Авторизация

ГIинтIидул тIугьдузул бика

Кидаго гуро чидае гIоло нилъго къурбаналъе кьезе кколел, кидаго гуро цойгидазул асарал нилъергояздаса цере кквезе бегьулеб... Рос кьижун вукIиналда ракIчIарабго, Роза бигьа гьаюн ана гьалбадерил рокъое. МатIуялда цее лъалхъидал, гьелъухъ гьенисан балагьун бугоан хIалакъаб, кьер тIураб гьумер. Щибго хутIун гьечIоан гьелъулъ цее йикIарай берцинал, гIурччинал беразул, хъахIаб, гургинаб гьумералъул ясалдаса. ЛъикIго кодоб хенезеги гьабун, магнитофоналда жаниб лъуна кассета. Берцинаб гьаракь чвахана гьелъул ракIалъе дару-дарманлъун: «.. .мун ячIана дир гIумруялде ва тIолабго дунял къалъун тIегьана дие. Лъугьана тIугьдузул дунял ва мун-гьезул хан, гIадада гурелъулха дуда гьединаб берцинаб цIар лъураб. ТIоцебесеб къоялъго дида ракIалде ккана гьаб гIинтIи дул тIогьое хважаин хIажат вугилан...». Гьеб кассета кьун букIана гьелъухъе Камилица. Камилилги гьелъулги кинабго букIана цIакъго лъикI, иш дагь-дагьккун гIагарлъулеб букIана бертаде. Гьедин букIана гьезул гIумруялда Мухтар ваккизегIан.

-Гьадав щив мегIерберцин дуда хадув чIарав? Чанго нухалъ вихьана дида дов дур институталда, рукъалда сверун лъугьун?!

-Щакдарулевищ? -Гьедин батани, йокьулей йихьула. Лъаларо дида дов,-илан Розаца тIоцебесеб нухалъ Камилие гьереси бицана. Кинха гьесда бицинеб букIараб къойилго абизе гIадамал ритIун, кагътал хъван гьелда хадув чIарав чи Мухтар вукIин. Гьаб рокьи ккаразул хабар халалъизе бегьилаан чанго талихIаб соналъ, къисматалъ жиндирго ихтияр хIалтIизабичIебани.

Аварияги ккун, инвалидазул коляскаялде вухьана Мухтар. Гьанже байбихьана ясалъе унго-унгояб гIазаб кьезе. Мухтарил кагътал хисана гьесул эбелалъул къойилго ячIиназдалъун ва гьелъул гIодияздалъун: «Хвезе тоге, дир яс, Мухтар. Гьесул гI умруялъул нур ссун унеб буго. Дуда кIола гьесие кумек гьабизе. Тохтурзабаз абуна гьесул бохдузда вахъине рес бугилан. Аллагьасе гIоло  кумек гьабизе. Розае кинго бокьун букIинчIо гьел чияр гIадамазе гIоло    жин­дирго рокьиялдаса ва талихIаб гIумруялдаса инкар гьабизе. РакIалъ гьей ахIулей йикIана   гурхIел-рахIмуялде, гIакълуги рекIел гьаракьги кьеркьолел рукIана цоцалъ жеги чанго къоялъ...

Гьелда лъалаан гьеб къоялъ Камилилгун ахирисеб дандчIвай букIин.

-Дуда лъалищ жакъа бугеб рохалилаб, талихIаб къо?!-ян гьес ясалъе щибго бицинего течIо. -Дица бицана хабар эбел-инсулгун, ракIалда чIа 28 августалъул къо! Даимаб цадахъаб гIумру, Роза....

 -Камил, дун росасе уней йиго.

ГIолилав циндаго вуцIцIун чIана, гьесда кинабго бичIчIана ва тIадеги вахъун, гьев нахъе ана. Гьанже Розада бихьана скамейкаялда Камилида кIочон тун хутIараб багIараб кIуни. Гьелда жаниб бугоан гIинтIидул тIегьалъул сипаталда гьабураб меседил баргъич. Хадуйги екерун, ясалъ гьеб Камилихъе бегьана: -Дуда кIочон тана...

Камилица ясалда кодосаги босун, «Дуда кколищ гьанже гьаб лъиего хIажат бугилан ва дие сундулниги кIвар бугилан?!»-ги ахIун, кIуниги хIарщулъе хьуризабун, Камилица нух босана. ТIокIалъ гьел дандчIвачIо...

-Роза! Кий йигей мун?! Мухтарил гьаракь ва инвалидазул гьакил къирщ-къирщи рагIун, гьей макьидаса йорчIизаюрай гIадин, тIуркIун нахъехун юссана.

-Мухтар, дуе щиб букIаниги хIажатищ бугеб? Щиб ккараб?

-Дуего щиб ккараб? Сунца дур paxl ат хвезабулеб бугеб?-ян гьикъана росас.

-Кинабго лъикI буго, дуца, сундулниги ургъел гьабуге,- йилан Розаца бадиса магIу бацIцIана.


Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьав Мухтарил х1алихьалъи бихьулищ,вач1ун гьоркьове рокьи щущазабуна! rage 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook