Авторизация

ШагIирги халкъги…

ШагIирги халкъги… — ХIай! Зварзвариялда, рогьалида бахъун, гьаб тилипунгиха… Щибдай Нуцалалда макьилъгIаги бихьараб?… Алю…


— Бахууу, Бахуги ячун нилъ Казиюрталде ахIулел ругоха. Хехго ячIа къватIие.


— Дуъ… диц… гьааа… гьабсагIат…. Бахуйилая? МаулхIаяталъе йигей дун… цойги кисаха яхъилей?


— Мун гуро, яц! Мун гурони тIокIай Баху йикIунарищ? Нилъерго шагIир Баху-Меседу йиго дозие къваригIун, дудасаги. Мунги ячинаха… Зарал щиб букIинеб дур… Лъуралъуй рекъарай гIадай жоги йигин…


— Гьааа, рилълъине ккела валагь. Дун гурони, Баху-Меседуда аскIоги рекъеларо, амма, рекъечIониги, гьечIищ тIокIав гьениве вилълъинев гIадав чи?


— Нилъерго Шамайгиха… Раисатали нилъеде регIулей чIужу гурин…


— ЧIа цо, дун къачIа-кIатIалин…


— КIатIачIониги бегьилин, духъ ралагьизе рачIарал чагIи дораги гьечIин, хехлъи гьабе!


АхIаралъуй рачIинчIони, хIинкъунилан кколеб хасиятги букIунелъул нилъеразул, рахъанаха къватIире. Роххуца холаго. РахъинчIогоги кинха рукIинел, бачун шагьаралъул кIалтIа ошколалъул директорасул машина чIараб мехалъ… Нечезаруна.


АлхIам цIалилалде щвана Казиюрталде… Дунялалда жеги бугиланцин дида рагIун букIинчIеб гIахьвалазул хъутаналде. Хъутанищ гьаб, тахшагьарищали кIочон тана, ошколалъул азбаралде щвейгун. КIиябго рахъалъан кодор кьер-кьерал шарикалги ккун, байрам-къоялъ ретIунеб порма ретIарал лъимал… гьезда гьоркьосан рачIунелъул, нижеда кодоре кьолел щиб, тIаде ралел щиб, тIугьдузул кутак… Бадиреги ралагьун «издрасти» йиланги абулеб букIана дида лъималаз гьанжесалаги… азул иш лъаларо.


Школалде жанире лъугьунаго зурма-къолол гьаракь… берцинго кьерда чIарал, Шамайил гIадинал берцинал беразул, лъимал… къатIипа тIад тIамураб, тIугьдуз ва шушбуз къачIараб гьалбадерие стол… Ниж азухъ ралагьун, ал Баху-Меседухъ ралагьун… Къед цIун гьабураб стендалда гурони йихьун йикIинчIей Халкъияй шагIирги йихьун, гьакIкIан кIалалгун хутIун рукIана лъимал. Цо-цоял рекIеде рачIун, рекерун, сурат бахъизейилан, аскIорцин чIолел рукIана.


Кидаго гIадин, гьанжеги лъимал ратана цIакъ хIадурун. КучIдул рикIкIана, цIалана, ахIана… театирцин бихьизабуна. Дагьалги цIакъ хIадурун учительзабиги ругоан, хIалчIахъаял…  Кваназе рачана кIикъоялда анцIила анкьго батIияб нигIмат тIад бугеб остолалде нахъе…

Гьоркьо-гьоркьоб Баху-Меседуцаги цIалана жиндирго кучIдул, кигIан шигIрабаздаса рикIкIадасулги рекIелъе рортилел хIалалъ… Нахъойги нечон дунги йикIана — кий ялагьун, сундул ургъалидадай дун йикIарай, гьадигIан берцинал, магIна гъваридал кучIдулги цIаличIогоян…

Гьанжеги бичIчIана цо жо. Баху-Меседу Расуловалъе «Халкъияй поэтесса» йилан цIар кьунилан рагIигун, дида ккун букIана, йигилан рагIи гурони, я рикIкIунеб, я ахIулеб кечIго рагIичIей чIужу, «халкъияй» киндай йикIунейилан. Дида лъачIониги, халкъалда лъалей ятиларищхайилан, диего ракI-макIги гьабун, тана… Жакъа бичIчIана, халкъалда лъалел рукIаралани, кутакалда гъваридал, цIаларав чи пикру гьабизе тIамулел, пасихIал кучIдул Баху-Меседул рукIин.


Халкъалда лъангутIи лъил гIайиб? Нилъерха! Кьея цо лъил букIаниги кучIдузул тIехь цIализейилан халкъ бачинегIан нилъ чIани… БачIинадай? Цо-кIиго чи вачIина. Халкъ бачIинаро. Халкъ бачIине ккани, кучIдузул берцинлъиги, гъварилъиги, пасихIлъиги гьезда рагIун букIине ккола. РагIизе ккани, биччан гьаракьгун, ахIунго-ахIун цIализе ккола… халкъалъул цо гьитIинаб бутIаялдагIаги рагIилеб хIалалъ… Доб микрофонилан абулеб алат щвани кодобе, цIакъго лъикIаб букIуна. ЦIакъго махщалида гьел кучIдул цIализе лъалел чагIиги рукIуна, гьезги гьабула мадар гьеб халкъалъухъе щвезе ва гьезул ракIазда квалквадизе… Щибха гIолареб жо? ГIолареб жо — «рилълъаха, цо кучIдул цIалилин» илан абулев чи. Кире рилълъинелилан абураб суал кьезеги гьанже нилъ нечезе ккела. Нилъер гурищ бугеб дунял бахиллъилеб гIадаб, «Театр поэзии» йилан тIад хъвараб, чIухIараб кIалгIа, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къватI бакьулъ. ШигIрияб театирха.


Щай рачIунелалиги лъалеб бугони, кире рачIунелалиги лъалеб бугони, гьеб жо абизегIаги дидаги кIвезе ккела. РачIа! РачIа нилъ жиб-жиб рузман къоялъ, къасимех щвейгун рилълъина шигIрияб театиралдеги, цIалила, рикIкIина, ахIила нилъерго, чияр, рагIарал, берцин рихьарал, ракIалде рачIарал, ракI унтун гIумруялъ хъварал, чвантиниб лъун бугеб тIохьода ратарал, къадикваналаго салфеткаялда хъварал… кучIдул. ТIоцебе гьенир рукIина нилъго… анкьидасан тIадеги вачIина анкьго чи… моцIидасан — цо гьитIинаб халкъалъул бутIа, лъагIалидасан, гьениб бакI къварилъила… БукIина замана, тIубараб халкъги гьенибе бакIарун, жиб-жиб рузман сордоялъ Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къватI машинабазе цо-кIиго сагIаталъ къазе кколеб, амма гIадамазул ццин бахъунареб. Гьеб мехалда рихьила ва лъала халкъалда жидерго шагIирзаби…


ЦIодорав гурев чи шагIирасухъ гIенеккуларо.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook