Авторизация

Баркала, Клара Цеткин, нечезаруна…


<!--[if !supportMisalignedColumns]--><!--[endif]-->


ГьабсагIат кIанцIун вахъун бихьиназда микьа­билеб март баркизе лъугьани, гьезие бокьичIого букIинеги бегьула. Амма бокьарас бокьараб бице – микьабилеб март буго бихьиназул къо.

Микьабилеб марталъ радакь рахъун бихьиназ кIиго–лъабго нухалъ кIкIвала мегеж. Ункъабилеб–щуабилеб нухалда мегеж кIкIвалелги рукIуна, маркIачIул гIужалдехун. КатIари битIизабула. ГIумруялъ гьоркьо бихьичIеб рас букIуна, хъатини­беги ту–тун, ботIрода кверги бахъун, цIвакизабун чIезабун. КъачIа–кIатIала. МаркIачIул мехал­де щвезегIан дора–анир хъваларел къагIидаялъ рукIуна хьвадилел къададасан гач бахинчIого букIине. ЦIакъго микьабилеб март хириял бихьи­нал рукIуна фанерадул хъарщалги ботIроде ккун хьвадилел, тIаде хIинчI билълъичIого букIине. Гьединан чIалгIаде хьвадилелги рукIунаро бихьи­нал, гьезда цебе чIараб чIванкъотIараб масъала букIана – сайигъатал. Сайигъатал щивав бихьин­чиясул батIи–батIиял рукIине бегьула: вертолет, трактор, щакъи гьабизе хъирмиз, хурибе базе те­лешка цIун рак, чакаралъул хъап, руччабаз гьурма­да рахунел батIи–батIиял кьерал (гьединал жалги руго), шампунь, сапун, духи, щватаби, гIундузда разе махх–кIач, аргъан, Сулейман Стальскиясул тIехь, спагетал ва чIагояб хъаз.

Амма кинаб сайигъат бихьиназ босулеб буго­ниги, гьелда цадахъ чара гьечIого букIине ккола чIахIги: роза, фиалка, ландыш, манаша, лъабгIин, цIекIма, люцерна ва гвоздика. Гьеб чIахI цадахъ гьечIони, кепкил мунпагIалъи букIунаро кинаб сайигъат кьу­ниги. Гьеб хIаларо.

ЧIахIги кодоб бугони, ки­синиб лъун яги рукъалда нахъа чIезабун кинаб бугониги сайигъ­атги бугони, къачIа–кIатIанги вугони, цIвакизабун катIариги бугони, сипатги къунцIа–кIутIун бугони, бихьинчиясдаса талихIав чи вукIунаро гьеб къо­ялъ. Гьединан щибаб санайил микьабилеб марталда бихьи­нал талихIаллъун лъугьунеб мехалда щай микьабилеб март бихьиназул къо бугилан абизе бегьилареб ва гьезда гьеб къо баркизе бегьулареб?

Щиб жо бихьиназ гьабулеб бугониги, гьеб ахир–къадги руччабазе гIоло гьабулеб бату­ла. Щиб жо руччабаз гьабулеб бугониги, гьебги ахир–къадги гьез бихьиназе гьабулеб бату­ла. Гьедин ккана Клара Цеткин абулей гIаданалъул микьаби­леб март ургъулеб мехалда. Руччабазе ургъараб жо бихьиназе ккун батана. ЧIужугIуданалъул гIакълу квенчIелда букIунилан абулелъул умумуз – гьеб аби ритIухъ гьабуна гьей гIаданалъ. ТIаде рахъа­ралго бортун унеб рагIула руччабазул гIакълу. Кидаго гIодой кIусун чIолей чIужугIаданги ки­саха яхъилей. Микьабилеб марталъцин чIоларо чIужугIадан цо бакIалда кIусун жиндиего чIахI бачIинегIан. Данде рекерун рачIуна бугебщинаб гIакълуги квенчIелдаса бортизе биччан.

Клара Цеткин абулей немцалъ кIиго гъалатI биччан буго. ТIоцебесеб гъалатI ккола руччабазул къо микьабилеб марталъ гьаби. Микьабилеб мар­талъ гьабичIого руччабазул къо гьабизе кколаан къоло лъабабилеб февраль бачIиналдего, миса­лалъе, къоло кIиабилеб февралалъ. Гьеб мехалда, къоло кIиабилеб февралалда, рукIинаан бихьинал сайигъаталги кодор ккун рекерахъдилел, кьелаан гьел руччабазе, берцин йихьа–йихьаралъе. Хадуб, нахъисеб къоялъ, къоло лъабабилеб февралалда ургъилаан руччаби жиндие лъица щиб бачIараб ва бихьиназул къо баркун жиндица щиб кье­зе кколебали. ЦIуралъухъ цIураб. Гурони, жакъа бугеб къагIида лъикIаб гьечIо. Къоло лъабаби­леб къоялъ бихьиназда гьезул къо баркичIого хутIарай гIаданалъул «положение» лъикI ккезехъ­ин гьечIо. Гордохъан ялагьунищ гьей тIубараб къоялъ йикIиней? ХIисаб гьабураб мехалда гьей Цеткиница тIадеги яхъун, квенчIелги битIизабун къотIун букIун буго хIукму руччабазул къо микьа­билеб марталъ гьабизе. Яги Клараца, кIал биччан къо гIадин, сверулеб къагIидаялъ гьабизе кколаан руччабазул къо.

Клараца биччараб кIиабилеб гъалатI ккола, гьеб микьабилеб марталъул байрам Имам Шами­лил заманалдаго ургъичIолъи. Лъие бокьилареб букIараб нилъерго муридзаби рихьизе кодор ккун тIугьдулгун руччабазда микьабилеб март барку­лел. Хасго рекъав ХIажимурадихъ рекъелаан лан­дышал.

ХIасил, нилъеда бичIчIана микьабилеб март бихьиназул къо букIин.

Гьанже рачIа руччабазул бадисан ралагьилин микьабилеб марталъухъ. «Щай, мисалалъе, бихьи­наз бечIчIизе бегьулареб гIака? Кверал гьечIогонищ яги моцIо бугеб бакI лъаларогойищ? Щай гIеретIги баччун иццде ине бегьуларев бихьинчи? Ицц бу­геб бакI лъаларогонищ яги гьод кихIи бекилин хъинкъу­нищ? Корохъ щай ав вукIине бегьуларев? ГодекIанир ругел ганчIаздаса корохъ хинабги букIунин…»

ГьабсагIат ниж кIалъалел рукIана доб заманаялъул руччабазул кIалдисан.

Гьанже нилъерго за­маналъул руччабазухъ гIенекке. «ШубагIаги рокъ­обе бачIунарев рос лъие къваригIарав чи, щибаб ми­кьабилеб марталдаса ми­кьабилеб марталдегIаги? Галкиница Алла Пугаче­валъе кьолебщинаб жоялъ­ухъ валагье, мунго нечезе! Щибаб марталъ килщал рукIуна дир квачан холел гьезда тIад жавгьаралъул баргъичал ххечIого хутIун. Мерлин Монроян абурай цо гIаданалъ ретIун букIараб гIадаб гордегIагийищ бо­сизе кIолареб?! Тьфу!!! Ав дие, ХъахIабросулъа МахIмуд гIадин кучIдул рикIкIине вачIинев… Путинил чIужу йихьана дида телевизоралдасан… ДосукьагIагийищ нечоларев?! Богорокъоса за­лалъуе унеб мехалда хисун ретIине горде гьечIо дир!»

Амма лъица щиб бицаниги, бихьинал руго «магIу баккичIого гIодизеги» «релъи–хъуй гьечIого роххизеги» кколел гIадамал. БачIун буго­ха нилъеде исанаги аб микьабилеб март, рачIа, цо кIудияб релъи–хъуй гьабичIого, роххизе. ТалихIал, лъикIал, берцинал, гIаданлъи бугеллъун хутIаги нилъер руччаби, гьаб роххел нилъеде бачIинабурал! Роххун таги ясал!


07.03.2012.




а


Автор: Гъазимух1амад Гъалбац1ов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
100%  бит!араб буго, 8 март бихьиназул къо бук!ин )) Кьеги нужей сахлъи гьеб нижеда баркизе.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook