Авторизация

МухIамад ХIамзаев. Итнийилан бачIун, талатилан ун Толеб буго гьудул гьаб гьакица нух

МУХIАМАД ХIАМЗАЕВ                          

 

                             ***

ГIурусалъ - апараг,  гIарабалъ - хIажи,

ГIемер сонал ана сапаразда дир.

ВачIине хIалаккун, ине гIедегIун

ГIодове виччараб мех букIинчIо дир.

ГIурусазулъ квачан, гIарабалъ хинлъун

Хадуб гъечIо дир черх гьава-бакъалда.

Гьанир кучIдул гьарун, дора какал ран

КигIан лъикIха тарав БетIергьанас дун.

ГIурусалъ ургъелал магIишаталъул

МагIна гIумруялъул гьеб бугеб гIадин.

ГIарабалъ хиялал ахираталъул

Ахир чIаголъидал чIахIилъ букIин лъан.

ГIурусалъ - апараг,  гIарабалъ - хIажи,

ГIумру ана гурищ сапаразда дир.

**              **

Буго гьаб ракьалда, ритIухълъи буго 

Буго гьаб ракьалда, ритIухълъи буго,

Гьеб битIараб букIин мукIурлъуларес

Инсул адаб тарав васасда гьикъе,

Вас гIедал гIодизе жив гьавичIищан?

Росасда чIухIарай чIужуялъ бице

ЧIалгIараб гуреб къо бачIанищ гьесухъ?

Буго гьаб ракьалда ритIухълъи буго,

ТIекълъи - хIалихьалъи бадиб бихьула.

Бихьулебщинаб къо, щолел балагьал

Мунагь нилъер буго гьелъие сабаб.

Нилъерго гIайибаз, гIамал-пишаялъ

ГIезе гьабураб пихъ куна нилъеца.

Буго гьаб ракьалда ритIухълъи буго,

ГьечIилан абулел, нуж ургъуларищ?

Чидае бухъараб гвандинив  ккарас

Ккола гьабилилан гьелъие нугIлъи.

Шукру дагьаб нигIмат кодосаги ун,

Кверал хIанчIулезда гьеб бичIчIулеб куц!

Буго гьаб ракьалда ритIухълъи буго,

БатIияб щиб цойги нилъей бокьараб?

    **              **

Нил гIоралъул рагIалда

Нил гIоралъул лъеца какиги чурун,

Кверал цере ккуна БетIергьанасда.

Дир гьитIинаб улка, аваразул ракь

Я Аллагь, цIунейин балагьаздаса.

Мисриялъул зобаз нугIлъиги гьабун,

Цо дугIа гьабуна Дагъистаналъе.

Халкъалда гурхIулев хIаким ккагиян

ХIалкIолес бикьулеб нигIмат кьегиян.

Нилъер умумузул, имамзабазул

Узденлъи наслабалъ лъугIугегиян,

ГIасраби аниги магIарул гъастIа

Сунгеги каналда бакараб цIаян.

Нил гIоралъул лъеца каки чурани

ГIарабаз абула анищ тIубалин.

Мисриялъул зобаз нугIлъи гьабуни,

Гьабиларищ жаваб гьардарав Аллагь.

           ***                      ***

Цебе шагIирасул къимат букIана

Къадруяб битIараб рагIиги абун.

Гьанже поэтазул панаяб хIухьел

ПитначагIи реццун чарлъулеб буго.

КIудияв чиясул адаб гьабурав

Чилъун рикIкIунаан некIо магIарухъ.

КIудиял гьитIинал гьанже лъаларо

Бадиб жи-жидула бижанщинаб гIел.

Гьанже Англиялде, Америкалде

Уна лъимал ритIун лъай босизеян.

Лъаларо, щибизе миллаталъул мацI

Манатазда гьелъул хатI хъван гьечIелъул.

МагIарул тIабигIат тIагIунеб буго

Габур биццатазул бицен цIикIкIиндал.

Лъай къваригIунаро, гIакълу щибизе

ГIундул рекаразул век бачIун бугин.

Гьанже хур-хералъул хабар къотIана

Хараб  гIурусалъа баччулеб буго.

Бича-хисиялда хаслъараб гIалам

МагIишат гьабизе гьесулеб буго.

Киналго гIорцIараб, боцIи гьарзаяб,

Унго букIанадай гьадинаб заман?

Гьабихъа ролъ гуреб, корохъ чед гуреб

Компьютерахъ гIищкъу гIелазул ккараб.

РагIи магIарулаз жеги абила,

Узденлъи лъугIичIел чIаго хутIаги.

Чиядае хIеличIел чIахъаян абе -

ЧIаго вугев анищ дов имам Шамил!

        **                 **        

КIикъойилъа эхеде

Ххарун унел дир сонал,

Савуялъ дир дагь-дагь ккун

Каралълъ релъунел расал.

                                                

РикIкIад чияр ракьазда

Чорхол хутIараб сахлъи,

Сапаразда кватIиялъ

Каранда хIенсолеб ракI.

Цо-цо цебе тIамулеб

ТIуцаб рукъалъул гордо,

ТIоцебесеб дир рокьи

Ракьулъ гьениб букъараб.

Гьанже дирго лъималаз

Лъухьулел руго карал,

Кин гьезда гIайиб чIвалеб

ГIадлу дагьав инсуца.

КIикъойилъа эхеде

Ххарун сонал аниги,

Ахада хутIана дир

Хиялалги къасдалги.

Саву каралълъ рещтIунин,

Каранда ракI хисичIо-

Абуге гIолохъанлъи

Нахъ бусине рес гьечIин.

***

   Молчите проклятые книги

                                                       А.Блок

                                                          

НагIана батаял рагIул дандраял,

РегIичIо сундего нужедаса дун.

Байтул маллъун хъваяб хъахIаб кагътица

Кванан  батана дир таманаб заман.

Дун сунца тIамурав цудунаб ихдал

Ци гIадаб хасалил хиял гьабизе.

Жеги иццул лъеца къеч буссиналде

Каспидал лъадалъе щай дун лъугьарав?

БитIун тIогьол гIужалъ тIахьалги регун,

ТIерхьун хадуб бакъул къимат лъараб куц.

Чванта чIобогояб, керен чIагояб

ЧIалгIадени ана  гIащикъаб заман.

                **                           **

Итнийилан бачIун,  талатилан ун

Толеб буго гьудул гьаб гьакица нух.

АрбагIилан хисун, хамизилан шун

Хисулеб бугеб куц гIумруялъул кьер.

Рузманилан къанщун, шаматин гвангъун,

Щиб гьанже хутIараб дир хиялазул?

ГьатIанкъо бачIуна рокъорго чIайин -

Къокълъи гьаб ракьалда нилъер анкьалъул!

 

ГIабдулгъапурил МухIамад

 ракIалдещвеялъе

Дунялалъул боцIуда

ЦIарги дуца тIамуна,

ЦIогьал хIакимзабазда

ХIелунги мун кIалъачIо.

ГIелмудал мажлисалги

Дуца берцин гьаруна,

Гьайбатал жавабал кьун,

Жагьил чанги кантIана.

Шайихзабазул нухги

Дуца щулаго ккуна,

ХIакъаб хабар бицине

ХIинкъи-къай дуда лъачIо.

Бакълъухъа КIудиясул

Васият тIубалго,

ТIолабго гIумру арав

ГIалимги мун вукIана.

Чидае бикьанагIан

Аллагьас дуе кьураб,

Илагьияб гIелмуги

ГIорлъун дуе чваххана.

ВарагIги камил гьабун,

Каламги гьуин гьабун,

Кидаго сулукалъул

Аслу дуца цIунана.

Гъазизабазул имам

ГъазимухIамад гIадин,

Мун анщинал росабалъ

ШаргIалъул гIадлу лъуна.

Щивасул ракIалъул кIул

Дур кIалалда букIана,

Дунялалъул унтуе

Даруги дуда лъана.

Загьир тIубан хадуса,

БатIинги камил гьабурав,

БатIияб букIана дур

ВукIа-вахъин кидаго.

Дуйго гьитIинлъанагIан

Халкъалъе кIодолъарав,

Вали мун вукIиналъе

МукIурлъана киналго.

ГIелмуялда жанибги

ГIелму дуда батанин,

ЧIикIаса КIудиясги

Сипат дуе гьабуна.

Какде гIедегIун унев

ГIалиасхIаб киниги,

Мажгиталде щолаго,

Шагьидлъана, гьудул, мун.

ТIадегIанаб макъамги

Къадирас дуе кьуна,

Духъ гIодулеб гIаламалъ

НугIлъи гьелъий гьабуна.

Исламалъул бахIарчи,

ЯхI-намусалъул роцен,

Бицаде хутIана дур

Берцинал тIабигIатал.

  **               **

Къаси чияр ракьалда

Чваххун балеб буго цIад,

ЦIалтарал дир хиялал

Ххарула магIарухъе.

Дора роцIарал зобал

ЦIвабзаз хьухьун ратила,

Дир цересел хьулални

Хьухьазде руссун ана.

Къаси чияр ракьалда

Чваххун балеб буго цIад,

ЦIарал гьудулзабазул

Заназда рикIкIун руго.

Гьел ракIалде щваралго

РакI баларо сундего,

Гьезул къасдал, анищал

Къан руго дир каранда.

Къаси чияр ракьалда

Чваххун балеб буго цIад,

ЦIорол гордал гIодулел

ГIадада ратиларо…

Батила цIараб болжал

Божи дагьал сверабалъ,

Кинаб сардилъ лъаларо

Сапар дирги лъугIилеб.

Къаси чияр ракьалъе

Кьолеб бихьула регьел,

Ругьел тIадмагIарухъе

Киндай дица битIила?

 **                     **

Бицараб рагIуде гIамал гьабулев

ГIадан ватулареб, байтулмандунял.

Гьикъун бачIунареб къо тIаде щведал,

Къварилъи чучизе чи киса щолев?

         **                      **

Дирги гIолохъанлъи араблъи лъазе

ГIолел лъималазухъ валагьула дун.                                                             

ГIумруялъул рии сверараб лъазе

Савуялъ рахчарал расал лъухьула.

         **                          **

Цо хъирул къаникье буссунеб къисмат,

Къаси хиялазул халалъиго щиб?

Цо чIахIилъ бахчулеб нилъер чIаголъи!

ЧIалгIаде бицунге берцинаб хабар?

    **                            **                      

ГIедегIуге, дир вас, кIудияв гIезе

КIудияв гIунагIан гьитIинлъулин чи.

Хехлъуге, дир лъимер, лъараб бицине-

Лъай вуцIун чIеялъулъ батанин дида.

            **                            **

Радал кини кIикIула

Мун кIудияв гIегиян.

Къаси зани бекIкIула

ВукIарав лъикIав чиян.

         **                           **

Базаралда гIалам хъудулеб буго

Цоцал кваназехъин ругел киниги.

Хобалазулъ бугеб гIодобе биччай,

ГIалам батIиябищ цебе букIараб?

         **                                 **

Гьаб гIумру батараб гIажаибаб жо

Гьаб гIумру батараб гIажаибаб жо,

ГIужие гъуна гьалъ дир гьудулзаби.

Гьал рохел - кепалги ихтилаталги

Иххица босулеб полоп гIадаб жо.

Гьаб гIумру батараб гIажаибаб жо,

Жаваб батичIого танщинаб суал.

Божизе бегьулев чини щай гурин

Чучизе бегьулеб ракI чан батулеб.

Гьаб гIумру батараб гIажаибаб жо,

Жундуца ккунищ гьал гIадамал ругел?

ГIарцул тун батIияб мацI бичIчIуларел

БоцIул гуреб ургъел лъиего гьечIел.

Гьаб гIумру батараб гIажаибаб жо,

ГIажал тун батIияб жо нахъа гьечIеб.

    **              **

Росабалъа хараби

Хехго лъугIулел ругин,

РагIула гьудулзабаз

Гьоркьо-гьоркьоб абулеб.

Сонисел гIолохъаби -

Нилъго херлъулел рукIин

Халлъуларо лъидаго,

Лъаларо бицинчIого…

**              **

  «Мугьажирасул магIу» абураб циклалдаса

 

Ригь арав мугьажир магIуги бацIцIун

МагIарул мацIалда кIалъана дида.

Лъималаз киниги кверги дир босун

Карандаса рагIи бицана гьес дий.

Апараглъиялда гIумру тIамурав

МагIарул халкъалъул бицун кIалъана.

КIодолъи Шамилил лъан бахъунарин

Лъималазда жеги гьев вичIчIуларин.

Гьес угьун биччана имам кинигин

Инсанияталъ чи кIодо гьавичIин.

Гьесул бахIарчилъи, гьесул таваккал

Нусго наслуялъе гIураб букIанин.

Херав мугьажирас магIуги  бацIун,

МагIарул мацIалда абуна дида.

Имам нилъер рекIелъ вугогIан мехалъ

МагIаруллъи нилъелъ хутIизе бугин.


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +7
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook