Авторизация

БакьайчIиса ЧIанкIа, "Гулишатиде"


 

Забру варулаб хIежалъул Къуръан,

ХIал гьабулеб буго гьанже гьаваялъ,

ХIанил жисму бугеб зобалъул тIавус,

Зулму буго дие гьаб рокъиялъул.

 

Рукьбал меседилаб, сан маргъалулаб,

Самаияб хIанчIил хIал буго дие.

Куркьбазда варакъул накъищ угьараб,

Гьаваялъул лочнохъ чара хун буго.

 

Беразул нур сунеб сипат бихьидал,

Сабруяб ракIалъул гIадлу хисана.

Халкъ гIажиз гьаюрай гIадан  ятидал,

ГIаданул беразул низам бихана.

 

Унго инсандай мун ,сипат гуродай,

Дир сабру лъугIараб гIажаибаб рухI.

ВахIай хIурулгIиндай,малаикциндай,

Дир хIалал рихьизе цее тIамурай. 

 

Вабабай асилльи, унго чIурканлъи,

ЧIегIерлъи беразул, берцинлъи гьурмал;

Гьай гIужбу карамат, камиллъи чорхол

Чергеслъи, хIадурлъи, хIатIил тIадагьлъи.

 

Унго логол битIи, ратIлил тIад рекъей,

Къвалзукъа чергеслъи, чорхол къагIида.

Лугбал инсанияй, сан маргъалулай,

Сон рикIун чапана мун дир чорхолъе.

 

Сипат хIавраияй, хIетI тулпарулай.

ХIайванги херлъила, дур хIисаб гьабун.

 

ГIурусазул пургон, гьорол машина,

Машаалагь бечед, чорхол чIурканлъи!

Меседил карапин, кибритул ахIмар,

Кинанха йокъулей, йокъилей цойги.

 

Берцинлъи-тIадагьлъи, тIасан борчIарай,

ЧIурканлъи, камиллъи бергьун босарай,

Ал ясазул сайгид, мусудузул хан,

Хиялго бугодай унго ракIалда?

 

Ихтияр кодоб кьун, квершел духъго тун,

Дуего бокъухъе йижун ятила.

Нахъе анищазул асар течIого,

Эбел тIаде тIамун, чIаран ятила.

 

ЧIухIарал, рекъарал къагIидабазул

Къадру ассилияб сурат течIого,

Сси бугел реццулел тIабигIатазул

ТIокIай камиллъизе кинан рес бугеб?

 

Гьурмада бугеб сси, сверухъ бугеб нур -

Нахъе анищалъул асар тун гьечIо.

Ал ясазда гьоркьой мун чIараб мехалъ,

Хьухьикьан баккулеб бакъилан ккола;

 

ЯчIун гьезда бакьулъ мун гIодой чIедал,

Дир гIакълудул асар босун лъугIула.

Дудехун гаргазе гIащикъаб дир мацI

Цабзазда бухьуна, мун йихьарайго.

Йихьизе урхъараб ургьиб гьинал ракI

Жаниб гьалаглъула гьаракь рагIигун.

 

Дунял берцинлъана, заман чIухIана,

Мун йижаралдаса ракь пахрулъана.

Боялда нур барай, улка гвангъарай,

Губерня къалъарай къутIпудул хIуби;

 

Юссунеб руссада сверун нур балеб

Лайлатул къадирдай дур къвалакь бугеб?

КъватIий яккулаго дунял гвангъулин,

Бакъ-моцIалъул нурдай дур гьурмалъ бугеб?   

 

ТIокIай гьариларо, гьадинай гIела,

Дур гIамал босарай яс йижиларо:

Жавгьаралъул хIара хIанил гъажаби,

Луълуъалъул килщал, каржинул гьумер;

 

Гьуинал рагIаби, гIисинал цаби,

Цо кIалъай кIалалъул - кIарчанаб калам;

КIиябго бералъул берцинаб балай -

Батиларо хIикмат дуде бахараб.

 

Гьанже дунялалда, Дагъистаналда

Дур гуреб сси гьечIо гьаб улкаялда,

Цинги росабазул сверухълъиялда

Сси дуде буссана тIолго ясазул.

 

Яхси, Чачаналда, Чергес ракьалда

Дуда чин бащадай яс ятиларо.

Шураб хъалаялда, губерниялда

Дуде сси бахараб сурат бахъичIо.

 

Сси бугел ясазул округ командир,

Дуе час кколарев гIадан ватичIо.

ГIараб басмаялда меседил аят,

Ясазул сси холла мун, цее чIани. 

 

ЧIурканаб черхалде чергес хъабало,

Чанги махлукъ буго дуца гвангъараб.

Чергесал лугбазда лъарагIаб ретIел,

Лъаларо дур къимат - къватIул хабарал.

 

Бохда цIумур бараб цIар берцинаб хIинчI,

ХIалада лъаларищ дий бугеб балагь.

ХIираъ мегIералде магIдинаб гIанса,

ГIайибан кколарищ, дун гьадин тезе?

ГIиракъ, Мисриялда сардил явакъит,

Саламниги битIе, ракI гIатIилъизе.

Сидратуллагьалде ахIдолеб гагу,

ГурхIа, гьудул, дида, дун холев вугин.

 

ГIадамал хIайранаб, хIайван гIодулеб

ГIазаб буго дие, мун лъаралдаса.

ГIищкъуялъул купи карандеги къан,

Капураб гьаваялъ гьаглъулев вуго.

 

Гьаб хIалалъ мунилан холев дунги тун,

Хиял лъиде бугеб, дур хIал боххаяй?

ХIайванал гIажизаб гIумру дийги кьун,

Лъиде юссинедай къасд лъолеб бугеб?

 

Унго, гIайиб чIвалищ гIищкъу ккунилан,

Гьагъаб гьумералъухъ, гъоб лагаялъухъ.

Гьаха, чIвазин хатIа, хал гьабе гьелъухъ,

Нусабго саналъухъ, сипат-куцалъухъ.

 

Кинха гIайиб чIвалеб гIамал тIабгIалда,

ТIаде жийго йиччан, рищун ругелъул.

Дур рагIул гьуинлъи, гьурмал берцинлъи,

Бицунеб каламалъ кеп гьабулеб куц!

 

Курмузул гургинлъи, горбол халалъи,

ХъахIаб щвемещалъухъ шавкъ бергьунеб куц!

Мунгун калам бицун, керен чучизе,

Киса, эб даража дие щвеларо.

 

Черхалда квер хъвайни киб гурин дие,

Квер битIун баизе мун лъихъе щолей?

Гьекъон унеб шараб щокъроса гъоркье

Щибаб къатIра-тIири тIасан бихьула.

 

ТIад ретIунеб ратIлил пардав гьечIого,

Гьурмахъ балагьизе барахщула ракI.

Гьаналъ бугеб ракьа, гьоркьоб бугеб нах -

Нусабго логолъан гвангъун бихьула.

 

ГIадан-инсанилан яти гурони,

Ракьда хIетIе гуро, хIурда лъалкI гуро.

Гьурмадул нур буго, бакъул нур гIадаб,

Бакъуде рехарал хьухьал риунеб.

 

Чорхол санги буго, сардилъ моцI гIадаб,

Дагъистан гвангъараб Гулишат-бикал.

 

Зодил тIавус бачIун тIавап гьабурай,

ТIогьилаб явлухъалъ ракI бахъун анна.

ТIадчIараб тахбакIалъ тасбихI гьабурай,

Дуде хIасрат бергьун гьаглъулев вуго.

МагIарда чанилги чара бухIарай

Чиновникасул яс йосана гIадахъ.

ГIурус падишагьас алапа хъварай

Апцерасул ясалъ сагьвил гьавуна.

 

Вакъарав гIорцIила гIищкъуялдалъун,

ГIалам хIайранлъулей дуда бер чIвани.

Бецлъарал беразда канлъи бихьила,

Камилаб гьурмаде валагьанани.

 

Бакараб кан гIадаб, канаб моцI гIадаб,

БечIчIараб рахь гIадаб, бахьинаб гьумер.

Я мун лъаралдаса лъарагIай бика,

Лъавудаса ана, гIакълу босана.

 

ГIиприт хIайранлъулеб хIатIил росада

Дур свери бихьидал, дир сабру хвана.

ЦIулал киниялда, кварил рущада

Кеп чIван чIурканлъараб лага дур гуро.

 

Алжан баркун пирказ кодобе кьеяй,

КидаллъагIан телев дун гьаб хIалалда?

ГIаршул рахIманасги сужда гьабеяй,

Сабаб гьабиларищ гьаб рокьиялъе?


  РичIчIуларел рагIаби:


Забру – печаталде бахъи

Жисму – черх

Самаъ – зоб

Асиллъи – гьайбатлъи

ГIужбу карамат – гIажаиблъи –тIадегIанлъи

ХIавраияй – хIурулгIиналъулай

Кибритул ахIмар – багIараб месед

Сайгид – бетIер, хважаин

Лайлатул къадир – щиб гьараниги къабуллъулеб гвангъараб, къалъараб сордо

Луълуъ – жавгьар

Каржин – би-рахь рекъарабин абулеб магIна, гьединаб сипат

ХIираъ – мегIералда цIар

Явакъит – якъут

Шараб – гьекъолеб жо

ТасбихI – рецц

Алапа – шапакъат

Кеп – куц, форма

 


оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook