Авторизация

Хелекьуриса ГIабдуллагьил МухIамад (1918 – 1972)


 

   Хелекьуриса ГIабдуллагьил МухIамад (1918 – 1972)



    Гьанжесеб Болъихъ мухъалда гъорлъе унел росабазул цояб ккола Хелекьури росуги. Гьеб росдал рахьдал мац1 буго маг1арул болмац1.    Киналго маг1арул росабазул г1адаб тарихги, маг1арулазул г1адаб яшавги, къисматги буго хелекьурисезулги.  XlX г1асруялда имам Шамилида цадахъ гъазаваталдаги, хадур ккарал рагъаздаги кирго бах1арчилъи ва гьунар бихьизабуна гьезул г1олохъабаз. Хелекьурир рахъана г1емерал ц1ар бугел г1алимзаби, кидаго гьениб бук1ана мажгит, малъулаан  дин-ислам.

      Нилъеца бицен гьабулев г1алимчи, вали ва  шаг1ир Г1абдуллагьил Мух1амад гьавуна 1918 абилеб соналъ Хелекьурив.  Гьит1инго г1елмуялде рокьи бугев, г1амал берцинав вас вук1ана гьев. Инсуца малъана гьесда т1оцебе г1араб-г1ажам хъвай-ц1али. Хадуб, вац Сайидх1усеница малъана. Г1емерисеб г1елму   г1алимчи Шагьрудинида цебе  ц1алана. <!--[if !supportFootnotes]-->[1]

 Бицен буго гьев ц1ализе Хуштаде, К1ванаде ва Г1орот1е ун вук1аниланги, лъида цеве гьенив ц1аларавали лъалеб гьеч1о.  Г1елму ц1аланаг1ан гьев  лъаралда г1амал гьабулев, гьелдаса расул къадаралъги къуркьуларев чилъун лъугьана. Т1адч1ч1ун г1ибадат гьабулев вук1унаан кидаго.  Киг1анго х1уригат бергьун, дунялалда хиса-басиял кканиги гьес ц1али рехун теч1о- г1адамаздаса бат1а т1ун рокъов ч1ун яги колоде ун  вук1унаан. Ц1ияб г1умруялде кинго рак1 бач1ев, колхозал гьарулелъул гьоркьове къач1ев Мух1амад живго-жиндаго ч1арав  чилъун лъугьана. К1удияб Ват1анияб рагъдеги ах1ун вук1ана гьев, амма жеги рагъде инелде Болъихъ вук1аго г1узру ккун нахъч1ван вуго. 

 

    Гьес киданиги чияр хуриса бач1араб  жо кванач1о. Гьесул квен бук1унаан ц1оросоролъил яги пурч1инадул хинк1. Заман банаг1ан г1адамазда гьоркьове вахъинги дагьлъана гьесул. Гьесул яс Сукайнатица бицана г1умруялда жанив эмен росдал годек1аниве щвеч1илан.  Кинаб къвариг1ел бугониги бат1ияб нухдасан сверун унаанила,  росу сверун ине кканиги.   Лъималги рачун колот1е ун  гьениб, г1адамазда раг1улареб х1алалъ, малъун буго   гьезда г1елмудул аслаби. Нахъа, киналго гьаризе  кколел парз-суннатазул  т1ехьги хъван буго гьезие. Заман банаг1ан росдал г1адамазе гьев хиралъана ва гьесул вац1ц1алъиги валилъиги мух1канлъана.  Гьес жиндирго сурат бахъизе тун гьеч1о, жиндиего кьезе бугеб пенсия босизе гьеч1ин абун буго, жив х1укуматалда х1алт1ич1илан ва жиндие гьелъул х1алаллъи  бук1унарилан. Хъизаналда абун буго дуца босизе бегьулин мун х1алт1идалин колхозалда абун.

 

     Г1емерисеб заман гьесул мавлидал ах1улаго унаанила.  Свалат салам лъеяв Аварагасухъ бугеб г1ишкъуялъ, гьесухъ урхъун хъварал мавлидал ц1акъ г1емер руго Г1абдуллагьил Мух1амадил. Дагьаб цебе басмаялда бач1араб мавлидазул  гьит1инабго т1ехьалда  руго Хелекьуриса Ах1мад бин Жамалудин абун автор вихьизавураб  к1иго мавлид. Дица гьев чиясул ц1ех-рех гьабидал якъинлъана   Г1абдуллагьил Мух1амадица жиндирго квералъ (г1ажам хат1алъ) хъвараб мавлидазул т1ехь сайгъат гьабун буго росулъаго чи Ах1мадие кидаго г1алахалда г1ияда вук1унелъул ц1ализе бук1ине. Гьеб т1ехь нахъе ц1унун хут1ун ц1идасан (г1ажам нухса гьабун) басмаялда бахъулел ч1аг1аз Жамалудинил Ах1мадил ц1аралда гъоркь биччан буго къват1ибе. Амма, гьел мавлидал хъварав чи Г1абдуллагьил Мух1амад вуго.  Гьеб т1ехьалда гьеч1елги г1емерал асарал (мавлидал, назмаби, шиг1раби) хъван рук1ун руго Мух1амадица. Жеги росулъа г1адамазухъ г1езег1ан ругилан абула гьел   мавлид-мажлисазда ц1алулел. Киналго данде гьаруни хасаб мажмуг1 бахъизе г1урал асарал рук1ун руго гьесул. Гьединго Ч1абакъориса Муртазаг1али абулев чиясги росун анилан абулеб   буго г1емерал асарал, басмаялде рахъарал рахъич1ел лъалел гьеч1о. Инсуца к1вар кьеч1ого, цойиде рак1арич1ого теялъг1аги  батилаха лъималазги гьесул рух1ияб ирс данде гьабун къват1ибе бахъизе ч1аголъи гьабун гьеч1о.

 

    Дол дин гьукъарал соназда маг1арул рух1ияб адабият цебет1езабулел, назмабаздалъун даг1ват гьабулел г1алимзабазул цевесев кьерда вук1ун вуго Мух1амад гьесул   асаразул хал-гьабидал. Гьел бат1и-бат1иял росабалъе ккун, цояз-цояхъе кьун т1ирит1унги рук1ун руго. Х1атта, цоги аваторазул асаразда гьоркьоре ккун бат1ияб ц1аралда гъаоркь басмаялда рахъун рук1инеги рес буго. Гьесул нилъехъе щварал асаразул халгьабидал бат1и-бат1иял темабазда хъварал, мавлидал гурелги назмабиги руго: «Абу Муслим шайихасде», «Гьудулзабазде», «Башириде», «Хвалда цебесеб», ва цогидалги камилал асарал.

 

    Маг1аруллъиялда ислам т1обит1изабурав, нилъеда диналъул аслаби малъиялъе кьуч1 т1амурав Абу Муслим шайихасул х1акъалъулъ авар рух1ияб яги дунялияб адабияталда г1емерал асарал хъван гьеч1о. Ислам бач1иналъул тарихалда бищун к1вар бугев чилъун вихьизавуниги нилъер адабияталда гьесул ц1ар г1емер дандч1валаро. Мисалалъе, Ч1ик1аса Саг1ид-афандияс «Дагъистаналде ислам бач1иналъул х1акъалъулъ къокъаб баян» абураб назмуялда хъвалеб буго гьесул х1акъалъулъ:

 

Хадув Дагъистаналъул бищун к1удав имамлъун,

 

Абу Муслим шайихги <!--[if !supportFootnotes]-->[2] живго тасдикъ гьавуна.

 

Дагъистаналъул х1укму, киналниги умурал,

 

Исламалъул кверщелги гьесда кодоб бук1ана.

 

Гьес ват1анлъун ккурабги Хунзахъ шагьар бук1ана,

 

Хведалги гьенив вукъун зиярат машгьурлъана.

 

     Хелекьуриса Г1абдуллагьил Мух1амадил Абу Муслим шайихасде гьабураб назму буго Аллагьасе шукруги, исламалда ратиялъухъ реццги, шайихасул наслу-насаб, бах1арчилъи ва Дагъистаналъе щвараб баракатги загьир гьабун хъвараб. Гьеб буго авал-ахир бугеб ц1убараб асар.

 

    Г1абдуллагьил Мух1амадил асарал ц1алидал  бат1а бахъулеб   хасаб хат1ги,  т1адег1анаб  стилги  бихьулеб буго. Киг1ан х1укуматалъ дин гьабизе гьукъун бук1аниги, гьес жиндирго даг1ват гьоркьоб къот1изе тун гьеч1о.

 

Ц1алдолезде гьари буго гьев валиясул х1акъалъулъ нужеда лъалел баянал ратании яги гьесул абун рехсолел асарал ратаниги редакциялда лъазабеян.





 

Абу Муслим шайихасде

 

Муг1рузда нур базе г1арабиялъан,

 

Билълъун бакъ бач1ана къурайшиязул.

 

Шагьарал гвангъизе Маккаялдасан,

 

Баккараб моц1 щвана Дагъистаналде.

  

Динул исламалъул имамул аг1зам,

 

Абу Муслим саййид, саламин дуде.

 

Сияразул рукну <!--[if !supportFootnotes]-->[3], рагъазул марказ, <!--[if !supportFootnotes]-->[4]

Барка дуе фарис <!--[if !supportFootnotes]-->[5] Фирдавус алжан.

  

Илагьияб рагъул илгьам бач1унищ,

 

Бараб, кьурул лачен, кьалуе ярагъ?

 

Равх1анияб изну Х1абибас кьунищ,

 

Борчараб черхалда чарамул хвалчен.

  

Чанай бахъунелъул хъергъудал г1адаб,

 

Г1адан сагьвиллъулеб мисал бук1анин.

 

Мушрикиназда т1ад баккараб ц1аялъ,

 

Баракат г1амлъана г1ажамиязе.

  

Дур г1анбарул х1ухьел реч1ч1аралдаса,

 

Бач1анин саг1адат <!--[if !supportFootnotes]-->[6] маг1арулазе.

 

Мугьажирзабазул баркатаб квералъ,

 

Кант1и кьунин абе Аварагасда.

  

Исламияб рагъул суюфаздалъун <!--[if !supportFootnotes]-->[7],

 

Сах гьарунин абе асх1абзабазде.

 

Х1ижаз-г1арабиял г1уламааца,

 

Имамлъи т1ад къарав Къапалъул мег1ер.

  

Къурайш-гьашимиял машаихзабаз,

 

Бот1рода таж лъурав, талих1 кьурав хан.

 

Кьалул х1ухьалида Дагъистанги тун,

 

Дуца ват1ан лъураб – т1алъи батана.

  

Хвалчадул балаца х1акъгоги чурун,

 

Хунзахъ х1ужра бана х1ижазиясул.

 

Х1ажру <!--[if !supportFootnotes]-->[8] ч1ван рук1арал, ч1унтарал рак1ал,

 

Ч1аголъизе дару дудасан щвана.

  

Дур хочол т1огьиса т1инк1арал биял,

 

Т1огьоде сверана Дагъистаналда.

 

Мажгит-къулг1а бана, г1елму малъана,

 

Г1алду-низам лъуна маг1арулазе.

  

Мух1аммад Х1абибас байрахъ кьела дуй,

 

Кьалда гьунаралъул, бергьенлъиялъул.

 

Бакъиг1алда ругел бах1арзаз дуе,

 

Марх1аба имаман икрам гьабила.

  

Купруялъул макьилъ кьижараб улка,

 

Баркаталъ гвангъараб, гургинаб къамар <!--[if !supportFootnotes]-->[9].

 

Къосиналъул т1иналъ т1ерхьараб карван,

 

Квер ккун т1аде ц1арав, ц1ар арав имам.

  

Агьлу, ват1ан, дунял диналъухъ бичун,

 

Дур аслияб х1алт1и - х1арбудул навг1ал. <!--[if !supportFootnotes]-->[10]

 

Нак1к1укьа ц1ад г1адин г1одоре т1олел,

 

Г1исян бергьаразул биял рук1ана.

  

Раккуда руссине гьалбалги гурел,

 

Бихьуларищ г1азму <!--[if !supportFootnotes]-->[11] г1арабиязул.

 

Свакайдал рещт1ине ват1анги гьеч1ел,

 

Гьунарни г1еларищ г1олохъабазул.

  

Г1арабияб ракьул бакьулъа рахъун,

 

Боркьулаго рагъгун Гъумекий щварал.

 

Кирего щущарал шугьадаазде,

 

Шиг1ру ах1ич1ого ях1 дирги лъвинч1о.

  

Диналъухъ рух1 кьезе бокьаралщинал,

 

Боял киса щварал, шамалъул гьардин.

 

Шарг1алъул нухалда хвезе рекъолел,

 

Акърабал <!--[if !supportFootnotes]-->[12] куцазе, кин мун ургъарав.

  

Маргъалул черхалда чармил  рак1ал лъун,

 

Чаг1и т1ирит1улев Бет1ергьан вуго.

 

Гьалщинал улкаби кверде росарал,

 

Васал г1емерлъайги г1арабиязул.

  

Г1али, Г1умарида г1амал куцундай,

 

Бицун х1ал к1оларел х1урубал <!--[if !supportFootnotes]-->[13] лъурал.

 

Х1амзатгун Г1абасил ирсдай босараб –

 

Наслу цох1олъидал х1ижазиясул.

  

Х1арбудал ц1а баккун ц1илъараб улка,

 

Гьаб улка-ракьалъул баркала дуе.

 

Дургин гъузатазул гъураб нуралъе,

 

Ниж авариязул азарго шукру.

  

Шарг1алъул г1уруца г1исянги чурун,

 

Ниж чаг1и гьарурал рак1 лъиял гьалбал.

 

Лъадай би гьекъарал гьудулзабазда,

 

Гьаб дир ах1иялъул мах1го ч1валадай.

  

Х1инкъарал к1анц1улел икълималдехун,

 

Рек1ел х1ал хисидал хиял гьабуна.

 

 Халг1ат –чалмаялъул, чу-ярагъалъул,

 

Чиго данделъич1о дида бицунев.

  

Бах1арчилъиялъул х1акъ т1убай гуреб,

 

Т1ок1аб сурат лъалев инсан ватич1о.

 

Ах1мадил халифа, халкъалъул султ1ан,

 

Къот1и щула гьабе шафаг1аталъе.

  

Шугьадааз лъолеб иманалъул таж,

 

Тоге нижги къварид къияматалда.

 

Къудрат т1ок1ав Аллагь, свалат салам лъе,

 

Сармадияв <!--[if !supportFootnotes]-->[14] имам – Аварагасда,

 

Агьлу-тухумалда, табиг1иназда,

 

Тадбир исламияб имамзабазда.

       

ХIижазалъул мугIрул ракIалдеги щун,

 

РекIел хIал хисараб салам битIизин.

 

Т1агьал хIужраялъул хIисабги гьабун,

 

ХIасратаб каранзул каву рагьизин.

  

Расуласул хIалалъ угьараб хIухьел,

 

РахIматлъун свераги бусурбабазе.

 

Гьесул кереналда ракарал цIаял,

 

Баракатлъун лъеги умматалъего.

  

АхIмадил рукъалъе къадар гьабураб,

 

Къварилъи рагIани, мугIрул гьетIила.

 

Гьесул къарабаталъ <!--[if !supportFootnotes]-->[15] къараб хIалалъул,

 

ХIакъикъат бичIчIани, бакъ-моцI гIодила.

  

Къваридаб хIал чучун чвахизе гурищ

 

Чорхол магIна лъалез магIу цIунулеб.

 

МугIрул гьаргьадулеб балагь щваразе

 

Бигьаяб дарулъун лъун буго гIоди.

  

ГIайнул хIаят <!--[if !supportFootnotes]-->[16] гIадаб ХIабибасул ракI,

 

ХIасраталъ бухIана асхIабзабазухъ.

 

Исламалъул цIваби моцI сверун ками,

 

Каранзул шавкъалъе <!--[if !supportFootnotes]-->[17] къавуда буго.

  

Къуръаналъул тIалаб тIобитIулаго,

 

ТIерхьарал цIвабзазул цIар буго рекIелъ.

 

Бадруялъул къоялъ къанщарал берал

 

Рорханищ, ГIубайдат <!--[if !supportFootnotes]-->[18], ГIиллиюналда?

  

Набиясул хъолбохъ босараб дур рухI

 

РахIаталде ккечIищ Пирдавусалда?

 

Саламалъул рокъоб рекъараб гьумер,

 

Ригьаги дуй щвараб давлатул мамат <!--[if !supportFootnotes]-->[19].

Дунял кьун босулеб сагIадаталде <!--[if !supportFootnotes]-->[20]

 

МунгIан гIедегIарав гIадан лъаларо.

 

Диналъухъ бичараб равхIанияб черх,

 

ХIамзат тIаде щведал щиб хIал букIараб?

  

УхIудалъул ракьулъ бекьун буго нур,

 

Я ракь биунаро, я нур сунаро.

 

Мигьрасалъул <!--[if !supportFootnotes]-->[21] инсухъ рещтIун буго цо

 

Бицун чIалгIунареб гIадаб къапила.

  

ГIаршалда цIар хъварав гьашимиясда,

 

Гьаб дир магIуялъул магIна лъаладай.

 

МугIрузулъ Къап гIадав къурайшиясда,

 

Къваридаб дир ахIул махIго чIваладай?

  

ХIабибасул имгIал гIодов вегидал,

 

ГIаршалъул хIободе хIал щун батила.

 

Шугьадаазул хан холев вугелъул,

 

Хехаб ахIуд щвана хIурулгIинзаби.

  

ГIарасат урхъараб байрахъ босзедай

 

ГIедегIун кьанщарал къиматал берал.

 

Къиямат бахилаб ханлъи щвезедай

 

Шавкъалда вукIарав гьазаваталда.

  

Гъазизабаз лъолеб якъуталъул таж,

 

Къанабакъ тани щиб туруларелъул.

 

Тушман гъури цIакъаб гьалбацIалъул тIинчI,

 

ТIаде ракь хъвани щиб - шагьид вугелъул.

  

ШаргIалъул бакъул нур къанабакьги лъун,

 

Къого киндай ана Аварагасе?

 

Исламалъул галан гохIда хутIидал,

 

БиххичIодай сабру асхIабзабазул?

  

АхIмадий кваранаб квергIан хирияв

 

Кида мун кIоченев, Бичасул гьалбацI?

 

Бадру-УхIудалъул, хIарбудул <!--[if !supportFootnotes]-->[22] бетIер,

 

ХIакъни кин тIубараб тIад бараб яргъил?

  

ТIагьал хвалчен бекун керен унтидал,

 

Кин сабру гьабураб Сакъиятица <!--[if !supportFootnotes]-->[23]?

 

Сабру бергьаралги гьаглъила, гьудул,

 

Гьадаб къуватаб квер каранда лъедал.

  

Кибритул ахIмаран <!--[if !supportFootnotes]-->[24] ахIизе лълъвиндал,

 

ХIамзатил цIар уна цIвабзазде тIаде.

 

Зам-зам хIатIиялъул <!--[if !supportFootnotes]-->[25] бахIарчи хведал

 

ХIайдарил керен-ракI киндай букIана?

  

Дагьалъги гIумру кьун ракьалдаги тун,

 

Вокьилаан ХIамзат ХIабиб цIунизе.

 

Ц1адул асар гьечIеб самандалаб <!--[if !supportFootnotes]-->[26] хIинчI,

 

СубхIаналлагь, дур хвел хиялго гьечIеб.

  

Гьашимияб къавмалъ къотIидай кьураб,

 

Къанщиларин берал шагьидлъун гурел.

 

Гьезул бахIарзазул хIукмудай ккараб,

 

РухI бичун гурони чи хвезе гьечIин.

  

Мухтарас бода тIад бетIерлъун тедал,

 

Бат1арикъазда <!--[if !supportFootnotes]-->[27] гъорлъ пири биччарав.

 

Бичасухъ рухIги кьун боркьараб рагъулъ,

 

Ругънал гIемерлъунан гIадахъ гьабичIев.

  

ГIалил тIул бикьарав ЖахIварул ТIаюр <!--[if !supportFootnotes]-->[28],

 

ТIагьа разияб хвел барка, мугьажир.

 

Кверал къот1ун хадуб каранде къараб,

 

Къадру тIокIаб байрахъ лъихъе кьун тараб?

  

Тушбабазул болъе балагьги тIамун,

 

ВатIалъаниги щиб шаргIалъул мег1ер.

 

Ралъад гIадаб гIаскар басраги гьабун,

 

Босараб шагьадат ригьаги дуда.

  

Дур вижи - тIабигIат тIокIаблъун гьабун,

 

ТIагьал хIадис буго  сукъатаз <!--[if !supportFootnotes]-->[29] бицун.

 

КъотIарал кверазухъ куркьбал кьурав мун,

 

Кьураб талихIалда хIал хьун ватила.

  

Мукътаталъул сали <!--[if !supportFootnotes]-->[30] саламлъун лъолеб,

 

Салам буго дуде, сагIидияв хан.

 

Халкъ бижарав РрахIман, хIикматни гьечIищ

 

ХIайдарилги гьумер бидуца белъи.

  

Балъго ккураб ч1елалъ, чан вуго имам,

 

Уммат цIунизелъун цIадаве лълъунев.

 

Дин-ислам бокьараз макьу течIодай,

 

Бакьулъа хъвалхьараб нодо бихьидал.

  

ХьвагIараб хвалчаца чаран къотIулев

 

Къилбаялъул шигIар <!--[if !supportFootnotes]-->[31] шагьидлъун хвана.

 

Щибаб рагъул къоялъ къадру борхиялъ

 

Бахана ГIалил цIар моцIроде тIаде.

  

ТIалутил бода гъорлъ Давудил гIадин,

 

Дур шавкат <!--[if !supportFootnotes]-->[32] рагIана гIаламалдаго. 

 

Диналъе бахъараб, духъ загьирлъараб

 

Зулфукъар кьурав щив, рагъ боркьулев щив?

  

Бакъгин моцI разияв рагъазул кьут1бу -

 

Ризванул акбаргун барка ахират.

 

Алжанул нуцIида цIар хъварав Саййид,

 

ЦIарни дур холаро халкъалда жаниб.

  

Хайбаралъул хъулбухъ байрахъ чIвалаго,

 

Лъарал дур гьунарал ягьудиязда.

 

Дур бергьенлъиялъул бахъараб гьаракь,

 

Анкьабго зобалде рагIун батила.

  

ГIабдувудил ГIамрул <!--[if !supportFootnotes]-->[33] г1арабияб цIар,

 

ГIали, дур хвалчаца учуз гьабуна.

 

УхIудалъул къоялъ РухIул аминас

 

АхIараб рецц буго дица гьабулеб.

  

Ливаул ХIамд <!--[if !supportFootnotes]-->[34] кколев ХIайдар <!--[if !supportFootnotes]-->[35] вугилан

 

ХIабибасги руго хIадисал рицун.

 

Ислам  тIобитIарал гIатIидал кверал

 

Каранда лъун тедал унтун буго рак1.

  

Абт1алал <!--[if !supportFootnotes]-->[36] накълулъи къадарни буго,

 

Къаникь киндай лъуна диналъул буцур.

 

Бах1арзал  ч1ван хвейи раг1араб гьаракь,

 

Ракъулъ щайдай лъуна шарг1алъул сангар.

  

Шарг1алъул байдаби гIатIид гьарурав

 

Г1ечIо дунялалда мун гIадав фарис <!--[if !supportFootnotes]-->[37].

 

Исламалъул мугIрул рорхат цIунарав,

 

Рагъул хIуби беги квеш букIинарищ.

  

Нужер гIадаб тухум дида рагIичIо,

 

Дунялгун кьаллъараб, кьалда ругьунаб.

 

Нуж гIадал ханзаби халкъалда лъачIо,

 

ЧIаголъи рихараб хвалде урхъарал.

  

Авараг хун хадуб хирияб агьлу,

 

Балагьазулъ тIерхьи тIахьаз бицуна.

 

Цо-цоял нагьрудукь <!--[if !supportFootnotes]-->[38], цоял зулмудухъ

Зобал хадур гIодун хун руго сибт1ал <!--[if !supportFootnotes]-->[39].

  

ТIагьал ирс босарал сайидзабазде

 

Сордо-къо лъалареб къварилъи щвана,

 

АкътIабазул <!--[if !supportFootnotes]-->[40] эбел ПатIиматица -

 

Тушбабаз чIвазе дуй васал гьарурал.

  

Суннаталъул бакъалъ къалъарал гьурмал,

 

Къо-лъикI гьабун индал беццлъана дунял.

 

НухIил гама гIадаб ХIабибасул рукъ

 

ХIасадалъул къавмалъ къварид гьабуна.

  

Бичасде гIишкъуялъ мехтарал чурхдул

 

Чияр квердаса хун кинха хIехьелеб.

 

Хвалчабазул балал бецIал жал руго,

 

Реццалъе рекъарал лугби къотIулел.

  

Къуръан-хIадисалъги саламун аби

 

Ана дур хавасал Халикъас ахIун.

 

Халкъалъул ханзаби хвалилъе лъвиндал,

 

Лъарал гIаламатал гIемерал руго.

  

ГIалил ХIасан, ХIусен, наслу-гIашират <!--[if !supportFootnotes]-->[41],

 

Нижги кIочон тоге КIудияб къоялъ.

 

Къварилъи чучизе чиги тIагIиндал,

 

Чучулареб агьлу нужин абула.

  

Асар кин гьабураб рагъул алаталъ,

 

РахIматлъун гьарурал агьлул байталъе.

 

Уммат хириясул хал гьабич1езе,

 

Гьелъул х1асил лъала ГIарасаталда.

  

Свалатги саламги Аварагасде,

 

Агьлу-асхIабзаби, зурияталде,

 

Зоб-ракь биххизегIан, халкъ тIагIинегIан,

 

Рехсей къотIулареб къабилаялде.

    

Сордог1ан бец1аб рак1 ц1илъилародай

  

Аллагь, Дур цIар рехсон санаъ гьабуни,

 

СордогIан бецIцIаб ракI цIилъилародай,

 

Свалат-салам битIун тIалаб гьабуни,

 

ТIагьал баркат щвезе ресго гьечIодай.

  

Реццалъул Маликги мулкалъул Ханги,

 

Халикъ, цо Мун вуго, ниж лагъзал руго.

 

Мурсалинал ритIи, уммат тIобитIи,

 

Алжан-жужахI бижи Дур хIикмат буго.

  

ХIабиб хасс гьавураб хиралъи бицун

 

Херхарал рагIаби дир щукру буго,

 

Дуца гьесий кьурал даражабазул

 

Дарсал цIализе лъай дир талихI буго.

  

Реццалъул пастIабахъ тIугьдул рижула,

 

ТIагьал сифаталде къасд гьабулаго.

 

Къасаидал рохун хадур лъугьуна,

 

Хириясул гьайбат рехсолеб гIужалъ.

  

Жавгьар-якъуталъул къаладат бани

 

Къваридаб чорхол хIал хисилародай.

 

Месед-гIарац чвахун чIитIир гьабуни

 

Чара бухIараб ракI хIалхьилародай.

  

ДунгIадасул къалмил макъамни гуро

 

Бакъ-моцIалъул канлъи кагътиде боси,

 

Дир гIадаб шавкъалъул къуват гIеларо

 

АгIянал щолареб щобде вахине.

  

Дунял квегъун кьурас квер бакъани дир

 

Кинабго мурад щвей — шаклъи гьечIеб жо.

 

Щибниги хIажатлъун кумек гьарани

 

Курмудул цIобалъул цIад базе лълъуна.

  

Балагь-къварилъиялъ къотIарал куркьбал

 

Караматалъ гъола, ургъел чучула,

 

Чан пакъир вуссарав гьесул рагьдаса

 

РакIгун хьул бечелъун, керен гIатIилъун.

  

ГIемер чи вихьана бахьи бугев лълъун,

 

Бер гьесда чIвалаго чIаголъиги щун.

 

ЧIухIи-пахруялъухъ хIилмуги босун

 

ХIерен хьвадулаан ХIабиб вихьарал.

 

 

 

Рагъда гьунар бугел багьадурзаби

 

Балагьун хIинкъулеб гьайбат тIатана,

 

ТIогьоде на гIадин гIибадаталде

 

ГIалам тIобитIана, тIагIат малълъана.

  

МоцIрол нухалъ рикIкIад капурчиясул

 

Каранда цIа лъолеб шавкат букIуна,

 

Щулил хъулби рачIо, хъаравул течIо,

 

Тушман сородулеб сират рагIана.

 

 

 

Расуласул тIабгIал — тIурукъал лъуна,

 

ТIагIат-гIелмуялъул магIариназул.

 

МагIна-сурат рекъон сипат гьабуна,

 

Сияр-сулукалъул макаримазул,

  

Китаб-суннаталъул асарал руго,

 

АсатIирал холеб, хилаф тIагIунеб.

 

Т1агьал хулукъаца халикъаталъе

 

Хвалда хIинкъи гьечIеб якъин малъана.

  

Къоязул гьурмада гьайбат ретIана,

 

Гьесул аятазги аманаталъги.

 

Анкьго зоб гъоркь хутIун тIаде вахиндал.

 

ТIагьае кьолеб цIар — Микьабилеб зоб.

  

Зам-замги, ХIатIиъги, ХIираъ мегIерги,

 

ХIажарул асвадги хIасрат гьечIодай?

 

Ибрагьимил макъам, Мина, ГIарафат

 

ГIишкъуялъул цIаялъ цIунго ратила.

  

Равза-БакъигIалъул къагIида бихьун,

 

ГIарш-Курсалъул хIалги хIайранлъун буго,

 

Бакъ-моцIан, цIадилан цIар ахIаниги

 

АхIмадил хулукъал — хирияб Къуръан.

  

Къурайш-Гьашим рехсон наслу хъваниги,

 

Нур букIана гьесул аслияб ватIан.

 

Аятазул нуралъ Набиясул черх

 

Нуралдаги жаниб нурлъун лъугьана.

  

Балъгоял-тIатарал тIабаигIазухъ

 

ГIирфаналъул агьлу паналъун хвана.

 

Халкъалда рагIичIел магIнаби руго

 

МугIрулгIан рорхатал, жанир рахчарал.

  

Рехсон хIал кIоларел хIикматал руго

 

ХIурмат къадру лъалел, жалго балъгоял.

 

Жидер гьунаразда ракI чIун рукIарал

 

КIудал къиралзаби къулана гIодор.

  

МугIжизатгун хурхун, хвалченги батун

 

Рортун ана бутIрул батIарикъазул.

 

Къуват бергьарабгIан балагьги цIикIкIун,

 

ЦIаралъул сси хвана ханзабазул бол.

  

Халкъ гIемерлъанагIан гIадлуги биххун,

 

ГIажизлъана къуват къабаилазул.

 

Къуръан-хIадисалъул хIисаб гьабуни,

 

ХIабиб илчи вукIин рекIехъе лъала.

  

РахIматлъун гьарурал гьесул квердасан,

 

КигIан лъим чвахараб цIехе дуцаго.

 

Ц1ураб моцIгин керен кинан хъвалхьараб,

 

Бихьарасда гIадин дидаги лъала.

  

Дунял данде бачун, Бичасул цIобалъ

 

Ц1ер гIадин кавнуго кодобе кьуна.

 

Караматал цIикIкIун, цIобал гIемерлъун,

 

ГIалам хIайранлъулеб хIалалде швана.

  

ХIамдалъул байрахъал росулеб къоялъ

 

Макъамул МахIмуд щвей-шаклъи гьечIеб жо.

 

ШафагIат гьабизе изну кьолесе

 

Къураб Кавсаралъул кутак рагIанищ.

  

РагIадго лъалареб, лъалкI лъугьунареб

 

Гьесул черхалда цIар Чирахъ букIана.

 

БахIарзал кьерулел кьалул къояца

 

Кьералъ бицунаан Авараг вугин.

  

АбтIалал соролел рагъул байдабахъ

 

Бодул сангарилан сипат букIана.

 

Сиярал раг1арал гIалимзабаца

 

ГIун гьечIин абила гьал дир сифатал

  

Дир ракIалда рекъон кIал хIалтIичIони,

 

Ккараб гуреб калам кинха бицинеб.

 

Кинниги ШафигIас шафакъат кьелин

 

Шавкъалъ тIовитIана манакъибазде.

  

Макъсудалде щолеб, квершел батулеб

 

Каву рагьун бихьун бухьана сапар.

 

Сабру тIагIаравги тIул бухIаравги

 

МахIрум толарелъул лъураб хьул буго.

  

Хьулазул мали лъун балъго вахана

 

Мухтарасул рагьде мадугьалихъе.

 

Мадугьал вокьулев, гьобол хирияв

 

Гьесул асаразде иман лъун буго,

  

Я Раби, Дур свалат саламгун цадахъ

 

Расуласда лъеги-уммат хирияв,

 

Агьлу-асхIабзаби, табигIиназда.

 

Я Раби, Мун гурхIа нижер хIалалда,

 

Х1абиб рехсон хъвараб рисалаталъул,

 

Авал-ахиралда, алхIамдулиллагь.

  

  

    
<!--[if !supportFootnotes]-->
  <!--[endif]--> 
 

<!--[if !supportFootnotes]-->[1] Шагьрудин нахъа Мух1амадил вакьад вахъана. 

<!--[if !supportFootnotes]-->[2] Тарихчаг1азул баяназда рекъон Абу Муслим  хун вуго 712/1312 соналъ.  Гьев вук1ана Халватияб т1арикъаталъул устар. Гьеб т1арикъаталъул силсила цолъула Сугьравардияб т1арикъаталъул устарзабазул ц1аралгун.  Дагъистаналда ислам т1ибит1иялда цадахъ бач1араб Халватияб т1арикъаталъул силсилаялда т1оцебе буго Абу Муслим шайихасул ц1ар.  

<!--[if !supportFootnotes]-->[3] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[4] Рагъазул бакьулъбак1

<!--[if !supportFootnotes]-->[5] Рагъухъан

<!--[if !supportFootnotes]-->[6] Хвалчабаздалъун 

<!--[if !supportFootnotes]-->[7] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[8] Т1ад квер лъун (къан)

<!--[if !supportFootnotes]-->[9] Моц1 

<!--[if !supportFootnotes]-->[10] Рагъул тайпаби 

<!--[if !supportFootnotes]-->[11] К1одолъи 

<!--[if !supportFootnotes]-->[12] Аск1ор г1агарал

<!--[if !supportFootnotes]-->[13] Рагъал

<!--[if !supportFootnotes]-->[14] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[15] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[16] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[17] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[18] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[19] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[20] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[21] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[22] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[23] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[24] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[25] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[26] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[27] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[28] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[29] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[30] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[31] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[32] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[33] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[34] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[35] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[36] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[37] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[38] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[39] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[40] 

<!--[if !supportFootnotes]-->[41] 



Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook