Авторизация

Щуго сон, цо къо гIадаб

Мух1амадрасул Г1умаров

 

Щуго сон, цо къо гIадаб

    

 



2012 соналъул 23 марталда рогьалил какде унаго нухда рузман къоялъ шагьидлъана Буйнакск шагьаралъул имам Бакълъухъа Г1абдугъапурил Мух1амад. Гьесдаго цадахъ шагьидлъана гьесул мутаг1ил Мух1амадрасулги. Гьеб хвел ц1акъ к1удияб ками ккана бусурбабазе, хасго маг1арулазе. 


     Мух1амад (Гьит1иномух1амад) вук1ана гьаб заманалъе ц1акъ х1ажатав, Аллагьас маг1арулазе кьураб сайигъат г1адав, гьайбатав инсан. Жиндир т1абиг1аталъги хьвада-ч1вадиялъул камиллъиялъги   г1адамазул рек1елъ рукъ ккурав, цо нухалъ дандч1варав яги гьесул ваг1за-насих1ат раг1арав чиясда кидаго рак1алда ч1олев,  лебалаб рагъариялъул, г1алимасе хасиятаб г1амалалъул чи вук1ана. Кинниги, Аллагьасул къадар бук1ун буго гьев  шагьидасул хвалелдалъун нилъедаса ват1алъи. Гьебни киналго г1алимзаби шайихаби урхъараб талих1 бугесе щолеб ахир батила, амма нахъе ругезе зах1матаб, гъара буго.  Мух1амадил насих1ат ва ваг1заби гьев ч1аго вугев  г1адин нилъ   г1енеккулел ва пайда босулел руго жакъа къоялъги.


      Щиб г1иллаялъе г1олоха гьев ч1варав,  ва сундуе г1оло? Гьелъие цо жаваб буго. Гьебги цо ваг1заялда живго Мух1амадица бицунеб – жах1да ва х1усуд. Гьев ч1вана х1усудалъ, рак1 хъубал чорокал чаг1аз, гьесул раг1и билълъинги  тадбирги бихьун, жидерго мурадал церет1еч1ел мехалъ. Гьел ч1вадарухъаби лъана ва г1емер мехго бач1ого жалгоги ч1вана х1укуматалъул къуватаз. Гьел  ратана Саг1ид-апндиясдеги гъара гьабураб къокъа. Бищунго рак1унтулеб жо буго гьел ч1вадарухъаби  маг1арулаллъун рати. Бат1аго рак1ги щайха унтизе ккелеб тарихалдаго нилъер миллат адинаб батидал. Х1атта, имам Шамилидаги данде рахъана маг1арулазул цо къапила, хадур рач1арал г1алимзабаздейищ рахъинч1ого рук1инел, долго хиянатчаг1азул наслаби ратиларищха г1олелго  г1олел. Гьел рук1ин нилъеда бихьулеб буго  жакъа къоялъги къот1улареб гъараялъ ва ч1вай-хъваяз. Нусгоялде г1агарун г1алимчи ч1ван вуго Дагъистаналда гьаб ахираб 20-25 соналда жанив.  Гьезул  80- г1адав чи маг1арулав кколев вуго. Гьаниб бицен гьабиларин цоги бат1иял пишаялъул  чан маг1арулав ч1варавали. Гьеб гьеч1ищ нилъер миллат биххизабизе х1алт1улел жасусазул  ишал?


     Г1адамазда гьоркьор ва Аллагьасда аск1ор лъик1 рук1иналде, берцинаб хьвада-ч1вадиялде ва  ракълиде  г1адамал ах1улаго г1умру т1амулел чаг1и ч1вай кколаха жидее гьединаб берцинаб яшав х1ажат гьеч1ин ч1ей. Жалги квеш хьвадилин, зулмуги гьабилин абураб жо бич1ч1ула гьелдаса. Гьебги кидаго бук1ана ва кидаго къезеги къола ахиралде, амма багьа к1удияб кьун бук1унаха гьелъухъ -  гьадинал г1алимзабазул ва шайихзабазул г1умру г1адинаб.


     Гьалеха жакъа щуго сон ун батулеб буго цо къо анилан нилъеда ккараб г1адин доб хвалил хабаралъ нилъ гъугълъизаруралдаса. Кинавго чи хвела, щивав чи жиндирго ункъго нат1алда парахалъила, цояв халкъ хадуб г1одилаго ина, цогидал халкъалъ наг1анаги кьолаго ина. Кинаб къаг1идаялъ ине   бокьилелали нужго ургъеха.


      Мух1амадил г1умруялъул х1асил г1адинаб, гьес жинцаго хъварал назмуялъул мухъал рехсела гьанир, гьадинав вук1унин унго-унгояв бихьинчиян абулеб ах1илъун нилъее бук1ине.

Дагьистанги сверун, росаби тирун,

 Сонал г1емер ана, г1емер хьвадана.

 Г1адамал рихьана, г1адатал лъана,

 Маг1арулльи, т1алъи, т1олго хьиндаллъи

 Казбекал, нахъбак1ал, балъхъал, г1ахьвалал, 

Рихьана киналго, лъана кинабго. 

Диналъул бицана, Куръан малъана, 

Мажлисал г1уц1ана, ваг1за гьабуна. 

Г1адамазда жаниб бугеб бич1ч1ана.

 Г1арцухъ ях1 рехич1о, лъудби рачинч1о,

 Лъида бугониги х1ал лъазе теч1о.

 Х1акимзаби тана, х1укумат тана, 

Эзда гьоркьоб бугеб эзие тана...


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагь гурх1аги,мунагьал чураги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook