодой йиччалин ва бусурманчиясул кIиго чIужу йикIин гьукъараб пиша гурилан... Нижеца магьари лъуна... Дун разилъана нужер гIумруялда рагIадлъун, дуда чIалгIиндал рекIелгъеялъе гьев вуссунеб чIинкIиллъилъун йикIине... - гьаб нухалда Зарема лъугьана синкъиялда гIодизе- Дун тохтурасухъе ун йикIана...

-Щибилая? Щай?! Мун ХIажимурадидасан лъимадейищ йигей?!

-Дие кинабго гьадин ккезе бокьун букIинчIо... TIaca лъугьа дидаса, бегьулеб батани...

Цеберокъосан бихьинчиясул гьаракь бахъиндал, макьидаса рорчIизарурал гIадин лъугьана кIияйго гьудул циндаго.

-Дун вуссана, хирияй!

ХIажимурад жаниве лъугьана.

-Ва, нужее ккараб щиб? ГIодиялъул рахъалъ къецалцин гурищ кIиялъго гьаб нухалда гIуцIарал? Нужее щиб?

-Щибха букIинеб, дуца нижер кIиязулго гIумру хвезаби гурого, тIокIаб батIияб къварилъи гьечIо!- ян яхI гьабизе кIвечIо Заирада- Щиб, дир бищун лъикIай гьудулаллъулгун балъгояб магьариги лъун, ниж кIиялго «гурин, цо мун йокьулин»- дун, «хъизан йиччан телин яхI бахъеян»- Зарема махсароде кквезейищ дуда ракIалде букIараб, хIалихьат?!

-Дур махсаройищ гьеб, чIужу?

-Бице дида! Щиб бугеб дур дир гьудулалъулгун. Бице...

-Дуе битIараб лъазе бокьун буго? Уйищ?

-У...

-ГIенеккеха, гьедин батани! Дида гьудулзабаз цебего абулеб букIана гьай дур гьудулалдаса мун цIунеян. Квешаб гIамалалъул тIадагьаб хьвадиялъул гIадан йигин гьаян абулеб букIана дида божарал чагIаз... Гьанже бихьулищ, жахIдаялъ нилъер берцинаб хъизан биххизабизе ячIун йигей...

-Гьас бицунеб щиб! Зарема, кье жаваб...

Заремада лъалеб букIана росасул ракIчIезабулеб хабаралда Заира божулейлъи... МагIица беркIалги чурулаго, гьезул рокъоса къватIие лъутизе гIамал гьабуна гьелъ. НуцIа данде бачунелъул, гьей балагьана ХIажимурадил бадие жание. «Дие мун йокьула»- ян абулеб лахIзаталъ гIадин недегьлъигун балагьун чIана гьев гьалъухъги. Гьел гьалъул къисмат бигъинабурал чIегIербераз гьаб нухалдаги аскIое цIалей, къосинаюлей йикIана гIолилай. Амма гьай тIуркIун, болъодаса гъоркье лъутана. «Цониги машинаялде гъоркье кIанцIе! Дуе хIажат гьечIо гьаб хиянатаб, я рокьи, я гьудуллъи гьечIеб гIумру»- ян пикраби женжедилел рукIана гьелъул ботIролъ... Тормозалъул къирщ-къирщи, машина бачунесул хIинкъиялъ чIваркьарал берал. Заремае щибго зарал ккечIо, дагьалъ йихха-хочи гурони. Хвелалъеги мустахIикъай гьечIо хиянатчIужу...».

Бащдаб лъагIалидасан Заремаца яс гьаюла. Операциялдаса хадуб лъимералъул эбел цIакъ захIматаб ахIвал-хIалалда йикIана. Тохтурзабаз гьелъие чIаго хутIизе гьитIинабниги божел кьолеб букIинчIо. Гьеб кинабго рагIарай Заремаца жиндир цо йикIарай гьудулалъухъе, хIалицаго гIадин мухъал херхуна:

«Хирияй гьудул... Лъала, дур бадий дун йиго гьересияй хиянатчIужу... БукIаниги... Бищунго цIакъ дун хIинкъун йикIана нилъер гьудуллъи хвелилан... Эбелалда лъаларо я дир гьересимагьариялъул, я ясалъул хIакъалъулъ, тохтурзабазги бицунаро... ТIалаб гьабе дир ясалъул, гьарула... Дир тIокIаб кумек гьаризе бакI гьечIо. Бице гьелъие цо-цониги дир хIакъалъулъ, цIуне ХIажимурад... ТалихI кьеги нужее, къо-мех лъикI».

... Зарема ахирисеб сапаралде нухда регIулел рукIана гIицIго дагьа-макъалго гIагарлъиялъул чагIи. Киналго ракI гурхIун рукIана гьеб бухIараб хвелалда, цо-цояз балъго цоцаздехун абулеб букIана: «Хвейго лъикI гьай пакъиралъе, гьеб рогьо-ничалда йикIинегIан»- илан. ГIицIго гIолохъанчIужуялъул эбел йикIана: «ГIумруялъ унтичIей дир яс тохтурзабаз чIвана. Щуго соналъ цебе жийго жиндаго чIун гIумру гьабизе ун йикIинчIеяни, дида хвасар гьайизе кIвезе йикIана дир тIогьол бахIарай!»- илан чIвадилей...

Хунзахъа Камилилай.


Автор: Ф.МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Огьогьой,гьав Камиловналъулги рук1уна ха бит1ун рак1 кьват1изарулел г1адал асарал,18 февралалъ йихьанани,дагьал тамах гьареян абизе ккола Бичас Биччани! unamused 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook