Авторизация

БакьагьечIиса ЧIанкIал кучIдузул хIакъалъулъ

Революциялда цересел авар поэтазул кьеразда гъорлъ БакьагьичIиса ЧIанкIаца (Тажудиница) хIурматияб бакI ккола. ЧIанкIа ккола гIадамасул напс, хасго магIарул чIужу гIадан ва гьелъул рокьи эркен гьабиялъе гIоло феодалиялгун-патриархалиял ва диниял гIадамазде данде тIоцебе хвалчен бахъараздасан цояв.

Араб соналда Саидов МухIамадсаидица дандеги гьарун ЧIанкIал кучIдузул тIехь тIоцебе къватIибе биччан буго. «ЧIанкIал кучIдузухъ балагьани, – ян хъвалеб буго Саидовас жиндирго цебе рагIиялда, – гьес цебесеб феодализмаялъул пикруялда мал балеб буго ва рокьул диниял нормаби рахунел руго».

ЧIанкIаца феодалияб ва исламалъулаб гIуцIиялда «мал бана», амма гьеб щущах биххизабичIо. Гьеб гьабизе гьесие захIмат букIана доб заманаялъ.

Муридизмаялда тIад бергьенлъи босаралдаса хадуб ва аваристан гIурус ва бакътIерхьул культураялде гIагарлъизе рес шваралдаса хадуб инсанасул напс тархъан гьабиялъулъ ЧIанкIал творчество цебехун тIамураб галилъун ккола. Эльдарилав, ГIанхил Марин, ЧIанкIа, МахIмуд – гьединаб буго литератураялда гьеб нух. Н. Тихоновас «Дагъистаналъул лирикал» тIехьалда хъвалеб буго: «Элдариласул ракI рагьараб поэзиялъулъ жеги букIинчIо напсияб пикру загьир гьабиялъулъ тIубараб эркенлъи, гьеб цебетIезабуна ЧIанкIаца ва гьелъул хIакъалъулъ рагьун ахIана жиндирго асаразулъ МахIмудица».

ЧIанкIал творчество цо хIал ккураб гьечIо, кидаго гурев гьев жин-дирго цебетIураб пикруялъе ритIухъавлъунги вукIунев. Гьеб нилъеда бихьула гьаб тIехьалда ругел асаразул хал гьабуниги.

ЧIанкIал ва МахIмудил творчествоялъе къимат кьолаго ва авар литератураялда гьезул бакIалъул бицунаго ахириял соназда батIи-батIиял пикраби раккун руго. Масала, Б. МухIамадовас жиндИрго «Революциялда цебесеб авар литератураялъул очеркал» абулеб тIехьалда хIаракат бахъулеб буго МахIмудица тIубанго ЧIанкIа такрар гьавуни-лан, МахIмуд гьесдаса цевехун инчIилан бихьизабизе. Гьес хъвалеб буго:

«ХIатта МахIмудида, гьесул (ЧIанкIал) иш хадубккунги цебебачунев чи хIисабалда, жиндирго учителасда кодоб букIараб кинабго бечелъиялда квершел гьабизецин кIвечIо».

ЧIанкIал кучIдул ахIулев чилъун, гьесухъего кучIдул гьарулев чилъунги байбихьун МахIмуд жиндирго учителасул квер гIунтIулареб бор-халъуде вахана. Гьеб якъинго бихьула нилъеда кIиязулго творчествоялъул хал гьабуни.

МахIмудилго гIадин ЧIанкIалги аслияб творчество буссараб буго магIарул чIужу гIаданалъул образ, гьелъул рокьи бихьизабиялде. ЧIанкIал руго цо-цо рокьул гурелги кучIдул; гьудулзабазде кагътал, магIаби. Амма гьел магIнаялде ва кIваралде балагьун, цогидазяе. данде ккун, цIакъго загIипал ва дагьго кIвар бугел руго. ЧIанкIал ва МахIмудил заманаялъ магIарулазул гIумруялъулъ бищунго аслияблъун букIана напсалъул эркенлъиялъул проблема.

Н. Тихонов – «Эркенаб рокьиялъе ихтияр букIин бихьизабиялъул кIудияб кIвар букIана: гIасрабазул гIадатаздаса хвасарлъи, диналде данде чIей, гIаданлъи букIинаби».

Революциялдаса цересел поэтазе къимат кьолаго нилъеца хIиса-балде босизе ккола, жидерго заманалъул аслияб проблемаялде гьезул букIараб бербалагьи.

Эльдариласул кучIдузул героиня – магIарулалда бичIчIулеб буго жиндирго напс цIунизе жиндир ихтияр букIине кколеблъи, жийги цогидазда къимат бащадай гIадан йикIин, амма гьелъ къасд гьабулеб гьечIо гьелъие гIоло таваккалго къеркьезе. Гьелъ яхI гьабун гьеб гIадат хIехьолеб буго:

«Ясаздаса йишарай гъайбатай дун гьайидал,

Гьелдаса рази йиго, кьураб гIалин хIехьела».

ЧIанкIал героиня жиндирго берцинлъи, тIокIлъи бичIчIулей гурейги, жиндирго рекIел пикрабазе гIоло къеркьезеги лъугьуней йиго. БатIияб росолъа чи вокьунилан чIухIараб кьибилалъул ясалда гIайиб чIвалел къватIул харбазе гьелъ гьадинаб жаваб кьола:

«Месед хъванин абун хъирин хвеларо,

Халкъул гIалам тела дица гаргалел».

(ТIалхIатиде)

МагIарулалъул рекIел пикрабазул гьединабго таваккаллъи, эркенлъи бихьула нилъеда «РекIел гьудуласде гьадият хъвазин», «Гулишатиде», «ГьаракIуниса ГIайшат» абурал ва цогидалги кучIдузулъ.

ЧIанкIае рес шун буго халкъияб кIалзул творчествоялъулгун лъай-хъвай гьабизе ва гьесие гьеб бокьун буго. ЧIанкIал эбел ва яц рукIун руго машгьурал магIаби гьарулел чагIи. ЧIанкIаца жиндирго чествоял-даса гIатIидго пайда босун буго халкъияб кIалзул поэзиялдаса. Гьеб къагIидаялъ хъварал кIучIдул, гьедин гьабураб сипат-суратIи ЧIанкIал гьаб сагIатIи жиндир къимат хвечIел ва швалде шварал руго.

«ЧIанкIа вукIана диналда божулев жиндирго заманалъул цогидал гIадамалго гIадав, как-кIалги тIобитIулев гIадан» (Саидов). МутагIиллъун цIалулаго ва хадуб ЧIанкIае рес швана гIараб литератураялъул ромнтикиял ясаразулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьеб киналъго ЧIанкIал творчествоялъе асар гьабун буго. Доб заманалда «динияб мурадалда гурони тIокIаб батIияб темаялда кечI ахIи, я гьаби мунагь бугеб ишлъун рикIкIунаан. Диналъул агьлуялъ изну кьолароан диналъул бутIрузе (аварагзабазе) гьабулеб гIадаб сипат-сурат цогидав гIадамасе гьабизе» (Саидов). 

Цо рахъалъан ЧIанкIаца гьел нормаби цIуничIо, хIатIа гьелде данде чIун, эркенаб пикру, эркенаб рокьул асар беццун кучIдул хъвана.

Цоги рахъалъан гьев цо-цо мехалъ рухIанияб пикруялда хадув уна, феодалиялгун исламалъул гIадатазде мутIигIлъула. Гьале данде кквеялъе кочIол мухъал:

«Рокьул гьуинлъиги, кьалул кьогIлъиги

Бицине лъаларо цо магIна буго»

(РекIел гьудуласде...).

Ялъуни:

 «Пикру капурлъизе, кеп хIабугъине

КкечIеб анищ рокьи ракь батIиялъуб».

МахIмудица ва ЧIанкIаца чIужугIаданалде бугеб рокьи ва диниял пикрабазе кьолеб къимат бихьизабизе рехсезе бегьула гьезул кинабго творчествоялъе цIакъго хасиятаб магIнаялъул гьал мухъал:

Ч I а н к I а :

Мун яхунеб тIохалда

ТIавап гьабизе швани,

ТIад бугеб как кIочонев

Чанги хIалихьат вуго».

(ГIенеккея ахIбабал).

М а х I м у д :

Мун яхунел тIохал, тIаса унеб пух,

Эб гуребдай алжан, иман бусесул.

ЧIанкIал лирикияв герой жиндирго анищ, пикраби тIубаялъулъ гIемерисеб мехалъ «тIадегIанасде» хьул лъун вукIуна, ва гьесда гьардола. «Дие мун хиралъеян халикъасде гьарулин».

Гьеб рахъалъан МахIмудил герой таваккалав, жиндирго мурадалде щвезе сундасаго къаларев вуго.

«Дунги гьев гIадинав дур лагъ ватани,

Толеб щай бетIергьан гIумру гIадада?

ГIалам хьихьарав чи мунлъидлл, аллагь,

Тоге рахIаталда даим цого чи.

МахIмудица эркенаб рокьул темаялдаго цадахъ феодалиябгун-исламалъул басриял хутIелаздаса инсанасул напс эркен гьабиялда темаги гIатIидго цебе лъуна.

Гьеле гьелдалъун нилъеда кьучI гьечIеблъун бихьула МахIмудиде гьесул гIицIго рокьул гурони кучIдул гьечIилан, гьес гIицIго жиндирго рекIел асаралъул гурони бицинчIилан гIайиб гьабиги. Доб заманалда, цебеккун абухъе, гьеб аслияб социалияб проблема букIана.

ЧIанкIаца авар литературалда магIнаялъул рахъалъ гуребги формаялъул рахъалъги новаторлъи хIалтIизабун буго. Жиндир творчествоялда гьев халкъияб кIалзул асараздаса тIадегIанал романтикиял асарал гIуцIиялде вачIана.

ЧIанкIаца жиндирго романтикиял асарал гIуцIиялъе гIатIидго пайда босун буго диниял ва Бакъбаккул мифологиялъул литератураялдаса росарал нилъеда ва доб мехалъ гIадатияб халкъалда ричIчIизе захIматал сипат-сурат гьабиялъул алатаздасан. Жиндирго рокьи ккарай яс гьес релъинаюлей йиго хIежалъул къуръаналда, къуръаналъул ясеналда, меседил аяталда, гIараб басмаялда. Цойги рахъалъ диналде цIарал, гIорхъолъа ун диналъул вакилзабазе рецц-бакъ гьабулел кучIдуллъун руго «ГIашилтIаса КъурбангIали», «Инквачиласде» абурал ва цойгидалги.

ЧIанкIал асаразулъ руго доб мехалъ цIияллъун романтикияллъун рукIарал, гьанже нилъее гIадатлъарал ва гIодорегIанлъарал эпитетал, данде кквеял. Рокьи ккаралде гьес абула: «гъункарасул пайтонилан», «цIадул машинайилан». Гьединал дандекквеял доб мехалда цIиял ва рекъарал рукIана ва МахIмудицаги гьездаса гIезегIанго гIатIидго пайда босун буго. БитIараб буго, МахIмудица жиндирго творчествоялда гIемерал хIалтIизарун руго ЧIанкIаца кьучI лъурал къагIидаби. Амма МахIмудица гьел битIахъе ругеб хIалалъ гурел жиндирго кучIдузулъе гочинарун ругел. Гьедин букIарабани МахIмудил асарал рукIинаан ЧIанкIалал такрар гьарилъун. МахIмудица гьел къачIан, сипат-сурат гьабиялъе швалде швезарула.

Гьале мисал:

Ч I а н к I а.

БахIрул къаламул хатI къотIулеб месед,

Рукъде юссанагIан къадру цIикIана.

ЦIоралъул кагьруман, катибасул свад.

Росасе анагIан сси щвана, чорхай.

М а х I м у д:

Росасе аразда сси букIунарин,

Ссини борхалъана халкъалдаса дур.

Рукъде руссаразул къагIида хола,

Дур къадру тIокIлъана, лъимер гьабидал.

Гьеб мисалалда нилъеда бихьула МахIмудил творчество ЧIанкIалалдаса реализмаялде гIемерго гIагараб букIин. Гьелъие нугIлъун буго гъваридаб рекIел асаралъ, рекIел анищ тIубазабизе бугеб кIудияб таваккалалъ цIураб, сипат-сурат гьабиялъул рахъалъ рагIа-ракьанде щун гвангъараб МахIмудил «Марям» абураб поэма ва цогидалги асарал.

ЧIанкIал новаторлъилъун ккола доб мехалъул цогидал поэтазда кIвечIеб гIадинаб борхатаб даражаялде магIарул гIадан яхинайи, гьелъул рухIалъул бечелъи, тIекълъиялда данде чIей бихьизаби. Гьеб мурад тIубазабиялъе гIоло ЧIанкIада ратун руго доб мехалъе цIиял къагIидабиги. Гьел ккола романтическиял данде кквеял, жиндирго героялъе кьолеб гIатIидаб, тIибитIараб харакIеристика, битIахъего гьелде хитIаб гьаби, гьел гурел цогидалги. Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго би-цун буго жиндирго тIехьалда Б. МухIамадовас.

ТIехьалда руго ЧIанкIал гIараб щигIраби, магIаби. Цебеккун абухъе, гьел кучIдул ЧIанкIал цогидаздаса магIнаялъул рахъалъ ва форм загIипал руго. Гьале жиндирго гьудул Дибириде гьабураб кечI. Гьес лъикIав гьудул веццула ва ахиралдаги гьесие гьадинаб насихIат гьабула: (гьеб буго кочIол идеяги): «Дарсал лъазе гьаре, саяхъ хьвадуге. Берцинал мусудуз воре гуккуге». ЧIанкIал магIабазде Б. МухIамадовас элегея абун абулеб буго. Щиб гьезде абуниги, гьел руго ЧIанкIаде щвезегIан ва гьесдаса хадур гьарулел формаялъул магIаби. Гьале гьесул «Сайгидул БатIалиде» абураб магIуялъул магIна. Гьеб баибихьуда герой хвеялъул кьогIаб хабар бачIиналдаса. Хадуб поэтас бицунеб буго героясул рагъда гьарурал гьунаразул, гьесул бахIарчилъиялъул. Авторас бицуна гьесул нахъе хутIараб чу-ярагъалъул, ретIел-хьиталъул ва нахъе ругел гьесул гIагаразул кIудияб къварилъиялъул. Гьеб кинабго магIнабазул гIадатияб форма буго. Ахиралдаги авторас нилъ ккараб ишалда ва бугеб хIалалда мутIигIлъизе, гьелда разилъун чIезе ахIула. Биччасе шукруги гьабун, хъвараб къадаралда разилъизе ахIулел руго ахиралдаги авторас. Гьединаб магIнаялъул ва формаялъул руго цогидалги магIаби.

МахIмудил гIадаб социалияб бегIерлъи, магIнаялъул гъварилъи гьечIониги ЧIанкIал творчество доб мехалда поэзиялда цебехун тIамураб галилъун букIана. ЧIанкIал кучIдул данде гьари ва гьезул тIехь бахъиги бе ццизе ккараб иш буго.


Автор: МухIамад-Дибир ШугIайбов

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook