Авторизация

ЦилгIинги Прометейги

ВахI-хIатуту-хIатуту


 МагIаруллъиялъул гIулдул


ЦилгIинги Прометейги


Цебесеб эраялъул 555 сон. Къавкъаз. МагIаруллъи. ПиргIавн Зевсица ХанжармугIрул кьурда варав Прометей. Зевсица гIазаб чIамизабулей Инахал яс Иодехун, гьелъие гIакълу кьун, чудкица тIул тIутIулев, бида вецIцIулев багьадурас абулеб буго:


- …ТIогьазул тIиналда гIорал хъудулел, ТIолалго мугIрузул МугIруллъун кколел Кавказалъул щобаз квер босичIони, ЧIалгIаде лъугьунге лъарал рахине. Ххаре цIвабзазда гъорлъ ругел парсахъан, Хъете тIаса гъоркье къаде гьенисан…


- Ле, гьалмагъ, лъица, щай мун аваразул кьурда хъегъезавурав? – илан ахIана гучаб гьаркьидалъун циязде чан гьабиялъ ЦилгIин абун цIар щварав магIарулазул машгьурав бахIарчияс.


- ЦилгIин, аваразул бахIарчи, мун гIадав бергьарав багьадурасда жеги эбелалъ свенек чIван батиларо, - ян жаваб кьуна Прометейица. – Зулмуяв Зевсил ццидакьаги хIинкъичIого, дида аскIове вачIине, дунгун кIалъазе кин дуда кIвараб?


- Ракьандаса рачI ккун букIана дица гьев Зепсил, рагIарав чицин гуро. МагIаруллъиялъул гIеллъидал дун, гьаб нижер ХанжармагIарда щибдай лъугьунеб бугебан щун вукIана гьаниве. Щиб багьана букIун гьев Зепсилан хъурумсахъица мун гьанив дализавурав?


- ГIалимчи Прометей вуго дун, магIаруллъиялъул бахIарчи ЦилгIин. Бигьаго магIишат гьабизеги цIа хIалтIизабизеги малъана дица греказда. Аза-азар гIелмиял цIирагьияздалъун гIадамасул гIумру жеги  берцинаб ва талихIаб лъугьинабизе бокьун къеркьана дун. ГIаданго гурев чи вуго гьадав Зевс. Гьесие рекIее гIечIо къоялдаса къоялде инсан гIалъиллъизе ва цеветIезе жувай. Хадусел гIасрабазда Джордано Бруно вухIаралги гьевго пиргIавнил лагъзал рукIана. Дица гIадамасда гIаданилан абиги гьесие кумек гьабиги каранлъ бухъардарав Зевсица Гермесилан абурав жиндирго гьусунчи-хIелхIелчи витIана цоги лагъзалгун цадахъ дун гьав кьурда вазе.


ГьитIинкилщаз тIутIун рана ЦилгIиница Прометей вухьарал Зевсил риццатал  ва ракIал рахсал. Греказул багьадурги гъежтIа лъун, хех гьабун къокъана кьурулъ гIанлъараб аваразул гIулдузул КъвакIиросу шагьаралде. Квер даруял магIарулазул тохтурзабаз чанго сагIаталъ операция гьабуна Прометейил тIулае. МагIарул хурдузул хIикматал дарманаз хехго сахлъана грекав. КъвакIиросулъ гьесулгун гIемерал накъитал гьаруна магIарулаз: кагътидеги босана, гьаракьги хъвана, телекамерялдеги бахъана. Гьел гара-чIвариялги кьочIое росун, чанги гIелмиял даптарал къватIире риччазе рес буго. МагIарулазул маданияталдаса разиго хутIана Прометей. Авараз гьесие сайгъат гьабуна жидерго миллияб ретIел – бухари тIагъур, гужгат, гIарац-меседалъ къачIараб  ханжар-рачел, лахчIегIераб буртина, риун тIуралгIан гьесул хIатIазда рекъарал мачуял. МагIарул кьурдиги, палугьанлъиги, гIемерал цоги гьунаралги малъана гьесда.


Гьединаб ракIгъеялда ва цоцазе пайдаяб мушавараялда магIарулалги грекавги рукIаго, мех-мехалда тIаде гIунтIулаан Гермесилан, Гефестилан ва гьезда релълъаралги цIаразул таманал Зевсил рагъухъаби. МагIарулазул гIулдул ЦилгIин, БахIарчи, ГъутIбирачч ва цогидалги данде рахъиндал, зулмуяв Зевсил гьеб хочоаскаралъул кодобе босизе жо хутIулароан. Гьезул церехъабиги, бацIикъа гIанкIал гIадин, лъутун унаан.


ТIокIав вукIинаревгIан вахIшияв зулмучи кколин Зевс, «цебетIураб» Европаялда гьединав пиргIавн тезе бегьуларилан, рачIине ругел гIасрабазде Гаагаялде ва Страсбургалде гIарзаби хъвана Прометейица. Шушбухъ къазарурал кагътал океанал тун рачIаниги, гьесул рисалатазе жаваб щвечIо. КъвакIиросдал рагIаллъуда бугеб ТIалдабайданалдеги вахъун, жиндицаго митинги тIобитIана Прометейица. Гьес горбода бараб хъорщода хъван букIана: «ТIаса восе жив тIаса восаяв Олимпалъул тахиде хвах рекIарав зулмуяв Зевс!!!» - абун. Гьелдаго релълъараб магIнаялъул цоги игIланаги ругоан грекас цадахъ росун.


Зевсидаса жив цIунараб магIарулазул пачалихъалда цеве жив налъулав вугилан гIемер абулаан Прометейица.  Гьев пиргIавнил «ПРОялдаги» «цIвабзазул аскаралдаги» махIниги гьабизе кIвечIо аваразул улкаялъул боязда данде. Сиясияв эмигрант хIисабалда чанго сон тIамуна Прометейица магIарухъ. Жиндир кверщел бугеб ракьалда Зевсица бекьулеб бугеб рокьукълъиялъул ва балагьалъул бицун гIелмиял дандеруссиназда кIалъалаан Прометей, гьеб ритIухълъи рагьарал гара-чIвариял гьарулаан къватIиса рачIарал мухбирзабузулгун.

Греказул маданияталъул бицине гьоркьо-гьоркьоб рагIиги кьолаан КъвакIиросдал годикIаниб Прометейие.


ЦIакъ лъикIал гIадамалги ругила магIарулал, гучаб пачалихъги бугила нужер, амма жив гьавураб Элладаялде цIакъ ракI щун бугин жиндирилан гIузру баккана цо заманалда греказул гIалимчиясул. ТIаде ахIарав Зевсил витIунчиясги абуна, пиргIавнил ццин гIодобе буссанила, Прометей лъикI къабул гьавизе гьес рагIи кьунилан. ВатIан хиралъун къватIиве вахъарав чиясул нухда жив чIеларилан, ЦилгIиница хIукму гьабуна гьев Элладаялде виччазе. Квер цIалтараб сайгъат-салам жаниб лъурал хулжалги кьолоде рухьун, хъахIаб чуги кьуна ЦилгIиница Прометейие. Кверги бачун, МагIаруллъиялъул гIорхъода бугеб ХанжармагIарда къо-лъикI гьабуна гьес греказул гIалимчиясулгун.


Гьелдаса дагьаб заман иналде Эсхилил тIехь цIализе щвана ЦилгIинихъе. Царал гIамал хисуларелъул, Зевсица цIидасанги гуккун вугоан Прометей. Кавказалъул цоги кьурда варав гьев ракьул тIинде вортизавунилан хъван буго Эсхилица. ЦилгIинида мухIканго лъалаан кIиабизеги МагIаруллъиялъул кьурда Прометей вазе Зевсил «даци» гIолареблъи. Зевсил къасабхана ялъуни туснахърукъ гурелъулха аваразул ракь! МагIарулаздаса чучал къавкъазиялги ратун, гьениб гьабун батилин пиргIавница гьеб вахIшилъиян тана ЦилгIиница.


2011

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +77
  • Нравится
Оставить комментарий
"Жакъасеб къоялъул,къваридаб сарин"


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook