Авторизация

Цересезул ахирисев

Бищунго диналъе х1инкъи бугел соназ г1елму ц1унарал, щиб кканиги гьелъие хилиплъич1ел г1алимзаби къо банаг1аг1ан дагьлъулел руго. Гьале 11 октябралда къадаралде щвана Дагъистаналда ва Россиялъул бусурбабазда гьоркьов машгьурав г1алим, муг1алим, жамг1ияв х1аракатчи Гумбет районалъул Г1аркьухъа Дарбишев Мух1амад-х1ажи. Гьесда Абав абун абулаан, жинца ц1ализарурал лъараг1 лъималаз «эмен» абун ругьунлъун ва гьединаб ц1ар  т1ибит1ун. Абав г1умур гьабун Хасавюрталда ч1ана ва жиндаго лъалебщинаб г1елму, рокъоре рачун, балъго лъимал ц1ализаризе лъугьана. Киг1ан г1емер КГБ-ялъ хадуб хъаравуллъи ккуниги, жасусал рит1ун т1ад тезаризе лъугьаниги Аллагьасул х1икматалъ гьесие зарал гьабизе к1веч1о.  Гьесухъ ц1алана гьабсаг1атги Дагъистаналда Ислам т1ибит1забиялъе х1алт1улел киналго г1адин г1алимзаби. Гьезда гьоркьор рук1ана Дагъистаналъул Муфтий, шайих  Ах1мад-афанди, гьесул наибзаби: Ах1мад Мух1амадов ва  Х1абиб Маматханов, Г1аймакиса Сидикъил Г1али, Г1аркьухъа Дарбиш, Бакълъухъа Г1абдулгъапурил Гьит1иномухамад-х1ажи (р. гь.) ва г1емерал г1алимзаби. Гьал г1алимзабазул ислам т1ибит1изабизе бугеб гъира бихьарабго лъазехъин буго муг1алимасулги бук1араб гъира. Къокъго абуни, дин биччараб мехалда загьирлъун рач1ана Дагъистаналда Х1уригат бахъилелде бук1араб г1елму нахъе ц1унарал г1алимзаби.


1991 соналъ Северияб Кавказалъул бусурбабазул динияб идара бихана ва щибаб республикаялъ жиде-жидер идара рагьана. Дагъистаналда г1уцана Г1алимзабазул совет (Шура). Гьелда гьоркьове т1оцеве ах1ана Абавги. Кин бугониги диналъе щвараб ихтияр жидерго мурадазда х1алт1изаризе лъугьана мекъаб г1акъидаялъул вакилзаби. Гьеб ишалда данде т1оцере рахъана Абав ва гьесул мутаг1илзаби. Гьез Идара бит1араб нухдаса къуркьуларел г1алимзабазул кверзукье ккезабуна. Кинниги   г1емераб ах1и-х1ур ва миллатазда гьоркьоб раг1и данде ккеч1ого лъараг1аз, серх1аз ва тумаз жидеего рагьана идара. Маг1арулазул абун ц1ар ч1вана гьез гьанже бугеб Динияб идараялдаги. 1993 соналъ  Мух1амад Дарбищев вищула Дагъистаналъул Муфтилъун. Къокъаб заманалда гьесда к1вана т1олалго  дол миллиял идарабиги къан цогояб Идараялде киналго г1алимзаби данде гьаризе.  Гьеб бук1ана унго-унгоги миллатазухъ балагьун диналъеги гьединал рикьалаби гьаризе лъугьарал чаг1азда т1ад босараб  бищун к1удияб бергьенлъи. Гьебго занаманялъ Дагъистаналде рач1ине лъугьана Г1араб пачалихъаздаса «даг1ватчаг1и» жидерго балъгояб мурад вагьабият т1ибит1изаби бугел. Гьелъие г1оло гьез г1арацги х1алт1изабулеб бук1ана. Гьел «даг1ватчаг1азда» данде ч1ун т1оцере цере рахъана Дагъистаналъул г1алимзаби – Абавил мутаг1илзаби.    Гьез ц1акъ к1удияб ва бах1арчияб х1алт1и гьабуна, х1атта жидерго г1умруялда барахщич1ого, бит1аралда бит1араб абун, халкъ мекъаб нухде ва рагъулъе биччач1о. Гьезул х1алт1иялъул х1асил нилъеда гьанжего-гьанже бихьулеб буго. 


Дарбишев Мух1амад муфтилъун вугеб заманалда Мах1ачхъалаялда кьуч1 т1амуна   К1удияб мажгит баялъе. Гьелъие кумек гьабизе Турциялдаса г1адамал лъугьана, амма  гьеб базе ракьги х1укуматалъухъа ц1акъ зах1матго гурони щвеч1о. Ахирал соназда Мух1амад вук1ана киве ине  кканиги маслих1атазде ун жиндирго бугеб г1елму цогидазда малъун г1умруялъ гьабураб ишалда. Абавил г1умруялъул бук1ана 82 сон. Гьев вукъана Т1аса Гъазданущив  хабалалъ.


Редакциялъ гъваридаб пашманлъиялъулаб зигара балеб буго    гьесул киналго г1ага-божаразда ва мутаг1илзабазда. Аллагьас Ахират лъик1аб кьун батаги. Амин.  


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook