Авторизация

ТIохмегIер


ТIохмегIер


(поэмаялъул кесек)

                  I

Къудратав БетIергьанас

Бижана тIолго махлукъ.

ТIохмегIерги гIуцIана

ЦIоб гIатIидав РахIманас.


ХIикматаб дунялалъул

Дагъистан улкаялда

Эхетана ТIохмегIер

ГIемер гIасрабаз цебе.


Бижаралдаса даим

Сужда Бичасе гьабун,

Гьеб аза-азар соназ

ТасбихI-гIибадаталда.


ГIумру мегIералъулги –

ГIажаибаб, чIагояб.

ЧIечIого кIетIолеб ракI

Буго гьелъул каранда.


Камилал иццул лълъимал,

Бидурихьахъ би гIадин,

Даим чвахулел руго

ТIохмегIералъул чорхолъ.


Гучаб рухIалъул мегIер,

МугIрузул улкаялда

РекIкI гьечIел гьудулзабаз –

АнцI-анцI мугIруз сверун ккун.


…Кинаб мех бачIаниги,

ХисичIо гьалъ хасият,

Дагъистан цIунун чIараб

РакI гъалбацIил рагъухъан.


Багъана ТIохмегIерги,

Цойги мугIрулгун цадахъ,

ГIагараб ракьгун цадахъ

Рокьукълъиялда данде.


Долъ ханжар борхун ккуна,

Квешлъиялде гъегъ бана.

БитIараб бергьагийин

Аллагьасда гьарана.

                 II

Гьаб аза-азар соназ

Зобгун кIалъалеб буго.

НакIкIул, бакъул мацIалда

Данде гаргадула зоб.


Бигъула сардилъ гьалда

Зобалъ цIвайилаб юргъан,

ЦIакъго рикIкIаде щола

МугIрул гъваридаб балай.


БукIуна гьалъул накъит

КъутIпудулгун, Загьралгун.

Гьабгун гара-чIварула

ГIорхъи лъалареб космос.

                                                      

                    3.

ТIохмегIер. Аваристан

ЛъикI бихьула гьанисан.

Гьабги-гьелъул цо буцур,

Берцинлъиялъул цо нур.


Цебехун-Хунзахъ шагьар,

Нахъехун-Каспиралъад-

Нус-нус гIасраби лъараб

ЦIаял ралеб ТIохмегIер.


Муридзабаз рорхарал

Къадал руго кьурабалъ.

Къуркьи гьечIев Шамилил

Ишал руго бицабалъ.


Машгьурав имамасул

ХIетIе чIараб ТIохмегIер,

ТIокIал гъазизабаца

Какал рараб борхалъи.


Имамасул тарихчи

МухIамадтIагьирица

Гьаб мугIрул вакилзаби

Китабалде росана.


Рагъалъ бухIун рехараб

АхIулгохIги жибго тун

Имам унелъул,цадахъ

Гьарадерихъел чIана…


ТIохмегIер.Аваристан

ЛъикI бихьула гьанисан.

Гьабги-гьелъул цо буцур,

Берцинлъиялъул цо нур.

                             4.

Нилъер дуниялалда

Бищун борхатаб мегIер

Буго Гималаязда,

Джамалунгма-гьелде цIар.


Манзил, метрабаз гуреб ,

РухIалъ борцун хадуса

Гьелдаса тIадегIанал

ГIемерал руго тIогьал.


…Гьаб бакъул дунялалда

Щивасул буго мегIер-

РекIел бухIиялъулги

Лъайгун пикруялъулги.


Гитлерил тушманасда

Томас Маннидаги гьеб

Маргьуяб тIогь батана –

ТIахьиниб бахчун тана.


ТIохмегIерин цIар кьуна

Дирго тIогьалъе дица,

Гьавураб ракьалдехун

ТIагIунгутIизе хурхен.


2007

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +171
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook