Авторизация

ТIаса лъугьа, эбел

ТIаса лъугьа, эбел Цебе-некIо заманаялъ улбул холелго рукIинчIила… Гьез жиндирго лъималазда аскIоб абадиялъго гIумру тIамулеб букIарабила: киса-кирго нилъ цIунулеб къолденлъун цере чIун, сардида кьижилалде цебе убачал гьарун, тIаса хъущтIараб юргъан тIаде цIан агъаз гьабун, рикIкIадаб сапаралде арал нилъ руссинегIан, зазда кIусарал гIадин нухда берал лъунги рукIун… Жиндир лъимералде бачIараб рекIелбакъвайгун къварилъиялдаса кIудияб пашманлъиги щибниги букIинчIебила чIужугIадан-эбелалъе….

Щай? Щай? Щай гьаб хабаралъул байбихьи уяблъун гьечIеб?! Щай лъимералъе гIоло рухI кьезеги, гьелъул битIа-бишараб къисматалъе гIоло къурбаналлъун жалго цере рехизеги хIадурал улбузул гIумру даимаб гьечIеб… Аллагь тун батIиясукъа хIинкъи гьечIеб дир рекIелъе, гьал ахирал соназ,моцIаз, къояз рещтIун буго гIицIго цо иллагьияб хIинкъи-эбел аскIоса ками. Гьеб ссудула рекIелъ щибаб больницаялда дир гIазизай егизаюраб болжалалъ, сахгьариялъул курсалъул щибаб къо рикIкIун цIикIкIунеб, гIасилъулеб унтиялдалъун, жанисеб чIобоголъиялдалъун, хинлъи гьечIеб рукъалдалъун, тIагIам гьечIеб квеналдалъун.

Щаяли, киналго улбузда ракIалде ккола, лъималаздехун жидерго бугеб асар гьезда бичIчIуларилан, лъаларилан. «ЧIая-цо, дуего лъимер щведал, бичIчIилин дуда, дие дур букIунеб ургъел». БичIчIула, лъала, хирияй. «Алжан дур хIатIазда гъоркь букIиналъул» хириял тIахьаздасан цIалула, амма цо-цо кIочон тун батIула.

РакI бухIула, амма данде кIалъан уна. Малъараб гьабуларо, амма щибаб нухалъ мекъи ккола. Нахъосалдаги диего бокьухъе гьабула, амма «Унго, эбел йикIун йигей йитIарай» - ан пикру, чIухIиялъ, ракI кIодолъиялъ къватIибе загьир гьабуларо. Гьале жакъа халкъалда цее дун гьелъие мукIурлъулей йиго, эбел. Щибаб лъимералъулъ букIунин ккола цо хIалихьатаб хасият – «хъатиниб бежун хайгин кьуниги налъулаллъун хутIулей» эбелалъ гьабурабщиналъе букIине кколеб баркала кьунгутIи, сундулъго гьелъ кверчIвай тIадаб ишлъун бихьи.

Гьаниб ракIалде щвана, доб йокьулелъул амру тIубан, бахъун эбелалъул ракI босун унев гIолиласулги, гьев гIодов ккедал «унтарабищ, дир василан?» агьиялда гIодараб гъаримаб эбелалъул ракIалъулги хIакъалъулъ бицен. РакIалде щвана доб лъимадулаб баркала гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулеб гьаб хабарги:

«… Дир эбелалъул букIана гIицIго цо бер. Гьелъ дида гьей рихарайги йикIана, дун нумуслъулаан дир эбелалъул суригIеялдаса. Школалъул столоваялда хIалтIулаан гьей нижее чадие жо балагьизеян. Цо нухалъ байбихьул классаздаго вугев дир цIалул хIал-хIукму цIехон яккун йикIана эбел. Унго, ракьулъе тIерхьинчIоха дун гIемер нечеялъ! Кин кIвараб гьалда дун суризавизе классалде ячIине, кин?! Гьей йихьичIеб ххвелги гьабун, дун лъутун ана гьениса. Нахъисеб къоялъ гьалмагъас: «Дур эбел цохIо бер гурого гьечIей гIажиз йикIун йиго!» ян рогьо байдал, ццимги бахъун векерана дун эбелалъухъе: «Дида гIадамалги релъизарун гьаний йикIуналдаса хунго лъикIан дуй!». Эбел йицIцIун чIана. ГIицIго бадиб магIу ххуланин ракIалде ккана дидаго. Амма дие гьелъул сан букIинчIо. Дун гIемер цIалдон, хIалтIун цеветIурав чи лъугьана ва ана Сингапуралде гIумру гьабизе. ЧIужу ячана. Босана мина-рукъ. Гьаруна лъимал. Кинабго лъикI букIана…

Цо къоялъ ячIун эбелалъ кинабго «хвезабизегIан». Дир лъималазда гьей йихьарай – лъалей чIужу йикIинчIо. ЯчIун рагьдухъ гъадаробер чIедал, дир гьитIичал хIинкъана, гIодана. Щиб хъулухъ гьалъул гьание ячIине?!. «Ракь те!» ян ахIдана дун гьеб къоялъ эбелалде. Гьей, гIодое йиччараб гьаракьалъ: «ТIаса лъугьа, дун мекъаб адресалде ккун йиго» ян жавабги кьун нахъе ана.

Ана сонал. Дун цIалараб школалдасан дихъе бачIана кагъат, гьеб лъугIаразул дандчIваялде дун ахIараб. ЦIакъ бокьун букIана дунго лъугьун вугев кутакав чи учучу гьабизе, вижараб – гIураб ватIаналде щвезе. ГIелбащадалгун сухIмат-кеп лъугIараб мехалъ, копоего гIадин дун ана дир лъимерлъи жаниб арал басриял рукъзабахъе. Мадугьалзабаз бицана эбел хванилан. Дир рекIел цониги чIва тIуркIичIо. Цояз бегьун бачIана долъ дихъе хъвараб кагъат: «Дир бищун вокьулев вас, дир рекIел кIутIи, черхалъул дарман, дур пикру гьабичIеб сагIат гьечIо дир. Бегьулеблъун батани, мун тIаса лъугьа, дур лъимал хIинкъизаризе Сингапуралде дун ячIиналдаса. ЦIакъ йохана школа лъугIаразул дандчIваялде мун вачIунилан лъараб хабаралдаса, амма рикIкIадасангIаги мун вихьизе босноса яхъине кIвеялда щаклъи буго… Дун кутакалда намусай йиго дуда цее, дир гIажизлъиялдаса нечон дур тIолабго гIумру индал. Мун тIаса лъугьа. Лъалищ, дир лъимер, мун, гьитIинав чиясул васандилаго сакъатлъи ккун бер нахъе босизе ккун букIана. Цо берги гьечIого мун кIудияв гIелин абураб пикруялъ дун юхIулей йикIана жанисан. Гьединлъидал, дица дирго бер кьуна дуе. ГьабсагIат дун чIухIула дудаса, гьеб бералдалъун дуда бихьулеб дунялалдаса. Кидагосеб рокьигун, дур эбел».

Баркала гьечIел, адаб тарал лъимал. Лъималазул сахлъиялдаса тIокIаб кIвар бугеб жидее щибго гьечIел, гьезул магIу бищун унтулел, гьезул рокьи бищун къиматаблъун кколел улбул. Жакъа дица бетIер къулула лъимералда ракI унтарайщинай эбелалда цебе. Дирго эбел багьанаде ккун хъвараб гьаб макъалаялдалъунги баркала кьолеб буго нужер щиялъе: рорчIарал сардазухъ, лъимал сабаблъун бадиса арабщинаб магIуялъухъ, сундасаго нужго махIрум гьариялъухъ. Эбел йиго сундулъго: тамахаб чадилъ, къирщ-къирщи бахъунедухъ къачIан лъураб дур ратIлилъ, тIамхазул шуршуралъулъ, ралъдал чил-чилиялъулъ. Гьей – унтараб мехалъ хIеренго дур надалда чIван бачIараб гьогьомараб кверги, дур бадиса унеб магIил бацIцIалъиги, зодосан мун рещтIараб тIоцебесеб дур рукъги, захIмалъи ккедал киназго ахIулеб хвасарлъиялъулаб рагIиги. ТIаса лъугьа, эбел, ккараб гъалатI-хатIаялдаса, рекIеда бараб каламалдаса. «Унго-унголъунги рокьулел гIадамазе кколин нилъедасан ракIхвеян» абун буго цо хъвадарухъанас. Бокьиларо, чIаго ругелгIан къояз, дир сундасаго цебе ккураб, дол тохал – хъачIал рагIаби гьоркьорго гьечIеб, тIокIкIараб иццул лъедегIан дуде хIажалъи бугеб ясалъулаб рокьи цо-цо адаб тей борчIун ккараб, дур ракI бакъвазабураб асаралде сверизе. ТIаса лъугьа, эбел, киналдасаго. РакI чIун абизе кIола, щияй ясалъ эбелалда абизесел рагIаби, рокьуе мукIурлъи, тIасалъугьаян гьари загьир гьабуна жакъа дица дирго хъвай-хъвагIаязда.

ЧIахъаги щияй эбел!


Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook