Авторизация

Чилъиялъул мун ралъад

Чилъиялъул мун ралъад 145 сон тIубана магIарул халкъалъе хирияв шагIир, гIараб гIелму тIокIкIарав, исламалъулнухдаса таричIев гIалимчи, бергьараб гьунаралъул инсан вукIаниги, чилъи, гIаданлъи,гIадатлъиялъул рахъалъ гIумруялъго киназего мисал лъун вукIарав гIакъилБакьагьечIиса ЧIанкIа (Тажудин) гьавуралдаса.

145соналъ цебе БакьагьечIиса гIадатияв векьарухъан МухIамадгIалил хъизамалда васгьавураб мехалъ, лъицаго пикру гьабичIо гьеб къоялъ тIалъиялда цойги тIехьунаребцIва бакканилан, Дагъистан цойги бергьарав шагIирасдалъун бечелъанилан.

ИчIго-анцIгосон балалде эменги хун хутIарав бесдалав доб заманалъул гIадаталда рекъонкъуръан, хадув мутагIил лъун цIализе кьедал, гьесул мугIалимзабазда, жидедасаАллагь разилъаял БуцIраса ИсхIакъил МухIамадида, ГIашилтIаса КъурбангIалида,МестIерухъа НурмухIамадида, ЧIикIаса ХIамзахIажиясда ва цогидаздаги бихьулеббукIана гьесул гIадатIияб гуреб гьунарги пагьмуги. ЧIанкIал халкъиял кIалзуласараздева гIелмуялде бугеб рокьиги. ЧIанкIал тIабигIияб гьунар, шигIру-кечIгьабизе бугеб махщел камил лъиялъулъ гьезги жиде-жидер бутIа лъуна.

ИсламалъулгIелму лъазаби ва гьеб нухда халкъ тIобитIиялда цадахъго. ЧIанкIал рекIелъ цIакъхехго бессана магIарул халкъиял кучIдузде, кици-биценалде рокьи.

ГIарабгIелму лъазабиялъ, гIараб мацIалда кучIдул гьарулеб къагIида, мацIалъулгIуцIи,пасихIлъи лъазабуларо, гъварилъана ва гIатIилъана магIарул мацIалъул пасихIлъиялъулва бечелъиялъул рахъалъ шагIирасул гьунар. Гьеб гьунарун жубана унго-унгояв магIаруласулракI бацIцIадаб рокьул асар ва пикруялъул гьарзаяб роржен (фантазия).

БатIи -батIиял росабалъ цIалулаго, гIакъилал мугIалимзабаздасанги, гIадатабхалкъалдасанги, гьезулгун тIей гьечIеб хурхен бикIиналъги бижана ЧIанкIалъинсаналъулъ, хасго чIужугIаданалъулъ рукIунел мукъадисел асарал ричIчIи, гьезулрекIел, асарал угьараб накъищ гIадин кочIол мухъаздалъун загьир гьаризе кIвей.

Рокъиккаразе ЧIанкIал кечI лъугьана къечалъ вухIулесе мугIрул иццул лълъимлъун, цIоронхолесе лахIзаталде черх хинлъизабулеб цIалъун. ХIакъаб жо буго ЧIанкIал кучIдузчанги рокьул мехтелалъ кIотарал гIолилал ригьинарурулъи ва чанги согIал гIолилазулрекIелъ рокьул ицц кIанцIизабураблъи.

Цонухалъ дихъе гьоболлъухъ вачIун вукIана, жиндир мунагьал чураяв ТIанусисаИнусилов ГIалиасхIаб. Гьев районалъул захIматчагIазе вокьулев лъикIав лекторвукIана.

Столалданахъе гIодов чIолаго, гьес жиндирго къагIидаялъ щибаб рагIул махражги бахъунрикIкIана:

Бадиббалагьани гьецIо биуна,

Гьимунмун кIалъани Лълъим бакъван ккола,

Дудакъвал банани,

Къабрубиххила,

КъаданичIанани

Хваралрахъина,

КIалзулжавабазул

ЖугьарагIани,

Ургьиббугеб лъимер

Данде кIалъала.

Вахадубги абуна: «Балагьеха цо, унго балагье! Кинав шагIирасда кIолеб гьединабизе? Цо пикруялъул камиллъи! Цо мацIалъул пасихIлъи. Дие ЧIанкIаде щварабпоэт гьечIо» - ян.

Щиб, ГIалиасхIаб,дуда ЧIанкIал кучIдул рекIехъейищ лъалелан гьикъана, гIажаиблъарав дица. ГIолохъанабмехалъ гIемерисел лъалаан, гьанже цо-цо кIочон тунги ругоян мукIурлъана гьев.

Гьанжеригь арал гIадамал, БакьагьечIиса ГIабдулаева ПатIиматидаги, ГIабдулпатаховТажудинидаги ва цогидаздаги ЧIанкIал халатал кучIдул, хIарп гьоркьоб течIого,рекIехъе лъалел ратараб мехалъ, дида бичIчIана халкъалъул рекIелъ, хасго добзаманаялъ кинаб бакI ЧIанкIал шигIрабаз ккун букIарабали.

Щайхагьев бергьараб гьунаралъул, цоги лъидаго релълъинчIев, жиндасан мисал босунгурони, цере ругел такрар гьаричIев поэт, цо нахъе ккеялъул, мукъсанлъиялъулмугьруги чIван, цогидазул рагIдукъ чIезавун вукIарав? Дир пикруялда, гьеблъугьинабун букIана, кинабго жо цо коцонибе тIезе хIаракат бахъулеб, щибабмиллаталъе цо-цо тIадегIанавги, хутIарал гIиси-бикъинал, цо цере рачине мустахIикъалгьечIелги рукIине кколин рикIкIунеб заманаялъ.

Щивавчиясе нхтияр кьолеб букIинчIо жиндирго вокьулев поэт жинцаго тIаса вищизе,абулеб букIана, гIалимзабаз яги гIемерал гIадамаз гьав шагIир киназдасаго тIадегIанавлъунрикIкIунев вугила, дуцаги гьедин рикIкIунев гьечIони, мун мекъи вугила. (Дуегьуинаб, чакар баралдаса, цIам бараб бокьулин рахьин абуни, дун мекъи кколаан,гIемерисезе гьуинаб бокьулелъул).

ГьедингIемераб тIекъаб рагIул «гулла-хер» тIаде бана ЧIанкIал поэзиялъе тIадегIанабкъимат кьунилан БакьагьечIиса филологиялъул гIелмабазул кандидат, мунагьалчураяв МухIамадов Бадави МухIамадовичасде.

Гьесулнхтияр букIана лъидасаго ЧIанкIа вокьизе ва гьесие бищун тIадегIанаб къиматкьезеги, гьеб букIана гьесул хасаб пикру.

ЧIанкIалкечIалъе букIине кколеб къимат кьезе ккани, хIаракат бахъизе ккола гьесул щибабрагIиялъулъ живго поэтас лъолеб букIараб гIадаб магIна лъезе. Гьеб абуни,кинавго чиясда кIвечIого букIинеги бегьула. Гьеб бихьулеб буго цо-цояз ЧIанкIаде«чини», «файтон», «цIудул берал» гIадал рагIаби кочIолъ рехсонилан гIайибгьабулеб букIиналъги. Доб заманаялъ гьел рагIабазул букIараб цIилъиги, тIадегIанлъиги,гьез щивасул ракIалъе гьабулеб букIараб асарги хадусеб гIелалда, хасгогьанжесеб гIелалда бичIчIизе рес гьечIо.

Гьединлъидалцересел шагIиразул асаразе жакъасеб бичIчIиялдалъун кьимат кьеялъ хIакъикъатрагьиялдеги рачунаро.

БакьагьечIисаЧIанкIа нилъее хирияв вуго, вугеб къагIидаялъ, хисичIого, жиндирго хасабгьунаргун, бичIчIигун, поэзиялъул цIураб бусурманчиясул ракIгун. ГьединавлъунгивукIаго, гьесул шигIрабаз магIарул халкьалъе хъулухъ гьабуна тIубараб гIасруялъва нахъеги гьабизеги буго:

 

Рогьалилъбаккараб бакъ

МаркIачIудетIерхьуна,

Унтун,цIилъун, лъилъула

Карандаругел ругънал

Харилкутак хванани,

ГIалхулчанги чучула,

ЧорхолияхI хун буго

Дойясалъухъ рокьи ккун.

РагIулебгьечIищ, гIундузда жаниб багъулеб гьечIищ, Даку Асадулаевасул роцIараб ваборхараб гьаракьалъ ахIулеб кечI.

ГьороцагIурччинхер

Бакъвазабула.

МехбанагIан буго

ПишкъуцIикIкIунеб.

БергьарабхIасраталъ

ВухIулевдун тун.

ХIайваналдеюссун

БиччагегIумру.

МагIарулкепаб берталъе кканин кколеб гьечIищ ракIалде?

ЧIанкIалхIайранал кучIдул рукIинчIелани, мискинлъилаан Дагъистана-лъул кочIол дунял,бокIон камураб букIинаан бертабазулги, байрамазулги, сухIматазулги копол къвачIа.ШагIирасул гьунар ккола жинца гIумру гьабулеб заманалъул хасият, гIумруялъулхаслъаби кочIодалъун кьезе кIвей. ЧIанкIал кучIдузул щибаб мухъалдасан нилъедачIва леб буго гьесул заманалъул махI, загьирлъулеб буго доб заманалъул магIарулазул,гIoлил васазулги ясазулги ракIазул кIутIи, гьезул къварилъи, роххел,бихьизабулеб буго доб бахIарчияб заманаялъ сундул гьез къимат гьабулеб букIараб,сунца хIайран гьарулел рукIаралали. Росизин: "Сайгидул БатIалиде"абураб кочIолъа мухъал:

РакIалъулчаранлъи

Чи тIагIаясул,

ЧорхоляхI хваниги,

ХIаллъазе течIо,

Тавбудулщулалъи

ШапигIиласул

Щварабкъадаралде

Сабру гьабизе,

Аллагьасулкъадар

Къабулбугилан

Къуларабборхана

ЭхедебетIер

ТIадещвараб хIукму

ХIехьелинабун

ИяхIкьун черхги ккун,

Чи гIадинчIана.

ГьанибшигIруялъул куркьбазда зобалазде бахинабулеб буго магIаруласул чилъи, яхI вабахIарчилъи.

ТIадханжар борчине

Мехгощвелалде

Меседалъулъччураб

Ярагъборчана.

Чи гIунбалугьлъуде

Вахиналдего

Щонщобан ццулъараб

АйгьиррекIана.

Гьанибзагьир гьабулеб буго магIарулазул чу-ярагъалде бугеб рокьи.

ТущманасулхIал хьун

КIветIбукъулаго.

КъанщичIелъулберал,

АлхIамдулиллагь,

КъотIунбетIер босун

Басрагигьабун

РосабалътечIелъул

Щукрубичасе.

Гьанибрагъулъ букIине рес бугеб вахIшияб сипатгун цадахъ, бихьизабулеб буготушманасдехун бугеб ццим ва къадаралде сабру гьабулеб бусурбабазул тIадегIанабхасият, "Бегуниде" абураб кочIолъ:

Теларилагьудул

Гьедунйосила,

Гьабебокьарабан,

АскIовеина,

ЯСибирь, я къоно

КъадархъвачIони,

КъваригIуйбуго дий

Цояблъугьине.

Гьанибдоб заманаялъ рес къотIиялде ккарав, тIекълъигун вагъизе таваккал гIурав чиясебукIараб кIиябго нух буго ЧIанкIаца цо кочIолъ рехсон. Гьес тIаса бищизекколаан я хвел, яги Сибиралде туснахъ гьавун витIи. Гьедин, кинаб мохъ босунбалагьаниги, кинаб куплет цIаланиги, ЧIанкIаца бергьараб насихIатчилъиялдалъунбахъун батула гIасруялъул сурат, бихьизабун батула жиндир заманаялъул гIумруялъулхIакъикъат.

Абизеккола цoxlo жиндир заманалъул рагIадлъун вугев поэт, гьеб заман иналда цадахъхалкъалда кIоченеги рес букIунилан. Амма ЧIанкIа цоxlo гьединавлъун вукIинчIо.Гьес кучIдузулъ загьир гьарурал асарал гIахьалал руго гьанжесел гIолилазеги, тIолабгоинсанияталъеги, хадусел гleлазеги.

Вабабай,йокьулей,

Рокьиянабун

Бицинелъалареб

Цо унтибуго,

Унго,рекIел мугьжат,

Гьалулеббуго

Балагьилъаларо,

Балагьлъаларо.

Рокьи,балаялъ гIазаб кьолел гIолилал дунялзлдаса лъугIичIелгIан заманаялъ гьабкуплеталъул кIварги лъугIуларо.

Унго,инсандай мун

Сипатгуродай

Дирсабру лъугIараб

ГIажаибабpyxl.

Baxlай,хIурулгIиндай,

Малаикциндай,

Дир хIалалрихьизе

Цебе тIамураб?

Гьабякъуталъ къачIараб гIадаб, жаниб цIа лъураб рокьул асар гъорлъ бугебкуплеталъул къимат кидаго, лъиего гIодобе ккезе рес гьечIо.

Гьединав,пасихIлъиялъул рахьалъ цIар арав, рокьул асарал хъвазе гьунар бергьарав, магIарулазулвокьулев поэтасе, ХъахIаб росулъа МахIмуд гlaдав бергьарав лирикасе байбихьудакумекалъе ва квербакъия лъе ватарав ва гьесул мугIалимлъун вукIиналъе киналгомукIурав БакьагьечIиса ЧIанкIал росулъ гьанжелъагIан гьесул музейги букIинчIеббатани, гьесул цlap лъураб бакIги букIинчIеб батани, гьелъул гIайиб БекьечIдерицажидедего босизе ккела, хадуб гьелъие квал-квал гьабурал тIадегIаналидарабаздаги букIина.

ТалихIалъжакъа музей гlyцIулеб бугo, бекьечIдерил школазул цоялда гьесул цIар лъезе хIалтIигигьабулеб буго, гьабулеб буго гьесие бюстги. РакIалде ккола ЧIанкIа гьавуралдаса125 сон тIубаялъул юбилей, ЧIанкIал цIарги, гьесул гьунарги тIадегIангьабиялъе, хадусел наслабазе гьесул хазина нахъе цIуниялъе тIуркIи кьолеб лъикIаббайбихьилъун лъугьинилан. Рес букIиналдасан пайдагн босун, дие бокьун буго ЧIанкIалпоэзиялъе букIине кколеб къимат кьурал, гьесул кучIдул халкъалъухъе щвезариялъеквер бакъарал Гиничукьа МухIамадсаид Саидовасе, БакьагьечIиса СадрудинШахшаевасе ва Бадави МухIамадовасе, ЧIарадаса ГIумархIажи Шахтамано-васе вацогидалгн нилъеда гьоркьор гьечIел ЧIанкIал кучIдул рекIехъе лъазарун, хъван, тIахцазда,газетазда рахъизе кьун, къиматаб хазина хIисабалда хадусеб гIелалъухъещвезарурал киназего лъикIаб дугIа гьабизе.

ЧIанкIаллитературияб ирсалда тIад хIалтIарал ва жакъаги хIалтIулел ругел гIалимзаби ГIободасаСиражудин ХIайбулаевасе, Хунзахъа ЗулхIижат ХIажиевалъе, поэтал Расул ХIамзатовасе,ХIажи Гьазимирзоевасе, ГIободияв Шамхаловасе, хъвадарухъан ГъазимухIамадГъалбацIовасе, гIypyc мацIалде цIакъ пасихIго ЧIанкIал кучIдул руссинаруравтаржамачи Яков Козловскиясе ва гIемерал цогидазеги, ракI-ракIалъулаб баркалазагьир гьабун, бокьун буго божилъи загьир гьабизе, киналго ЧIанкIавокьулелщиназ, гьесул литературияб ирс бакIариялъе ва гьелъие битIараб къиматкьеялъе хадубккунги кIвараб хIалтIи гьабилилан.

Жиндиргвангъарал, роцIарал рокьул асараздалъун ва батIи-батIиял цIилъабаздалъун магIаруллитература хадуб ккунги цебетIеялъе квербакъарав, хIакъикъаталдаги халкъалъулрекIелъ мустахIикъаб бакI ккурав ЧIанкIа мустахIикъав вуго нилъер киназулго тIадегIанабадаб-хIурматалъе. Гьесул 125 сон тIубаялъул юбилей лъугьине ккола гьесул цIаралъемустахIикъаб къимат кьолеб, хадубккунги гьесул творчествалде кIвар буссииабулебтIолго Дагъистаналъул халкъазул байрамлъун.

Ахиралдагигьал ЧIанкIал рагIаби живго ЧIанкIае цIикIкIун мустахIикъаллъун рихьула дида:

Дур тIокIабгьунар-пагьму

Халкъалдалъалеб гьечIо.

Жеги цIакътIокIазецин

Гьеббалъго хутIун буго,

Чилъиялъулмун ралъад,

Дур гIумрухалалъаяв,

ХIалхъубал хIапдарулеб

РакI чIегIералтурулеб.

Лебалаздагьоркьов мун

Дие хазиналъана,

ХIалбихьун,лъан гурони

Дицагьаб жо абичIо.


(ЧIанкIаца гIарабалъ, хъваралдасан магIарулалдебуссинабуна МухIамадсаид Саидовас).

ГIасрабазлъугIиларо БакьагьечIиса ЧIанкIаца магIарулазе гьабулеб бергьараб рухIиябасарги, магIарулазул гьесдехун бугеб гIорхъи гьечIеб рокьиги.


Автор: Шамил МухIидинов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook