Авторизация

Жакъа буго МухIамад ХIамзаевасул гIумруялъул соназул болъо 50 ялде щвараб къо

МухIамад ХIамзаев 

Жакъа буго МухIамад ХIамзаевасул гIумруялъул соназул болъо 50 ялде щвараб къо.

Сахаб гIамалалъул  дир ракьцоясда гьавураб къоги баркун, баракат цIикIкIараб сахлъи щуллияб, рохел гьарзаяб гIумруги гьарула. 

Хъвадарулел чагIи гIемер руго, ганчIида накъищ гIадин тарихалъул гъансиниб нахъраталие жиндир гьунаралъул лъалкI толел, тарал гIемер гьечIо. Нилъ рукIуна тарихалде раккун цIиял гIелазе мисалалъе рехсезе цIарал хъирщулел. ХIамзаевасул бицине кватIулел руго нилъ. Гьединал ракьцоял лъазе ккола гIолохъанго рукIаго, нилъер суалазе жавабги, гьесул жугьаги цоцазе бикьизе рес букIаго. МухIамад ХIамзаев живго цIакъго намусалда нахъе къан чIарав, цIар рецц тIалаб гьабуларев чи вуго. Гуревани гьев лъаларев чи дандчIвалароан гIисиназдагун чIахIиязда гьоркьов.
Щиб хутIараб херлъизе, хехго ана гьал сонал,-
Ссуди гьанже каранда камиллъана лъеберго..
Щиб хутIараб херлъизе хиялаз свакараб ракI?-
Соназул гъатаздаса гъалатIал гIемер ругин..
Умумузул малъиги исламалъул нухги таричIого тIубалев ХIамзаевас къого соналъ цебе хъвараб кочIолъ руго гьал мухъал. МухIамад ХIамзаевасул гIумруялъул соназул болъо 50 ялде щвана. Лъеберилъа кIикъоялда анцIилъе вахъинегIан гьес гьарунщинал лъикIал ишазул, хъварал шигIрабазул, тIахьазул бицине газеталъул гьурмал гIелищха. Жакъа къокъго баян кьун тела ХIамзаевасул гIумруялъул нухлул. МухIамад ХIамзаевас 50 сон тIубаялде
«…Лъаларищ нилъ щалали, щущан унеб мугIрул халкъ?
Къимат нилъей щиб кьелеб, щукру кIочарал лагъзал?»
ШагIир, хъвадарухъан, журналист, переводчик, къватIисел улкабазул дипломат МухIамад ХIамзаев гьавуна I966 соналъ, нилъер районалъул Бакълъухъ росулъ. I984 соналъ росулъ гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, гьев цIализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб университеталъул филологияб факультеталде.
ШигIрияб рагIуе гьунар гьитIинго тIатана МухIамадилъ. Школалда цIалулел соназго хъварал ХIамзаевасул кучIдул рахъана «БагIараб цIва», «БагIараб байрахъ» газетазда, «Гьудулъи», «МагIарулай» журналазда. Университет лъугIилалдего ХIамзаевасул цIар рехсана аваразул гьунар бугел гIолохъанал шагIирзабазул, журналистазул мухъилъ.
I989 соналъ ХIамзаев вукIана тIоцебе магIарул мацIалда бахъараб эркенаб «Сабаб» журналъул редакторзабазул цоявлъун.
I989 соналдаса нахъе щугогIан соналъ гьев хIалтIана гьанжесеб «ХIакъикъат» газеталъул хасав мухбирлъун.
«ЙорчIами магIарулай» абураб цIаргун, I990 соналъ Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялъ къватIибе биччана ХIамзаевасул шигIрабазул тIоцебесеб тIехь.
I99I соналъ ХIамзаев восана Россиялъул ва Дагъистаналъул журналистазул союзалъул членлъун.
Дагъистаналъул динияб идараялъ, жеги лъеберилъе вахъинчIев гIолохъанчи М.ХIамзаевасда тIадкъана «Ассалам» казияталъул бетIерав редакторасул хIалтIи. Гьеб хъулухъ МухIамадица гьабуна I997 соналде щвезегIан.
Бажари букIиналъ хъулухъ, гьунар камиллъиялъ машгьурлъи хеккого щваниги, МухIамадица хIаракат бахъана цIияб цIали-лъаялда хадув лъугьине. I999 соналъ гьес Москваялда лъугIизабуна Россиялъул къватIисел пачалихъазул ишазул Минис¬терствоялъул Дипломатазул Академия.
Академиялда щвараб лъаялда рекъон гIезегIанго соназ МухIамад ХIамзаев хIалтIана ГIиракъалда ва СагIудиязул ГIарабиялъ.
I999 соналъ къватIибе бачIана МухIамадил кучIдузул кIиабилеб, «ЧIумалги чIвабиги» абураб тIехь.
ХIамзаевасул кучIдул гIурус мацIалде руссинаруна гIурусазул машгьурал шагIирзаби Юрий Кузнецовас, Яков Козловскияс, Владимир Бариновас ва цогидаз.
I999 соналъ МухIамад  восана Россиялъул ва Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул членлъун.
Хадубги, Москваялъул хъвадарухъа¬базул союзалъ басмаялде бахъана гIурус мацIалде буссинабураб «Городские горцы» абураб гьесул кучIдузул тIехь.
2004 соналъ басмаялде бахъана ХIамзаевасул «ЦIуне, Аллагь, Дагъистан» абураб кучIдузул тIехь, 2005 соналъин абуни Москваялъул «Парнас» басмаханаялъ къватIибе биччана гьесул «Уходящее лето» абураб, гIурус мацIалде буссинабураб кучIдузул тIехь.
2004 соналъ МухIамадие щвана Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб премия, хадубго Россиялъул Рубцовасул цIаралда бугеб литературияб премия.
Ахираб анцIго соналда жаниб ХIамзаевас хъвана исламалъул тарихалъул гIемерал тIахьал: «МухIамад Авараг», «Хириял халифаби», «Ункъабго мазгьабалъул имамзаби», «Бакълъухъа СагIадухIажиясул МухIамад Афанди», «ГIабдулгъафурил МухIамад-хIажи».
Гьеб щибаб тIехь, щибаб шигIру буго батIа-батIаго рагьарал дарсазе, тарбия кьеялъе чара гьечIого хIажатаб пайдаялъул. ХIамзаевасул тIехь цIаларав чияс кидаго такъсир гьабиларо, гьабулесдаги рекъеларо. ЦIалдохъабазул ракIазулъе биун тIезе мустахIикъаб буго гьесул щибаб шигIру.

Хасго дагъистанияз кIудияб къимат кьуна М. ХIамзаевасул «Имам Шамиль» абураб тIехьалъе. Халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъ гьеб тIехь хъваралъухъ ХIамзаевасе кьуна меседил шапакъат (медаль).
20I3 соналъ диссертацияги цIунун М. ХIамзаев вахъана филологиял гIелмабазул кандидатлъун.

20I5 соналъ ХIамзаевасе кьуна «Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIар.
МухIамад ХIамзаевасул кучIдул руссинарун руго лак, дарги, лезги, ногъай, гIурус, башкир, гIараб ва ингилис мацIазде.
Исана нилъер районалъул газеталъул 85 сонилаб юбилей кIодо гьабулаго, редакциялъ бихьизабуна МухIамад ХIамзаевасул цIаралда хасаб премия. Премия кьезе буго санайилго. Гьеб буго кIудияб гьунаралъул нилъер ракьцоясе районалъ кьолеб гьитIинаб баркала.
Гьесул щибаб тIехь буго рухIияб къуват щулалъулеб дарслъун, ВатIан, умумуз тараб лъикIабщинаб цIунизе наслабазде балеб ахIилъун, аманатлъун, гьаб, буголъиялъ цулъараб, халкъалъул бецIлъарал ракIазе канлъи кьолеб нуралъул чIорлъун. Жиндирго цIаргун машгьурлъи, лъай-хъвайгун хъулухъ ХIамзаевас хIалтIизабулеб буго халкъалъе хайиралъе, ресукъазе кумекалъе, жамагIаталъе пайдаялъе. ХIамзаевас «Гьеб Аллагьасда лъани гIолеб иш буго,»- ян абулелъул, гIемер рехсей гьабичIого толеб буго.


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook