Авторизация

ЩайтIаби

 КъутIбудин лъиениги вокьулароан...
Дун – студент, мискинчи, доб мехалъ рагъарал щватабиги ретIун, общежитиялда гIумру гьабулев вукIана. КъутIбудин, бечедав инсул вас вачIунаан нижехъе, нижеца гьабулеб гуреб, цойгиги, лъикIаб, бокьилеб гIадаб бечедаб гIумру дунялалда букIин бихьизабизе гIадин. Гьесда бер речIчIарабго, лъалаан батIи–батIиял пачалихъазда кинаб ретIел къватIибе биччан бугебали. Гьесул бечелъиялъухъ жахIда ккун бицунеб paгIи гуро дир аб, живго жиндицаго гъанкъарав КъутIбудинихъ жахIда лъилниги ккеларо; гIамалго букIана гьесул санагIалъи гьечIеб.
ТIоцебе, КъутIбудин живго жиндицаго гъанкъун ватанилан рагIараб мехалъ, дица гIажаиблъи гъабуна, битIараб буго, амма рекIелъе биччачIо, цо хIисабго гьабичIого гIадин тана. Цадахъ цIалулел рукIин гурони, дирги гьесулги цо кIудияб гьоркьоблъиго букIунароан, гьединлъидал унтичIо дида гьесул хвел. Амма гьоркьоб заман бахъарабгIан, дие гьеб хвелалъ рахIат толеб букIинчIо, дида щаяли лъаларо. Данде ккараб мехаль гьесул кверги босулаан, щиб хIал бугебиланги гьикъулаан, тIокIаб нижеда гьоркьоб ккара–тараб жоги букIинчIо, амма КъутIбудинил хвелалъ дие рахIат толеб 6укIинчIо. Дие бокьулароан гьесул чIухIи, пахрулъи, бокьулароан гьесул цIекIаб катIариги. Гьеб катIари букIана чIегIераб, тIад нах бахараб гIадин, цIвакун чIезабураб. Гьединаб катIаригун гурони, дида гъев цевечIезавизего кIоларо. Холеб мехалъги, катIари цIвакун букIун батила.
Заманалдасан рагIана КъутIбудиница нахъе тараб кинабалиго тетрадь бугилан, гьелда бугеб хъвай–хъвагIайги цоцалъа бахъизе лъалареб, бичIчIулареб жо бугилан. Дир гьудул–гьалмагьлъиялда лъала, гьединал хъвай–хъвагIаял лъихъниги рукIин лъани, дитIе унти бачIунеблъи; гIумруго гьезда хадув лъугьун унеб буго дир. Гiабдалзабазулги, щайтIабаца ккурал гIадамазулги хIакъалъулъ гурони, хъваларсв чи вугилан, квер хьвагIун, тут вуго гьез дун, шайтIбаца ккурав чи гIадинан.
Дихъе гьеб тетрадь щвеялда божулев вукIинчIониги, дир къасд ккана гьелда хадув вахъине. Гьеб батула гIагарлъиялъухъ, гIагарлъиялъе бокьуларо гьединаб жо батIиязда бихьизе, хасго хъвадарулев чиясда.
Гьединлъидал дица пикру гьабуна цин КъутIбудин цIалулев вукIараб факультеталъул деканасухъе ине, цIехезе, бугебищ гьеб тетрадь, гьечIебищ, нагагьлъун батани, кинандай гьеб дихъе щвелаян гьикъизе.
Гьадинабги–гьадинабги къваригIел бугилан бицараб мехалъ, декан велъана.
– Мун жеги добго магIишаталда, гIантабщинаб жо хъвалевищ вугев? – илан гьикъана гьес дида.
– У.
– КъутIбудинил тетрадь къваригIун бугоха дуе?..
– Уха...
– Дица цIалана гьеб, – илан абуна деканас, – цIалана, цIализеги кIиго нухалда,  тIатIала вуссун... Дурго гIадин, дирги интерес ккана гьеб хвелалъул...
Декан циндаго вуцIцIун чIана, КъутIбудин ракIалда щун ватила, хадуб столалъул хъурщиялъуса къватIибе бахъун бачIана 95 копекалде букIунеб кIудияб тетрадь. Деканасухъ гьеб тетрадь батилилан ракIалдего ккун букIинчIо.
– Гьале гьеб... КъутIбудиница, мунагьал чурадица, хъвалеб жо битIараб батани, дунни гьес божизавуна, гьаб дунял рагIа–ракьанде щун лъиданиги бичIчIизе кIолареб жо букIиналда щаклъиго ккеларо... Paгla–ракьанде щун щайгурин... цо къатIраги бичIчIулеб гьечIо нилъеда... Гьале гьабcaгIат дунги мунги гъечIищха гьаб кабинеталда... кIиго чи... нилъ – кIиязулго гIумру, pyxl... Дуца пикру гьабе, гьаниб жанибго, гьаб кабинеталда жаниб цойгиги ункъго–щуго рухIчIаголъи, ункъго–щуго pyxl... нилъеда бихьуларсб, бихьизе ресги гьечIсб. Гьанже дица бицун дуда гьеб бичIчIуларо, тетрадь цIале...
Тетрадь цIалулеб мехалъ дида ракIалде бачIана КъутIбудиница жиндирго ккараб цо лъугьа – бахъин бицун букIараб куц. Лъугьа–бахъин щиб букIинеб... жиндицаго цо хIинчI чIвараб куц. Тетрадь цIалилалде, гьеб бицинчIого бегьуларо.
– ... Кисан жанибе бортун бачIарабали лъаларо, – ян бицун букIана мунагьал чурадица, – амма берцинаб хIинчI букIана. Дида гьединаб берцинаб хIинчI цебе – цебе бихьунго букIинчIо. ГIемераб замана бана гьеб кквезе кIоларого, боржанхъулеб гьебги хадув векерахъдулев дунги – гьаб хIал букIана. Щвана, гордаги речIчIун, кибе кIанцIилебали лъаларого терхелеб бугеб мехалъ, дир хъатикье ккана. Хинаб жо бугоан. Босун азбаралъубегун, цементалда тIадги лъун, тIурун инаредухъ тIад хIетIеги лъун, дун хIанчIида тIад ваччана. Цо «чIикь» – илан гьаракьги бахъанин ккола...
– РакI къачIебищ дур?
– Дур гIадаб гурелъулха дир ракI бугеб... бихьинчиясул ракI буго...

ТЕТРАДЬ: Байбихъана гьадинан: къаси сардилъ кьижун вугев дида тIад бараб юргъан багьарахъдана; дун ворчIана ва гIенеккун чIана; рагъида дове–аниве хьвадулев чиясул гьаркъал рагIана. Дун кIанцIун тIадеги вахъун, хIатIида мачуял холев вугеб мехалъ, йорчIана аскIой егун йикIарай чIужу.
– Мун киве? – илан гьикъана гьелъ дида.
– Цо чи вуго гьадава женжедилев...
– ЧIая цо... гIенекке, – ян абуна чIужуялъ, жийгоги гIенеккун чIана.
ГIенеккана. БахъинчIо сундулниги гьаракь.
– ГьечIо гурищ щибниги, – ян абуна хъизаналъ.
– Гьанже гьечIоха... БукIана, дида рагIана...
– БукIараб батани, балагьизе аха, – янги абун, дидехун мугьги рехун, кьижана гьей. Дунги вегана, щибха дица гьабилеб? Амма гьанже ракI бухIун бугоха доб сордоялъ тIаде вахъинчIолъиялдаса.
ГьабсагIат дица кинабго мухIканго бицина. Кинабго мухIканго. Цин дир чIужу щияли бицина, хадуб ккарабщинаб бицина.
ГIантав чи вихьараб мехалъ, диде унти бачIуна. Мисалалъе, дирго чIужуялда берчIварабго гьурмалъе цIа гьулчун бачIуна, ццидаца черх цIунцIраххинабула. Ячудасанго хъизан гьединай йикIарайани, ниж церего ратIалъулаан, ялъуни ццидахъе дица чIван рехулаан.
Лъаларо щиб ккарабали, гьей хисана. Гьелъ ахир–къадги дун хвезавизе вуго. Нолъги, регилалде цебе, дун гьелда гIемер гаргадана, ахIдонги абуна, гьимунги бицана, тIохол кIал цIун бугебгIанги гьелъ данде жаваб кьечIо. Дида лъала, гьеб ургъунго дир ццин бахъине гъабулеб иш буго.
ЯчIана рокъой щибго жо ккечIеб гIадинан. Гьей лъимер гьабизе йиго, гьелъул гIебеде битIараб чехьалъ рахазе толарого букIуна пальто. Дида гьелдаса сурукъ бихьулеб жоги гьечIо. Дун гъелъухъ, гьелъул щибаб рагъа–рашариялъухъ валагьун вукIана. Дун гьелда кIалъалев вукIинчIо. Ургъунго гьейги кIалъалей йикIинчIо.
– Квен щайха цебе лъолареб? – илан гьикъана дица.
ЧIужу кIалъачIо.
– Дуда гурищ дум?!
– Дуда бихьуларогойищ бугеб дун гьабсагIат рокъое щварайлъи? ЧIаха, гъабун бахъинегIан...
Дида лъалаан гьелъ гьедин абизе букIин. Гьедин абизе къваригIунги букIана дие.
– Квенги гьабичIого, мун гьанжелъизегIан кийха йикIарай?
ЧIужуялъ жаваб кьечIо. Дида лъалаан гьелъ, кIицIусада гьикъичIого, жаваб кьолареблъи, нижер сордойил ккола гьадинаб кIалъай.
– Дуда гурищ дун? КIицIуса гьикъичIого, кIалъазе бегьуларищ мун? – Дица кIвараб жигар бахъулеб букIана ццин бахъун 6укIин бахчизе.
– КъваригIелалъ ун йикIана...
Дида лъалаан ХIосенилъуе ай хьвадулейлъи, амма чIужуялъ жий ХIосенилъуй йикIанилан абилищха... Дида гьев ХIосен я вихьарав, я рагIарав чи гуро, амма дица гьев цевечIезавулев вукIана къокъаб лагаялъул, хIалакъав ва загIипав чилъун. Щаяли лъаларо, гьаналъ бицунеб букIана гьесул кIиябго бохги хIалтIулареб, бакъвараб букIин. Дица цо кинаб бугониги, дидаго жеги бихьичIеб жо цебе чIезабураб мехалда хIакъикъаталда гьединаб батула бихьараб мехалда. Лъаларо ватилевищали, амма ХIосен дица цевечIезавулев вуго бохдул хIалтIуларев чилъун. ГьелъгIаги батила, дир хъизан гьесухъе уней ятаниги, ХIосенида гьелъие щибниги гьабизе кIоларилан кколеб бугеб.
– Щиб къваригIел дур букIараб?
ЧIужу тIаде яхъана ва гурдида тIасанго халат ретIине лъугьана. Гьанжесала гьелъ бачIинахъего кьуна жаваб:
– Диего бокьаралъуй щай дун иней бегьуларей?
– Дур росги вукIунха, дурго рукъги букIун, мун дир чIужуги кколей йикIун, цебе ккара – ккаралъуй мун ине дне бокьунги гьечIого...
– Дуе бокьа–бокьараб гьабизе кколей чIужу гуроха дун...
ГьабсагIат дун гьелде семизе лъугьани, ялъуни дица гьелда кьабуни, гьей юцIцIун, кIалъачIого чIола.
– Написат, – илан абуна дица, – дуда цо жо бичIчIуларого буго. Дур бетIер сверулеб бугилан ккола дида. Мун кIудияй гIурай, рос–рукъалде юссарай гIадан ккола... Дур эбел–инсуца дуда щиб малъулеб букIарабали дида лъаларо, амма, росас малъарабги гьабун, ригьда рокъое юссине лъазе ккела. (Дихъа киданиги бажаричIо семун, дидаго бичIчIулеб букIана дихъа гьеб бажарулеб гьечIеблъи, релълъунеб гьечIеблъи, гIанта–гIантал жал рицунев вукIин... Дие гIемер бигьа букIана нахъе–цебеги биччан гьелда бахинабизе). Росасда йигей гIадан рокъое юссине ккеларищ? Гьедин гурони йикIа–яхъине дуда лъалареб батани, нилъеца цадахъ гIумру гьабун бажаруларо!
– Дица дуда бачIинахъего абуна, бажаруларилан...
– Написат, мун гIедегIахъдуге... Дуе камураб щибниги гьечIо... Гьаб минаги дур буго... КъанагIат буго МахIачхъалаялда гьадинаб мина... Кинабго рокъоб бугебщинаб жоялъул хважаинги мун ккола. Цойги щиб дуе бокьун бугеб? Дун жеги дуда ццин бахъунги кIалъачIо... цо–цо... сон букIанаха... гьебги дур гIайибалдалъун ккана... Щиб дуе лъугьараб жо?..
– ХIакъикъаталдаги, дуе лъазе бокьун бугеб батани, дица бицина...
– Буго.
Написат ячIун столалда нахъа, данд йитIун гIодой чIана.
– КъутIбудин, дуда лъалаха дие мун вокьулареб куц...
(Унго дие бокьулареб куц чIужу рокьул бицине лъугьунеб мех.)
– Дуда лъалаха дие мун вокьулареб куц,  гьелъул бицинаро… Гьединго дуе дун йокьулареб куцги лъалелъул дида... Дуда лъалаха дуе дун кин ячIараялиги. Гьелъулги бицинаро. Киналниги дида лъалелщинал чагIаз абула дудаса талихI бугев чи ватиларин, лъикIаб бечедаб бакIалъе ригьинги гьабунин, берцинав бажари бугев чиги щванин... Дида сверухъ вугевщинав чиясул бетIер сверун буго. Дие бокьулеб гьечIо дур бечелъиги, дур къуватги... Дида лъала дуе дун йокьуларейлъи, амма  чIухIиялъ дуца дун хисизайичIого, мукIур гъайичIого, ячарайго гIадин, зулму–хIал гьабун гурони, йиччан тезе гьечIо ...
БичIчIулебгIаги бугищ дуда дица бицунеб жо? Кидаго рукIине руго нилъ цо гьанал кесекалде тIаде ккараб кIиго гьой гIадин... Дуе бокьун буго дурго бечелъиялъ, дурго къуваталъ дун мукIур гьайизе. Дие къваригIараб батIияб буго, дуда гьеб бичIчIизецин бичIчIуларо...
– Мун дир рокьиялда щай божуларей?
– Лъаларо, дуда божулей гьечIоха... Те гьеб хабар, КъутIбудин. БатIи–батIиял гIадамал руго нилъ, дуда дун киданиги йичIчIизе гьечIо...
– Дида мун щай йичIчIизе кколей, дуда дун вичIчIизе ккелаха!
– Щай?
– Бихьинчи вукIун, рос вукIун, дица мун хьихьун йикIун!
– Хьихьуге... Дица дуда щибаб къоялъ гьарулеб буго – хьихьуге! Дун къасиго къватIие ина – хьихьуге, хадув векерунги вачIунге, гьардоге, гьедаруге, дир эбел–инсуде тIаде кIанцIуге, гIадамазда гьоркьоб хабар тIибигIизабуге... Хьихьуге!
Гьединаб кIалъай нижер, сордойил кколеб батичIониги, анкьида жаниб кIигониги нухалъ ккей ракIчIараб буго. Цееги дица цо нухалъ ячахъун йикIана ай. Хадуб хIисаб гьабураб мехалъ... цIидасан инсул гIарацги хвезабун, бертин гьабулевищ вукIинев? Дида лъала инсул гIарац гIодобе базегIан гIемер бугеблъи, амма гIарац хвезабизе гIоло ригъин биххизе бегьилищха... Цойгиги, дица йиччан тарай гIадин ккезехъин гьечIо иш, долъ дун рехун танилан бачIинехъин буго къватIибе хабар. Гьеб дие данде кколаро. Дида лъала, гьабсагIат гьей йиччан тани, Написат, жиндиего бокьараб гьабун гурони чIечIилан хабар бижизе буго. Бегьилаан, дида бащадаб ресги, къуватги бугел чагIи рукIаралани, гьезукьа къунилан сурилароан, амма гьай гIабдал жание ячине кIвечIони, дида щибилан абилеб? Жегиги гьитIинай алда гIумру щиб жояли бичIчIичIогонилан, дун гIабдал гурелъул. ГIумроялъго гурелъул Написатица рокьул бицинехъин бугеб? Кида бугониги айги кIудияй гIеларищ.
– ЛъикI буго, тела дица мун йиччан... А дурго бокьаралъуе! Амма тIокIай тIад юссунарейха... Цойги... гьеб лъимадуй (дица гьелъул чахьалде килищ битIана) алиментал рахъизеги лъугьунге... Гьеб дир лъимер гуро, бичIчIарабищ?
Столалда нахъа гIодов чIовухъе дунги тун, гьей кIанцIун яхъун добцояб рокъоехун ана. ГIодизе ун ятила, гIодизе бокьула цIакъ.
Дида лъалаан гьей метерго рокъое ячIунейлъи. ТIоцебесеб нухалъ гурелъул дица гьей гьедин йитIулей йигей. Написатида жеги бичIчIулеб гьечIо, рукъзалги гьечIони, гьабсагIат бугебщинаб ретIел–кунги гьечIони, горбода рарал рахсалги гьечIони, гIадамаз жиндирго къимат гъабулареблъи.
Нахъияб къоялъ дун институталде инчIо. Нигат ккана вихьичIев, рагIичIев, амма ракIчIун вукIин лъалев ХIосен валагьизе ине.

ДИРГО РАХЪАЛЪАН. ХIосенилан абулев чи гьечIо. Дица тетрадь цIалун бахъараб мехалъ, гьев чи цIехана; КъутIбудинил эбел–инсудаги цIехана, лъиданиги лъалев ватичIо. Гьев гьечIев ХIосен тетрадь цIалун бахъинегIан нилъеда чанго нухалъ дандчIвазе вуго – гьединлъидал дица, гьаб бакIалда бицун, чIамучI гъабиларо.
Гьаниб бокьилаан КъутIбудиница хъвалеб бугеб хъизаналъулгун ккараб гара–чIвариялде кIвар кьезе. Дида Написат йихьана. Гьелъ абуна гьединаб гаргар жидер ккун букIинчIила, амма жидер цоцаздехун букIараб гьоркьоблъи гьес битIун бичIчIизабун бугилан. «Нагагьлъунги гьединаб гара–чIвари ккун букIарабани, нижерго гъоркьоблъиялъул бицине ниж лъугьун рукIаралани, КъутIбудиница хъван ругел гIадал рагIаби гурони батIиял рагIаби дидаги ратилароан, дос дидаги абулароан. Хварав–арав чиясда квешаб рагIи абиги рекъон букIунаро – ян абулеб букIана Написатица, – амма цIакъ вокьулароан дие дов. Цо батIияб квач букIана досдасан бачIунеб. ХъачIавилан абуницин данде кколеб гьечIо. Гьеле гьеб цIар, КъутIбудин, гьеб цIакъ рекъолеб букIана досул гIамалалда».
Жийго Написат йиго гьитIинаб лагаялъул, чIимигIай, квер ккун гурони, дое–ание ячине бегьиларей гIадай яс. Ахираб заманалдаги дагьайги цIакъ хIалакълъунги рагIула – гьелъ жиндирго гIайиблъун рикIкIунеб буго КъутIбудинил хвел.
КъутIбудинил тетрадалде тIад руссиналде, абун тела гьев пединституталда, физкультурниказул факультеталда цIалулев вукIанилан.
Цойгиги, гьабсагIат тетрадалдасан дуца цIалила КъутIбудинилги ХIосенилги дандчIвай, амма цойгиги нухалъ такрар гьабулеб буго – ХIосенилан абулев чи гьечIо.

ТЕТРАДЬ: Лъица бугониги хабар бицунеб мехалъ дне цIакъ бокьуларо чIамучI гьабизе, заман цIунизе ккола жиндиргоги чиярги, гьебги инсуца дие кьураб гIакълу буго. Амма, кигIан чIамучIлъаниги, ХIосенил рукъги гьесул къайи–свериги кинаб букIарабали бицине ккола, щайгурелъул гьеб бицинчIони, ХIосен щив чи вукIаравали бичIчIуларо. Рукъ букIана тIуцаб, гIажаибго тIуцаб, къадал рукIана чорокал. Гьеб букIана цо кIудияб минаялда хурхинабураб гIанкIуязе гьабураб къотIелалда релълъараб бакI. Дида кинго бичIчIуларо гьединаб бакIалдаги гIадамас гIумру кинан гьабулебали. Рокъоб жаниб букIана цо наралда релълъараб тIад чи вегизе гъабураб тIагIелги, накалдецин бахунареб цо столалда релълъараб жоги. Къеда хурхинабураб хъорщол жоги букIана цо тIад суркIа–щурунги чайник–къоноги лъураб. Гьесул ретIел–кун лъолеб бакI дида бихьичIо; ретIел–кунги щибха гьесул батилеб, гьаб гIумруялда вугев чиясул. ХIосен дида ватана гьеб цо наралда релълъараб жоялда тIад кIусун, къеда мугъги чIван, махIабазде чорокаб юргьанги рехун, цIалделев. Столалда тIадги рукIана тIахьал. ТIоцебе бер речIчIарабго, тIахьазул цIураб рукъ бугилан кколаан, гьел тIахьал, киналго цадахъ цо бакIалде харун унел хIисаб букIана. ТIехьги кодоб ккун вугев чиясдехун дир рокьукълъи букIунаро, амма дида лъала гьев чи тIадагьав, анищазда вукIунев чи ватулеблъи. ХIосен живго вукIана къокъаб лагаялъул, цIакъ хIалакъав, цIулал гъавурав гIадав, вакъварав чи. Гьесул сурукълъи берцинлъи дида лъаларо, цин хал гьабураб мехалъ, сурукъабиланги кколеб, хадуб, дагъ–дагьккун ругьунлъараб мехалъ, божилъи бижизабулеб гъумер букIана гьесул. Дие бокьуларо къваридал ва гIурччинал берал ругеб гъумер, гьединаб гьумералда квач букIуна. Амма ХIосенил гIадаб тамахаб, гьимигун тIубан хисун бачIунеб гьумер дида киданиги бихьичIо. Бихьизеги батиларо...
Дун жаниве вачIараб мехалъ, ХIосен гIажаиблъи гъабун хутIана. Гьесда ракIалде ккун батизе ккола, жанивеги вачIун, къачIа–кIатIарав чи валагъахъдизе лъугьараб мехалъ, цIакъ пахруяв чи вачIанин жиндихъего – ян. Гьев чиясда цебе дир чIухIизе бакI букIана. Гьединаб гвандиниб гIумру гьабулевгIаги гурелъулха вугев.
– Ассаламу гIалайкум, – илан абуна дица, гьесухъе кверги бегьун.
– ВагIалайкум салам, – илан жаваб кьуна ХIосеница, дир кверги босун. Дихъе квер кьелалде, хъатикь ккун букIараб цо бицатаб тIехь, киб лъелебали лъаларого, хутIун вукIана гьев, ахир–къадги чIарбида лъуна.
– ГIайиб гьабуге, лъикIав чи, дида тIаде вахъине кIоларо, дуе кигIан цIакъ дун тIаде вахъине бокьун батаниги, дие гIумру кьурасе бокьун букIун гьечIо, мун вачIараб мехалъ, дун тIаде вахъине.
Гьесул кверги цIулал гьабураб гIадаб, бакъвараб букIана. Амма жиндихъего бегьун бачIараб дир квер ХIосеница, эбелалъул квер гIадин, гIажаибго хIалимго къабул гьабуна.
– Гьале гьал цо тIахьалги дорегIан цун, гьанив гIодов чIа, – ян абуна гьес, гIодов чIезе бакI балагьулев дунги вихьун, – тIасаги лъугьа, Аллагьасе гIоло...
Дун, хIакъикъаталдаги, кив кIусилевали лъаларого, гьаб картIинив гьунарого вукIана.
– ГIодов чIа, лъикIав чи, дида бихьулеб буго мун рохел бицине вачIарав чи гуревлъи, гьединлъидал гIодов чIун бице, – ян абуна гьес гьимизеги гьимун.
– ХIосен мунищ кколев? Дургун лъай–хъвай гьабизе бокьун букIана дие...
– Дур вацлъун вукIине разияв вуго дун. Дун дур вацлъун вукIинаан, Аллагьас гьедин хъван батарабани, амма дуе бокьилароха дун гIадав чи дурго вац вукIине...
– Щай? – ян гьикъана дица, гIажаиблъиги гьабун.
– Аллагьас гьедин хъван батичIогоха...
– Дуда Написат лъалейищ? – илан гьикъана дица, гъаб бакIалда жанив гIемераб мехалъ яхI гьабизе кIолареблъиги бичIчIун. ХIосеница бицунеб жоги рагIа–ракьанде щун бичIчIулеб букIинчIо дида. Гьесул дидехун бугеб гьуинлъиялъ риххизаруна дир пикраби, дида щибилан асда абизе вачIун вукIаравалицин ракIалда хутIичIо.
– Лъала. Написат алжанаялъуе ккезе йигей гIадан йиго.
– Дун гьелъул рос ккола.
Дида ккун букIана гьел рагIабаздаса хадуб гьев гIажаиблъи гьабун лъугьинин, хIинкъилин, гьесухъа кIалъанцин бажариларин. Амма дица гьедин абурабго, гьесул, гьурмалъе гьулчун бачIана цо батIияб дангъва, гьев цIакъ вохана, дун Написатил рос ватиялдаса гьев разилъана. Гьесул гьурмада дангъва чIванилан абуницин битIун ккеларо, гьесул гьумер унго–унголъун гвангъана. Дида лъаларо кинаб рохел бачIине кколебали, гьединан чи цIилъизавизе ккани.
– Дун кутакалда вохарав вуго мун цойгиги нухалъ дир гьаб рокъове вачIиналдаса, – ян абуна ХIосеница.
Дица гIажаиблъи гьабуна:
– Дун тIоцебесеб нухалъ къалев вуго гьаниве жаниве...
– Написатица щибаб къойил цадахъ вачун вачIуна мун аниве, дида мун цIакъ лъикI лъала...
Дица цойгиги нухалъ абизехъин букIана дун гьаниве киданиги вачIун вукIинчIин, хасго Написатида цадахъ, хадубги хIисаб гьабуна, гIажизав гуревги, бетIер свераравги ватизе бегьулин авилан ва гIадада заман хвезабиларин, дирго мурад бицана:
– Дие бокьун буго ХIосен... Дие цIакъ бокьун гьечIо дир чIужу, Написат гьание хьвадизе. Дида лъала нужеда гьоркьоб щибниги букIине рес гьечIолъи, нужеда гьоркьоб щибниги букIарабани, дун дуда гаргадилев гьанив кIусун вукIунароан, Написатги чIаго йикIунароан... Нилъер кIиязулго дандчIвайги жакъа тIубан батIияб букIунаан. Дун гьаниве вачIун вуго, дуда бичIчIуларого батани, Написат гьание ячIуней йикIин дие бокьун гьечIолъи дуда бичIчIизабизе... Цойгиги нухалъ дир чIужу гьаб бакIалде жание къани, нилъ кIиязулго кIалъай тIубан батIияб букIуна…
– Гьадин абуге лъикIав чи, – ян абуна ХIосеница, жиндирго мугъзада нахъа букIараб къандалъоги битIизабулаго. – Дур щибаб рагIи гьабсагIаталда Написатида унтулеб буго... ГьабсагIат дуца бицунебги, дуе бокьун гьечIебги я дуда, я дида, я Написатида бараб гьечIо...
Дие бокьичIо ХIосенил тамахлъи, гьесул гIодове виччай, картошкадул бицунеб гIанги ургьел гьечIого гьабулеб калам. Дидаго лъачIого, дида тIад кверщеллъи гьабизе лъугьунев вугин, гьес малъа–малъараб гьабизе къачIан чIун вугин дунгоян кколеб букIана. БукIана гьесулъ цо дидаса бергьунеб рухI, къуват. Дида гьеб бичIчIулеб букIана, бичIчIанагIан дир гьесда ццинги бахъунеб букIана, къваригIун букIана гьеб диде гьулчун бачIунеб гьесул къуваталде, гьеб дида бичIчIулареб, дун хIинкъизавулеб асаралде данде къеркьезе.
– ХIосен, дун гьединан халат бахъун бицунеб цIекIаб хабаралъул чи гуро, дуда гьеб бичIчIун батила, тIокIаб гьаб рагьумахIу бахун Написат гьание къаларо! Гьеб рагIи гIезе ккела. Сордо лъикI.
Гьес гIодове виччан абуна дида, къватIиве унев чиясда:
– Нух битIаги, лъикIав чи, – ян.
Дир дагьабги ццин бахъана, дир ццин бахъунсб букIана гьес дир ццин къинабулеб букIиналъ. Сундуего мукIурлъизавилин гьев чиясилан кколеб букIана, гьелдаса хIинкъулев вукIана дун.
КъотIнове щвараб мехалъ, дица гIажаиблъи гьабуна къад мех батиялда. БичIчIулеб букIинчIо дица ХIосенида сордо лъикIилан щай абурабали. Гьесул рокъов жанив дун вугев мехалъ, дир щаклъито букIинчIо къаси кватIараб мех гьаб букIиналда. БатIияб асар гьабуна гьев чияс дие.
ХIосенида, дандчIван вукIинчевани, дица гьаб тетрадь хъвазе байбихьулароан. Гьес тIамуна дун. Рокъове щварабго байбихьана ккарабщинаб хъвазе. Гьебго къоялъ ракIалде щвана дида доб цо макьуги, гьединлъидалин дица тетрадь макьуялдасан байбихьарабги. Гьеб къоялдаса нахъе, дица щиб гьабулеб бугониги, киб бакIалда дун вугониги, дида кидаго кколаан ХIосен рикIкIадасан дихъ валагьун вугилан.
Дун вукIана, Написатица гьанже щиб бицунебали гIенеккилилан, амма гьеб сордоялъ гьей рокъое ячIинчIо. Къадго рокъое ячIун, горбода бан букIараб рахасги, кIилкIалги, сагIатги, хIасил–калам, дица босун кьун букIанщинаб жоги столалде рехун тун, ун ятана. Амма пальтоги, тIад ретIараб ретIелги цадахъ ун бугоан. Дир ццин бахъана. Амма дир хьул букIана гьей тIад юссиналда, къайи–къоногIаги аниб хутIараблъидал. Хадуб пикру гьабуна гьелъул эбел–инсухъе ине, хадубги ракIалде щвана дицаго Написатида абун букIараб. Гьеб гуребги нужер яс тIурун ун йигилан абизейищ дун гьезухъе инев? Дирго эбел–инсуда аскIовеги ине кIвечIо, щиб кканиги инеги инаро.
Дун, диваналдаги вегун, телевизоралъухъ валагьун, цогиги сагIаталъ яхI гьабилилан чIана. Ана сагIат. Ана кIиго. Дир тIадеялдаса тIаде ццин бахъунеб букIана, амма лъиде гьеб буссинабилебали жеги мухIканго бичIчIулеб букIинчIо. Щаяли лъаларо, цин ХIосен ракIалдего щолев вукIинчIо, амма хадуб, гьев ракIалде щвараб мехалъ, дагьабги цIакъ ццин бахъана. Ццидалъ дун диваналдаса кIанцун тIадецин вахъана. Ццидахъе ХIосен щолев вукIаравани, дихъан гьев холаан. Амма ццидахъе гьев щвеларо, дица гараж ричIун бахъинегIанги, машина къватIибе бачинегIанги, гьесухъе бугеб нух тезегIанги, дир ццин ссуна. Дун цIидасан диваналда вегана. ГьабсагIат къватIиве ине кколев чияс гIадин, пальто тIасаго бахъулеб букIинчIо.
ХIакъикъаталдаги, ХIосенилъуй дир хъизан ятани, дун, гъадинан тIад белъизе гьадаб цо жаназаги гьабун, кидалъагIан вегун вукIинев? Дун гъанжеги тIаде вахъана. Дида ракIалде ккана кин бугониги ХIосенилъуве ине. Телевизорги свинабун, бецIаб рокъоса къватIиве вахъунеб мехалъ, дица гIажаиблъи гьабуна дир кавудухъ чирахъ рекIун батиялда. Гьеб кидаго Написатица рекIинабулаан, дидайин абуни киданиги ракIалде щолароан. Рокъове щвараб мехалъ, дица гьеб рекIинабун батани, гьеб гIажаибаб жо буго. Чирахъ рекIинабураблъи дида ракIалда гьечIо. Дун цIидасан тIад вуссине ккана, рахараб нуцIаги ричIун, гьеб свинабизе, выключатель букIана рагъида, жанибехун. КъватIире унеб мехалъ, нижеца цогидаз гIадин кавудухъ чирахъ рекIун толароан, къотIноб бараб чирахъалъул канлъи гIолаан. Дун цIидасан къватIиве ваккаравго, дир кавудухъ, жанисеб рахъалъ, азабаралъуй эхетун ятана цо чIужугIадан. Дида гьелъул куц–мохъ бихьулеб букIинчIо, гьей кколей йикIана рагIдукье, къотIноб бараб чирахъалъулги загIипаб гурони канлъи букIинчIо.
– Дие КъутIбудинин абулев чи къваригIун вукIана, – ян абуна гьей чIужугIаданалъ, гIурус мацIалъ. Гьаракь букIана гIолохъанаб.
– Дун ккола КъутIбудин.
– Мун къваригIун вукIана дие, – ян абуна гьелъ гьанжесала магIарул мацIалъ.
Дица жание ячIайилан абизе къваригIун букIун батила, тIокIай кIалъачIого гьей, дир азбаралъуй, кавуялда нахъа эхетухъего чIана. Дица гьелда абичIо жание ячIайилан.
– Дур чIужуйищ Написат?
– У.
– Дир дуде цо гьари буго...
Гьей рагIдукьа дагьай цеегIан ячIана, амма дида гьадинай гIадан йикIанилан абизе кIолеб хIалалда йихьулсй йикIинчIо.
– Гьа... – ян гIенеккун чIана дун. Амма гьелъ щибиланниги абулеб букIинчIо. КигIан гьелъие бокьун букIун батаниги, дица гьей жаниеги ахIичIо.
– Написат ХIосенида аскIоса нахъе яче...
Дун лъикI мехалъ вуцIцIун чIана. Дида бачIинахъего рагIа–ракьанде щун бичIчIулеб букIинчIо щибилан абилебали.
– Щай? – илан гьикъана дица.
– Дун ХIосенил чIужу ккола... Написат ячIун досда аскIой чIун йиго... Аллагьасе гIоло дие кумек гьабе...
– ГьабсагIатги ХIосенилъуйищ Написат йигей?
– У. Дун доясан ячIиней йиго...
– Гьедин батани, дие гьанже Написат хIажат гьечIо... Дояго хвайин абе...
– Дун кьурун вуссун, кIалтIа эхетухъе гьей ясги тун, рокъове жаниве лъугьана. Ццин бахъараб мехалъ, дица гIадалал жал гьарула, гьебги лъан, дун, ццинги жаниб къулчIун, кинабго жо гIодове виччан гьабизе жигар бахъулев вукIана. ГIодове виччан, рекIинабуна чирахъ, гIодове виччан, бакана телевизор ва вукIараб къагIидаялъ диваналда вегана. Гьеб мехалъ бичIчIана дида хIохьел хIалуцун цIалеб букIинги, гьанжеги пальтоялда гъорлъго вегун вукIинги. Заманалдасан бахъана каву къалеб гьаракь. Дир каваби маххул руго. Дун кIанцIун тIаде вахъана ва рагъидасан къватIиве валагьана. Каву бугоан къан, амма яс жегиги ягъаричIого дица тараб бакIалда йикIана.
– Гьанжеги дуе щиб? – илан гьикъана дица къватIиве, гьелда аскIовеги ун. – Дица абуна гурищ дуда дие Написат хIажат гьечIилан...
Гьей яс кIалъачIо. АскIовегIан къараб мехалъ, бихьана дида гьей берцинай жо йикIин. Бищун букIун батани 22–23 сон букIун батила. РетIараб ретIел–кунги мискинаб хъизаналъул ясалъул гIадаб букIинчIо, росулъа ячIарай ясалъул гIадабги букIинчIо. Студентка ятилин ракIалде ккана дида.
– Дица щиб гьабизеха дуе бокьун бугеб? ХIосенида цадахъ йигей чIужу дие щиб гьайизе? – ян гьикъана дица гьанжеги. Гьедда бихьун батизе ккола дир ццин бахъун букIин.
– Дуца дие кумек гьабизе ккола... Дун аскIой гьечIони, ХIосенил тIалаб лъицаниги гьабуларо. Досдайин абуни жиндаго хIажатханаялде инецин кIоларо?...
– Дуе хIажатханалдеги ваччизе кколев чи щиб гьабизеха?..
Яс сверухъе ялагьана ва цIогьохъего абуна:
– Дов Авараглъи гьабизе вижарав чи вуго. Досда цо–цо мехалъ нурцин чIун букIуна...
Лъаларо батIиясе, къаси сардилъ рачIун гьадинаб, бетIер сверарав чиясул хабар бицунеб мехалъ кинаб асар гьабулебали, дун, гIабдал гIадин, щиб ракIалде ккелебалицин лъаларого хутIана.
– Щиб букIунилая?
– Гьадинаб кунчIараб нур букIуна ботIрода тIад... – илан бихьизабуна ясалъ, жиндирго ботIрода квералъ горги бахъун. Гьелъул ботIрода хьухьун гьабураб лъикIаб квасул куналъул тIагъур букIана.
Дида ракIалде щвана ХIосеница рицунел рукIарал тохал харбал, ва бичIчIана гьайги бетIер сверарай гIадан йикIин. Дун дагьавго рахIатхунцин лъугъана.
– Гьанже гьединав Аварагасда аскIоса гьей Написат нахъе ячани, дие хIакъги батила, дун живго те... Мунги дурго эбел – инсуда аскIое тIад юсса... рокъое а...
Гьединан дица абизегIан чIун йикIарай гIадин, кьурун юссун, дидехун мугъги рехун, гьей яс къватIие ана. Кавуги гьелъ жибго рагьун бачIарабгIанги бигьаго рагьана.
Дун дагьаб мехалъ азбаралъувго эхетун хутIана. Гьединан кигIан мехалъ хутIилев вукIаравали лъаларо, рагъидасан телефоналъул цIурмил гьаракь рагIичIебани.
– Ассаламу гIалайкум – илан абуна трубкаялъ.
– ВагIалайкум салам...
КъутIбудинищ мун?
– У. Мун щив?
– ХIосен вуго, – ян абуна трубкаялъ.
Дун гьеб трубкаялъ хIанчIараб гIадин тIуркIана, хадуб, дагьаб заманаялъ добегIанги ккун, цIидасан гIинда чIвана.
– БичIчIарабищ? – илан гьикъана трубкаялъ, дие щиб бугониги жо бицунеб букIун батила.
– БичIчIи... бичIчIичIо...
– Дур ихтияр къваригIун буго... дур изну гьечIого кIоларо. Дой разияй йиго, мунги разилъулин абулебги буго долъ...  – ХIосен цIакъ гIодове виччан кIалъалев вукIана.
– Щиб гьабизе гьей разилъулей йигей?
– ЩайтIаналъе росасе инеха. Дица дуда бицунеб гъечIищ?
Дица трубка гIодоб лъуна. Дида щибниги бичIчIулеб букIинчIо. Дагь–дагьккун цо дида рихьуларел рухIчIаголъабаз сверун кколев гIадин лъугъана дун. Кинан ккарабалицин лъаларо, инсухъе кIалъалев ватана. ГIажаиблъи гьечIищ, гьеб бакIалда дир ботIролъе инсул телефоналъул номер бачIин?
– Алло?! – илан ахIдана эмен. ХIакъикъаталдаги, бихьинчиясул гьаракь буго дир инсул. Дица жаваб кьолеб букIинчIо.
– Алло! Гьаб щиб гьаб, алло!...
Дица гьанжеги жаваб кьечIо. Лъалеб букIинчIелъул щай дун гьениве кIалъалев вукIаравали, щиб дие бокьун букIарабалиги.
– Гьаб щиб гьаб! Бихъинчи гIадин кIалъаларо... – ян ахIделеб букIана диде трубка, амма хадуб щибилан инсуца абурабали дида рагIичIо – гьес трубка гIодоб речIчIана. Дир гIинда чIван бугеб трубкаялъур цо гIасиял, поездалъул сигналалги рахъана.
Пальтоялда гъорлъго, столалда нахъа гIодов чIана дун, гIодов чIечIо, бакIиде вортун ана ва биччараб таргIида жанисан гIадин, къватIибе гьаваги бачIана.
– Бихьинчи, – ян.

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН. Гьаб бакIалда гьоркьор къотIулел руго тетрадалда КъутIбудиница гьарулел рукIарал хъвай–хъвагIаял. «Бихьинчи», – ян хъвараб рагIуда гьоркьан бицатаб хIуччги цIан буго. Гьединаб хIучч цIала цIакъ гIумроялда разияв, гьабулеб иш данде билълъарав чияс.
Гьале тетрадалъул хадусеб.

ТЕТРАДЬ. ХIосен тIадагьав чи ватана. Бусада вегахъего вукIаниги, дица кьабгIараб мехалъ, гъев къеда бетIерги тункун, гIунун хутIана. Лъаларо гьесда кинаб унтарабали: дица гъурмалъ бараб зарищ, ялъуни къеда тункараб бетIерищ, амма гьев угьдизе лъугьана. Дица квегIаб зарги бана тIаса гIодобе, битIун гьурмаде ккеледухъ. Гьеб мехалъ бичIчIана ХIосен тIад вегун вугеб нар хъоршол гьабураб букIин ва хъарщазде тIаде рехараб гIицIго тIеренаб шаршав гурони, тIокIаб щибниги гьечIолъи. Гьесул ургуго букIун батиларо. Цин кьабаралъ гьесул бетIер къадада цун чIезабуна, кIиабилеб бараб заралъ, тIаса гьоркье кьабун букIараблъидал, гъванща гьеб наралъул хъарщазда рекIинабуна. ХIосенил гьанжесалаги гьаракь кIанцIана. Дун дагьаб мехалъ гIенеккун, вагьаричIого чIана. Заманалдасан ХIосен лъугьана бетIер борхизабизе; гьеб мехалъ дица, наралда накуги базабун, тIаса гьоркье, бетIер борхун бачIинаредухъ, цойгиги нухалъ зар бана. Гьанжесалаги гъесул гъванща, унго–унгояб къагIидаялъ хъорщода кьабгIана. Дида лъаларищха ХIосенида тIаде вахъине кIолареблъи, гьев гIумруялъго, гьавуралдасан нахъего унтабаца ккурав чи вукIин дида лъалаан, гьев, тIадеги вахъун, дандечIей гъабизе лъугьинилан ккун гуро дун вукIарав, дис бокьун букIана гьесда дица кьабгIарабщинаб рекIее бокьухъин унтизе. КIотарав гIадин вукIарав ХIоссн заманалдасан тIаде вахъине гIамал гьабизе лъугьана. Дица гьанжесалаги, гьурмалъ зарги бан, борхизего течIо гьесул бетIер. Гьанжеги дие бокьухъин, гъванща чIарбида кьабгIулеб гьаракь бахъана. Дида ккун букIана тIокIаб гьес бетIерни щиб гурин, килищцин борхиларин. Амма гIемераб мехго балелде, тIаде вахъине лъугьана. Дида гьединаб къартI жиндилъ бугеб къаркъала рагIунго букIинчIо. КIанцIун наралде тIадеги вахун, дун гьесда малал разе лъугьана. Дие бокьараб бакIалда кьабгIизе щвезе, дидаго бихьизе дица гьесул махIазда жемун букIараб чорокаб юргьан цIцIан бахъун чIарбиде рехана. Лъаларо, гьесул цIулал гьарурал гIадал ракъварал, тIеренал махIабазда унтулеб букIарабищали, амма чохьолъ, хьолболъ мал барабщинахъе ХIосенида жанисан цо батIияб гьаракь бачIунеб букIана. Дидаго гIадин, батIиясдаги ккела гьесул цIулал черх батилилан, амма вухулеб мехалъ бичIчIана гIезегIан тамахаб гьан тIад бугев чи гьев вукIин. МахIаби цIвакарал рукIана, цо сурмиял, батIиял. КъватIиве унеб мехалъ гурони, бихьичIо дирго кверал, пальто, гьелъул къвалал бидул цIун рукIин. ХIосенил гьумерги букIана бецIаб, бетизе байбихьараб бидул цIун. Юргъанги букIана бидул цIун. Гьединго, къватIиве лъугьунеб мехалъ гурони, йихьичIо дида Написатги. Гьей йикIун йиго нуцIида нахъа, кваранаб рахъалдехун нижехъ ялагьун. Гьелда тIад ретIун букIараб цо тIеренаб ххамалъул гIурччинаб кьералъул халат дида тIоцебесеб нухалъ бихьулеб букIана. Написатил гIебеде битIараб чехь бихьараб мехалъ, дир дагьабги ццин бахъана. Гьелдаса сурукъаб чехь букIунебго батиларо.
Гьелда бичIчIулеб букIун батила дица ХIосен жийго сабаблъун вухулев вукIин, амма гьелда гьаракь гьабизецин кIвечIо, къеда мугьги чIван, цIорон хутIун ятана дида гьей. КъватIиве лъугьунеб мехалъ, ячIана цее кIанцIун:
– КъутIбу... КъутIбудин... ХIосен...
Написатида кIалъазего кIолеб букIинчIо. Дие гьелъул кIалъай хIажатги букIинчIо; дица гьелда кIвараб, дир чорхолъ букIараб ццидада рекъараб къагIидаялъ чохьолъ мал бана. Написатги тIадагьай гIадан ятана; цин гьей, гIасиял гьаркьалги гьарун, къелъ речIчIун ана, хадуб, кIиябго квералъ чехьги ккун, къел ракьанда гIодой кIусана, цинги угьдилаго чIарбида гиргидизе лъугьана, рукIкIине махIабиги гьарун.
КъватIиве лъугьиналде, дун цойгиги нухалъ нахъ валагьана. Дида щаяли лъаларо, бакI–бакIалда бидул тIанкIалги лъураб, рукъ бакьулъе рехараб юргьан гурони батIияб жого бихьичIо. Багьарахъдилеб бугеб жоялъ гIадин, гьелъ жиндидего цIалел рукIана берал. Вагьарахъдизе лъугьана ХIосенги. Гьесул гьаракь–мохъго букIарабищали дида ракIалда гъечIо. Кьурун тIадги вуссун, дица гьанжесалаги гьесул гьурмалъ мал бана. Нилъалда щвана. Гьанжесалаги къватIиве унеб мехалъ, дун нахъ валагьана. Гьанжесалаги юргъан багъарахъдилсб бугилан ккана дида. ХIосенги вачIана ворхун. Дида бичIчIана гьесие цо жо абизе бокьун букIин. НуцIида нахъа лъалхъана дун, гьев кIалъан вахъинегIан, амма хIинкъун вукIана Написатил угьдиялъ рагIизе теларилан. Тана. ХIосеница абулеб букIана:
– Баркала... Баркала...
Къан гьезде нуцIагун, дун къватIиве кIанцIана. НуцIаги дица речIчIизабун къачIо, гIодове виччан, мухIканго щула гьабуна. Дие гIедегIун гьабураб хIалтIи бегьуларо, инсуца малъулаан дида, щиб гьабулев вугониги, гIедегIуге – ян.
Написатида ретIун букIараб халат учузаб жо букIанилан ккола.

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН. ХIосенилан абулев, КъутIбудиница вухарав чи гьезего гьечIев чи ккола. Нилъеца гъелъул бицун букIана. Дица гIемер цIехана гIага–шагаргогIаги, КъутIбудин киве ун вукIаравилан, гьикъана Написатида гьадинги–гьадинги хъвалеб бугин, кинаб бугониги гIилла бугебищин гьалъиейилан. ГьечIилан чIана гьейги. Жиндаги кьабичIилан, ниж ратIалъаралдаса нахъе жиндида КъутIбудин вихьизецин вихьичIилан чIана. РатIалъизеги ниж гьес хъвалеб бугеб къайидаялъ ратIалъичIила. Кинха нуж ратIалъаралин гьикъараб мехалъ, гьелъ жаваб кьечIо, бокьичIо бицине. Гьеб нилъср ишги гуро. Нилъее бокьараб жо буго КъутIбудин щиб пикруялъул, щиб жо бокьарав, сундуе гIоло гIумру гьабулсв чи вукIаравали лъазе, бичIчIизе. Щай нилъее гьеб? Дир пикруялда, гьаб тетрадь гIадамазда бихьиялъул аслияб гIилла ккола КъутIудинида релълъарал гIадамал гIемерал дандчIвалел рукIин. Дун гьезие тарбия кьолев чи гуро, цIунаги кида бугониги лъие бугониги тарбия кьезе, дида лъаларо исламалда рекъон мукIурлъизсйищ кколев инсан, яги ГIиса аварагасул диналда рекъон, сверухъ ругезе гIоло гIумро гьабулевищ вукIине кколевали; дица тарбия лъиениги кьоларо, аварагзабазда гьабизе кIвечIеб гьабизе лъугьарав чиясда, гIадамал релъи гурони, щибниги кколаро. КъутIбудин гIадал гIадамал гIемерал ругин абулеб жоялъул магIна гуро, руччабиги тIурун ун, гIадамал рухулел чагIи гIемерал ругилан абулеб. Гьезул руччабиги тIуруларо, гьез гIадамалги рухуларо, амма гьединал гIадамал нилъер ракьалда гIемерлъана.
Тетрадалдасан дида бихьухъе, КъутIбудин ккола цIакъ живгоги хирияв, хъантIарав, батIияв чи вихьуларев ва цIакъ лъавукъав чи. Гьединал чагIи дагьалищ ругел? ГьабсагIат гьел гIадамаз ХIосен гIадал гIадамал чIвалел ратичIони, киданиги чIваларилан гьедизе лъида кIолеб? ЗагIипаб ва берцинаб тIегьги, бицатаб ва щулияб тIилги кинабин бекизе захIматаб букIунебин гьикъараб мехалъ, цо–цояз жаваб кьола тIил бекизе захIматаб бугилан, цойгидаз жаваб кьола тIегь захIматаб бугилан.  Киназего гуро тIехь бекизе бигьалъулеб? КъутIбудиние гьеб суал кьезе рес щун букIарабани, ракIчIун,  тIил бекизе захIмат букIунин абилаан. КъутIубудиние бигьалъилаан тIехь бекезе. КъутIбудинилъ иманлъи букIун гьечIо. Гьев ккола нилъер заманалъул чи.
Жеги чIалгIинчIеб батани гьале тетрадалъул хадусеб.

ТЕТРАДЬ. Дун рокъове щваравго кIотун ккана. ВорчIараб мехалъ, дида бичIчIичIо сунца дун ворчIизавуравали. Рогьун батичIо. Гьединаб ригьалъ дун ворчIулароан. Рокъоб жаниб хинго букIана. Чирахъги дихъа рекIухъе хутIун батана. ЛъикI заманаялъ, рагьун бералгун, мокърукье валагьун чIун вукIарав дида рагъидасан цо гьаракь рагIана. Якъинго бичIчIулеб букIана рагъида  жен–жендилев цо чи вукIин. Дун хIинкъана. Рукъзабахъе киса–кибего рагIулеб букIана гьеб гьаракь.
– Ле... – йилан абуна дица. Дида лъала гъеб цIакъго загIипго абураблъи, амма, чIобогояб къолонивеги валагьун абураб гIадин, гьеб гьаркьил тIубан минаго цIуна. Рагъида букIараб гьаракь къотIана. Гьединан гIенеккун чIун кигIан заман арабали дида лъаларо, амма гьаракь бахъунеб букIинчIо. Черхго гIетIул цIураб мехалъ, дида рокъобе жанибе квач бачIанилан ккана. Гьебго мехалъ рагIана сагIтил гьаракьги.
Циндаго, дитIе рехун букIараб юргъан багьарахъдана. Гьеб цо – цо бакIалъан букIкI–букIкIун ун, цо–цо бакIалъан цIан бачIун рухI лъураб жо гIадин лъугьана. ГIетIуца биччун букIиналъ батила, дир черхалда лъалеб букIана юргъаналъул щибаб багьа–башари. Гьеб багъарахъдизегIан бихьичIо дида юргьаналда тIад хураб чехолалда чIахIиял бидул тIанкIал рукIинги. ГIасиял гьаркьалги гьарун, дица юргьан рикIкIаде, дидасаго нахъе рехана. ЧIарбидаги гьеб багьарахъдизе, гьелчезе лъугьараб мехалъ, дун рокъоса къватIиве кIанцIана ва, рагьиде щваравго, цIорон хутIана: столалда тIад гIодоре дализе махIабиги риччан, кIусун букIана гьитIинаб лъимер. Дир гьаракь чIварабго гьеб гIодана, чIчIичIчIидана, амма дидехун буссунеб букIинчIо. Гьелдаса сурукъаб жоялда берчIван батиларо инсанасул. Бищунго цIакъ гьеб сурукъ гьабун букIана дун вугеб бакIалъанцин бихьулеб гьеб лъимадул мугъзада бижараб гIисинаб расалъ ва тIеренаб махIу–квачIалъ. Дун гIунун хутIараб мехалъ, дир гьаракь–мохъ лъугIараб мехалъ, лъимерги сихIкъотIун чIана. ХIедул гьабураб жогIанги багъарулеб букIинчIо гьеб. Дида ракIалде ккана бигьа гьабун рокъоса къватIиве тIуризе, дица хIисабго гъабулеб букIинчIо дунго трусиказда гъорлъ вукIиналъул, къватIиб квач букIиналъул. ХIинкъиялъ дида сундулниги хIисаб гьабизего кIолеб букIун батиларо. Дида гьанже кIолеб буго гьадинги–гьадинги букIанилан бицине, доб мехалъ хIохьел цIазего кIолеб букIун батиларо. КъватIивехун тIуризе цо гали босарабго, цо угьун биччараб гIадаб гьаракь гьабуна лъимаца. ГIунарав чи гIадин, рагьида эхетухъего хутIана дун. ТалихIалъ гъелъул мугьзаде нахъе кколев вукIана, нуцIиде аскIобеги гIемераб нух букIинчIо. Лъимадухъги валагьун, /дица гьелдаса берго босулеб букIинчIо/ дун гьанжеги къватIиве тIуризе гIамал гьабизе лъугьана. Циндаго, къир–къидизе столги гьабун, гьеб лъимер кьурун дидехун бусана. Чорхолъан ток биччараб гIадин, цо батIияб рухIалъ кIобокIана дир черх. Лъимадул гьумер ракIалде щвараб мехалъ, гьанже–гьанжеги ракI сверизабула. Гьеб букIана букIкIараб, бецIаб кьералъул, къалал кир ругел, кIал киб бугебали батIа бахъизе лъалареб гьумер. Гьанжецин ракIкъан хъван бажарулеб гьечIо. ХIинкъиялъ дица сундухъниги гIинго тIамичIо; ккараб ккун букIайилан тIуризе лъугьана. Амма рагъиде нуцIа рахан батана. Гьанже лъимер диде нахъехун, мугьзаде нахъехун ккана. НуцIа теркIезабуна. Рахан буго. Вихха–хочун лъугъун, кIиябго квералъги ккун, кIобокIана. Лъимер мугъзада нахъа буго. Столалдаса гъоркье лъугъарабищ гьебали дида лъаларо. Цойгиги нухалъ бугеб рухIалъ кIобокIана нуцIа. РагьичIо. Дир ине бакI хутIичIо. Нахъ валагьизе дида кIолеб букIинчIо.
– КъутIбудин, – илан хIеренго абуна лъимаца.

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН. ТIаса лъугъа, бищунго интересаб бакIалда гьоркьов речIчIун вачIиналдаса. КъутIбудинида жиндидаго лъалеб гьечIо хадуб щиб ккарабали, тетрадалда гьарулел хъвай–хъвагIаялги гъаб бакIалда гьоркьор къотIулел руго.
Гъесул гIагарлъиялъги, эбел–инсуцаги бицанихъе КъутIбудин ватун вуго рагьида, нуцIида нахъа гIакълуялдасаги ун гIодов ккун. Юргъанги батун буго, гьес тетрадалда хъвалеб букIахъе, рукъ бакьулъе рехун. Гьеб лъугъа–бахъиналдаса нахъе байбихьулеб буго КъутIбудинил больницаялда вегун вукIараб заман. Гьеб заманалъул хIакъалъулъ гьес щибниги хъвалеб гьечIо. Дидаги хъвазе ракIалда гъечIо.
Тетрадь цIалулев чиясда бичIчIун батила кисан юргъанги, лъимерги, лъилали лъаларел, рагьидасан рахъунел гъаркьалги КъутIбудинил тетрадалде гъорлъе ккаралали. БитIараб бицани, гьезул хIакъалъулъ тетрадалда хъван батараб мехалъ дун вохана. Гьелъ дир ракIчIезабула инсанас ракьалда гьабураб хIалихьалъиялъухъ ракьалдаго жаваб кьезе ккеялда. Дида лъаларо хвараб мехалъ букIунеб жужахIалдаги алжаналдаги божизе бегьулебищ бегьуларебищали, божани лъикI буго, амма ракIчIун лъала щибаб дуца гьабураб ишалъухъ жаваб ракьалдаго, чIаго вукIаго кьезе кколеблъи. Бокьани гьелъухъ жаваб кьезе ккей КъутIбудиница гIадин, жинцаго ургьибго чIвараб лъимерги, вухулеб мехалъ ХIосениде рехун букIараб юргьанги тIад буссун жиндихъегоги бачIун, бокьани гьеб букIа гьезего гьечIев чиги цеве тIамун гьесукьа хIинкъизави.
Бокьухъин букIа, амма жаваб кьезе ккола. Нилъер умумуца пуланав чи щайтIабаца ккун вугилан абураб мехалъ, гьезул лъималаз, цIияб пикруги босун, ракьалда рижарал коммунистаз, абуна рукIунарила щайтIабийилан, амма цониги коммунист, жасго нилъер ракьалда вижарав, жегиги ургьунго ватиларо умумуз, исламияб диналъ щиб магIна гьел рагIабазда жаниб лъолеб букIарабали. Гьелъцин батилилан ккола, батIияб планетаялдасан гIадамал рачIун рукIанин рагIараб мехалъ, бищунго цIакъ кьер тIун лъугьуна цере рукIарал атеистал. Пикрабаз дун цо батIияб нухде вачунев вуго, тIад вуссинин.
Дица бицунеб букIана, дир пикруялда рекъон, ракьалдаго жаваб кьезе кколин, тетрадалъ гьеб дир пикру дагьабги щула гьабулеб бугилан.
Лъала, гьаб цIалараб мехалъ, дир пикруялда рекъоларев чияс абизе бегьула жинда лъалин гIадамал, гьитIинаб къоялдаса нахъе херлъизегIан сундулниги пикруги гьабичIого, рекIее бокьухъин гIумру гьабулел рукIаралги – ян. «Мисалалъе, – ян абила гьаз, – ханасул вас. Щиб гьес хIехьезе ккараб? Гьеб гIумруги данде кквей, заборалда гъоркьги вегун, яги гIадамазда цебе кверги ккун, кепкалги ракIарун, магIишат гьабулев чиясул гIумруги данде кквей. Гьев кIиявго чиясул мунагьал данде гьаруни, ханасул васасул мунагъал цIикIкIун ратула, щайгурелъул гьес кунебги гьес ретIунебги жиндаго гьесда къо бихьичIого щвараб буго, гьелъухъ жаваб кьезе щай тIамуларев гьев, доб заборалда гьоркь вугев щай гIумруялъ гьедин вукIине кколев? Щиб мунагъ букIун?»
Къварилъиялда хадуб гIатIилъиги гIатIилъиялда хадуб къварилъигии камуларо, – ян, нилъер умумуца ургьараб кициялда божуларев ватани, дица гьадин кьела гьеб суалалъе жаваб. Цебе кверги ккун, гьарделев вугев чиясул кодоб цо гьурщил кагъатги лъун, гьесул бадиве валагьарав чиясда лъала рохел щиб жояли. Гьединан ханасул вас вохизе ккани, мискинчиясул рохалилъе бечедав чиясул рохел бахине ккани, бечедав чияс бащдаб дунял рокъоб лъезе ккола. Ханасул вас киданиги вохулевцин ватиларо. ЧIалгIаде гуро, башдаб дунял бахъарав Наполеоница абураб: «Жиндир гIумруядда жаниб анлъго къоцин букIинчIо жив талихIав вугилан ракIалде ккараб», – илан. Заборалда гьоркьа вугев чи, щибаб къойил квине жо щвани, талихIав вукIуна. Гьеб гуребги, нилъеда бихьулареб, рухIияб гIумруялда бараблъидал бугеб нилъер талихIги талихI къосинги, нилъеда щиб лъалеб ханасул васасул жанисеб дунял. КъутIбудинихъ ралагьун рукIарал, гьесде сверухъ рукIарал гIадамаздаги лъалеб букIинчIелъул щиб гьабулев КъутIбудин вугевали, больницаялде ккезегIан. Цонигиясда жеги рихьичIелъул ХIосенги, лъимерги, юргъанги, гьесда букIараб къоги.
КъутIбудин больницаялда вукIараб заманалъул хIакъалъулъ бицунеб гьечIониги, гьаниб рехсечIого гIоларо цо гIажаибаб кагъатги. Гьеб батана КъутIбудинихъ. Гьале гьеб:
«Аллагьас дуда салам лъеяв дир кIудияв вац КъутIбудин, гIодобе бетIерги къулун ХIосеница дуда гьарулеб буго тIаса лъугьаян. Дида лъала дун сабаблъун дуе кканщинаб къварилъиги, дур рекIеда лъунщинаб ругъунги. ГIадамаз лъикIаблъун рикIкIунаро жиндиего лъикIлъи гьабурав чиясе зарар гьаби. Гьединлъидал гьарула дуе зарар ккеялдаса тIаса лъугьа.  ХIосен».
Лъида гьеб кагьат бихьаниги, киназго абуна хатI жиндирго КъутIбудинил бугилан.

ТЕТРАДЬ. Дида аскIов щивниги вукIинчIо: я эбел, я эмен, я яц. Дица къасд гьабуна рокъове щвезе ине, дир ракIалъе рахIат букIинчIо. Рокъов чи вукIаравани, гьез дун гьадинаб рукIкIине байбихьараб гIужалъ къватIиве виччалароан. Больницаялдаса къватIиве виччаниги, кидаго хадур чIун, дида хадуб хал ккун руго.
Къо букIана кьерхараб, киса–кибего букIана хIарщ. Дир эбел–инсул рокъоса дирго рокъобе гIемераб нух букIинчIо. Амма дун квачалев вукIинчIо. Черхги букIана гIажаибго тIадагьго, хинго, хасго хIатIал рукIана, хинаб лъелъе риччан ругел гIадин, рахIаталда. Нухдасан женжедулел машинабаз хIарщги, биараб гIазуги речIчIизабилареб къагIидаялъ, къел ракьан ккун, вачIунев вукIана дун.
Рокъоб канлъи батана. Эмен щолев вукIун ватила аниве, чирахъ рекIинабун тезе, цIогьал рачIинчIого рукIине, рокъов чи вугилан ккезе. Каву рахан батана. Дун сверухъе валагьахъдана: рукъадда цевесан уневщинав чи гIажаиблъи гьабун дихъ ралагьулел ругоан. ГIадамал дихъ ралагьулел рукIинчIелани, дун кавуялда тIасан вахунаан. Уне–унев лъалхъулев вукIана, дихъ валагьизе. РукIкIунеб гIуж букIиндал, цо–цо чи аскIорегIанцин къалел рукIана дун лъикI вихьизе. Дие гьеб бокьичIо. Дун тIурана. ТIурана цин къватI чIван эхеде, хадув сверана кваранидехун, амма, дагъавги векерун вукIаравани дун кколаан бищунго гIадамал гIемераб къотIнове. Дие гьеб бокьичIо. Щиб жо гьабилебали лъаларого, гьеки–гъунщиялда къватI бакьулъ эхетухъего хутIана дун. АскIосан унел рукIарал гIолохъанал васги ясги чIун хутIана ва, дихъги ралагьун, гьалгьан ккана. Кьурун тIадги вуссун, цере ккара–ккарал къватIахъан векерана дун. Дида киве тIурулев вугевали лъалеб букIинчIо. ХIатIал дагьалги цIакъ хинлъана, дица гьел гIазулъ лъолел рукIинчIо цо хинаб жоядда гьорлъ къазарулел рукIана, черхалда свак лъалеб букIинчIо. Циндаго, расги лъачIого, дун эхетун ватана дида цIакъ лъикI лъалеб, дида гIемер бихьараб рукъалда цеве. РакIалде щоларого букIана лъил рукъ гьабали, бичIчIулеб букIинчIо щай дица цIумур кьабулеб бугебали, бичIчIулеб букIинчIо каву рагъизе вачIарав чиясда дица щибилан абизе кколебали. Каву букIана гьитIинаб ва цIулал. Дида гьелъул кьер кинаб бугебали лъазе кIолеб букIинчIо, амма лажбар чIучIун унеб бугоан; квер квашараб мехалъ лъана. Гьаб буго дида лъалеб каву. Гьеб рагьана дида цееги чанго нухалъ йихьун йикIарай гIолохъанай ясалъ. Дида берчIварабго, гьей, цин кIалдиб кверги чIван, чIахIа гьарун бералгун, гIунун хутIана, хадуб, гIасиял гъаркьалги гьарун, чIчIичIчIидилаго тIурун ана. Гьелъ тIад ретIун букIана къвалалги гьечIеб тIеренаб ххамил букъараб гIурччинаб кьералъул халат. Дида ракIалде бачIана гьеб халат Написатида ретIун бихьараблъи. Гьелъул гьаркьазухъ дица гIинго тIамичIо, дида ракIалде ккана, квачалей йикIун, тIурун ун ятилин гьейилан. Дун жанивегIанги вачIун, рагъиде лъураб нуцIида цеве эхетана. Гьеб, хIакъикъаталдаги, дида лъикI лъалеб рукъ букIана. НуцIа туркIана – рагьичIо. Дица цойгиги нухалъ туркIана – нуцIида бараб кIиликI тIун бачIана. Рокъове жаниве лъугьунаго, дида, холодильникалда жанисан гIадин квач чIвана. Амма гьелъ гуроха дун нуцIида нахъаго чIун хутIизавураб; дун нуцIида нахъа чIун хутIизавуна битIун жанире лъугьунеб бакIалда эхетараб кIудияб матIуялъ. Дида гьанжеги ракIалда буго матIуялда жанисан дунго вихьичIолъи. МатIуялда аскIовегIанги къан, лъикI валагьун чIана – дун гьенив жанив вукIинчIо. МатIуялъусан, дунго гIадин, гIажаиблъи гьабун, дихъ валагьун вукIана дирго гIадаб лагаялъул, чIахIиял беразул, цIакъ сурукъго хьибилалдехун чIван араб кIалалъул гIолохъанчи. Гьесда тIад букIана цохIо майка, гъажалда букIана бидул мохъ, киб бугониги хъарсун батизе ккола. МатIуялъусан дихъ валагьарав чиясда рукIинчIо хьиталги, щватаби рукIана хIарщул цIун, халалъун церехун далун рачIарал. ТIажуги букIана хIарщул цIун. Дида ракIалде щвана гIадамал дихъ ралагьахъдилел рукIараб куц, дирго хIатIал хинлъулел рукIараб куц. Дун нечана. Дида ракIалде ккана гьаниса къватIиве тIуризе, амма бажаричIо – дир берчIвана херай чIужугIаданалда. Гьей яккун ячIана, дун чIун вугеб бакIалдаса кваранидехун бугеб нуцIихъан.
– Мун щив? Дуе щиб, дир вас? – илан гьикъана кIодоца. Гьаркьидасан лъалеб букIана гьелда цаби гьечIолъи.
– Вачахъуге дун, – илан гьарана дица. Гьедин абизе ракIалда букIинчIо дида, дихъа гьеб борчIун ана.
– Жаниве вачIа, дир вас, – илан абуна гьей херлъарай чIужугIаданалъ, жаниве вачIине, дие нухги кьолаго.
– Виччаге эбел, виччаге, – ян гьардана гIолохъанай яс гьелда нахъасан яхчарилаго. Дида гьей яс лъалей йикIана, амма щий гьеяли кинго ракIалде щолеб букIинчIо.
Дир ине бакI букIинчIо. Гьединан, тIад ретIелги гъечIого, хIарщулъан, щватабазда гьорлъ тIад вуссине кIвезехъин букIинчIо. Дир хьул букIана гьадай ясалда дунгIаги ракIалде щвелин, гьумер–куц хисун...

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН: Гьаб бакIалда гьоркьоб къотIулеб буго гьанжесалаги. Гьоркьан хIуччги цIан, КъутIбудиница цIидасан байбихьулеб буго гьей кIодоги гьей гIолохъанай ясги ругеб рокъобе живго ккараб къагIидаялъул бицине. Амма гьеб тIубан батIияб буго тIадехун хъваралдаса. Гьанжесала КъутIбудиница хъвалеб буго гьадинан:

ТЕТРАДЬ: Дида гьей херай чIужугIадан йихьарайго лъана. Дун ХIосенихъе уневщинахъе гъей чIужугIадан кколаан дида данде. ГIолохъанай яс, кие араяли лъачIого, тIагIана, яхчун ятила. Амма гьай херлъарай гIадан дида ракIалда йиго. Гьей дихъги ялагьун гьимана. Гьимиялъ бицунеб букIана гьелда дун лъаравлъи.
– Дида лъалароан мун къасиги ХIосенихъе унев вукIин... Лъан букIарабани, дуда дун гьаний ятулароан...
Дида гъелъ абураб жо бичIчIичIо. Гьикъизеги кIвечIо, кIалъазего кIвечIо. Амма вуцIцIухIун чIеялдаса дир ракIги бухIичIо. Дун кIалъан вукIаравани, кIодоца гьадин абичIого букIинеги бегьулаан. Гьелъ абуна:
– Дида лъала мун ХIосеникьа хIинкъулевлъи… Дуда жеги щибниги бичIчIулеб гьечIо. Дуда дунял бихьулебго гъечIо... Дуда гуреб гIадамаздаги бихьулеб гьечIо. Амма дица гьабсагIат дуда цо жо абила...
Дагьаб мехалъ дир бадиеги ялагьун, юцIцIунги чIун, гьелъ абуна:
– ХIосеница мун жиндирго загIиплъиялъ чIинтIизавизе вуго...
Гьей кIодол рукIана гIолохъанай гIаданалъул берал...

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН: Дида лъаларо киналда божизе кколевали, амма дица ралагьулел рукIана гьеб рукъги гьей кIодоги, гIолохъанай ясги. Ратана цо гьединаб цIулал кавуги бугеб рокъор гIумру гьабулел чагIи. КIодоги гIолохъанай, росасдаса ятIалъарай гьелъул ясги. Амма гьезда лъалев ватичIо я КъутIбудин, я гьесул кканщинаб жо.
Цойгиги: Гьей кIодолгун дандчIваялъул хъван бахъарабго, КъутIбудиница теетрадалъул гьумералъул бакьулъ бахъун буго хIанчIил сурат. ХIанчIил бералги рахъун гьечIо. Куркьбал руго, гозо буго, рачI буго – берал гъечIо.

ТЕТРАДЬ: Хадуб гурони дица хIисаб гьабичIо дой хералъул рагIабазул. «Дида лъалароан мун ХIосенихъе унев вукIин... Лъан букIарабани дуда дун гьаний ятулароан». Дун ХIосенихъе унев мехалда нухда данде кколаан дида гьадай гIадан. «Дида лъалароан мун къаси ХIосенихъе унев вукIин. Лъан букIарабани дуда дун гьаний ятулароан...». БичIчIана дида, гьанже бичIчIана! Гьадай чIужуялда вихьун гурони, дида ХIосенихъе ине кIолеб гьечIо, гьадалда вихьун гурони, дун досухъе ворчIулсв гьечIо. Долъ цойги абуна: «ХIосеница мун жиндирго загIиплъиялъ чIинтIизе вуго...». ЗагIиплъиялъукьа къуват киданиги къоларо. Гьеб бихьизабизейин дун ХIосенихъе ун вукIарав. Амма дун хIинкъулев вуго гьанжеги дир юргъан бидул цIелин, дида хадуб добго лъимер бачIинилан. Дида бичIчIулеб букIана гьадай чIужугIаданалда бер чIварабщинахъе, диде батIи–батIияб жо бачIунеблъи. ГIагарлъиялда гьоркьоб хабар тIибитIун буго дун щайтIабаца ккун вугилан. Сверухъ вугевщинав чи дие заралалъе рижун руго. Доб цо дир чIужу тIурун араб сордоялъ дихъе ячIун йикIарай ясги хералъ йитIарай йикIун ятула. Хералда цадахъ гьей яс йихьарабго бичIчIана дида гьеб. Киназго абулеб буго, Написат йиччан таралдаса нахъе щайтIабаца ккунин дунилан. Дида лъазе толеб гъечIо Написат кий йигеяли. Дун гIабдаллъун рикIкIунев вуго. Дихъе рокъобе лъимер бачIун букIанин абураб жоялда щивниги божулев гьечIо. Амма дица гьелда киналго божизарила. Дица гъеб лъимер гъанкъила. Гъанкъизеги гьанкъун божуларев чиясда цебе речIчIила. ХIосен вухаравщинахъе бачIуна дихъе гьеб лъимер. ХIосенихъе уневщинахъе вихьула дун кIодода. Гьадай кIодода бараб буго кинабго. Амма гьанжесала дун гьелда вихьуларсб бакIалдасан ина дове. Дица гуккила дой. Долъ абуна, дуца ХIосение зарал гьабуни, гьесие зарал гьабиялдалъун дуе лъикIлъиги кколеб батани, гьеб лъикIлъи ахир–къадги заралалде сверизе бугилан. КIодода кколеб буго, гьелъ дида абизеги абуна, кколеб буго загIипав пуланав чи ХIосен вукIиналъ гьесие щибниги гьабизе кIоларилан. КIола. ЗагIиплъи буго загIиплъи, ва гьеб кидаго къола.

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН: Тетрадалъул тIамач цIун гьечIониги, КъутIбудиница, нахъехунги бегун, цIидасан байбихьун буго хадусеб хъвазе. ХатIги дагьаб хисизабун буго, берцинго хъвазе хIаракат бахъулеб букIараблъи бихьулеб буго.

ТЕТРАДЬ: ХIосенил рукъалъул нуцIа къиризабулаго, рагьлил махI чIвана. Дица гьелъул пикруго гьабичIо, вскерун ун ХIосенида тIад речIчIизехъин вукIана, амма кIвечIо гьесде тIаде рехараб юргьан бидул цIун букIана. Юргьаналда гьоркь вегарав чи вукIинги бихьулеб букIана. «Щайха кIолеб гьечIеб загIиплъи къезабизе, щайха дун бидукьа хIинкъулев вугев?" Юръаналда гьоркь чи вукIин бихьулеб букIаниги, я бетIер, я хIатIал къватIире раккун рукIинчIо. КъватIиве вахъунеб мехалъ  дица ургъунго чакмаби ретIун рукIана. ГьабсагIат дир рес буго ХIосение бокьараб гьабизе, дида гьесие бокьараб гьабизе кIвезеги кIола. Амма дун, цо жоялъ ккурав гIадин хутIун вукIана. ХIосение щибниги гьабичIого тIад вуссине ракIалдаги букIинчIо дида. ТIад вуссине бегьизего бегьуларо. Дица, нахъе–цебеги биччан, лъикIаб хIалалда мал бана гъесул гъурмаде кколеб къагIидаялъ. Гьесул гьумер бихьулеб букIинчIо, гьеб юргьаналда гъоркь букIана, амма бихьулеб букIана юргьаналда гъоркь бугеб гьесул гьумер дир чакмаялъ къедехун буссинабураблъи. Юргьан хъущтIун инчIо, гьумер къватIиб лъечIо. Дун наралде тIаде вахана. ХIосен вагъаричIо. Дица тIаса гьоркье, борхьида гIадин, XIосенил гьурмалъ цойги мал бана. Гьаракь бахъарабищали дида ракIалда гьечIо. Хадуб дица пикру гьабуна; тIад юргъан бан бугелъул, гьесда кьабураб жо унтулебго батиларилан. Квералда би бахинаредухь дица юргъан нахъе рехана. Гьелда гъоркь ХIосен ватичIо, гьелда гъоркь щивниги ватичIо. Дун цIорон хутIана. ХIинкъиялъ батила, дица юргъан наралде букIарабго бакIалде бачана – гьеб бегун чIана наралда, гьеб юргъаналда гъоркь чи вугев гIадинан. Гьев чиясул черхалда тIаде кколеб бакIалда квер лъуна дица ва тIад ваччана, дие гьанже ургъсл букIинчIо кверда би баханиги. ВукIана гьснив чи, вукIана! Дир квералда гьев чиясул черхалъул хинлъицин чIвалеб букIана. Гьаваялда гурелъулха юргъан бугеб?! Дица гьанжесалаги XIосенидаса юргъан нахъе рехана – ватичIо гьенив чи.
Дун нахъе–нахъе къана. Дида лъалаан мугъзада нахъа рагьухъего хутIараб нуцIа букIин. Дица наралдаса берал нахъе росулел рукIинчIо. Гьедин нахъе къалев вукIана дун, цо тамахаб жоялда тIал хIетIе чIезегIан. Амма дица хIетIе туркIун нахъе босичIо, дида бичIчIана гьениб дир хIатIикь чIагояб жо букIин, гьединлъидал дагьавги тIад ваччана. Хадуб хал гьабураб мсхалъ, дир хIатIикь батана лъимер, доб цо тIад расги бижараб лъимер. Дун вохана. Расги хIинкъулевги вукIинчIо. Лъимер чIвазе пикру гьелда берчIварабго бачIана дихъе, амма кинаб хвел гьелъие тIаса бищилебали гьелда квар бихьизегIан бачIинчIо ботIролъе. Дие, битIараб бицани, батIалъиги букIинчIо кинан гьеб лъимер чIваниги, амма чIвазе кколеблъи лъалеб бьукIана. ТалихIалъ квар батана.
Гьеб кварги босун, бигьаго кIичIги гьабун, дица гьеб рижи гъанкъана. Дида ракIалда буго дунго гьимулев вукIараб куцги, хадуб, лъимадул иш лъугIараб мехалъ, кверал чуризе букIараб гъираги.
Амма ракI гIодоцунеб букIинчIо, дун гIорцIичIо лъимер хвеялдаса. Бокьун букIана цойги щиб бугониги жо гьелъие гьабизе. Цин ракIалде ккана гьелъул берал рахъизе, хадубги пикру гьабуна гьеб ччукIизе. Гьелъие махщсл бугебищ диргояли хIал бихьизе бокьана дие. Лъималазе, расанкIабиги рекун жанире раккизе бокьулеб гIадин, дирги букIана лъимадуе щибниги жо гьабизе гьира, шавкъ. Дир черхцин тIадагьлъана.
Гьеб рижиялъе щибниги жо гьабизе ккани, цин гьеб кваридаса бахъизе кколаан дица. Дун кIвахIаллъана квар бичизе. Яги квар тIун бачIинин, яги жаназадул габур тIелин, бокьараб ккайилан, дица кварида далараб лъимер гIодобе цIана. Ккун гьесул махIабигун, ваччун чIана, амма, гьел риччун рукIарал лъаларо, кверал хъещтIолел рукIана. Ахирги, цо лъикIго туркIараб мехалъ, дида щиб тIун бачIарабали лъаларо, кварищ габурищали, амма лъимер дитIе рехун бачIана, гIодов ккарав дида тIад бегана. Лъимер жеги чIаго батана, гIалхул кету гIадин, дун гъанкъизе, дир щекъер балагьизе лъугьана гьеб. Дида бичIчIана дун бергьунаревлъи. Хвараб лъимада данде вагьизе кIолареблъи, дун хIинкъулев вукIин.
Дун ворчIана. Ватана биччараб бусалъ, инсул рокъов. ГьабсагIат, кIанцIун тIадеги вахъун, дун ХIосенилъуве ина. РакIчIун лъала гьабсагIат макьилъ бихьанщинаб жо доба ккезе букIин. Бидул цIураб юргьаналдаги гьадаб лъимералдаги берчIвалелде гьел цин макьилъе рачIуна. Макьилъе. ЧIаха цо, балагьилин. Нужеда дун жеги щивали лъаларо! Гьим–гьимиялда рукIунел, хIереналги хIалималги гIадамаз дитIе тIамурабщинаб жо гьаб букIин лъала дида, гьединлъидал щайтIаби нуж ратаниги, малаикзаби ратаниги, чIаха цо! ЩайтIабазулги малаикзабазулги щибниги батIалъи гьечIо. ЩайтIабазги гуккула инсан, малаикзабазги гуккула. ДитIе тIаделъаралги щайтIаби гуро малаикзаби руго. Гьезийин дун вокьуларев, гьезин лъикIлъи къуват бугин абулеб. ГьабсагIат дун ХIосенихъе ина, тIад вуссараб мехалъ, дица бицина, хъвала, киназдаго бичIчIизабила къуваталъе гьаб дунялалда щибниги гьабизе кIолареблъи, дунялалъул аслияб магIна къуват букIин. ТIад вуссараб мехалъ бицина лъикIлъиялъукьа щибниги къолареблъи.

ДИРГО РАХЪАЛДАСАН: Гьев тIад вуссинчIо. ТIад вуссинчIилан дица абулеб буго, щайгурелъул гьев живго жиндицаго гьанкъун ватана азбаралъуб гьабураб гъитIинаб рокъов жанив. Рукъцин гуро гьеб, гIанкIуязе гьабураб гIадаб къотIел буго. Гьабун букIана гьеб КъутIбудиница, рокъобе газ бачараб мехалъ, жаниб печь лъезе, амма печалъе цIакь кIудияб бакI букIана. Гьебго рокъоб жегиги печьги буго. Гьениса тIад вуссинчIо КъутIбудин. Тетрадалда хъвараб жоялъул магIна лъикI бичIчIизе гIоло дун гIемер цIехолдана бищунго цере гъесда тIаде ккарал гIадамазда. Гьез бицана гъадинан.
Гьеб гьитIинабго рокъобе тIураб бетоналде тIаде рехун батанила юргъан. КъутIбудинил эбелалъ абуна рокъоса гьес къватIибе босараб юргъан бугин гьебилан. Рехунги батун гьечIо, берцинго, какикьжо гIадин къел ракьанда тIибитIун батун буго. НуцIида нахъа, /дицаго хIал бихьана, къир–къирдулеб нуцIа бугоан/ батун буго бакьулъаги бухьараб, биччараб чIорте. Гьебги рагъидаса босун буго КъутIбудиница цадахъ. Рагьида чIабар чуризе хIалтIизабулеб букIараб чIорто букIун буго гьеб. Жиндирго гарбида  бараб кварги, гьеб чIартида бухьараб кварги цого букIун буго.
Гьале дида лъазе кIвараб жо. ГIагарлъиялъеги, эбел–инсуеги бицине бокьулебги букIинчIо васасул хIакъалъулъ.
Дица ялагьана Написатги. Цебеккун абухъе гьей йикIана квер ккун гурони къватIие ячине бегьиларей гIадай чIимигIай жо. Амма цIодорай, гъваридай, ургьун гурони кIалъаларей яс ятана. Дида гьей, васги гьавун, больницаялдаса ячIун ятана. Дица гIажаиблъи гьабураб жо: васасда цIар КъутIбудин лъун бугоан.
Жидерго вас, эбел–инсудаса лъикI гьесул чIужуялда лъала, щайгурелъул лъимал эбел–инсуда релълъарал рукIуна, гьединлъидал лъималаз гьабулеб иш киналго эбел–инсуда гуро сурукъго бихьулеб, эбел–инсуда лъималазе мустахIикъаб къимат кьезе кIоларо. Аслияб къагIидаялъ Написатил кумекалдалъун лъазе бокьун букIана тIадеги щиб бугониги жо.
– Написат, дуца гьаб киналъего, гьаб тетрадалъеги, гьаб кканщинаб жоялъеги... Дуца щибилан гьаб киналдаго абулеб?
– Лъаларо... Дида лъала гIицIго гIумруялъ дун КъутIбудинил рухIалда тIаса лъугьайилан гьарделей йикIине йиго... Кида ккун батаниги, дида гIайиб ккун буго... – илан, тIаса лъугьайилан абулеб гIадин, дихъги ялагьун гьимана Написат.
– Написат, гьас хъвалелъулги гIумруялда ккаралъулги щибниги хурхен бугодай?
– Буго.
Гьелъ ракIчIун, «бугин» абураб мехалъ, дун, гIажаиблъи гьабун хутIана. Гьелда дица гIажаиблъи гьабураблъи бихьана. Дагьаб мехалъ пикрабалъги йикIун, бегъиладай бегьилародайилан йикIун ятила, Написат, яхъун ун, цо гIемерал гурдалги росун ячIана. Гьелъ дида цере гурдал рехараб мехалъ, дида бичIчIана гьел гурдал гуреллъи, халгIатал рукIин. Гьезда гьоркьоб учузаб, тIеренаб ххамил букъараб гIурччинаб кьералъул халгIат бихьараб мехалъ дир черх цIорон ана.
– Дуе щиб? – илан гьикъана Написатица.
– Щибниги гуро, баркала, дун вахъина гьанже...
Написат гьимана:
– ЧIа, цо минуталъ яхI гьабе, дица жеги аслияб жо абичIо... Кинабго гьаб щай ккарабали бицинищ?
Дида кIалъазецин кIолеб букIинчIо, хIинкъана дун.
ГIурччинаб халгIатги къакъалаго, Написатица абуна:
– КъутIбудин гIадамазе вокьулароан. ШайтIаби мекъи кколаро...

ГъазимухIамад ГъалбацIов

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook