Авторизация

Магъриб-Машрикъалда гьоркьоб


Магъриб-Машрикъалда гьоркьоб

     Гьадинаб бук1ун буго нилъер къисмат: Европа-Азиялда, ай Магъриб -Машрикъалда гьоркьор рати. Географиялъул г1орхъалабазда балагьани Азия кколеб буго, яшавалъухъ балагьани Европа кколеб буго, тарихалъул бухьенал ц1ик1к1ун бакъбаккул рахъалде (Шам, Г1арабустан, Иран), араб нусго сон балагьани - бакът1ерхьудехун хъетун руго. Щал нилъ? Щиб бугеб нилъер гьелгощинал гьоркьорбак1аздаги рук1ун т1ок1лъи ва хаслъи? Гьанир ратиялдаса бижараб хаслъи буго нилъер, маг1арулал абураб ц1аралда машгьурлъараб. Дунялалда цоги муг1рул гьеч1ого гуро нилъеда маг1арулал абун ц1ар бугеб. Руго киг1анги рорхаталги сог1алги муг1рул. Нилъее гьаб ц1ар бач1ун буго нилъерго цолъи ва т1ок1лъи бихьизабиялъ. Нус-нус азарил соназ умумуз г1уц1ун ц1убан бук1ана маданият, яшав, маг1ишат. Щибаб ишалъулъ цогидазда релъинч1еб (бак1алда рекъараб) бахъун бук1ана низам. Гьебги кагътида хъван нахъе лъун гуреб, щивав чиясда гьит1инаб къоялдаса нахъе бицун лъазабун, цоцахъе кьолаан. Гьединго бижун бач1ана адабият, фольклор ва цогидалги  рух1иял рахъал. Жибго жиндаго ч1араб, ц1убараб пачалихъ бук1ана маг1аруллъи. Къват1иса гъарачиясда данде цо чи г1адин рахъунел, нахъидаб заманаялъ жидерго иш-пишаялде руссун рук1унел, жидерго г1адаталги ихтилат-кепги бугел.

       Ана сонал, сверана г1асраби. Цебет1олеб заманаялъул карачалабакье ккана  маг1арулъиги. Чанги чияс т1адег1анаб лъай босана, бергьенлъаби росана, дунялалда машгьур гьабуна Ват1ан. Лъик1алда цадахъго квешаб рахъги бач1ана къват1иса бачун. Рат1лил форма хисиялдаса байбихьун «магъриблъи» бессана нилъеда гъорлъ. Рак1алъ киг1ан машрикъалда ругониги гьабулеб пиша г1емерисеб европаялъулаб батулеб буго.  Доб умумузул г1адат-яшав жакъа къисабалъе ва шиг1рабалъе руссун руго. Гужгат рет1арав бихьинчи яги хъабало рет1арай г1адай йихьани цо кинабалиго театералъул артисталин толел руго. Гьебгиха даимго умумуца рет1араб рет1ел бихьидал. К1очон тана умумузул квен-т1ех. Жакъа Россиялдаса баччун бач1араб ролъуца г1орц1идал нилъее хур бекьизе рахъун щайха?

  Гьанжего гьанже нилъер х1укумат лъугьун буго миллияб маданият ц1унизе. Гьеб лъик1 буго. Амма цо маданияталъул к1алг1аялда жанибеги буссинабун, байрамкъояз х1акимзабазда бихьизабизе майданалги гьарун церерахъиналъ маданият ц1илъиладай? Эдинги бук1инч1еб жо гьанже ц1илъун бугин абила нужеца. Буго. Даг1ба гьеч1о. Миллат «магъриблъиялдаса» ва «машрикълъиялдаса» ц1унун жидерго хаслъиялда хут1изе ккани бук1ине ккола г1аммаб къаг1идаялъ киса-кибго рехсон, бицун, беццун, х1атта, школлъималаз рет1улеб формагицин умумузул бук1аралда релъинабун  г1адамал ругьунлъун щибго нечеч1ого гужгат-хъабалаби рет1ун хьвадулеб х1ал.  Рат1лил бициналъул г1илла  - гьеб рет1ел рет1ун къват1ив вахъарав чи ц1унун вук1ине вуго щибго гурел къабих1ал бак1азде иналдаса, инжитал ишал гьаризе лъугьиналдаса.  Гьединго мац1алъул суалги. Рахьдал мац1 лъаларев чи вук1уна бищунго т1адгояв (кьалбаз квеч1еб гъвет1 г1адав) бат1и-бат1иял х1алазда рекъон гьет1арулев чи. Гьел чаг1и рук1уна жидерго хасал мурадазе г1оло х1алт1изаризе бигьаял чаг1иги. Киг1ан ц1акъ умумул лъугьаниги лъимал «акцент» гьеч1ого г1урус мац1 бицинабизе абун рахьдал мац1ги малъич1ого тарбия кьезе, гьеб буго бук1унареб жо. Маг1арул чиясда акценталда г1урус мац1 бицин нусц1ул рекъола жиндирго росу-ракьги миллатги к1очаравлъун вук1иналдаса. 

     Щибаб заманалда рекъон рат1лил форма хисула, яшавалда рекъон ц1илъи ч1вала. Нилъееги заман щун буго  рат1лил, яшавалъул  ц1ияб, нилъеего хасиятаб  маг1арул мах1 бугеб х1алалда рук1ине. Гьеб мехалъ магъриб-машрикъалъул щибго къварилъи бук1унаро киг1анго нилъеда гъорлъ бессизе лъугьаниги.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Нилъер унти буго Мух1амад-Расул,цоял т1убанго,машрикъалде,цогидал т1убанго магърибалде гьет1улел рук1иналъ,дица абиларо,гьел къвариг1ун гьеч1тн,къвариг1уна,амма т1оцебесеб иргаялда миллат миллатлъун хут1изе бокьун батани,т1адаб буго жидерго тарих,кьибил мац1,адабият,маданият,лъазе.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook