Авторизация

ЦилгIинги Пушкинги

   ВахI-хIатуту-хIатуту


 МагIаруллъиялъул гIулдул


ЦилгIинги Пушкинги


                         (Катил кочIол багьа)


-Афророссиянин Пушкин! Ахираб заманалда гьаб дур гIалимчи-катил гIадлу хун буго, - ян абуна, гIурус адабияталъул бакъ-моцIалдехун вуссун, аваразул гIел ЦилгIиница. -  ЦохIо кечI ахIаралъухъ миллион доллар кьейила жиндие, цо маргьаялъухъ – анцIго миллион евро. Дунялалда букIунеб жойищ гьеб!


-Аваразул бахIарчи, гьеб дирго гIакъилаб магъулакатиде гIайибго гьабуларо дица. ЧIобого, квегIиса ва квараниса сверун, гьелъ кечIги ахIулеб маргьаги бицунеб букIараб гьайбатаб, даим гIурччинаб миккигъветI щай къотIараб? КъотIун течIого, кьалбалъаги бахъана гьеб. Бича-хисизе бегьулеб, месед-гIарацалъухъ кьолеб хазина гуро гьеб микк букIараб! XX -XXI  гIасрабазул гIорхъодайин абуни Россиялъул тIадчагIаз къотI-къотIун бана гьеб, лугбал ричизе чи ччукIулев кинигин. ГъотIол гIаркьалаби Англиялъ ана, рохти – СШАялъ, кьалбал – Китаялъ. МиккигъотIол иш лъугIарабго, бетIербахъиялъе къватIибе бахъине ккана дир пакъир гIалимчи-кето.


- ВахI-вахI. Цогидазде гIайибал рехизени лъалеб бихьула дуда, Пушкин. Россиялда тIоцебе «Щив гIайибияв?» - абун лъола суал. «Щиб гьабилеб?» - илан хадуб дандбала. Щаялиго гьабизе кколеб жоги, Вера Павловнал макьабалъа босун, малъула… Базарган Садко, багьадурзаби Илья Муромец, Добрыня Никитич ва цогидал щайха ахIичIел хIалае?


- Сахал бахIарзал руго гьел. Амма жеги дир миккигъотIоде ва гIалимчи-катиде регIараб хIал гьечIого буго дозул. Улка тIатIала ккечIого букIине, рекарал гьелъул хIубазул бакIалда, гъуждузда пачалихъги баччун, эхетун хутIун руго пуланал.


-Дур нартасул бетIер кибе буссунха бугеб? Досул хIикматаб ханжар кинаб гIархъилъ бахчун тараб?


-Пачалихъиял балъголъаби ккола гьел, МагIарухъа ЦилгIин, - ан жаваб кьуна Пушкиница. – Адабияталъулги руго таманал гъварилъаби ва балъголъаби. ГIемерисел гьелъул тIинде щоларо, щваралги киналго гуро тIадруссунел.


Гьединги абун, Африкаялдехун вуссун, цевеса ана Пушкин. Лъаларо, Обамал кьолбол чагIигун дандчIвазейищ,  ялъуни Каддафигун Мубарак рихьизейищали. Гьеб гара-чIвариялъухъ гIинбан букIараб Пушкинил гIалимчи-кето гъургъур бачине лъугьана. ЛъикI гIенеккидал, ЦилгIинида бичIчIана гьеб гъургъур я кечI, ялъуни маргьа гуреблъи, хабар букIин.


-Пушкиние суалал кьолев вукIинчIого,  Авартеатралда дир «сольни концерт» щай гьабулареб? – илан лъугьана машгьураб кето. – Куралазул гурелги, аваразулги миллиардералги руго, гьезда къайимлъиги гьабизабе. Амма дица кечI ахIилелде цебе Авартеатр  кьучIдасанго къачIа-кIатIазе ккола. ЦIакъго лъикI букIинаан, бищун дагьаб анцIазарго чи жаниве гьунеб цIияб мина театралъе бани. Дир гьаракь рагIизе бокьаралщинал аварал лъугIизегIан, къойил ахIила дица кечI. Амма щибаб дир кочIохъ цо ккураб багьа букIин лъалаха дуда – щибалъухъ миллион доллар. Дир менеджеразухъе гьеб гIарац гочинчIого, кIал ричIизе гьечIо дица.


-Ччит, магъулакето! Меседил рахасалъ цо камилаб миккигъотIоде бухьичIони, гIадлу хун буго дур!


-Инаро! Дагьабги цIикIкIун гIарац кьуни, бацIцIадаб магIарул мацIалда ахIила дица кучIдул!


-ГIарац кьунияли, мимидиро, Мадоннацаги ахIила авар мацIалъ кечI, - абун, катил гIин кьурана ЦилгIиница (гIадлу биххаразул гIундул кьуризе кIудияб махщел буго ЦилгIинил, гьесул гIеллъиялъул магIнаго гьеб ккола). - ТалихI бугесул бихьинхIамаги къинлъулилан аби буго аваразул. Амма эдинаб сухIмат нижее щай, лъачи? Цо-цо магIарулаз чунтбиги чIехьон, чIегIерал хIабашиял рукIуна МахIачхъалаялда, авар мацIалда кечI ахIулелан, цо жо гьабулел. ГIарцулги бицун бачIинчIого, магъулакето, рагьараб ракIгун, панаял асаралгун, сси бугел маргьабигун бачIа мун нижехъе. БатIаго магъало бакIарулеб идараялъул хIалтIухъан мунги кколарелъул. Гурони, нилъер гьоболлъи-гьудуллъи лъугьунаро. ГьедигIан бигьаго махсароде кколел чагIиги гурелха магIарулал. Гьедин гIадада бугIа нижеца бухIулареб!


2012 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +76
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook