Авторизация

Рокьул гIоралъ аяб нусабго лага

МахIмудил кучIдуздасан

Рокьул гIоралъ аяб нусабго лагаРокъул гIоралъ аяб нусабго лага,

Нуж сабаблъун гурищ дун холев вугев?

Херлъун гIодоб ккаяб гIадалаб дир ракI,

Дунял свераниги,свакалеб гьечIо.

Ссилъун бихьунищ,черх,чалухго хьвади,

Чанай аралъуса нахъ буссунареб?

Берал, нужее щиб, нуж чIоларел щай,

ЧIараб ралъдал лъеда квер лъица балеб?

Керен чучиялъе гаргаданиги,

Гуро, гIолохъаби, дун холев вуго.

Халкъалда лъалареб, балъго хIехьараб,

Хиялазул цIеца керенги бухIун.

ХъахIилаб зодихъе канаб шагьримоцI,

Дир квер гIунтIуларин киве дун инев?

Куркьбазда цIар хъвараб цIоралъул диргав,

Дун хадув гъоларин,хвезейищ чIелев?

Хайбар хъалаялъул цIумур кьабидал,

ЦIаруе бицана росдал ясаца.

Салдарасул файтон къватIиб бахъиндал,

Къил-къвал гIемерлъана гIолохъабазул.

ГIарцул заводалде тIаде чи ккедал,

Чи гурелщиназул щущ цIикIкIун буго.

ЦIоралъул бикалгIан цIикIкIараб къадру,

КъвачIил уматалда квеш  букIун буго.

Чурхдул рижилалде рухIалги кIалъан,

КIиязулго нижер рокьи ккун буго.

Кквезе кIолебищ эб Аллагь гуресда!

Аварагзабазул заманги анин.

Зарраялда гьикъун къадаралги хъван,

КъотIи гьанжелъигIан хутIун батанин.

Те нужеца хабар, хвезе ругелъул,

Гуреб калам бицун кIалъарал гIела.

Какил баракаталъ гвангъараб гьумер,

Гьанже рокьиялъе кьурун къай явлухъ.

Къадарал рухIизе, хIалхъубал хвезе,

ХIанил керен цвизе-квер бачун бихье.

КъустIантIин бикалгIан цIакIкIараб къадру,

Къогин ас гьечIезе загьрулъун буго.

Бугищ цоги калам кодобе щолеб,

Щибго нахъе тоге батани гIайиб.

ТIерхьараб бакIалъан бакъ бакканиги,

Киса,гIолохъаби, эй нилъей щолей.

Щунусго сонаца хадур чIаниги,

Хварал рукьбаздегIан бер тIамиларо.

ТIад вугев Аллагьас хIукму гьабеял,

ХIакълъун лъалареб жо кIалалъ бицунге.

КIудиял балагьаз свине гьареял,

Сверуде рахъинчIел тIад къотIун руго.

Къварилъалабаца регIун тогеял,

РагIарабщинаб жо щурулел руго.

Щибаб какил гIужалъ гIайиб чIваниги,

ГIарцул сагIаталъул сси кинан холеб?!

Гьаб дуниял сверун нуж сверданиги,

Сси гьечIо ясазе, эй хвечIонани.

Хункарасул гIарцул къали баниги,

Къадру цIикIкIинаро цIуял жалазул.

ЦIорол щекъер гъуралъ дунял течIого,

ДагIбаялъ щибилеб,гIолил мусудул?..

ГIарцул сагIаталъул сиги холаро,

Халкъалъ къимат кьурал кьалде ахIуге.

Ал сверухъ ругезде кагъталги ритIе,

РокьичIез какунан куц биххулищан.

Щибаб сагIаталда росулъги ахIе,

ХIавагIечул гъотIол багьа холищан.

Анир нуж гIорцIичIин гIадамал какун,

Хваразда бицине ракьулъеги а.

Вабабай,гIадамал,гIадлудал хъублъи,

ГIетIул махI бахъарал мацIихъабаца

ЯцIцIад хьвадаралъул къватIахъги бицун,

Цого жо лълъун буго дунялалъул иш!

Шагьиде натI балел чадирабаца,

Чиллаялъул кутнул какулел руго.

Кар багIарал гIулби хIихIилелги тун,

Турараб цIухIама дие щибизе.

Щоге нужер гIайиб балагьунилан,

Бакараб кан гIадаб  канаб гьумер лъан.

Канлъи гьечIеб рукъоб къварид бугин ракI,

Къанин чорхол талихI чидай мун кьедал.

Бихьулеб дуниял дие кьуниги,

Кьал тIеларо чорхол чидахъ мунги тун.

Чанил бурутIалъул тIабигIат бихьун,

ТIолго кIаз къанщинал хIайранго руго.

ХIурулгIин загьирлъун зобал гвангъидал,

Гъара халкъалъ дида тIибитIун буго.

ТIад бугеб кьералъулъ кьалаб дагIба ккун,

Диргин рокьийилан какула гьудул.

Как-дин хIажат гьечIо хIабашиязе,

ХIурда гиргидахъун къинлъизе щвани.

КъотIараб цIер гIадай,цIорол рукъ гIадай,

Ункъо чIужу йиго гьаб нужер росулъ,

Гьабураб жоялда кверги рекIарал,

Киналго лугбазда месед бекьарал.

БагIар гIанабазулъ гIанбар щущарай,

Щуго ясги йиго росулъ рекъарай.

Рокьигун берцинлъи бицине ккечIел,

Ккараб гуреб рагIи кIалалъ абичIел.

ИчIазулго баяр ботIрода тарай,

Бадиб кьер гвангъиялъ кьибил чIухIарай.

Кьурул суйидуниб микки гIадинай,

Мусудузул салдар тахида йиго!

Нахъияб хъучIхъалам-хъачIлъуда хурзал

Хиял лъураз рекье,хванин дир оцал.

Гьанже дунялалъул  халго гьабуге,

ХинкIал цIикIкIарасул цIар бахъун буго.

ЦIуяв,бихьинав чи батIалъи гьечIо,

ТIаде нацI,бахарав хан лъугьун вуго.

Гуро,гьудулзаби,гьечIо гьереси,

Гьаб дица ахIулеб кочIода жаниб.

ЧIужу ячарасда къимат лъаларо,

Къадар битIун ккарал тIепун чIун руго.

ЧIвала дида гIайиб гIадаллъунилан,

Лъола тIад бугьтанал гьаглъунин дунан.

ТIаде бачIинчIесда балагь лъаларо,

БадибчIвай гьабула эбги гIечIого.

Гьардарав бетIергьан,тIамила дуде,

Дунги бигьа гьаве гьаб хIукмуялъулъ.

ХIасрат бергьарай кье,рокьи ккарай те,

Тоге дун гIакъиллъун,вукIа гьаглъухъе.

Гьале мукIурлъанин,кIалъаларин дун,

Дуде гIенеккилин,гIодойги къулун.

ГIабдаллъигин гьаглъи, ГIайнаъги-дие,

ГIакълугин цIодорлъи, цIакълъи-досий кье!

Кьуризе течIого,гьабураб хIукму,

ХIаким мун дирлъидал,билълъине гьабе!


Автор: ХъахIаб росулъа МахIмуд

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook