Авторизация

ШигIраби


 

Унтараб суал


Унтараб суал буго

Ссудулеб дир каранда,

Кинаб къо наслабазе

КъачIан бугеб, замана?


Къа ккани, кинаб кьуру

Гьазул мугъзада нахъа?

Ккани, лъица кверги ккун,

Гьал церехун рачунел?


Вугищ гьазулъ Сусанин,

Матросовги Зояги,

МухIамад ХIажиевги,

АхIмадхан СултIановги.


Гьел цIарал гIемер руго,

ГIолилазда чан лъалел?

Чанасул къисматалъ гьел

Пикрабалъе тIамулел?


Жакъа къо – пашманаб къо,

Сардил клубазул къо,

Васаз цIалеб анаша,

Щакаб хьвади сверухъе.


Ккогеги ракьалда рагъ,

Ярагъ лъица борчинеб?

Чияр рокъоб хъуй буго,

ВатIан лъица цIунилеб?


Нилъ рокьулел тIугьдузулъ

Рокьуларелги руго,

Нилъеца босулеб квер –

Хъат базе къачIан буго.


Кинан бергьине ругел

Бигьаго ричулел нилъ?

Чияда кин кIалъалел,

АхIулгохI кIочон тани?


Гьалъие ахир лъела,

Иццул бетIер тIокIкIани,

ТIабигIат квешаб гъотIол

Кьолболъ гIащтIи кьабани.


      Ялгъузлъи


Жийго хутIун  йиго цо херай эбел

Лъимал аскIор гьечIо, рос хабалъ вуго,

Рокьул цIаялъ хинлъун гIезе гьарурал

Гьазда эбел йикIин кIочон тун буго.


Гьай чиякълъиялъги пашманлъиялъги

Кверал хьвагIун аскIой ахIулей йиго,

Цин гьез еэдула, цин квер бахъула,

ТIинкIун унеб магIил горо бацIцIуна.


ЧIаго лъимал рукIун щвараб ялгъузлъи,

Заманалъул унти бугин абула,

РакIалде щвеязги пашманлъиялъги

Гьеб къисмат бугилан божизаюла.


Адаб учузлъарал, ияхI мигьлъарал

Лъималазул эбел гIодулей гьечIо.

Гьалъ жегиги кьечIеб нагIана гIадаб,

Сардил рагIад буго гьалъул гьурмада.


Дагъистан


Мун, хъущтIун аниги, гIодоб ккун гьечIо

ГIедегIе, Дагъистан, тIаде борхизе.

Дагьаб тараниги, тIагъур бортичIо

ЧIухIун балагье мун дуниялалъухъ.


Рахъун чIвадарулез мун чIвазе гьечIо

Исламалъул нуралъ гвангъараб ватIан,

Лъукъаниги дуца гIанса босичIо

БахIарзал куцалеб яхI бергьараб ракь.


Мун гулбузул цIадалъ чанги кIвекIана

КIвечIо дур ботIрол рас бортизабизе,

Мун цIаялъ бухIана, цIералъ чIурхIана

Дур ияхI хвел гьечIеб букIана даим.


Дуца тушманасе сурпа гIуцIичIо

Дур хвалчен гурони гьесда кIалъачIо.

Мунгун рагъулаго, дуда урхъана

Мунгун къеркьолаго – дуе къулана


ЦIадулъ лъадарараб, бица белъараб

Дуй байрахъ мугIрузда парпалеб буго,

Кьвариги, чIухIиги, бахIарчилъиги

Ирсалъе тун буго дуе умумуз.                       


Умумул


ГIумруялъул ракIлъун къадру букIана,

Къанабакье арал дол умумузул.

Лъикьаго хIинкъун къотIносан инчIо,

ХIинкъана цохIо гьел намусалдаса.


Рагъдезе умумул кирего инчIо,

Жалго толарелгун рагъуг гурони.

Чидай питнаялъе сапар бухьинчIел

ПитначагIазда зар бихьун гурони.


Бусурбандиналъул къунунал цIунун,

Къанщана гIемерал лебалал васал.

Гьезул къеркьеялъулъ букIана магIна

Гьезул заназ цIунун хутIана тарих.


ИяхIалъ кIвекIана гьезул чорхол хIал,

ХIинкъи гьезда лъачIо кинаб жояли.

РекIел бухIи, яхI, хIал чанги гьабуна,

Чияда хIал лъазе лъицаго течIо.


Гьезул гIумру гIемер гIаздакье ккана,

Амма бахIарчилъи гьаниб гIуничIо.

Къварилъалабазул унти гурони,

ЛъачIо гьезда талихI ракаьлда букIин.


КьогIал камиязул рухIел гурони

БичIчIичIо гьаб гIумру гьуинаб букIин.

КигIан кутакаб хвел тIаде щваниги,

ХвелгьечIолъи гуреб течIо ракьалда.


 

ГЪУГЪАГЕГИ ТIОКIАЛЪ РАГЪУЕ ЗОБАЛ


            ***


Рагъул гIел лъугIараб гIумру бачIани,

Ахирияв солдат хабалъ вукъани,

Лъицадай бицина цIияб гIелалъе

ГIумру, ВатIан цIунун, кьурал васазул.


Гьаб цIияб гIелалъул щущараб пикру

Каранда гьалдезе лъица гьабилеб?

ТIахьал цIалулареб цIияб гIелалда

ГIумрудул хIакъикъат киндай бичIчIила?


Аза-азар васал рукъараб гохIда

Цереги чIун, тIагъур гьаз бахъилебдай?

РухIарал, чIунтарал, чIваднал хутIараб

Шагьаразул цIарал кIочон теладай?


«Вацазул хобазул» магIна хвеладай?

Хабалъ рукъаразул бицен къинадай?

Дозул гьунаразул чирахъ свинидай?

Дозул чилъиялъул цIар билилебдай?


Рагъул лъимералъул рекIел божилъи

Балагьун чIун буго дуниялалъухъ:

Зар букъун, цIунизе улка кIвеладай?

КIал гьикъун, гьабизе гьунар лъалебдай?


Дун ялагьуларо…


Дун ялагьуларо матIуялъуе,

БатIияй лъугьарай дунго йихьизе,

Дирго рукIкIалабахъ ихал рихьизе,

Иххаз дие тарал лъалкIал цIализе.


Дица матIуялда цееги йикIун,

Цере гIадин гьанже гъалал ххаларо,

Цин эхеде йорхун, цин гIодой къулун,

Гогьдарулеб заман «гети» гьанже дир.


БукIаниги рекIелъ буго жеги цIа

ЦIорорал хинлъизе гIела гьеб жеги,

РухIалъул хIал жеги хIалкъалъун гьечIо,

ХIасратаб кечI ахIун бачIунеб буго.


   СихIираб эркенлъи


Квешлъиялъул гохIда эхетизедай

«Эркенлъи» дуй каву рагьун букIараб?

Намус малакьги лъун мерхьинеяндай

Мун гIадамазухъе битIун букIараб?


Бицанщинаб бегьун, бегьилеб бицун,

Цо дуца бачIараб чоргел нижехъе.

МацIазги, цIогьалъги, хиянаталъги

Хабалъ лъуралщинал васал ракьалда.


СихIираб эркенлъи, дуца гурони,

ГуккичIо ракьалда гьал гIакъилзаби.

Дуца бачIана рагъ Дагъистаналде

Дуца биххана дир гучаб пачалихъ.


Дуца нух рагьана, гьагаб эркенлъи,

Тохабщинаб хъублъи жаний чвахизе.

Дуца нух рагьана, пачалихъги тун,

Сахал гIолохъабаз гIурхъи бахине.


Дий гьаб эркенлъиялъ щибниги кьечIо,

Кьурабги кодоса бахъун гурони.

Гьагаб мун нижехъе бачIиналдеги

Эркенай йикIана дун Дунялалда.


Инжитабщинаб жо гIинда рагIана,

Сурукъабщинаб жо берда бихьана,

Саяхъаб эркенлъи, мун дунялалде

ЦIогьабазе бараб мина батана.


Занал рахъун, хабал рухъана дуца

ГIадамазул пикру беццлъизабизе,

Чилъиялъул нухал рехана дуца,

Намусалъул байрахъ хабалъ букъана.


КIалдиса раладе инчIебги жубан

Интернетал дуца гаргазаруна,

ГьечIебщинаб мунагь тIадеги чвалхун

Чанги чиясул ракI бекизабуна.


БачIинародай мех заналги рахъун

Хабалъ букъун бугеб намус бахъулеб?

Унго кIвелародай цIияб гIелалда

ХIалалги, намсуги хвасар гьабизе?


Щай жакъа, эркенлъи, намус билараб?

Щай жакъа эркенлъи кверал чоргараб?

Щай жакъа эркенлъи хIалал кIочараб?

Щай жакъа эркенлъи хIарам бергьараб?


Хъабиниса къватIиб борчIараб илбис,

Эркенлъи бокьараз горбода бан те,

Горбачев вичIчIараб заман щвелалде

Къебелъухъ махх гIадин бухе щвараб жо.




Автор: Залму Батирова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook