Кавказоведениялъул партиарх, филологиялъул бутIаялда Дагъистаналдаги Северияб Кавказалдаги тIоцевесев ва тIокIав гьечIев Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул хIакъикъияв член. Кидаго гьедин чIухIун абулаан гьайбатаб къисматалъул, Дагъистаналъул унго-унголъунги къадруяв вас ХIажи ХIамзатович ХIамзатовасде гьев лъалелщиназ. ЦоцIул гуро дица абураб ХIамзатовазул хъизам гъорлъ гьечIого я Дагъистаналъул я Россиялъул культура цебечIезабизе бегьуларилан.
Узухъда, литературоведение академик ХIамзатовасул гIумрудул аслияб мурадлъун ккола. ХI. ХIамзатовасул гIедмияб ирс унго-унголъунги лъазабиялъул хIалтIи гьанжего гьанже байбихьулеб буго, гьайгьай, гьеб нухда нилъеда гIемераб цIияб дандчIвазеги буго.
ХIажи ХIамзатов гьавуна Дагъистаналъул адабияталъул классик ЦIадаса ХIамзатил хъизамалда авариялъул некIсияб тахшагьар Хунзахъ росдал данд битIараб гьитIинабго ЦIада 1926 соналъул 5 маялъ.
КIудияв вац дунялалдаго цIар арав поэт Расул ХIамзатовасулъго гIадин, гьесулъги букIана инсулго букIараб халкъияб творчествалъул чIагояб байбихьи, бакъбаккул ва гIарабазул адабияталъулги философиялъулги гъваридаб лъай. КIудиял вацалго гIадин гьитIинаб къоялдасаго ХIажиги гIуна инсул бечедаб библиотекаялда тIахьазда ва батIи-батIиял философиял, тарихиял, литературиял темабазда гьенир тIоритIулел рукIарал бахIсазда гьоркьов. Жеги гIолохъанго байбихьана ХIажица инсуе литературияб хIалтIулъ кумек гьабизе, вукIана гьесул секретарьлъун.
Сулейман Стальскиясул цIаралда Дагъистаналъул пачалихъияб пединститут (гьанжесеб ДГУ) лъугIидал байбихьана жиндирго захIматалъулаб гIумруялде.
Дагьал гьечIо гIадамал гьитIинго тIаса бищараб махщелги лъазабун хадуб гIумруялъго бокьараб сухъмахъ нухдаса кьуричIого унел. ХIамзатовасда гIумруялда жиндирго бакI батиялъулъ гIемераб интересаб дандчIвала. Мединституталда, хадуб- ДГУялъул физикаялъулгун математикиялъул факультеталда цIали ва хIалтIул сонал. Гьениб ХIажи нилъеда цеве вачIуна корректорлъунги литхIалтIухъанлъунги.
Гьале ХIамзатов республикаялъул «МугIрузул большевик» газеталъул отделалъул заведующиясул ишал тIуралев, кIудияв гIелмияв хIалтIухъан…
Москваялда тIадегIанаб партиялъул школаги лъугIизабун, ХIажи ХIамзатов хIалтIана магIарулазул республикаялъул «БагIараб байрахъ» газеталъул редакторасул заместительлъун, МахIачхъалаялъул телевидениялъул студиялъул директорлъун, ДАССР Министрзабазул Советалда цебе бугеб телерадиовещаниялъул Пачалихъияб комитеталъул председательлъун, вукIана ДАССРалъул культураялъул министрлъун.
1972 соналдаса 2005 соналде щвезегIан ХIажи ХIамзатович хIалтIана СССРалъул ГIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул историялъул, мацIазул ва литератураялъул Институталъул директорлъун (гьанжесеб Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб мацIалъул, литератураялъул ва искусствалъул институт).
Россиялъул гIелмабазул академиялъул академик, филологиял гIелмабазул доктор, профессор ХIажи ХIамзатов кколаан СССРалъул Хъвадарухъабазул Союзалъул, Россиялъул Журналистазул ва театралиял хIаракатчагIазул Союзазул, Дагъистан Республикаялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул членлъунги. Хъвалаан авар ва гIурус мацIазда. Творческияб биография байбихьана араб гIасруялъул кIикъоабилел соназда. Гьеб мехалъ къватIире рачIараллъун ккола ХI. ХIамзатовасул литературоведениялъул хIалтIаби, статьяби, рецензиял, очеркал. ЦIадаса ХIамзат хун хадуса къватIире риччарал гьесул тIахьал, гьездаго гъорлъ поэтасул 5 томалъул сочинениязул сборник (1987-1989 с.) ккола ХIажи ХIамзатовичас цеберагIигун, гIелмияб тIадкIалъайгун басмаялде кьурал.
Берлиналда немец мацIалда къватIибе биччана ХIажи ХIамзатовас хIадур гьабураб «Дагъистаналъул халкъазул маргьаби» абураб тIехь.
ХIажи ХIамзатовасул хIаракаталдалъун гIуцIана историялда, культураялда ва политикаялда церечIарал кIвар бугел масъалабаздасан гIемерал халкъазда гьоркьосел конференциял, къватIисел улкабазул гIелмиял центразгун гIумруялде рахъинаруна цадахъал проекталги программабиги. ГIелмиял докладалгун ХIажи ХIамзатович цеве вахъана Германиялда, Франциялда, Англиялда, Австриялда, Испаниялда, Венгриялда, Турциялда, Сириялда, Япониялда, Китаялда, Америкаялда, Швециялда, Индиялда ва цогидал къватIисел улкабазда. ХI. ХI. ХIамзатов кколаан Россиялъул Президентасда цебе бугеб Россиялъул халкъазул культурияб ирсалъул цIакъго къиматал объектазул рахъалъ Пачалихъияб экспертнияб комиссиялъул член, ЮНЕСКОялъул ишазул рахъалъ Россиялъул Федерациялъул комиссиялъул член, Россиялъул гIелмабазул академиялъул литератураялъул ва мацIазул отделениялъул гIелмияб советалъул член, Россиялъул гIелмабазул академиялъул тIабигIиябгун культурияб ирс лъазабиялъул ва цIуниялъул гIелмияб советалъул член, улкаялъул востоведазул ассоциялъул президиумалъул член, Кавказоведазул Европаялъул общество гIуцIарав ва гьелъул член,1996-99 соназ гьеб обществалъул президент. Гьединго ХIажи ХIамзатович вукIана Россиялъул гIелмабазул академиялъул «Известия РАН. Серия литературы и языка», «Известия Северокавказского научного центра высшей школы» журналазул редколлегиязул член, «Вестник ДНЦ РАН» журналалъул бетIерав редактор.
ХIажи ХIамзатович ХIамзатов – Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан (1965 с.), Дагъистаналъул гIелмуялъул мустахIикъав хIаракатчи (1974с.), Россиялъул Федерациялъул гIелмуялъул мустахIикъав хIаракатчи (I993с.), ХI. ХIамзатовасул аслиял шапакъатаздасан ккола «За доблестный труд в Великой Отечественной войне, 1941-1945 гг.» (I946 с.), «За трудовую доблесть» (1968 с.), медалал, «Знак Почета» (1971), орден Дружбы народов (1981), орден Трудового Красного Знамени (1986).
ХIажи ХIамзатович ХIамзатов – тIоцевесев ва Дагъистаналдаги Кавказалдаги тIокIав гьечIев академик, Россиялъул гIелмабазул академиялъул литературоведениялда хIакъикъияв член (2000с.). Гьесул фундаменталиял гIелмиял хIалтIаби Россиялда гуребги къватIисел улкабаздаги къиматалда руго.
2008 соналъ къватIибе бачIана ХIамзатовасул аналитикиял статьябазул мажмугI. Гьелда хурхун бахъараб жиндирго макъалаялда академик А. П. Деревянкоца хъвалеб буго: «Дунялалъулго цIаралъул гIалимчи хIисабалда ХI. ХI. ХIамзатов хутIила дунялалъул гIелмуялъул тарихалдла» абун.
ХI. ХIамзатовасул академикияб Олимпалъул тIогьиве вахин ккола халатаб ва гьарзаяб захIматалъул гIумруялда гьабураб тIадчIараб гIелмияб хIалтIул хIасил. ГIелмияб цIех-рех гIолохъанлъудасанго лъугьана ХIажи ХIамзатовичасул рухIияб тIалаблъун, гьесие хасиятаб букIана тIолабго къуватги кьун хIалтIи, гIалимчиясул напсалъ цебе лъураб мурадалде щвезелъун къеркьолаго тIолабго къуваталда хIалтIи.
Лъугьа-бахъунелъул хIасилги гьабулел, гьелъие битIараб къиматги кьун бажарулел профессионалиял литературоведал раккиялъухъ балагьун букIараб нилъер заманалъул жамгIият хIайран гьабиледухъ цIакъго церетIуна Дагъистаналъул ва тIолабго Кавказалъулго литератураби художественнияб ва цIубаялъул рахъалъ къоабилеб гIасруялда. Гьединав профессионалияв цIехрехчилъунги литературияв критиклъунги лъугьана гъваридаб пикруялъул, камилаб лъаялъул ва гражданилъиялъулаб цIубай жиндилъ бугев ХIажи ХIамзатович ХIамзатов. ХIажи ХIамзатовасул цIаралда Россиялъул гIелмабазул академиялъе ва ВатIаналъул филологиялъе щвана бергьун кIудияв гIалимчи ва жиделъ ругел гIунгутIабигун гIузрабиги рихьулев, гьездехун цогидазул гьечIеб бербалагьиги бугев Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги миллиял литературабазул бергьенлъабазул цIех-рехчи. Гьесул цIилъабаз ва гIелмиял бахIсаз кьучIдасанго хисизабуна нилъер миллияб литературабаздехун бугеб бербалагьи, гIелмиял хIалтIабийин абуни Дагъистаналъул гьанжесеб литературоведениялда цIияб рагIилъун лъугьана.
ХI.ХIамзатовасул литературоведениялъул хIалтIабалъ бихьуларо гIададисеб этнографиялъулаб сурат гьабун гьарурал хъвай-хъвагIаял, тарихиялгун литературиял материалазул гьарзаяб бечелъиялъ паналъизаруна. Гьесда берчIварабго кIолаан миллияб литературабазулъ хIакъикъиябгун художественнияб батIабахъизе ва хIехьезе кIолароан ургъун бахъараб, гьересияб. ГIагарал кьалбалъан бачIунеб рагIи, жибго гIумруялъ рижизарурал образал рукIана гьесул литературиял цIех-рехазулъги гIелмиял докладазулъги кьучIаб мугъчIвайлъун.
ГIелмиял цIех-рехазда бухьараб буго Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги литературабаз ХХ гIасруяллъул цивилизациялъулъ лъураб бутIаялдехун бербалагьиги гьелъие кьолеб къиматги. Жиндирго хIалтIабазулъ ХIажи- ХIамзатовичас какулеб буго цо-цо «гIакъилал» цIех-рехчагIаз жидерго пикрабалъ «туземцаллъун» рикIкIарал Дагъистаналъул цересел литературабазул творчествалъе кьураб тIасамасагояб къимат. ГIемерисел гьел «критиказда» цIакъго мукъсанго гурого лъалеб гьечIоан Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул халкъазул рухIияб бечелъиги художественнияб пагьму-гьунарги ва лъазего лъалеб гьечIоан XVII, XVIII, XIX гIасрабазда Дагъистаналда ГIободаса ШагIбан, Къудукьа МухIамад, ГIаймакиса Абубакар, Кудалиса ХIасан-Апанди, МохIоса Дамадан, Инхоса ГIалихIажияв, Ярагъиялдаса МухIамад, Хунзахъ Дибиркъади, Ахтиялдаса МирзагIали ХIасан Алкъадари гIадал цIар арал гIалимзаби поэталги, гъваридаб пикруялъул гIадамалги рукIараблъи. БитIахъе абуни, ХIажи ХIамзатовичас гIемерисел дагъистаниязегицин рагьана цересел нилъер цIар арал поэталги гIалимзабиги. Гьев вукIана Дагъистаналъул шагIирал ГIумарил Батирайил, Ирчи Казакил, Ятим Эминил, ЧIанкIал, ХъахIаб росолъа МахIмудил, ЦIадаса ХIамзатил, Сулейман Стальскиялъул ва гIемерал цогидалги официалияб литературоведениялъул рагIдукь хутIарал поэтазул цIарал цIалдолезул гIатIидаб сверулъе рачаразул тIоцевесезул цояв. ХI. ХIазатовас гIелмияб куцалъ чIезабуна Дагъистаналъул классиказул гьеб «къуватаб гохIалъ» Россиялъул гуребги дунялалъулго художественнияб культураялъулъ къимат кьун бажаруларебгIан кIудияб бутIа лъунилан.
ХХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда ЦIиябщиналда хадув чIарав, кинабго жо лъазе бокьулев хасияталъул гIалимчи ХIажи ХIамзатович лъугьана миллияб литературоведениялда цебе чIараб гьеб эпохалияб масъала тIубан бажарарав чилъун. ВатIаналъул литературоведениялда тIоцебе гьесда кIвана кинаб букIаниги хъвай-хъвагIайго гьечIеб фольклоралдаса байбихьун, гьанже заманалъул дунялалъулго культуриябгун тарихияб цебетIеялъул карачелалъ бугеб гIемермиллатазулаб литератураялъул тарих рагьун бихьизабизе. Гьес гIумруялде бахъинабуна Россиялъул филологияб гIелмуялда лъураб гIорхъи гьечIеб хазиналъун лъугьараб цIех-рехазул тIубараб цикл. ХIажи ХIамзатовичасде щвезегIан нилъер улкаялда къанагIатавги гIалимчияс тIаде босун букIинчIо гьединаб захIматаб масъала тIубазе. ТIубараб ихтияр буго ХIамзатов Дагъистаналъул литературоведениялъул Колумб кколилан. ГIорхъи гьечIеб буго Россиялъул литературабазул практикаялдаги теориялдаги гьес лъураб хазина.
Дов вукIана гIакъилав лъай тIибитIизабулевлъун, ХIажи ХIамзатовичас жиндирго заманалда ва якъинго нахъчIвана гIисинал халкъазе хасиятал революциялда цересел жудожественниял гIадатал бецIал, нахъе ккарал, барщичIел ругилан бихьизабулеб нигилистазулаб пикру. Гьес бихьизабуна Дагъистаналъул поэзиялъул бечедаб тарих ва ХХI гIасруялда жеги чIахIиял бергьенлъабигун цебетIеялъе цIикIкIарал ресал рукIин. Дагьабги кIвар бугеблъун ккола ХIажи ХIамзатовичас Дагъистаналъул киналго халкъал рухIияб рахъалъ цолъизариялъе гьабураб хIалтIиги.
ХIажи ХIамзатович гIелмуялде вачIана жиндиего бокьун, хIисабалде босарабщинаб гIумруялде бахъинабиялъул мурадгун. Гьеб масъала тIубазаби букIана гьесул къисматлъун.
Гьев гIелмуялде вачIана ракIалъ ахIун, культураялъул министрасул хъулухъги рехун тун, республикаялъул хIукуматалъул членасе рукIарал бергьенлъабиги цеветIеялъе рукIарал ресаздаса инкарги гьабун.
ЦIадаса ХIамзат хун хадуса ХIажи унго-унголъун гъорлъе жувана инсул творческияб ирс лъазабиялде, рукIалиде ккезабиялде басмаялда бахъиялде. ХIажи ХIамзатовичас кандидатлъиялъулаб диссертация хъвана ЦIадаса ХIамзатил революциялда цебесеб гIумруялъул ва творчествалъул нухалда тIасан. Гьединго гьес хъвана ХIамзатил хIакъалъулъ ракIалде щвеязул сборникги, редакторлъи гьабуна магIарулги гIурус мацIалда рахъулел инсул аслиял тIахьазе. ХIажи ХIамзатовичас живго вихьизавуна бажарарав таржамачилъунги. Гьес магIарул мацIалде руссинаруна Ю. Фучикил «Горбода кIичIгун гьабураб репортаж» къиса, М. Ю Лермонтовасул «КIиго вац» драма, М. Горькиясул «Хайир бугеб бакI» ва «Херав» пьесаби, гьединго гIурус мацIалде буссинабуна ЦIадаса ХIамзатил «Хьитазул устар» абураб пьеса.
Араб гIасруялъул 60-70 абилеб соназ ХIажи ХIамзатович гIемер цеве вахъана республикаялъул ва централияб печаталдасан Дагъистаналъул литератураялъулги культураялъулги бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьел церетIеялъе ругел ресазул бицун. ГIелмуялда ХIамзатовасул букIана жиндирго сухъмахънух битIахъе гIедегIичIого литератураялде гьениса кIудияб гIелмуялде вачараб.
ХIажи ХIамзатовичасул фундаменталиял цIех-рехазе цIикIкIараб къимат кьуна гIалимзабазги общественносталъги. Живго гIалимчиясеги тIолабго Дагъистаналъеги кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун букIана 2000 абилеб соналъ Россиялъул литературоведение цебетIезабиялъулъ лъураб цIикIкIараб бутIаялъухъ Россиялъул гIелмабазул академиялъул академиклъун ва хIакъикъияв членлъун вищи.
ХIажи ХIамзатовичасул хIурмат гьабулаан хIаракатав, махщел камилав гIелмияв гIуцIарухъан ва цохIо Дагъистаналда гуревги, тIолабго Северияб Кавказалдаго гIолохъанал гIалимзабазул кIвахI-свак лъаларев тарбиячи хIисабалдаги. ХIамзатовасул гIелмияб хIаракатчилъиялъе къимат кьун хъварал гIемерисел гIалимзабазул докладазда бихьизабулеб буго «Северияб Кавказалъул миллияб литературоведениялъул ХIамзатовасул школа цIубан бугилан».
ХIажи ХIамзатовичас бажарун нухмалъи гьабун букIана Дагъистаналъул мацIал лъазариялъул фундаменталиял цIех-рехазул проблематикаялъе. МацIалъул литератураялъул ва искусствалъул институталда гьес гIуцIун рукIана хъвай-хъвагIай бугелги хъвай-хъвагIай гьечIелги мацIазул Дагъистаналъулгун гIурус ва гIурус-Дагъистаналъул кIиго мацIалъулал словарал къватIибе биччана Дагъистаналъул литературиял мацIазул нормативиял грамматикаби, Дагъистаналъул халкъазул фольклорияб ирсалъул 20 ялдаса цIикIкIун тIехь, «Дагъистаналъул халкъал» - тарихиябгун этнографиялъул серия (20 тIехь), «Дагъистаналъул хъвай-хъвагIаязул памятникал», «Дагъистаналъул энциклопедия», кIиго бутIаялда Дагъистаналъул искусствалъул тарихиял очеркал ва гIемерал цогидалги хIалтIаби. Гьеб киналъго щулияб кьучI лъуна Дагъистановедение ва Кавкзоведение цебетIеялъе цIи-цIиял ресазе. ХIажи ХIамзатовичас нухмалъи гьабураб институталъ цIикIкIараб хIалтIи гьабуна, гьабулебги буго, гьединлъидал гIалимзабаз хIайранлъун цебегоялдаса гьелъул хIакъалъулъ хIайранлъун хъвалебги буго. Лондоналъул къираласул Азиялъул улкаби лъазариялъул ассоциациялъул член Роберт Ченсинерица ХIамзатовасухъе хъвалеб буго: «Гьениб гьабулеб хIалтIул кIодолъиялъул ва къватIире ричалел тIахьазул гIемерлъиялъул рахъалъ нужер институт данде кквезе бегьула мукъадисав Антонийил Оксфордалъул колледжалда ва цогидалги халкъазда гьоркьосел гIелмиял институтазда» - ян.
ХIажи ХIамзатовичас живго ракI-ракIалъ сайгъат гьавуна гIелмуялъе, Дагъистаналъул литератураялъе, культураялъе, мацIазе, искусствалъе ва миллияб тарихалъе, нилъер гIуцIиялъул ва пачалихъалъул тIадегIанал мурадазе. Гьес мустахIикъаб куцалъ бихьизабулаан гIагараб Дагъистан СССРалъул ва Россиялъул гIелмиял даражабазда, Россиялъул гIелмабазул академиялда ва гьанжесеб дунялалъулго гIелмияб пикруялъул тIогьиве вахана.
ХIамзатов кколаро гIицIго цеветIурав гIалимчи, гьев вукIана махщел камилав нухмалъулевлъунги. Гьесие данде кколароан риха-хочи. ХIажица кидаго гIодове вичан, рагIа-ракьанде щун гьабулаан кинабго хIалтIи. Араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназул авалалда Дагътелерадиокомитеталъул нухмалъулевлъун тIамидал, жеги гIолохъанго вукIаниги, сундукьаго хIинкъа-къачIого тIуралаан бокьараб ахIвал-хIаладе ккарал суалал. ГIамалалъул рахъалъ ХIамзатов вукIана гIуцIарухъанлъун. СССРалъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалда (гьанжесеб РАН) хIалтIулаго ХIажи ХIамзатовичас гIуцIана цIиял институтал, гIелмиял гIуцIаби хьезаруна профессионалиял кадрабаздалъун, пачалихъалъул даражаялде бахинабуна академическияб гIелмуялъул къадру. Цо-цоязда кколаан щибго квал-квалго гьечIого унев вугин цевехунилан, гьесие кинабго къо бихьичIого щолеб бугилан. Амма цIакъго цересел гIадамазда гурого лъалароан кинаб захIмат бихьун батулеб букIараб гьесда цохIого-цо битIараб нух ва гьеб нухда дандчIварал бюрократиялъулал квалквалал кин гьес къузарулел рукIаралали. Гьесул букIана цоги гьечIеб тIокIборчIараб тIабигIияб гIуцIарухъанлъиялъул пагьму, лъикIалдехун къингьечIеб ракIчIей. Цадахъ хIалтIулезда гьеб бихьулаан ГIелмияб централда хIалтIи рекъезабиялъулъ. ХIажи ХIамзатовичасда кIолаан ахIи-хIур гьечIого гIодове вичас чIахIиял, цере рукIинчIел масъалаби церелъезеги, гьел тIуразаризеги. Гьесул чIаголъиялъулъ ва цо ккураб мурадалде щвезелъун бахъулеб хIаракаталъулъ бихьулаан дагъистаниязе хасиятаб, анкьумумулъанго батараб захIмат бокьи. Умумузул хIалбихьиялде ва гIадатаздейин абуни ХIажил кидаго букIунаан мугъчIвай.
ГIемерисел дагъистаниязда лъалеб батиларо Дагъистаналъул телерадиокомитеталъул председательлъун ва республикаялъул культураялъул министрлъун хIалтIулаго Дагъистаналъул культура цебетIеялъул чIахIиял бергьенлъабазулъ культурияб гIуцIарухъанлъиялъул кIудияв хIаракатчи хIисабалда ХIажи ХIамзатовичасул цIикIкIараб бутIа букIин. Гьес кьучIлъураллъун ккола МахIачхъалаялъул телецентр, «Радиоялъул рукъ», мугIрузулаб Дагъистаналда рарал рестрансляциялъулал станциял. Гьесул заманалда республикаялда гIемерлъана библиотекаби, художествениял школал ва училищаби. ГIуцIана ГIурусазул пачалихъияб драмаялъул театр, Республикаялъул миллияб библиотека, рана МахIач Дахадаевасе, Уллубий Буйнакскиясе памятникал, бакI-бакIазда скульптурабазул композициял. ХIакъикъаталдаги рахъи бугеблъун лъугьана араб гIасруялъул 80 абилел соназул авалалда ХI. ХIамзатовасул нухмалъиялда гъоркь республикаялъул культураялъул министерствалъ росабалъ культураялъул гъанситолъун кколел клубал культураялъул рукъзал, кIалгIаби цIидасанги разе лъугьиналъул хIаракатчилъи, фольклоралъул батIи-батIиял фестивалал, вацлъиялъулал халкъазул искусствалъул ва литератураялъул къоял, декадаби цогидалги культуриял тадбирал тIоритIи.
КIудияв гIалимчи, жигарав жамгIияв хIаракатчи, хIеренав ва ракI рагьарав инсан ХIажи ХIамзатовичасул кIудияб къадру, къимат гьабулаан жамгIияталъ. Литератураялда, мацIалда, искусствалда гьес кьучI лъурал гIелмиял рахъалги гIадаталги ккола бечедаб интеллектуалияб хазиналъун ва цебего ватIаналъулги дунялалъулги гIелмуялъул меседилаб фондалде араллъун.
ХIажи ХIамзатович ХIамзатов кколаан Россиялъул тIабигIиял гIелмабазул ва искусствабазул Петрол, халкъазда гьоркьосеб информатизациялъул, халкъазда гьоркьосеб церетIолел рыноказул академиязул США хIакъикъияв членлъун, Адыгазул халкъазда гьоркьосеб гIелмабазул академиялъул хIурматияв академиклъун. 20I0 соналъ ХIажи ХIамзатович вищун вукIана Грузиялъул миллияб гIелмабазул академиялъул къватIисел улкабазул членлъун. ХIажи ХIамзатович – В. Г. Белинскиясул цIаралда бугеб литературияб академическияб, фольклористикалда Дагъистан республикаялъул Пачалихъияб Филологическияб Кавказоведение цебетIезабиялъулъ рихьизарурал хIасилазе гIоло Грузиялъул гIелмабазул академиялъул А. С. Чикобавал цIаралда бугеб премиязул лауреат. Гьесие кьун букIана Венгриялъул гIелмабазул академиялъул мемориалияб медаль – халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цадахърекъон хIалтIиялда ва филологиялъул киналгIаги аслиял бутIабазда ХIамзатовасул хIаракатчилъи кIодо гьабун кьураб. ХIажи ХIамзатовичасул захIмат кIодо гьабуна Дунялалъул литератураялъул институт (Пушкинил рукъ) гIуцIаралдаса I00 сон тIубаялда хурхун бахъараб гIарцулаб медалалдалъун ва гIемерал цогидал медалаздалъунги, хIурматиял гIаламатаздалъунги, премияздалъунги. Гуманитариял гIелмаби церетIезариялъулъ ва жамгIияб хIаракатчилъиялъухъ академик ХI. ХIамзатовасул захIмат кIодо гьабуна III IV степеналъул «За заслуги перед Отечеством» орденалдалъун.
Дие ва гIемерал магIарулазе ХIажи ХIамзатович вукIана гIага-божарав гьудуллъун, унго-унгояв магIарулавлъун, миллияб культураялъул ва гIелмуялъул цIар арав захIматчилъун.
КигIанго бокьичIониги 20II соналъул 6 октябралда ХIажи ХIамзатович нилъедаса ватIалъана, амма нилъер культураялдаги гIелмуялдаги гьес тараб гъваридаб лъалкI дагъистаниязул ракIазулъ кидаго хутIила.
Цо чанго рагIи абичIого гIоларо ХIажи ХIамзатовасул гIаданлъиялъулал тIокIлъабазул рахъалъги. Кидаго ва кибехунго гьесул сверухълъиялда букIунаан гIодобе биччай гьес бицунелъги гьабулелъги цIияб къуват кьолаан гьудул-гьалмагъзабазеги, цере цIалулезеги. ТIадегIанаб къадруялда вукIиналъ специалист, гIалимчи, политик ва кIудияб хIалбихьиялъул гIуцIарухъан хIисабалда ХI. ХIамзатовасул ахирисеб рагIиялда бараб букIунаан цебе лъураб суал тIубаялъул ин. ТIадегIанал профессионалазги гIезагIан гIакълу-лъай бугел гIадамазги бетIер къулулаан ХI. ХIамзатовичасул тIадегIанлъиялъе. Гьесул букIана дандияв мукIур гьавизе кIвеялъул гьунар ва кидаго бихьизабулаан жиндирго ритIухълъи. ХIамзатовасул творческияб захIматалъ борхизабураб бидулъго батараб пагьму-гьунар къимат тIадегIанаб интеллектуалияб хазиналъун лъугьана Дагъистаналъул ва тIолгороссиялъул гIелмуялъулги культураялъулги. ХIалтIул столалда нахъаги, гIелмиял конференциязул президиумаздаги, гIалимзабазул советалъул данделъабаздаги, къварилъи-гIатIилъиялъулъги ва гьудулъиялъулал гIодорчIеяздаги, кибехунго ва сундулъго цебе рехун бачIунаан гьев хIикматав инсанасул интеллектуалияб гIадатлъиги, гIаданлъиялъулаб цолъиги.
ХIажи ХIамзатовасда 90 сонилаб юбилейги баркун Россиялъул Федерациялъул президент В. В. Путиница хъвалеб буго: «ГIемер рахъазулаб гIелмияб, вторчествалъул ва гIуцIарухъанлъиялъулаб хIаракатчилъиялъ Россиялда гуревги гьеб бахун къватIивехунги машгьур гьавун вуго Мун пишацоязда гьоркьов. Нилъер гIемермиллатазулаб улкаялъул халкъазул художественниял культураби лъизариялъул рахъалъ тIадкIалъай гьечIел Дур цIех-рехал ВатIаналъул гIелмуялъул чIухIилъун ва Россиялъул рухIиялгун интелектуалиял хазинаби гIемер гьариялъе квербакъилъун ккола».
Нилъер мугIрузул гьайбатав васасул кIудияб хIаракатчилъиялъе кьураб гьеб мустахIикъаб къиматалдаса чIухIарал руго нилъ тIолабго Дагъистаналъул халкъ.
Автор: ФатIимат МухIамадова