Авторизация

Шамил районалъул бетIер вищараб сессия тIобитIана

Анкьабилеб декабралъ Шамил районалъул бетIер вищулеб суал гьоркьоб лъураб сессия букIана райадминистрациялда.

Сессия тIобитIана, гьеб суалалъе  хасгьабун республикаялъул нухмалъиялъ  гIуцIараб комиссиялъул гIахьаллъигун.  Байбихьудаго гьез баян кьуна районалъул бетIерасул хъулухъалде рихьизарурал кандидатазул. 

Сессия нухда бачарав райсобраниялъул нухмалъулев  МухIамадамин Хизроевас кIалъазе рагIи кьуна конкурсалъул комиссиялъ рихьизарурал кандидатал М.ХIасановасе, ХI-м. Бутаевасе ва М. Къебедовасе.

Районалъул гIумру лъикIлъиялъе кIвар буссинабизе ккарал бутIабазулги бицун гьез баркала загьир гьабуна МухIамад Асиятиловасе, бицана гьал ахирал соназ районалъе нухмалъи гьабулаго гьес  тараб лъикIаб лъалкIалъул.

Лъабавго кандидатасда гьоркьоса, сессиялда гIахьаллъарал киналго депутатаз гьаркьалги кьун районалъул бетIерлъун вищана МухIамад ХIасанов.

Жинда гьабураб божилъиялъухъ баркалаги кьун, къокъаб кIалъаялда МухIамад ХIасановас абуна:

 - Халкъ разияб, камилаб ва мисалияб хIалтIуе хIажалъула яхI-намусги сабруги. Гьелда рекъон хIалтIизе ккола щивав нухмалъулев, гурони гьесул хIалтIул тартибги мухIканлъиги букIунаро. Гьел лъикIал хасиятазул кьучIалда  цадахъ рекъон хIалтIи гIуцIизе тавпикъ кьеги нилъее киназего.

Гьенибго, цIивищарав бетIерас  къокъго бицана районалъул халкъалъул гIумру-яшав жеги лъикIлъизабиялъе жинцаго хIадурараб программаялъулги.

Депутатазул рахъалдаса баркиялъул кIалъайгун цеве вахъана Шамил Абакаров. Байбихьуда гьес баркала кьуна МухIамад Асиятиловасе, районалъул бетIерлъуда вугел соназ гьес  районалъул киналго росаби гъункизариялъе, цоцалъ гьуинлъи цIикIкIинабиялъе гьабураб ритIухъаб хIалтIухъ. ЦIивищарав районалъул бетIерасеги гьес гьарана районалъул халкъ жеги гъункизабизе тавпикъги къуватги. 

Ахиралда кIалъазе вахъарав ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутат МухIамад Асиятиловас  баркала кьуна живго районалъул бетIерлъуда вугебгIан соназ цадахъ хIалтIаразе, МухIамад ХIасановасда хъулухъги баркун  гьарана лъикIал ишазе бажари, икъбал ва сабру.

 Нижер мухбир

*** 

 

 

Нижер баян

 

МухIамад Ибрагьимович ХIасанов гьавуна 1961 соналъ ГIурада росулъ мугIалимасул хъизаналда.

Росулъ гьоркьохъеб школа лъугIун хадув цIалана Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда. Гьениб экономикаялъул тIадегIанаб лъай босараб багIараб дипломгун вуссана гIагараб районалде.

1985 соналдаса нахъе хIалтIана райцентралда,жиндирго махщел-лъаялда рекъон батIи-батIиял нухмалъулел хIалтIабазда.

1998 соналдаса 2016 соналде щвезегIана хIалтIана РайПОялъул председательлъун. 

2016 ноябралъ вищана заманаялъ районалъул бетIерасул ишал тIуралевлъун

2016 соналъул 7 декабралъ вищана  «Шамильский район» муниципалияб районалъул бетIерлъун. 




Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook