Авторизация

Барка, магIарулал, бачIунеб сонги…

ЧанкIкIарай жо йиго гьай Зульфия…

Гьаб араб соналда дуда ракIалда чIараб лъугьа-бахъин щибила букIарабилан – гIажаибаб суалги кьун, тIаде битIизабун камерагун чIана… нечон хвезе дунги гьаюн.

РакIалда чIелеб гIадаб лъикIаб жого букIарабищали лъаларин, тIубараб соналъ Сириялдаги Украинаялдаги унеб рагъул гъугъаялъ щибго рагIизего течIин… цо гIажаибал жалги рицун, аб тIаже щолеб бугеб «сновыйгодги» миллаталда баркун (нолъ нужеда йихьун ятиларищха РГВКялдасан), дун пикрабаз кодое йосана.

Гьааа, доб исана нилъее цIияб тIаде щвараб байрам, Дагъистаналъул миллатазул мацIазул ва маданияталъул къо – 2I октябрь ракIалда чIанин абизеги кIоченчIо. Валлагь Ч1анк1ал 150 сон т1убайги киданиги к1очон тей щакаб жо буго.

Щибха аб соналъул ккараб?  

БукIана гIезегIан лъикIабги. Бищун лъикIаб жо буго рагъ-кьал, зулму халкъалда гьечIолъи. Гьадин тани, АлхIамдулилЛагь. КигIан цIакъ нилъ зигарданиги (дандекквеялълъидал кинабго бичIчIулеб), лъикI хьихьун руго Аллагьас. Щивасул гъоркь рекIине машинаги буго, тIад ретIине шубабиги  руго, гIарац-меседги буго, гали бахъа-бахъаралъур рукIаниги, цониги кафе-рестораналда маркIачIудехун гIодор чIезе бакIги батуларо, айфон камурав чиги цIакъго тату хваразда гъорлъ гурони ратиларо… Амма, зодобе рагIулеб зигардиги бугоха аб гIумроялда рекъоларого, дагьабги лъикIаб къваригIун.

ЛъикIаб гIумру къваригIин квешаб жо батиларо… Амма, кидаааго букIкIине гьумерги гьабун, какделел, гIайибиял ралагьулел рукIинги лъикIаб жо гуро. Цо рахъалъ босани, хехго гьумерги букIкIуркIкIун, сурукъал чагIи лъугьуна. КIиабилелъ босани: бугелда щукру гьабизе лъачIони, я щваралда баракат лъоларила, я тIаде жо щоларилан абулеб рагIун букIана дахIабабаца.

БитIараб буго, ритIухълъиги гьечIо, гьереси-рецц гуреб жоги рагIуларо, тIасан кIалъаазе жоги чанги батула… балагьани. Нилъеда хисизабун бажарулареб жоялъул ургъел гьабичIого тани, нилъеего лъикIаб бугоха.

Я цIакъ лъикIаб гуреб, я цIакъ квешаб гуреб, гьоркьохъеб сон букIанин абизе бегьула. ЦIияб бачIунеб баракатгун рахIматгун бачIунеб батаги.

Дирго бицани…

ЛъикIаб сон букIана.  

Гьаб «Миллат» казияталъул чагIазул дидехун бугеб лъикIаб бербалагьиялдаса пайдаги босун, исана дун магIарулазда гIемер малълъарун ятана… ТIаса лъугьун теха.

Хасго учительзаби течIо дица хIалхьиялда. Бичас биччани, тIадеялъулги тезе ракIалда гьечIо))). Авар мацIалъул учительзаби цолъизаруна, гIемерав учитель цоцазда лъана,  цадахъ рекъон хIалтIизе журана, цере чIарал масъалаби дандрана, ругел гIунгутIаби лъана, квал-квал лъил бугебали бичIчIана, кумек лъил бугебали тIатана… ЦIияб соналъ, басрияб соналъ гьабунщиналъул хIасилал загьирлъизе руго, учительзабазул Цолъиялъул сайт рагьиялдаса байбихьун.  Гьелъиеги, гьеб гурел цойгидабги пайдаяб хIалтIуе, нилъер гIун бачIунеб гIелалда авар мацI лъаялъул мурадалда къватIире риччалел тIахьал рукIаниги, учительзабазе кумекалъе методика букIаниги, авар мацIалда мультфильмал рукIаниги, кумекчагIи нилъерго миллаталда гъорлъ ратизе бугеб хьулалъ, киса вачIаравали лъаларев, щиб миллаталъулали лъаларев «дедмарозасухъе» кагъат хъвачIого танаха. Нилъее ав щай? Нилъерго гьечIогойищ ругел таргьа гIарцул цIурал магIарулал, миллаталъе хIажаталъе хучдул гIадин аскIор ратулел.

ГIелмуги ине бугоха чвахун. Кибе чвахулеб бугебали Аллагьасда лъала. Дида бичIчIанихъе битIун чвахулеб гьечIо. БитIун чвахизхе ккани, гIелмудал нухда ругел гьарчал нахъе гиризе кколел рагIула. Эл гиризе ккани гIарац къваригIунеб рагIула. Киб эб гIарац бугеб, бугизего бугищ гIелмудае биччараб жогояли лъалев чиги жеги дандчIвачIо. Корохъ бицунеб рагIана, аб хIукуматалъе гIелмуги, цIалиги, цIаларал чагIиги къваригIун рагIуларилан. Лъалароха битIарабищ – гьересийищ.

 Гьаб дирго инсул, Шамил МухIидиновасул кечI цIаларабго, битIараб батиялда щаклъизецин ячIинчIо.

ЦIали-къалиялъул цIалиги лъугIун,
Къали хутIун буго, хайирго гьечIеб,
Лъай-май босулеца, лъайги жибго тун,
Майгун цадахъ бичун босула диплом.

Ххвел-кIеч гьабулеца, ххвелцин жибго тун,
КIечалда къокълъизе гьабула хIалтIи,
Иман-яхI бугезцин, иманги реххун,
ЯхI гьабун хIехьола гьаб хIалихьалъи.

Дунял-гIаламалъул, дунялги биххун,
ГIалам данделъила гIарасаталда,
ГIамал-хасиятал цереги рахъун,
Хасият жибго тун, цIала гIамалал.

Огь, нилъ дуниялалъ гуккун толел куц,
ЧIилди-гъилдиялде руссине гьарун,
Я гьаб чIилдиялъул, я гъилдиялъул,
Гъаримал нилъее щолареб пайда.

Пайда-хайиралъе, ахираталъе,
Нилъ кинго толаро напсалъ хIалтIизе,
ХIалимав БетIергьан гурхIичIонани,
БетIер гьечIел хIатIал рукIун руго нилъ.

Миллаталъул бицани…

Чан чиха жиб-жиб къойил радал жиндирго рекIел тIиналде ваккулев? Гьаб сверу-хъверун лъугьунеб бугелъулги, гIумруялъулги, жиндирго рагъа-рачариялъулги чан чиясха пикру гьабулеб? ГIемер чияс гьабуларо. ЦIияб соналде гали бегьилалде, чара гьечIо нилъерго миллаталъул пикру гьабичIого.

ХIисаб гьабеха нужецаго… щиб алъул гьанже кколеб бугебали. Нус-нусцин гуро, аза-азар соназ наслабаз наслабахъе кьун нилъехъе щун буго магIарулалин абураб борхатаб цIарги, кици-биценги, яхI-намусги, гIамал-хасиятги, гьеб киналъулго кьучIчI – мацIги. Наслабаз наслабазухъе кьун буго цIодорлъиги, гIакъиллъиги, нилъерго ВатIаналде бугеб рокьиги, кидаго цойгидазеги кумекалъе ратулеб гIамалги, гьалбал хиралъиги, бахIарчилъиги ракI гIатIилъиги, гIадамал рокьиги. Аза-азар соназда жаниб магIарулазда дандчIван гьечIо гьебгущинаб лъикIаб гIамал нилъелъ чIвазе кIолеб ва нилъеда мацIги, нилъго щалалиги кIоченабизе кIолеб къуват. ГьанжелъагIан.

Пикру гьабураб мехалъ, дида кколеб буго, магIарулазда щибжоялицин лъалареб букIараб гIарац бугин киналъего гIайибиябин. Лъиданиги ва сунданиги къуркьизаризе кIвечIел магIарулал гIарцуца гъоркье рехана. ГIиси-бикъинаб гIарцуцаха. Дол сехIазда гIадин эб гьабизе лъалебгIаги букIарабани батIияб жо букIана. Гьеле гьеб гIарцуда берцин рихьиялъе гIоло буго гьабсагIат мацI кIочон теялъе гьабулеб бугебщинаб хIалтIи. Хасго хIакимзабаз. Дозие бищунго гIемер къваригIунелъул гIарац. ГIурусазда берцин рихьани, гIарцудаги берцин рихьизехъин руго. ГIарцуда берцин рихьани, умумулали щай гурин, жиндирго цIар кIочон тезеги хIадурал руго магIарулал. МагIарулалилан абизецин нечезехъин йиго.

Гьеб гIарац кIинусго соналъ цебе щун букIарабани нилъехъе, нилъеда щиб миллаталъул гIадамал нилъали некIого кIочон тун букIинаан.

Нилъеца ва нилъеда цебесеб гIелалъ байбихьана ва нилъеца нилъер лъималгун цадахъ къоно чIвазе буго магIарул мацIалдаги, миллаталдаги. РукIина жеги чанго наслуялъул чагIи жал «аварецал» ругилан абулел, бацIцIадаб гIурус мацIалъ. Амма, мацIлъалел чагIи санал рахъанагIан, дол рагъул гIахьалчагIи гIадин, лъугIун ина. 50 соналдасан, жидер районалда лъабго чиясда лъалеб рагIулин магIарул мацI, жидералда щуго чиясда лъалеб рагIулин, жидер районалдани цо вукIарав магIарул мацI лъалев чи  гъоркьисала хванин бицинаха нилъер наслабаз.

Щай гъоб, мунагьал чурад, мацIги миллатги хвараб? ГIарац гурони бечелъилъун рикIкIунареб дунялалда, тIалаб гьабулев чиги вахъинчIого, къваригIинчIого хвана.

Хваниги щибха элда гьабилеб, гьайбатго гIурус мацI лъала гури нилъеда бицинеян рукIинаха гIемерисел. Доб мацIалда цадахъ хванщинаб жоялъул хIисаб чан чиясха гьабилеб? МацI хвейгун, долда цадахъ хвана магIарулазул кинабго лъикIаб щинаб. Хвана магIарулазул намус. Хвана яхI. Хвана магIарулазул гIамал, хвана хасият. БахIарчилъиялдаса хIелхIелчилъи бергьунеб батана гIарцуда цебе, учузго къулана бетIер. Билана гIасрабаз цоцахъе кьураб адабият, дунялалъго кIодо гьарурал шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул асарал ана хIурудахъ.

КIочон тана тарихги. ЛъачIо кисан рачIарал чагIияли. Кисан рачIаралали лъаларел чагIазда лъачIо кире унел ругелалиги. Рилана дунялалда.

Гьеб кинабго билунилан хунилан, бакI чIобого букIунарелъулха, гьеб цIезабуна европраялъул культураялъги, гIамал-хасияталъги, къваригIел гьечIебщиналъги.

Жакъа гIадин гурони чIахIияб гIелалъ пикруги гьабулеб гьечIони ва гьабго нухдасан нилъ цере рачIинел ругони, гьеле нилъер лъималазул, лъималазул лъималазул, гьезулги лъималазул букIине бугеб къисмат. Нилъергоги кинабгоги кIочарал, цойгидазеги къваригIинчIел, рагIа-ракьанде рехун хутIана миллат.

Аллагьас цIунаги нилъги нилъер наслабиги гьеб къисматалдаса.

Гьедин букIинчIого букIине бокьани, цо кIудияб нилъеца гьабизе кколеб жого гьечIо. Нилъ кIалъазе кколел руго нилъерго лъималазда нилъедаго лъалеб магIарул мацIалъ. Нилъеца рокъоб малъичIеб малъизе авар мацIалъул учителасе кумекги гьабизе кколеб буго.

Нужей талихI кьегийин, цIияб соналъ цогIаги магIарул чиясда магIарул мацI лъазе квербакъе. Гьелдаса кIвар бугеб жо нилъер миллаталъе щибниги гьечIо. ГIарацги къваригIунеб жо буго, амма миллат бичун босараб чедалъ гIорцIуларо.

Дун йикIана миллаталда ЦIияб сон баркизейин нигаталда хъвадарилей. Алъул щиб ккарабали нужедаго бихьулеб бугоха. Ваааай, кIочонеб бугоха миллаталда маааацIилан абураб пикру гурони, гьаб соналъ дида ракIалда чIараб жого батичIо.

Я, Аллагь, ЦIияб соналъ киназулго мурадал тIураги, харбал лъикIал рагIаги, нагагьал балагьаздаса цIунаги. Рохун таги магIарулал!


P.S. ЧIанда бицуней йиго гьай Бахуйилан ракIалде ккарав чи, вакке нужерго росулъ бугеб ясли-ахалде ошколалде ва гIенекке кинаб мацIалда лъимал кIалъалел ругел ва щиб мацIалда ЦIияб соналда хурхун гьарулел тадбирал рачунел ругелали. ГIенекке районалъул хIакимзабазул кIалъаязухъ, гьединго рохалилал байрамал рачунел мацIалъухъ. Шагьаразулали бицунебго гьечIин. ТалихI буго мажгитазда вагIза-насихIатгIаги магIарул мацIалда гьабулеб бук1ин.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркала Баху,гьабураб ваг1за-хабаралалъухъ,дуца малъараб ва хадуб малъизе бугебщинаб босизе ругел чаг1и,камугеги,щвараб соналъ!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook