Авторизация

ГIарцулги чогъролги кверщалил хIакъалъулъ маргьу

ВукIанила вукIинчIила цо гIолохъанчи- гIажаибго жив берцинав ва ракI лъикIав.

ГьитIинго бесдал хутIарав гьесда цо лъикIаб къо бихьун букIинчIила гIумруялда, чиядаса тIокIлъараб кванан, мадугьаласдаса бахъараб тIад ретIун букIанила гьесул гIумру унеб. Щибаб риидал Карим гIиял рехъенгун унаанила магIарде. Ва гьесие къваригIунароанила щибго батIияб- тIокIаб: бесдалас гIей гьабулаанила бакъвараб панкъил мочIуялдаги ккал тIад чIвараб хIанил кесекалдаги. Цо-цо къоялъ Каримица жиндиего гьабулаанила байрам- холеб букIун хъвезе ккараб ялъуни цIудуца тIутIураб гIиялъажоялъул гьанги белъун, гьелъул гьагIуги ххун, анищазде валагьанила гьев... жиндирго лъикIаб ва талихIаб гIумруялъул хIакъалъулъ. Анищги гIолохъанчиясул букIанила цо-жиндиего йокьарай, живго вокьарай ясалъулгун ригьинги гIуцIун, гIемерал лъималги гьаризе. Къаси-къаси цIвабзазул цIураб роцIараб зодихъеги ралагьун гьел кIиязго ахIизе рукIана кучIдул, рогьалилъ абуни, гьел цадахъ чвердезе рукIана рацIцIадал мугIрузул хIорахъ...

Каримил анищ, узухъда, тIубазе буго... сабру Алжаналъул кIуллъидал кколеб.

Цо къоялъ гIияда вукIаго, гIолохъанав вехьасда бихьула цо хераб чахъу рехъадаса нахъеги ккун хъитIнибе кколеб. Гьеб хвасар гьабизе вортарав гьесда цебе чIола гIажаибаб сурат; гIурччинаб расалъиялда тIугьдузулъ кьижарай цо берцинай яс. Жавгьаратица бицуна Каримида жиндирго гIумруялъул, эбел-эменги гьечIого хутIарай жий, бесдал инсуца квегъарай куцалъул. «Гьес кидаго инжит къабихI гьаюн гIодизе тIамула дун, дирин абуни, гIодизе магIуго хутIун гьечIо»... ГIолилазул цоцахъ рокьи ккола ва гьез хIукму гьабула магьари лъезе. Кинабго лъикI букIинаан, амма кIиго чехь кваназе жо балагьизе захIмалъана Каримие. Къаси-къаси ракъунги хохонги рукIиналъ чара хварал гьел, зодихъ цIвабзазухъги балагьун талихIаб гIумру жидее кьеян гьарделел рукIунаан. Цо къоялъ гIиядаса рокъове щварав Каримида лъади кутакалда пашманго къваридго ятула. Бихьулеб букIуна гьей къоялъ лъикI гIодун йикIин. Щиб-кинилан росас гьикъидалги,

«Гьадинго пашманлъизе бачIана» - ян гурого жаваб кьоларо гIолилалъ, ва хъат цIун жавгьар - якъут бегьула гьединги абун гьесухъе. «Гьал киса? »- ян гIажаиблъула Карим. «ГIор щведал росун рачIун, рагIаллъуда ратана». Вохула мискин-пакъир, шагьаралде ун гьелги ричун, гIемераб кваназе жо, ретIел-хьит босула гьас. ГьадигIан кIудияб икъбал чура-хулизеян чогърол хъабаги кIочон толаро. Жавгьарат чагъир бихьидал пашманлъула: «Гьеб баракат гьечIеб нигIмат буго, гьеб сабаблъун гIемераб балагь рещтIана дир бесдал инсуде, Аллагьас хъван батугеги нилъер хъизамалдаги гьеб кинабго такрарлъизе». Каримица лъади кIваралъ гIодой йиччазаюла. Хъаба цIураб чагъир рехидал, гьесда живго гIажаибго бечедавлъун, сундуего хIалкIолевлъун ва талихIавлъун вихьизе лъугьуна. Мехтарав гьесул гьагIиялъ гъоркьгоги пашманго йикIарай Жавгьаратил ракI жеги къварилъула...

Амма гIарацги нигIматалги хехгого лъугIула. Каримица лъадуда гьаб нухалдаги батуларищ гIурухъ жавгьар-якъутали балагьизе аян лъазабула. Гьаб нухалда гьелъ хазина дангъура цIун бачIуна... Гьедин унел рукIуна къоял... Каримида бихьула лъади гIодидал, рокъобе гIарац бачIунеб букIин ва гьас хIукму гьабула гьелда хадуб хал кквезе. Гьале Жавгьарат рокъоса къватIиеги лъугьун, цо ганчIида гIодой кIусулей. Гьале агьиялда, жиндирго къваридаб гIумруялъулги бицун гIодилей.. Циндаго гьелъул бадиса магIил бакIалда хьан бачIине лъугьана гIемераб жавгьар, якъут... Гьанже бичIчIула Каримида бесдал инсуца гьай щибизе гIодизе тIамулей йикIараяли.... «Бечелъана! Бечелъана! Бечелъана!»-ян хъудана гьесул ботIрода жаниб. ТIамизе ккола лъади гIемерал лъимал гьаризе, биччанте гьел кидаго гIодизе- Карим бечелъила ва щибаб щуго соналдасан ячина жиндиего цIи-цIияй лъади. Лъималги хъизанги гIоданиги щиб?! Аслияб жо-бечелъи. КватIичIого Жавгьаратица гьаюла жийго гIадай берцинай яс. Карим чIезе кIоларого вукIана кидадай яс гIодилаян. Гьей гIодана. Амма гьитIичил бадиса бачIана лахIчIегIераб, гIисинаб жавгьар. БукIаниги щиб. Гьебги гIарац.

Карим къо бахъанагIан бечелъулев вукIана. Гьев лъалев вукIанщинал тамашалъулел рукIана додигIан ракI лъикIав, гурхIел бугев гIолиласул гIарцуда бахилав, хIалихьатав чи лъугьунев вихьидал...

Каримица бана цIияб мина, хьихьана гIемераб боцIи, гIезабуна цIолбол ах...ва гьекъолаго, гьекъолаго жиндиего цIакъ хиралъараб чагъиргун, чIужуги ясги сордо-къо рогьун гIодизе тIамулел рукIана. Гьедин ана щуго сон. Жавгьаратил гIицIго рагIад хутIана, ясалдаги жийго гIодизе тIамулев эмен рихана. ТIокIал лъимал Жавгьаратица гьаричIо, гьелъие гьелъул къуватги букIинчIо-кинабго жанги хIалги унеб букIана гIодиялде. Гьанже гIарцуца мехтарав Каримие хIажалъана гIолохъанай чIужу. Гьесие бокьун букIана гIаламго урхъараб берцинлъиялъул лъади жиндирго йикIинеги, гьебщинаб бечелъиялъул ирсилавлъун хутIизе вас гьавизеги.

Каримил бертин гьабулеб къоялъ, жиндирго гIумру захIмалъарай Жавгьарат кьурса гъоркье кIанцIула. Йокьун ячарай лъадул хвелалъги вигьинавуларо Карим, гьев жеги вахIшиявги хъачIавги лъугьуна. Ясалдехунги гьев жеги гурхIел гьечIевлъун вукIуна.

«ГIоде! ГIоде! ГIоде!»-ян гIакъуба кьолеб букIуна гьес гьелъий.

Ясалъ анцIила анлъго сон тIубайдал, гьезул рагьде рахана гьей гьарун чагIи, амма Карим рекIекълъун лъугьана гьебщинаб «баракат» циндаго чияр рокъобе инехъин букIиналдаса. Гьес, юхун-кьабун, гIодизелъун бид ецIцIизаюна жиндирго цо йигей яс, нахъисеб къоялъин абуни, тIад хурхун гьей гъанкъулей гьев вугеб мехалъ, гьесул лъабтIалаяб минаялъул горду бухана. Щиб-кинали гордухъе вортарав гьесда горда цее наккIулъ яхъун чIчIун ятула гIолохъанлъарай, сахлъарай ва берцинлъарай Жавгьарат. Гьелъ квер хьвагIарабго гордухъан къватIие эбелалда аскIое кIанцIун уна гьезул ясги.

«Карим! Карим! -ан ахIулеб букIана Жавгьаратил роцIараб гьаракьалъ-Дун гIодулей йиго дуе ахирисеб нухалъ! ГIодулей йиго хвезабураб гIолохъанлъиялъухъ, гIуцIун лъугьинчIеб талихIалъухъ, гIадада араб гIумруялъухъ! Ккве жавгьарал!!!». Гьанже эбелги ясги кIиялго журала синкъиялда гIодизе. Зодоса гъоркье цIад гIадин бан бачIунеб жавгьар, месед, якъут бихьидал, воххарав Карим хъантIун лъугьуна гьеб бакIаризе, накабазда хъерщезе.

Гьезул лъугьараб гохIде вахунаго, гьев хъущтIун гIодов речIчIула, бетIер кьабгIула аскIоб лъун букIараб чогърол хъабаялда. Гьебги бекун гьесде тIаде гlop гIадин чвахула чагьир. Месед-гIарацалъул ва чагъиралъул хIориниса тIаде вахъинеги кIвечIого, хъантIарав Карим гъанкъула. Амма гIадамазул лъилниги ракI холаро ракI хъубав, гIарцуда виххарав Каримида хадуб. ГIицIго росдал херал чагIазда ракIалде щола гIарцулги чогъролги кверщаликье ккезегIан гьев батIияв инсан вукIараблъи...

Ф. МУХIАМАДОВА.


Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Огьогьой,унго-унго Фазул яги Мусал т1ехь ц1алулев вугин рак1алде ккана!
Баркала, гьезул малъа-хъваязухъ г1енеккизе щварабаниги г1елаан.....
Фатима,Унгоги лъик1аб буго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook