Авторизация

Хъанхъра

Къададасан шурунги бачIун, бусада вегарав Серажудинида тIаде кколеб бакIалда мокърукь чIана нусиреч. Гьеб кколеб букIана битIун Серажудинил гьурмаде тIаде. РекIел хIал хисараб гIадинги лъугьун гьев тIаде вахъана ва жанахIалъуве, жиндирго хьитида хадув ана. Нусиреч чIараб бакIалдаса багъаричIо. Серажудин хъатикь ккун хьитIун гьаракь бахъинаредухъ бусаде тIаде вахана, мокърукье гIунтIиледухъ цIавуцIахъдана. Хьит нусиречалда тIад цураб мехалъ, семечка чIучIунеб мехалъ гIадаб гьа¬ракь бахъана. Мокърукь хутIана биччараб тIанкI. ЖанахIалъувеги ун Серажудиница хьитида гъоркь рекIун хутIараб жо нахъе хъвагIана. Гьев тIад вусун, цIидасан бусада вегун заманго балелде, мокърукь хутIараб биччараб тIанкIалда тIад чIана, къада¬дасан щурун бачIараб цойгидаб нусиреч. Серажудин хIинкъана. Дагьаб мехалъ гъоркьа эхеде нусиречалъухъ валагьунги чIун гьев гьанжеги хьитида хадув жанахIалъуве ана. Нусиреч чIараб бакIалдаса багъаричIо. Добго хьитги босун Серажудиница, доб¬го семечка чIучIунеб гьаракьги бахъинабун, нусиреч чIвана. ЖанахIалъубе хьит щвезабизе арав Серажудин тIад вуссун рокъове жаниве вачIине хIинкъун вукIана; гьесда кколеб букIана гьадабго бакIалда чIун цойгиги нусиреч батилилан. Амма батичIо. БецIлъулеб букIаниги Серажудиница чирахъ рекIинабичIо. Гьев вукIана кроваталдаги вегун, бецIлъукь биун тIагIунеб, мокърукь хутIараб биччараб тIанкIалъухъ валагьун. БатIи–батIиял, жиндаго ричIчIуларел пикраби рачIунел рукIаниги Серажудин за¬манаялдасан ратIлилъго кьижун ккана. Рокъоб квачазе лъутьа¬на ва гьес макьилъ басрияб юргъан тIаде цIана. ХIохьел цIалеб гьаракьги бецIлъиги гурони рокъоб жаниб щибниги хутIичIо. Сера¬жудин ворчIизавуна жиндаго тIасан щурун унеб цIорораб рухIчIагоялъиялъ. КIанцIун тIадеги вахъун, бецIлъиялъулъан векерун ун гьес чирахъ рекIинабуна. Берал канлъуде ругьунлъуларого унтилел рукIиналъул ургъелги гьабичIого, тIаса ретIел бахъизе лъугьана. Жиндирго черхалда щибго жо батичIеб мехалда, бахъун гIодобе бан букIараб ретIел цо–цоккун кодобеги босун кIутIана. Циндаго Серажудин мокърукье валагьана. Мокърукь, нусиречги чIван хутIун букIараб тIанкIалда тIад чIун букIана цойгидаб нусиреч. Серажудиница цIидасан ретIел ретIана, рокъоб жаниб чирахъ свинабуна ва жанахIалъуве ана. Пальтоги тIад хун, хьиталги ретIун гьенибги чирахъ свинабуна ва тIубанго рукъзабахъа къватIиве лъугьана. Амма гьес жиндаго хадуб нуцIа рахачIо.Сордо букIана роцIцIараб ва цIорораб. МоцIрол канлъуда Серажудинил рагIадцин лъугьинабизе кIолеб букIана.
КъватI чIван вачIунев Серажудин циндаго чIун хутIана: гьан-жеги мугъзадасан шурулеб цIорораб жоялъ гьесул черхго букаризабуна.

***

Богорукъалдаги жалго регулеб рукъалдаги гьоркьоб, жанахIалъуб канлъи гьечIонани Сакинатида гьенисан ине кIолароан. Амма къаси гьениб канлъи букIаниги, ине кIолеб букIинчIо. Рос вачIиналде квен гьабизе картошкаялдаса хъал бахъулей йигей Сакинатида жанахIалъусан квачараб гьури чIвана. Цин пикру гьабуна гьороца нуцIа рагьун батилилан, хадубги гьелда ракIалде щвана жиндицаго нуцIа рахан букIараблъи. Амма щай жин¬даго гьури чIварабали лъачIого Сакинатие рахIат букIинчIо. КигIан хIинкъун йикIаниги гьелда яхI гьабизе кIвечIо жанахIалъуе яккичIого. Яккарайго, рагьумахIуялдаго цIоронги хутIана. ЖанахIалъуб, битIун нуцIида цебе чIун букIана тIогьиллъи; гъорлъан канлъи бихьулеб тIогьилаб накIкI гIадаб жо. Цо гьитIинаб бакIалъа гьава белъине кIолеб бугони тIогьилаб кьералъ, гьеб релълъинаан гьабсагIат Сакинатида цебе чIараб жоялда. ХалгIаталъукьан раккарал гъуждузда гьанжеги гьури чIвана. Сакинат хIинкъана. Гьелъие цIакъ бокьун букIана гьеб жиндаго цебе тIамулеб жо батизе, гьениб щибниги гьечIилан тезе. ЗагIиплъун лъугьарай гьелъухъа картошкаги, цойгидаб хъатикь кковухъего хутIун букIараб нусги бортун ана. ЧIарбида нус речIулеб гьаркьида цадахъ тIуркIана «тIогьилаб гьаваги». Гьеб дагь–дагьккун цоцалъе къан гьункана ва гьури гьечIеб къоялъ тIалайдухъан бачIунеб кIкIуялда релълъун Сакинатиде тIаде бачIине лъу¬гьана. АскIобе гIагарлъанагIан гьеб тIогьиллъиялда гъорлъан канлъи лъикI бихьулеб букIана. Сакинат нахъегIан къана. «ТIогьиллъи» дагьабги цIакъ гъункана. ГъунканагIан ва Сакинатида аскIобе гIагарлъанагIан гьелъул тIогьиллъиги цIикIкIунеб букIана. Богорокъоса къватIие кIанцIизе нух, яхчизе бакI балагьулаго хенезе лъугьана Сакинатил берал. Гьей нуцIида аскIое йорчIулаан «тIогьиллъиялда» аскIосан, амма хIинкъиялъ гьелда аскIое гIагарлъизецин кIолеб букIинчIо. Сакинат нахъе–нахъе къан къеда мугъги цузабун хутIана. Жийго гIадин тIаде бачIунеб «тIогьиллъиги» чIараб мехалда, Сакинат тIуянго божана цебе тIамулеб жо гьеб букIиналда. Гьеб «тIогьиллъиялдаса» жийго хIинкъиялда гIажаиблъицин гьабуна гьелъ. Рокъов цойгиги чи вугев гlaдин, гьев чиясда тIогьиллъи цебе тIамулеб жо букIин, гьелъукьа жийго хIинкъуларейлъи бихьизабизе гIадин, Сакинатица, жинцаго жиндидаго  балагье цоянги абун, тIогьиллъиялде гъорлъе гали тIамуна. Сакинатида цин щибниги унтичIо. Хадуб гьелъул тIом букIкI–букIкIине лъугьана. Сакинат гьитIинлъана. AcкIоб вукIарав чиясда ккелаан гьелъул чорхолъан кинабниги лъамалъи нахъе цIцIун анилан. Бакъвараб жаназа сукI–сукIун бортун ана. Заманаялдасана носода кIаркьенги цу¬забун чIарбиде рехараб Сакинатил жаназа дагь–дагьккун лъамалъиялъул цIуна ва, кIиго–лъабго нухалъ тIуркIизеги тIуркIун, хъахIиллъиги рехун киналго гIадамазул жаназаялда релълъана.

***

—    Гьанже мурад тIубан батилаха дур... ТIаде чи вачIине гурин тIаде вахъа... — ян абуна Кариматица, бусалъа къватIиеги лъугьун жиндирго ретIел балагьулаго. — Дуца дир ретIел кибе рехараб, ле?..
ГIарип бусада вегахъего, бецIлъараб рокъоб жиндаго цебе эхетараб ясалъул гIолохъанаб черхалъул хъахIлъиялъухъ валагьун вукIана. Гьев кIвахIаллъана кIалъазецин.
—     Дуда гурищ дун?
—      Дида щиб лъалеб дур ретIел киб бугебали?..
— Дидаса гьеб бетIулеб мехалъ лъалеб букIана гури?
ГIарип тIаде вахъана. КIиязго ретIел ретIун бахъингун Ка-риматица канлъи бакана.
— Балагье, — ян килищ битIана Кариматица чIарбиде. — Гьан-жеги дур тIагъур гIодобе бортун ун  буго...
ГIажаиблъи гьабун ралагьана кIиялго цойгидаб кроваталде цебе рехун бугеб тIаргъихъ. ГIарип Кариматихъе вачIаралдаса нахъе ун букIун батила сагIатгIан заман, гьеб заманалда жаниб лъабабилеб нухалъ бортулеб буго кроваталда лъун букIараб тIагъур.
— Дида гьадинаб жо киданиги бихьун букIинчIо... — ян абуна ГIарипица тIагъур добго  кроваталда тIад лъолаго. — ХIалихьатай яс ятила дур гьай ПатIимат... гуребани гьадигIан цIакъ дир тIагъур рихинароан гьелъул кроваталда...   Гьоболасул   жолъидал... — ГIарипие гьимизе бокьун букIана, амма бажаричIо.
Кариматица жаваб кьечIо; гьабсагIат жалго регун рукIараб бусен бакIаризе лъугьана. ГIарип столалда нахъа гIодов чIана.
—     ЧайгIаги лъеха цебе...
—     Аниве, студентахъе вачIуна ав кваназе... ЧIужуялда абе... — ян абуна Кариматица ГIарипихъцин ялагьичIого. — Гьаб нуцIаги рагье, ПатIимат ячIине гурин...
–    ЯчIани рагьилаха...
— Гьадинги дида гаргадилей йикIуна дой... чIужу ячарав дуда ченконилан... Гьанжеги , тIаде нуцIаги рахан цадахъ ратизейиш бокьун бугеб?
– Гьайги йикIуна кидаго дур бадий–кIалдий къан...
Чай гьекъон бахъинегIан цо–цо, кIи–кIи рагIи цоцазде рехи гурони гьезул гара–чIвариго лъугьинчIо. Свакарал, ялъуни цоцазда чIалгIарал чагIи рукIуна гьединан.
— Нагагь лъимер ккани щиб дуца гьабизе бугеб? – илан гьикъана Кариматица циндаго, ГIарипил бадиеги ялагьун.
«Берцинай жони йиго ай» — илан пикруги гьабун ГIарипица жаваб кьуна:
— Аборт гьабила...
Каримат гIамал кIодого гьимана. Гьелъ щиб бугониги жо абичIого телароан нуцIида кIетIолеб гьаракь бахъинчIебани. КIияздаго ракIалде щвана нуцIа рагьизе кIочон тун букIараблъи. ГIарипида бахъараб ццинги бахчун Кариматица нуцIа рагьана.
— Гьа, гьадиниш нуж ругел?... — илан елъулаго жание ячIана ПатIимат. Гьей йикIана Кариматида цадахъ цIалулей студентка, росасдасаги ятIалъарай йиццатай гIадан. — Кеп бухулел ругоха...
ПатIимат, жиндирго кроваталде рехизе йиччан, пальтоцин бахъичIого бакIго гIодой чIана, кроваталъул сетка гIодобе цIан ана ва гьелде тIаде рехун букIараб ГIарипил тIагъур, гирунги бачIун, гIодобе бортана. ГIарипги Кариматги цадахъ тIаде рахъун рачIана; ПатIимат гьезухъги ялагьун гIажаиблъи гьабун хутIана. ГIарипица тIагъур кодобе босана, ва ботIрода лъуна. ГьебсагIатго Кариматица бегьун бачIараб пальто тIад ретIана ва шарф рекъезабулаго абуна:
— Дун ина гьанже...
Каримат елъана.
— Гьанже чIужуялъухъейищ? — илан сихIирго гьимана ПатIиматги.
— У.  
ГIарип, Кариматидеги къинкIун, къватIивехун кIанцIана. Гьесда лъалароан жиндирго чIужу, Сакинат хварайлъи.

***

АнцIго тIубазе анцIго минут хутIараб мехалъ кIетIезе байбихьана ГIарипица жиндирго рукъалъул нуцIида. НуцIа лъицаниги рагьулеб букIинчIо. ГIарип цойги нухалъ кIетIана; нуцIа лъицаниги рагьичIо ва рокъоса къватIибе кинаб букIаниги гьаракь бачIинчIо. ГIарип дагьавги цIакъ кIетIана ва нуцIа рагьулеб гье¬чIеблъи бихьун гьелда малал разе лъугьана. ГIарипида кIолеб букIинчIо унго–унголъун гьеб бухизе – хIинкъулев вукIана мадугьаллъи борчIилилан. Амма нуцIа рагьулеб букIинчIо. Ццин бахъарав гlaдинги лъугьун, цо галиги нахъехун босун ГIарипица бугеб рухIалъ, нуцIил рахаялде ккеледухъ мал бана. Бихъизабун рамагун нуцIа рагьун бачIана. Рахай далун хутIана. Гьурмада чIвана рокъосан бачIунеб квач.
ТIоцебе Сакинатил жаназаялда берчIвараб мехалда ГIарипи¬да лъалеб букIинчIо сундул пикру гьабилебалицин. ЛъикI заманаялъ эхетана гьев жаназаялде тIадеги къулун гьабсагIат гуреб гьабсагIат Сакинат таде яхъун ячIинилан живго–жиндицаго гуккулев.  Гьесул гIакълуялда бичIчIулеб букIана жиндидаго цебе жаназа букIин ва гьеб киданиги тIаде бахъунареблъи, амма Сакинат тIаде яхъунгутIиялъе гIилла жиндица тIаде яхъайин абичIолъи бугилан гуккулев вукIана гьес живго жиндицаго. Жаназаялда аскIовегIан  къазеги кIолеб букIинчIо.
ТIадеялдаса тIаде рахIат хун, хIал хисун лъугьунев вукIана ГIарип. Гьесда цо лахIзаталъги кIочон тезе кIолеб букIинчIо живго жаназагун цадахъ цо рокъов жанив вукIин. Жиндицаго бекараб нуцIихъан бачIунеб квачалдаса, Сакинатидасан бачIунеб квач цIикIкIун букIана ГIарипие. Гьесие бокьун букIинчIо нуцIа къазе, гьеб щула гьабизе. НуцIа къани жиндирго янгъизлъи цIикIкIунеблъи бичIчIун гьелдаса хIинкъулев вукIана. ТIадеялдаса тIаде захIмалъулеб букIана рокъов жанив вукIине, тIадеялдаса тIаде къварилъулеб букIана рукъ. Сакинатил жаназа додинго рукъ бакьулъе рехун букIана. ГIарипида рекIалдецин ккечIо гьеб нахъе бо¬сун санагIалъи бугеб бакIалда лъезе. ГьабсагIатги гьесда богорокъове жанивегIан инецин кIолеб букIинчIо, зама–заманаялдасан нуцIихъанги ваккун жаназа добе–анибе ун бугебищали хал гьабулев чи гIадин хутIун вукIана. ХIинкъи гурони ГIарипилъ кинаб бугониги батIияб асар хутIун букIинчIо. Богорокъоб цо жо кколеб бугилан гьаналъ бицараб гIадин, ГIарип цойгиги нухалъ нуцIихъан жанивехун ваккана. Жаназа додинго, тIоцебе батарабго куцалъ бегун букIана. ГIа¬рипица гIемераб замана бана ахцарав чи гIадин гьелъухъ балагьун чIун, гьелдаса берал нахъе росизе гьукъун бугеб гIадин. Валагьизеги, рокъове жаниве лъугьине кIоларого, рикIкIадасан, рагьумахIуялдасанго валагьулев вукIана. Циндаго, хъущтIун тIаса халатги ун мачIчIуялде щвезегIан къватIиб лъун бугеб Саки¬натил хIетIе багъарахъданин ккана ГIарипида. Гьесул черх, киса–кибего цадахъ, цIорон ана. Цин лъикI заманаялъ чIараб бакIалъа вагъаризе толарого цо жоялъ ккунги вукIун, гьес гIамал гьабуна къватIиве тIуризе. КъватIиве тIурулаго гьесда данде чIвана да¬гьабги бичIчIизе захIматаб жо: нуцIихъ чIун ватана цIакъ чорокаб ретIелги ретIарав, кIкIвачIеб мегежалъул гIолохъанчи  – Серажудин.    
                                                                   
***
                                                                   
Кариматида макьу щолеб букIинчIо. РачIунел рукIана батIи–батIиял пикраби, цонигиял цоцазде данде кколарел. Гьаналъ бицунеб букIана метер къоялдаса нахъе гIумро тIубанго хисизе букIин. БичIчIулеб букIинчIо кин хисизе бугебали, бичIчIулеб букIинчIо хисиялъе гIилла, амма ракIчун букIана ГIарип сабаблъун хисизехъин букIиналда. Лъалеб букIана кинабго гьабсагIат бугеб рахIатхвейги гьесде бараб букIин. Каримат кIиго–лъабго нухалъ бусалъ свер–сведана. РакIалде щвана ункъгIалги хун, араб соналъ росулъе щвараб мехалъ, жиндаго макьу щолеб букIинчIеб куц. Нахъияб къоялъ гурони лъачIо, рачIарал гIадамалги гIемерлъун, Кариматие тIамун букIараб бусен, хварай ункъгIал егараб, гьелъ жиндирго ахирисел сагIтал тIамураб кроваталда тIамун букIин. Доб мехалъ гIадин бусада свер–сведулей йикIана Ка¬римат къасиги.
— Къаси дуца гьабулеб жогIаги щиб? — илан гьикъана макьидаса йорчIарай ПатIиматица.
— Макьу щоларого буго...
— ГIарипил пикрабазда ятилаха... — ян къедехунги юссун тIаде юргъан цIазе гIамал гьабулеб букIана ПатIиматица, амма Каримат тIаде яхъуней йикIинги бихьун, гIажаиблъи гьабураб гIадин ягъаричIого чIана.
Каримат жиндидего гIагарлъанагIан хIинкъулей йикIана ПатIимат ва гьелъ чирахъ рекIинабуна. ПатIиматицаги гьелъги цадахъ берал къанщана. Каримат йикIана гъоркьан горделъ.
— ПатIимат, рачIа кроватал хисизе, — ян абуна гьелъ цин¬даго.
ПатIимат кроваталда тIадго гьункьун ячIана. Гьелда щибниги бичIчIулеб букIинчIо.
—     Диралда мун eгa, гьениехун дун яхъина...
—     Щай?
Кариматида жиндидаго лъалеб букIинчIо щаяли.
— Дуе кий кьижун йикIаниги щиб? — илан гьикъана Карима¬тица ПатIиматил кроваталда аскIоегIанги ячIунаго. — Метер къоялдаса нахъе дун гьений йикIина, мун диралда eгa...
Каримат жиндидего гIагарлъанагIан хIинкъулей йикIана ПатIимат. Гьелда кколеб букIана тIубан батIияй чIужугIадан ячIуней йигин жиндаго аскIое – ян.  ПатIиматида жиндаго бичIчIулеб букIана гьабсагIат Кариматица щибилан абуниги жиндица гьеб гьабизе букIин, жиндаго тIад Кариматица кверщел гьабураблъи. Каримат ПатIимат егараб кроваталде аскIоегIан къана.
— ПатIимат, дуе лъугьине жо гьечIо гури?...
— ЧIа... гьале... гьабсагIат... ГьабсагIат, — иланги абун ПатIимат, циндаго, жиндирго бусен цIорораб гIадин тириго тIаде яхъана. Гъоркьан гордеялъ гьей дагьайги йиццат гьаюлей йикIана. — Щибниги гуро... ГьабсагIат... — Щибниги гуро... ГьабсагIат...  Щибниги гуро...
ПатIиматицаги Кариматицаги бусаби хисана ва цониги ну¬халъ цоцадаги кIалъачIого, гIажаибго хехго кьижун ккана. Чирахъ рекIухъе хутIана.

***

НуцIихъ чIун вукIана цIакъ чорокаб ретIелги ретIарав кIкIвачIеб мегежалъул гIолохъанчи — Серажудин.
Цеве чIарав ГIарипги нахъе цун, жиндирго рокъове гIадин жаниве лъугьун вачIана гьев. ГIарип гьес нахъегIан къазавуна каранда зарги цун, унтиларедухъ, амма къуваталда. ГIарипица дандечIейцин гьабичIо, къадада мугъги цузабун хутIана. Саки¬натил жаназаялда аскIове унев Серажудин тIерхьинегIан чIана гьединан. Серажудинида хадув богорокъове инеги ракIалдецин ккечIо. ГIарипида вагъаризе кIолеб букIинчIо. Живго гьадигIан загIипав вукIин лъалароан ГIарипида. Гьес хIалго бихьичIо мадугьаллъиялде, милициялде ялъуни цойгидаб бакIалде лъазабизе. Гьесда жеги тIубан бичIчIулеб букIинчIо хъизан хвеялда бан жиндирго гIумруги, гьанжелъагIан бихьулеб букIараб дунялги тIубан хисизе букIин, амма якъинго бичIчIана жиндаго сверухъе кколел ругел лъугьа–бахъиназда бокьараб гьабизе кIолеб букIин. ГьабсагIат ГIарипихъе бачIана бищунго бигьаяб ва бищунго чи хIинкъизавулеб пикру – гьеб пикруялъ малъулеб букIана жиндиего къисматалъ щиб жо босун бачIаниги данде чIей гьабичIого чIезе, лъим хачIого гIоралъ восизе тезе, щиб ккананиги ургъел гьечIилан чIезе. БатIияб жо гьесда гьабсагIат гьабизеги кIолароан; цIакъго вахIшиго, къуватго ва циндаго тIаделъана гьесде лъугьа–бахъинал.
Богорокъосан къватIибе цIан жаназагун ваккун вачIана Се-ражудин. Гьес кинаб бугониги гIин тIамулеб букIинчIо риччалъ вугев ГIарипихъ. Нахъасан, жаназаялъул къвалакье квералги регьун гьес Сакинат ехъерхъулей йикIана жанахIалъусан добцояб рокъое. Гьесухъги валагьун, кIал–мацI ккун, гьурмал кьерги тIун рухIдакълъун хутIана ГIарип. Гьесда кколеб букIана цIорораб чIарбидасан хъущтIун унел ругел Сакинатил гIицIал угъдуз чIарбида биччараб мухъ телилан, амма толеб букIинчIо. ГIарипица гIажаиблъицин гьабулеб букIана Сакинатил жаназаялъ жиндаго хадуб биччараб мухъ тунгутIиялда. ГьабсагIат ГIарипие гьелдаса кIвар бугеб жо щибниги букIинчIо.        
Добцояб рокъоб жаназаги лъун къватIиве ваккун вачIана Серажудин. Гьаракь букIана гьесул ракIчIараб, къвакIараб, хIукму къотIулеб мехалъ, мекъаб бугониги батIияв разилъизабизе тIамулеб. ГIарипил гIадаб гIамалалъул ва ГIарипил бакIалде ккарав чи гьеб гьаркьида тIу–тIун вазе кIвелаан.
— ГIарип, — илан абуна Серажудиница. — Дида цIар Серажудин буго. Серажудин. Цо анцIго–анцIила щуго минуталъ гьадаб рокъовехун ваккуге мун....
Серажудиница жиндидаго хадуб нуцIа къана, амма, рес букIаниги рахачIо; ракIчIун букIун батизе ккола живгоги жаназаги бу¬геб бакIалде ГIарипида вачIине кIунгутIиялда.
АнцIила щуго минуталдасан мал бан рагьараб гIадин рагьун бачIана нуцIа; ваккун вачIана Серажудин; кваранаб квералъ, лъим халев чияс гIадин ГIарипги нахъе цун, кIалъазеги кIалъачIого, бекараб нуцIида хъваларедухъ, цIодорго, къватIиве тIерхьун ана.
Серажудин цевеса тIерхьингун рокъове жаниве лъугьана ва Сакинатил жаназа бихьигун ахцан хутIана. Жаназа букIана тIаса кинабго ретIелги бахъун, толохIучго, хъитIизарун махIабигун мугъалда бегун. Кверал гьелъул рукIана гIурдада вегарав чиясул гIадин ботIрода гъоркье, гъванщикье ккезарун.
                                                 
***
                                                 
ТIабигIаталъ кинабго жо гIедегIичIого гьабула. Инсанасги гьабула кинабго жо гIодегIичIого, амма гьедин гьабизе лъазе ккани гьев херлъизегIан ракьалда хутIизе ккола.
ГIедегIичIого бачIиналъ батила хинлъиялъухъе квершелги щвараб. Иххги, гьелда хадуб рииги бакъуца, гIурччинлъиялъ бачун бачIинчIо. Гъоркьан, ракьулъан бачIун цо гIажаибаб рухIалъ хинлъизабуна гьава, гьава баккана щибаб кьватIелалъубе, гьаваялъ сверун ккуна кинабниги рухIчIаголъи. ЧIагоябщинаб жо цин хинлъиялдаса бохана, ракьулъан бачIараб pyxl жиделъго бессараб гIадин лъугьана, амма хадур киналго багIариялдаса рахчаризе лъугьана. Хасго гьеб бокьичIо цIунцIрабазе.
ТIабигIаталъ кинабго гIедегIичIого гьабула. Амма киналдаго тIад ханлъи гьабун чIун буго замана. Бихьулареб, рагIулареб, лъиданиги ва киданиги жиб букIин лъазе гьечIеб ЗАМАНА. ГIицIго, лъикI гIенеккарав херлъарав чиясда рагIула гьелъул хъуди. Гьеб ккола гIадамазул сагIтазухъги балагьун замана белъулеб гьаракь.
ТIабигIаталда лъикI лъала замана щиб жояли. Амма гIадамал гурони гьеб борцине лъугьунаро. ГIадамазда бичIчIуларо зама-наялъулъги рукIун заман борцине кIолареблъи.
Амма инсан чIоларо. Гьев кидаго гIедегIахъдилев вукIуна, гьев жиндирго замана гIадада биччаларого, гьелъул тIадаб–агъаз гьабизе, гьеб борцинецин   лъугьуна.
ТIабигIаталъ кинабго жо гIедегIичIого гьабула.

***

Дагь–дагьккун ГIарип ругьунлъана жиндидасаго хъизан ятIалъиялде. Амма гьев рахIатхун лъугьунаан Сакинатидаса ватIалъиялде ругьунлъулев вукIиналъул хIисаб гьабунщинахъе.
Гьеб лъугьа–бахъин ккаралдаса нахъе гьоркьоб заман бахъана. Институтги лъугIун ГIарип росдал школалде хIалтIизе витIана ва шагьар тарабго гIумро хисана, студентазде данде ккун хIалтIулев чиясул тIубанго батIиял пикраби рукIунеллъи бичIчIана, гьеб заманалда жаниб гьесул жиндиргоги тIубан батIияв чи лъугьана. Гьеб гуребги, Сакинатидаса ватIалъиялъ гьабулеб асар къезабуна, ралъдалъ лъар гIадин тIагIинабуна Серажудинилгун ккараб лъай–хъваялъ. Зама–заманаялдасан ваккулев вукIана гьев ГIарипил пикрабалъе ва вакканщинахъе ца¬дахъ бачIунеб букIана хIинкъи, квач.
ГIарип хIалтIизе лъугьараб школалъул директор живго вилъана асие рукъ балагьизе. Гьев директорасул щибниги щаклъи букIинчIо жиндицаго тIаса бищараб рукъалъул хважаин, живго жин¬дицаго росги гъанкъун хутIарай гIажаибго хIалакъай къоролалъ, цIияв учителасе рукъ кьеялда. Къоролалда цIар букIана ГIащахъатун.
Директорги ГIарипги гьелъул рокъоре рачIараб мехалъ ГIащахъатун черелей йикIана. Рукъ букIана бецIаб, мискинаб, хважаиналъ тIаса квер босун тараб. ГIащахъатунил рукъалда къватIисанго берчIвараб мехалъ пикру гьабун букIана ГIарипица хважаинасецин хIажат гьечIеб мина батилилан. КъватIисанго бихьулеб букIана дунялалъулги, гIадамазулги ургъел гьечIев чи хважаин вукIин.
Къоролалъ жанире рачIарал бихьиназухъ гIинго тIамичIо; гьабсагIат гьороца нуцIа рагьун бачIун букIарабаниги гьелъухъ валагьичIого чи чIелароан — ГIащахъатун ялагьичIо. Директор гьелда кIалъан вахъинегIан ГIарип къадада бараб гьитIинаб солдатасул сураталъухъ валагьун вукIана. Гьес хIисаб гьабуна ГIа¬щахъатунил вас ватилин гьавилан. ГIарипида лъалеб букIана гьев ва¬сасул кинаб бугониги жиндидехун я хурхен букIинчIолъи я букIине гьечIолъи, амма гьес сураталдаса бер нахъе босулеб букIинчIо.
Директорасда кIалъалеб мехалъги ГIащахъатуница жиндирго хIалтIи чIезе течIо, амма рукъ кьезе разилъана.
— Дица гIараццин босиларо гьесда васлъун вукIине лъани... Гьанжесеб гIел дагьаб батIияб буго... — ГIарипида ккун букIана гьел рагIабазда хадуй ГIащахъатун къеда чIвараб сураталъухъ ялагьилилан. ЯлагьичIо.
Директор араб мехалъ хважаиналъ ГIарипида гьикъана:
— ЧIужу щай цадахъ ячинчIей?
Жегиги кодоб кковухъего бугеб тIахьазул цIураб жиндирго чемоданалда бералги речIчIизарун гьес жаваб кьуна:
— ЧIужу гьечIо дир...
— Гьедин батани, — ГIащахъатуница полпидаса кверал paцlцIана, тIаде йорхун ячIана ва халаталъул чахьалда букъараб кисиниса рахъун ГIарипихъе кIулал кьуна. — Ма, кIулалги росе, кавудухъа жаниве лъугьунаго дуда кваранидехун бихьараб рукъ кьела духъе... Маха росе... квегIидехун кьуре... Гъоба жаниб къваригIараб жоги батила, батичIони хадуб хал гьабиларищха... Цо гIабдал вукIана гьениве жаниве  виччан... ЦIар щиб дуда?
—     ГIарип...
—    ХIалихьатав чи вуго дур гьадав директор.
ГIащахъатун цIидасан черезе лъугьана. Дагьаб мехалъ ГIа¬рип гьелда цеве эхетун вуцIцIун чIана, гьесда кколеб букIана хважаиналъ цойгиги щиб бугониги абизе кколилан. Амма ГIащахъатунида гьев кIочон тана. Жиндихъего кIулал кьолеб мехалъ гIодоб лъезе ккун букIараб цойгидаб, ратIлил цIураб сумкаги кодобе босун, цин гIедегIичIого жанахIалъуве лъугьана, гьени¬сан, лъалхъичIого къватIиве кIанцIана ва хъантIун хIохьел цIазе лъугьана. ГIарипихъ валагьарав чи вукIаравани гьесда ккелаан гьев рокъоса къватIиве сунца бугониги рехун вачIанилан гьевилан. ГIарипихъ  валагьарав чи вукIинчIо.
ГIарипихъе кьураб рукъ хважаиналъулалдаса батIа тIураб букIана. Хважаиналъ цебегоялдаса нахъе хIалтIизабичIеб рукъ букIун батизе ккола, ГIарип гIемераб заманаялъ нуцIа рагьизе кIоларого хутIун вукIана. Рагьараб мехалъги нукьдузул квешаб къир–къири бахъана. Жиндидаго нахъа рагьухъего нуцIаги тун ГIарипица жанибехун гали тIамуна. Гьесда бичIчIана жеги рокъове жаниве щвечIолъи, гьеб букIана гьитIинабго цеберукъ. Жибго рокъобе жанибе лъураб нуцIа рахан батичIо, квер тункарабго рагьун ана. НуцIида нахъа бигъун букIана биццатаб бецIбагIараб ххам. ГIарипица гIодоб сумкаги лъун гьеб цояб квералъ нахъе гьабуна. Рукъ бакьулъ эхетун йикIана каранде гъалалги даларай, гIодобе биччараб берцинлъиялъул гIолохъанай яс.

***

Наби кIетIана Кариматил рукъалъул нуцIида. Жаваб кьечIо. Гьес тункана. НуцIа рагьун бачIана, амма Набида жаниве лъугьине кIвечIо; гьев рагьумахIуялдаго чIун гьанжеги кIетIезе лъу¬гьана. Жаваб кьечIо. Набида рокъов жанив щивниги ватичIо.
Гьесда лъалаан Кариматилги ГIарипилги букIараб гьоркьоблъи. Набида гьединго лъалаан ГIарипил чIужу хваралдаса нахъе гьел цоцазда рихьизецин рихьичIолъи ва гьабсагIат ГIарип хIалтIизе витIун аравлъи, Кариматги гьевги цоцазда рихьулареблъи. Набида бичIчIулеб букIана Кариматилги ГIарипидаса хьул къотIараблъи. Гьеб кинабго Набида лъалаан рагIун, жеги жиндаго ГIарип вихьун вукIинчIо.
Кариматица Наби жиндидего аскIове гIагарлъизе толев вукIинчIо. Щибаб къойил аскIове вачIун гьелъие жиндирго мукIурлъи загьир гьабулев вукIаниги Каримат жегиги гьимунцин йикIинчIо. Амма гьелъ Набил тIубан хьул къотIизеги гьабулеб букIинчIо. Набица чIванкъотIун цебе суал лъураб мехалъ Кариматица жаваб кьун букIана:
—    Гьениб дида бараб жо гьечIо... ГIарипица гьабизе ккола...
Набида гьелъул жаваб тIубанго бичIчIулеб букIинчIо. Жакъаги гьев Кариматил нуцIида кIетIолев вукIана жиндиргун бугеб гьоркьоблъи мухIкан гьабизе хьулалда.
— Наби, — ян абуна нахъасан рокъое жание лъугьун ячIарай Кариматица. — Жаниве вилълъа, гIодов чIа...
Кариматида рекъон букIана чIегIераб ретIел. Набида лъала¬ан гьеб Сакинат хваралдаса нахъе ретIараб букIин.
Наби гIодов чIана столалда нахъа, цойгидаб бакIида, жиндего данд йитIун Каримат чIелей гIадин.
— Цин нуцIа рахай...
Наби божичIо Кариматица абураб жоялда. Божана Каримат чIегIераб гордел ахадаса тIараде щвезегIан ругел маргъалал ричIизе лъугьараб мехалъ. Набида тIаде вахъине кIвечIо; лахIзаталда жаниб гIетIул цIураб черхалда pyxl батичIо.
КъватIиб бугеб багIариялъги, гьаваялда гъорлъ бессараб биунеб асфальталъул махIалъги, общежитиялда цебе эхетараб гъотIол цониги тIамах багъаризе толеб букIинчIо. Амма киналго тIамхал чIаго рукIана. Дунялалда цониги букIинчIо бакъукьа хIинкъараб рухIчIаголъи. ЦIунцIраби рукIун ратизеги бегьула. КъотIноб бугеб чIагояб рагъа–рашариги, гьаракь–мохъги рагIилаан Кариматил рокъобе жанибеги рагьухъего бугеб гордохъан, амма гьеб чIаголъиги биччалеб букIинчIо багIариялъ. Рокъоб жаниб букIана гIицIго Кариматица хIалуцун цIалеб бухIараб хIохьелги ва жийго ун рахалеб нуцIил рахаялъул гьаракьги. Кариматида тIокIаб щибниги гьабизе кIвечIо, жиндицаго маргъалалги ричIун, рагьун биччараб горде бахъизецин кIвечIо, нуцIаги рахан нуцIида нахъа эхетун хутIана. Гьей цIакъ нечана гьабсагIат жиндихъаго борчIун араб рагIудаса, багIарлъун яхъана ва гьабсагIат нахъасан вачIун сородулел квераз Набица ккун йикIинчIей ани къватIие тIурунги инаан. Кариматида жиндицаго гьабулеб бугеб жо бичIчIулеб букIинчIо. Гьей кьурун Набидехун юссана ва жиндирго черха¬лъул ихтияр кинабго гьесухъеги кьун нуцIида мугъги чIван чIана.
НуцIида кIетIана.

***

Жиндихъего кьураб рокъоб жаний яс ятараб мехалъ ГIарипи¬да лъачIо жаниве лъугьине бегьулебищали. Чорхолъ бугебщинаб биги гIунун гьев рагьумахIуялдаго чIун хутIана.
ГIолохъанай яс гIедегIичIого, кьурун юссун ГIарипидехун мугъги рехун битIахъе цебехун бугеб горда аскIое ана ва гьединго гIедегIичIого, тункун гордоги рагьун, цо батIияб рухIалъ кумек гьабураб гIадин гьениеги яхун, къватIие кIанцIана. КъватIиехун щвараб мехалъги яс гIедегIулей йикIинчIо; жиндаго хадуб, гloдое йиччан гордоги къан гурони гьей нахъе инчIо.
Рукъ букIана гIураб гIатIилъиялъул. Кваранидехун букIана сурукъаб кьералъул клеенкаялъ бахчараб столги, столалда тIад базабураб, бекараб кIудияб матIуги. МатIуялъусан бихьулеб букIана данде битIухъе лъун бугеб, квер хъвани щиб гурин, тIаде валагьаниги къир–къири бахъунеб маххул кровать. Къеда бав букIана бецIаб, чорокаб цо батIияб ххам, магIида хурхинабураб, гьениб дализе биччараб лълъарцин букIана гьеб ххамица сурукъ гьабун. НуцIида нахъа, кровать бугеб рахъалдехун букIана магIарухъ гурони дандчIвалареб гIадаб печь; гьелда данд битIун, гьабцояб рахъалда,  къватIибе рехизе заман гIечIого хутIараб, тIаса лакги хъвагIараб шкафалда релълъараб жоги букIана.
ГIарип ясалда хадув гордохъа къватIиве валагьана. Гьеб ба¬тана, мадугьаласул азбаралде лъураб гордо ва гьенив вихьуда щивниги вукIинчIо.
Рукъалда ракI рекъана, амма ГIарипие бокьичIо гьадай яс жаний яти, гьединго рекIее гIечIо хважаиналъул рагъа–рашари. ГIарипида зама–замаялдасан ракIалде щолев вукIана Сера¬жудин, хасго якъинго гьев цеве тIамулаан гордоялда берчIварабщинахъе. Рокъоб жаниб киб–щиб бугебали хал–шал гьабилалдеги ГIарипил нигат ккана, метерго батIияб рукъ балагьизе, батичIони, квер хьвагIун школаги тун, жиндирго эбел–инсухъе тIал вуссине.
Бакъани гIужалъ, кваназе ахIизе хважаин ячIараб мехалъ ГIарип рукъ бакьулъ жиндирго чемоданалда гIодов чIун пикрабалъ вукIана. Гьесда лъалаан кигIан цIакъ живго ургъаниги гьадай яс щиялиги, щай дой гьаний ятараялиги ГIащахъатунида гьикъун гурони лъалареблъи. Амма хIинкъун вукIана жиндаго гьикъизе кIвеларилан, гьесда гьеб суалалъулъ цо хIалихьалъи бугилан кколеб букIана.
Кванда нахъа ГIащахъатуница цевего лъалев вукIарав чиясда гIадин эркенго бицана жиндирго армиялда вугев васасулги, вукIарав росасулги хIакъалъулъ. Узухъда, ГIарипие бокьун букIана дой ясалъул хIакъалъулъ гьикъизе, амма кIолеб букIинчIо: рекъон букIинчIо чIужугIаданалъул хабар гьоркьоб къотIизабизе. Гьеб гуребги, рокъоб жаниб бецIлъаниги ГIащахъатуница чирахъ рекIинабулеб букIинчIо – бецIаб бакIалъ кьолел суалалги, кан¬лъи бугеб бакIалда гьикъулеб жоги батIи – батIияб букIуна; канлъи бакани хабар–кIал тIубан батIияб бакIалде сверилин кколеб букIана гьесда. Ам¬ма сверичIо. Чирахъ рекIинабуниги, цIакъ загIипаб канлъиги букIун хабар дагьабги пашманлъана ва кIвахIаллъана.
— Дуда кколеб батила живго жиндицаго гъанкъизе ккани дир росасде бачIараб балагь щибдай букIанаян. Дидаги лъаларо. Ахираб заманалъ батIияв чи лъугьун вукIана досул. —Цо рагIиялдаса, цо пикруялдаса хадуб  гьоркьоб заман  бахъун гурони ГIащахъатун цIидасан кIалъалей йикIинчIо. — Ахираб заманалда батIияв чи лъу¬гьун вукIана. Циндаго, тIуванго хисана. Цебе цIакъ гIемераб гьекъолаан, гьебги тана. Киданиги как барав чи вукIинчIо, как–диналде вуссине бокьун, гьеб лъаларого, гьеб лъазабулев, цIакъ гьелда хадув лъугьун вукIана. Нижер цо ясги йикIана, хвана, мунагьал чурагийин, цо унти букIана, дида чан нухалъ бицаниги цIарги ракIалде щоларин гьеб унтул, – яс хвараб мехалъги вукIинчIо дов ахираб заманалъ гIадин пашманго. Пашмангоцин гуро, риччалъ вукIана.
ГIащахъатун цо жоялъухъ гIенеккарай гIадин юцIцIун чIана. ГIарипида кколеб букIана гьей жиндаго цее, берда йихьулаго хIалакълъулей йигилан.
— ЩайтIабаца ккун вукIаравани гIанта–гIантал жалги гьарилаан дос… Гьебги букIинчIо. ЛъикIаб гуреб жоги гьабулароан, гьимун гурони кIалъазеги кIалъалароан. Цебего, гIолохъанаб мехалъго дос цо, ццидахъе, анцIила анлъго сон барав вас чIван вукIана, жиндасаго тIагъур тIаса бахъунилан. — ГIащахъатунил берал гIурччинал рукIана. — Туснахъалдаса вуссун вачIараб мехалъ дагьавги гlaмал къосарав чи лъугьун вачIун вукIана. Ахирисеб кIиябго соналъин абуни битIахъе — вали. Цо пуланаб къоялъ живго жиндица¬го гъанкъун ватана.
Кварида даларав жиндирго рос цеве вачIарав гIадин ГIаща¬хъатун сихIкъотIун чIана. ГIарип вукIана гьелъухъги валагьун, гьадигIан сурукъай пакъиралъ гIумроялда жаниб хIехьон батилебщинаб жоялъул пикрабазда. Гьикъизе бокьун букIана киб бакIалъин гьев живго жиндицаго гъанкъаравилан — гьебги кIвечIо. Гьесда кколеб букIана ГIащахъатуница ургъунго бицунеб гьечIин гьебилан. ГIарипица гIажаиблъицин гьабуна гьедигIан жиндиего кIвар бугеб жо ГIащахъатуница гьоркьоб биччаялда.
— БитIараб бицани, ахираб заманалда, хвелалде цебе, мадугьаласулгунги, мадугьал вуго аскIов, Закари, гьесулгун гIажаибаб гьуинлъи лъугьун букIана росасул. Дие бокьун букIинчIо гьеб гьуинлъи, дида гьаналъ бицунеб букIана цо къваригIил гьечIеб жо ккезехъин букIин. Ккезеги ккана... Гьанже бицун пайда щиб...
—     Щай... бице...
—     Дуда рагIун батила... Закариян абулев чи вуго мадугьалихъ, дур рукъалъул гордо ккола досул азбаралъубе. Цо гIолохъанай, берцинай жо ясги йиго досул... Гьев Закарил чIужу тIагIана...
—     Кин? — илан гьаракь борчIана ГIарипил. Гьесие батIияб суал кьезе бокьун букIун батула.
—     Гьадаб, росдада гъоркьан чвахулеб лъар бихьун батила дуда, гьадаре ун рукIарал ал кIиялго, Закариги чIужуги. ГIадамаз хер бецизе ун рукIанин абулаха... эбги щиб лъалеб. Радал рахъун арал ал – тIокIал тIад руссинчIел. Жийго цохIо рокъой хутIарай ясалъги лъиданиги цIар бахъичIеб, юцIцIун чIарай. Нахъияб къоялъги рачIинчIел. Гьанжеги ясалъ лъиданиги щиб¬ниги абичIеб. Щибниги жо ккечIеб гIадин рукъалъул тIалабги гьабун чIарай. БатIияй жо йиго эй. Нахъияб къоялъги тIад руссинчIел эбел–эмен. Лъабабилеб къоялде, къаси нахъа живго Закари вачIун вуго рокъове. ГIазухъахIлъун бетIергун, дидасаги цIакъ хIалакълъизеги хIалакълъун. Щиб ккарабали, чIужу кие араялиги бицине кIолеб гьечIо — мацIги кIочон тун вачIун вуго. Буъ–баъ–илан гурони, басица гIадал гьаркьал гьарун гурони бичIчIуледухъ щибниги бицине кIолеб гьечIо... Гьанже ясалъ тIалабги гьабун рокъов вегун вуго...
ГIарипие бокьун букIана хехлъи гьабун гьаб рокъоса къватIиве ворчIизе, жиндирго рокъовеги тIурун, нахъасан нуцIаги рахан гьенив цо бакIалъ кIусун вагъаричIого чIезе.
— Росас абулаан, Закарида цо–цо мехалъ кIалъазе кIолилан, амма гьес гурони дида гьедин абулеб рагIичIо. Цо–цо Закарил яс ячIуна дида аскIое, дица долда гьикъулеб букIана – бицинчIо. Дицаги квер хьвагIун тIокIаб гьикъичIого тана. ГIадамаз бицуна, дир яц йиго, долдаги рихьун руго дир росги Закариги лъар чIван унел... Закарил чIужу тIагIанин абулеб бакIалъе. Гьелдаса нахъе батIияв чи лъугьана дир росасул. Яцалъ абулаха гьединан. Дицаги, гIемерал пикраби гьарун чIалгIун, квер хьвагIун тун буго кинабго. Цо–цо, мун гIадин вачIарав чиясда ургъел бикьун гуро¬ни, щибха дицаги гьабилеб... Цо–цо мехалъ яц ячIуна... — ГIащахъатуница столалде рехараб гIучI гелгедизе гьабуна. — ВасгIаги вуссуневани хехлъи гьабун...
ГIащахъатуние сордо лъикIги гьарун жиндирго рокъове лъугьунев вукIарав ГIарип чIун хутIана. Гьесда жеги бичIчIулеб 6укIинчIо шиб ккарабали, амма рокъове жаниве лъугьине кIолеб букIинчIо. КъотIноб, хIобода рекIараб чирахъалдасан бачIунеб загIипаб канлъухъе гьесда бихьана, кIиабилел нуцIил хундузда тIасан, бакьулъе ккеледухъ далараб борхьида релълъараб жо. ГIари¬пица гIажаиблъи гьабуна гьанжелъагIан жиндидаго гьеб бихьун букIинчIолъиялда. НуцIидасан баккараб чIегIераб кIичIараб жо тIурун инилан хIинкъарав чияс гIадин гьес цIодорго чирахъ рекIинабуна. НуцIил хундуздасан баккун букIана бокьараб бакIлъи баччизе кIолеб, хъураб чахъу базе гьабураб гIадаб маххул кIичI. ГьебсагIатIо гордо къалеб гьаракьги бахъана.

***

Лъиданиги лъазе кIоларо унеб къоялъ, бачIунеб къоялъе щиб кьолебали, ва бачIунеб къоялъ унеб къоялъухъа щиб къабул гьабулебали. Кинабго гьелде ругьунлъун руго; инсанги, рухIчIаголъиги, гъветI–херги, пикрабиги...
ГIарипие дунял биххана. Гьесда лъалароан жиндиего щиб кка-рабали, сонисеб къоялъ жакъаселъухъе щиб кьурабали. ГьанжелъагIан ГIарипида бихьулеб букIараб дунял, гьанжелъагIан ГIари¬пил гIумроялдехун букIараб бербалагьи биххун, щущан ун цоцалъ жубана. Гьесда лъалеб букIана хъизан хвараб къоялдаса нахъе живго бичIчIулареб, цоцалъа бахъизе лъалареб дунялалда ккаравлъи. БичIчIулеб букIинчIо сунца вачаравали, щай вачаравали ва кинаб дунялалде вачаравали. ГIицIго лъалеб букIана жиндилъго рижулел суалазул бащадазеги жаваб кьезе кIолареблъи. Гьес кIванагIан жигар бахъулеб букIана сундулниги пикру гьабичIого тезе. Амма бажарулеб букIинчIо. Зама–заманаялдасан ракIалде щолев вукIана Серажудин. Се-ражудин ракIалде щванщинахъе дагьабги рахIатхун лъугьунев вукIана. Гьаналъ бицунеб букIана ГIарипида гьабсагIат живго ккараб бакIалдехун Серажудинил хурхен букIин.
Цо–цо, кIи–кIи, лъаб–лъаб къо гьоркьоб биччан унеб букIана ГIарипил гIумру. Сонисеб къоялъ жакъалъе тараб, сонисеб къоялдаги жакъаселдаги кинаб бугониги гьоркьоблъиги букIинчIо гьесие.
Гьев хIалтIизе лъугьараб школалда жеги лъимал цIалулел рукIинчIо, жеги цIалул сон байбихьун букIинчIо, амма ГIарип щибаб къоялъ школалде хьвадулев вукIана, хьвадизе кколев вукIана. Гьеб гуребги рокъоялдаса гьесие хIалтIуда вукIине бокьулебги букIана.
— ГIарип, — илан абуна цо къоялъ ГIащахъатуница. — Мун нечоге, дуца чуризе бугеб ретIел дихъе кье... Дир заманги буго... Васги ракIалде щун, васасул чурулей гIадин йикIинарищ...
ГIащахъатунилги ГIарипилги лъикIаб гьоркьоблъи лъугьана. ТIоцее йихьизе гIадай сурукъайги хIалакъайги гIадан ятичIо гьей.
Дой цо рокъой ятарай мадугьаласул яс йихьулей йикIинчIо, гьеб хъизамалъул хIакъалъулъ тIаде лъалеб жоги букIинчIо. Гьединлъидал гьесул жиндирго пикроялда рекъон цо–цоккун, кIи–кIиккун, лъаб–лъабккун къоял гIадада унел рукIана.
— ГIарип, дица дуда сонги абун букIана, чуризе жо кьеян... Нечоге... КидалъизегIанха армиялда вугев васасул ретIел чурулей йикIиней...

***

Циндаго горда кIетIана. Гьанжего гьанже макьуги бачIун гъапуллъулев вукIарав ГIарип кIанцIун тIаде вахъана, черхалда ретIелги ххун гордухъеги векерун сардил бецIлъуде валагьана. Горда нахъа эхетун йикIана мадугьаласул яс. Ясалъ дагьай нахъегIанги къан, кверги хьвагIун ГIарип къватIиве ахIана. Гьеб букIана къаси анцIила цо тIубалеб заман. Гордо рагьулеб мехалъги лъалеб букIинчIо ГIарипида ясалъ ахIунилан живго къватIиве иневищали.
— Хехлъи гьабе, хехлъи гьабе... — ян гьарана ясалъ бецIлъудасан.
Нахъ чIвазе кIолареб къагIидалъ гьарулеб букIинчIебани ясалъ, яги ГIарипида гьединан гьарулеб бугилан кколеб букIинчIебани гьев гордохъа къватIиве лъугьунароан ва цее–цее уней ясалда хадув унароан. Яс нахъцин ялагьулей йикIинчIо, гьелъул ракIчIун букIана жиндица абураб ГIарипица гьабичIого тунгутIиялда.
ХIинкъиялъул кутакалъ ГIарипида кире рилълъунел ругелиланцин гьикъизе кIолеб букIинчIо. Киве гьей ясалъ вачаниги гьелда хадув инеги инаан ГIарип, бокьараб жо гьабизе тIамизеги кIвелаан гьелда ГIарип. Ахираб заманалда гьесухъе гIемер бачIунеб букIана пикру живго бокьа¬раб жоялъ ва бокьарав чияс бокьаралъуве вачунев вугилан, къасийин абуни гьеб якъинго бихьулеб букIана. ГьабсагIат гьей ясалъ кьурун юссун гIодобе килищ битIун букIарабани ГIарип таращ гIадин хIурулъ вегунцин чIелаан.
Ясалъ гьев вачунев вукIана жиндирго рокъове.
ГIарипида цебе нуцIаги рагьун гьей яс нахъегIан къан чIана. Ясалда жиндаго рокъое жание ине кIолеб букIинчIо. Гьениве тIоцеве ине кколев вукIана ГIарип. Рагьун нуцIагун яс нахъегIан кIанцIун чIараб мехалъ ГIарипги лъалхъана; нуцIихъан бачIараб канлъи каранлъги речIун гьелъ цеве виччаларого чIезавун вукIана.
— Хехлъи гьабе, хехлъи гьабе... — ян гьанжеги гьардана яс. ТIокIавги ГIарип нуцIида цеве эхетун вукIине бегьулароан; тIокIавги нуцIида цеве чIани гьеб цIакъго сурукъ букIана. Гьев рукъзабахъе лъугьана; жанахIалъусан, сунданиги хъваларедухъ жанивегIанги вачIун цебе батараб нуцIа рагьана. Гьенибги бугоан канлъи. ГIарипица жанибехун гали тIамуна ва гьеб бакIалдаго вагъаризе кIоларого хутIана. Гьесда цеве, рукъ бакьулъ, чIарбида хIалакъаб кIаркьенги чIван вегун вукIана лъабкъоялда анцIилъе санал рахараб ригьалъул чи. Гьесул кIалдисан бачIунеб букIана дагьа–макъаб тIогьиллъи гъорлъ бугеб полоп. Гьесдаго аскIоб, чIарбиде рехун букIана биццатаб букIкI–букIкIараб салмагги. Холев чияс хачалеб мехалда ракьалда кIолебани малъазукь къан хутIичIого чIезе, гьеб ракьги букIинаан гьадинан букIкI–букIкIун. Херав чи вукIана гъоркьан ратIлилъ. Бихьулеб букIана аскIобго бугеб диваналдаса гъоркьеги лъугьун, рукъ бакьулъе щвезегIан хъурщун вачIун вукIин. Гьурмаде цебе рехун букIана гьитIинаб тIагъур. Гьеб биччун бихьараб мехалъ ГIарипица пикру гьабуна полпица батилилан. Гьев чиясда берал гьезего гьечIилан кколеб букIана. Диваналде цебе рехун бугеб юргъан билбагIараб букIиналде пикру ГIарипил ахиралда гурони бачIинчIо.
Гьесда бичIчIана живго мадугьалалъ щиб жо гьабизе axlapaвали. Херав чи кодовеги восун ГIарипица диваналде аскIове ваччулеб мехалъ гьесда лъалаан жиндихъго ялагьун дой яс йикIинги, живго хIинкъун вукIин долда лъазе тезе бегьулареблъиги. ХIалакъав вукIаниги гьев чи бакIав ватана. БакIлъиялдасаги ГIа¬рипил рахIат хвезабулеб букIана кIалдисан бачIунеб полопалъ, гьев берцинго диваналда лъей гуребги кIвар бугеб жо букIана полоп жиндидаго бахинилан хIинкъиги. ГIарипида гьеб кислота бата¬лин кколеб букIана.
Жиндицаго диваналда вегизавурав херав чиясухъги валагьун хутIун вукIана ГIарип. Гьев чIун вукIана нахъасан ячIун дой ясалъ гъежда кверги лъун, хунищ дир дада вугев ялъуни чIагойищ вугевилан гьикъизегIан.  Гьединан ясалъ  гьикъун букIарабаниги жин¬дидаго кIалъазе кIолареблъиги лъалеб букIана ГIарипида. Гьес херасдаса берал нахъе росулел рукIинчIо.

***

—Гьаб гьан лъил? — илан гьикъана Набица Кариматида. Каримат йикIана общежитиялъул богорокъой, церекъад эбелалъ бачIараб гьан къотIулей. Наби циндаго вачIиналъищ, ялъу¬ни суал бичIчIулареб гIадаб букIиналъищали гьесул гьаракь рагIигун Каримат тIуркIана. Набица гьелда гIажаиблъи гьабуна ва  цIидасан гьикъана:
—    Гьаб гьан сундул?
Гьеб букIана анцIила цо тIубалеб заман.

***

Херав чиясде тIаде къулун вугев ГIарипида лъалеб букIинчIо жиндицаго щиб гьабизе кколебали.. Амма гьаналъ бицунеб букIана, бицунебцин гуро, гьаналъ гьарулеб букIана нахъ валагьугеян. Гьесда кколеб букIана гьединан гьарулеб загIипаб гьаракьцин рагIулеб бугилан. ГIарип нахъ валагьана. Дой яс рокъоса тIагIун ятана. ГIарипица хIохьел ккуна ва цIидасан ясалъул инсухъ ва¬лагьана. Гьев додинго жаназаялда релълъун вугоан. ГIарип гъанкъулев вукIана, гьурмалъан багIарлъана, амма гьес хIохьел цIалеб букIинчIо. КIолеб букIинчIо рокъоса къватIиве тIуризеги.
—     ГIарип, — илан бахъана ясалъул гьаракь. ГIарипил pyxl босун ана ва заманаялдасан гурони кIвечIо гьесда гьаракь бахъараб рахъалдехун валагьизе. Добго бакIалда эхетун йикIана тIагIун йикIарай яс.
—     ГIарип, мун хIинкъуге... гьабсагIат тIаде вахъуна эв... ЛъугIун батула... Мун гьанже ине бегьула... баркала...

***

Киналго рагIадал рукIине кколелдаса кIиго нухалъ гьитIинал рукIана. РукIун ратичIониги ругилан кколеб букIана. БагIари букIинчIо.
ГIарип школалдаса вуссана къалъилалдего. Жиндирго хъизан хваралдаса нахъе ГIарипица киданиги хIисаб гьабун букIинчIо, хIалтIудаса вуссараб мехалъ, ялъуни сагIаталдасан, ялъуни метериса гьабизе бугеб ишалъул. Гьесда якъинго бичIчIана жиндиего бокьун инсанас щибниги гьабулареблъи, гьесда бараб жо букIунареблъи. ГIарипида гьанже бичIчIизе лъугьана Аллагьас хъвараб жо гурони бихьуларин абулеб рагIул магIна. Инсанасе гIунги тIокIаб буго дандечIей гьабичIого вукIине лъани, амма гьебги инсанасде бараб гьечIо.
ГIарипида каву рагьулаго ГIащахъатунилъуса къватIие ячIиней данде ккана дой яс. Цояб квералъ рагIалги ккун цойгидаб рагIал рачлихъги цузабун, гьелъухъ кодоб ккун букIана макърал тIарс. Яс багIарлъана. БагIарлъана ГIарипги. Гьесда чIвана ясалдасан бачIунеб гIетIул махI ва Сакинат ракIалде щвана. Гьей къватIие йиччазе ГIарипица гали нахъе босана. ГIарип жаниве виччазе ясалъги гали нахъе босана. Гьанжесала ГIарип жаниве лъугьунаго долъги тIамуна цебе гали. ЦIидасан чIвана добго махI Яс гьимана. ГIарип, щаяли, ццин бахъарав гIадинги лъу¬гьун, яс нахъе къазегIан вагъаричIо.
Азбаралъуве щвейгун, рагIад бугеб бакIалъ рагъида черелей ГIащахъатун ятигун бичIчIана ГIарипида дой яс черелей, ГIащахъатуние кумек гьабулей йикIин. Кварида ракъвазе ран рукIана ГIарипил гордал.
— Дир гордал чуризе чи щун вугоха духъе... — ян махсаро гьабуна ГIарипица, гьебсагIатIо ракIги гурхIана. ГIащахъатуни¬ца жаваб кьечIолъиги унтана ГIарипида.
Жиндирго рокъове жаниве лъугьингун ГIарип сунда речIчIилевали лъаларого хутIана. ГIарипихъе гьанжеги бачIана пикру батIияб рукъ балагьизе вахъине. Гьес гIажаиблъи гьабуна, цебе гьабун букIараб гьебго къотIи жиндаго кIочон тун батиялда.
Азбаралъуса дой яс нахъе инегIан сунде вугониги вуссун ву-кIинилан ракIалдеги ккун, Къуръаналъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалде квер бегьулаго гьесул берчIвана дойго ясалда. Гьей йикIана ГIарипил рокъой, нуцIихъ эхетун. ЧIегIераб, халатаб, зама–заманаялдасан квераз къакъазе бижараб гъал, хъахIаб, жаниб цIураб, цIакъ дагьаб гурони гъорлъ багIарлъи гьечIеб гьумер, ки¬даниги данде рачинчIел, жанир цIурал кIутIби, гьоркьохъеб лага, чорокал махIаби, къвакIарал курмул, анцIила микьго–къого сон. ТIад ретIараб халаталъ накаби рихьизе толеб букIинчIо; ясалда халат рекъонги букIинчIо.
—     ГIащахъатуница мун кваназе ахIулев вуго...  – Гьаракь букIана цо кинабалиго беэнлъи гъорлъ бугеб. Киналго ясазул букIуна гьединаб гьаракь кванан рахъараб мехалда. – Жиндица цебе лъолеб бугила... хехлъи гьабун, цIорозегIан чIечIого вачIайила...
Яс гьанжеги гьимана.
ГIарипида кколеб букIана жиндидего хIал гьабулеб бугилан, гьей ясалъул кверщаликье цIан вачун, гьелъ жиндие бокьа–бокьараб гьабизе тIамулев вугилан. Гьесда бичIчIулеб букIана жинда данде ккун гьей ясалъул цо батIияб тIадегIанлъи, бичIчIизе кIолареб гъварилъи букIин.
— Дун кваналаро... гьедин абе долда...
Гьеб сордоялъ ГIарипица росулъе, эбелалъухъе кагъат хъвана...

***

Нахъияб къоялъ ГIащахъатуница горде батIияб ретIун букIана, додинабго чIегIераб кьералъул. Гьелъ, радал хIалтIуде гIедегIулев ГIарипги чIезавун абуна:
—     Дуца Урижа йигъине гьаюге...
—     Урижа щий?
—Гьадай мадугьалихъ йигей ясха... Васасе ячине бокьун буго. – Дуе дагьайги лъикIай щола...
ГIащахъатуние бокьун букIана щиб бугониги жо тIадеги жубазе, амма жубачIо; жиндирго гордеялда бахараб чороклъи килщица нахъе хъвагIазе лъугьана.

***

Зодор цIваби цадахъ раккана. Гьел яхI гьабизе кIоларого, бакъ нахъе ун бахъунарого, дунял бецIлъуларого ццин бахъун, гIедегIахъдилаго рачIана. Гьединлъидал гьез кIвараб жигар бахъулеб букIана бецIлъи берцин гьабизеги. Росдада тIад баччун букIана сихIкъотIи. Зама–заманаялдасан бачIунеб букIана пикру цIвабзазул кунчIи гуребги гьаркьалги рукIине кколилан. Амма цIваби сихIкъотIун чIун рукIана. Гьезукьа бецIлъиги къолеб букIинчIо. ГIицIго цIвабзазда кIолеб букIана сордо хинлъизабизе. Хинаб бакIалъ сихIкъотIи вахIщияб букIуна.

***

Горда кIетIана. ЦохIо нухалъ.
ГIарип цин тIуркIана. Заманалдасан гурони бичIчIичIо гьес¬да горда кIетIолел рукIин. Ургъунго, гьаракь бахъине гIоло чIарбидасан бакIги бехъерхъизабун ГIарип столалда нахъаса тIаде вахъана ва горда аскIове ана. Гьев гIенеккун чIана. Щваби руцIцIун чIун рукIана. Гордо рагьухъего букIаниги сундулниги сас чIвалеб букIинчIо. ГIарипица гордохъа къватIибе бетIер бегьана.
—Урижа...
СихIкъотIи. Хинаб сихIкъотIи.
—     Ва, Урижа...
—     Я...
ЦIакъ загIипго рагIана ГIарипида гьеб гьаракь, рагана кваранидехунисан. Амма гьаракь аскIобго букIана. ГIарипида кIалъазе кIолеб букIинчIо. Тохлъукьего бахъун букIана кIутIи, тохлъукьего борчIун ун букIана гьасухъа «Урижа» — ян, тохлъукьего аскIойго ятун йикIана Урижа. Гьанжеги сверухъе кколебщинаб жо ГIарипидаги гьикъичIого кколеб букIана, гьанжеги ГIарип цо сунцаялиго жиндиего бокьуларебщинаб бакIалде квер ккун вачунев вукIана.
— Дуе щиб? — илан гьикъана Урижаца горда аскIоегIанги къалаго.
Гьелъул хIатIикьан цо жо хъурулеб гьаракь бахъана. ХIатIикье гIемераб хIутI–хъумур ккани бахъунеб батила гьединаб гьа¬ракь.
— Дуего щиб? — илан гьикъана ГIарипица, амма гьебсагIатIо, тIаса лъугьаян гьарулеб гIадин тIадеги жубана: — Щиб бокьун букIараб дуе?
—     Щибниги бокьун букIинчIо...
—     Щайха кIетIарай?
—     Гьадинго...
Ясалъ бетIер гъажалдехун дализабуна, гьимана, амма ахадасан квераз къакъалеб букIараб гъал, карандаса багъаричIо. Гьелъ ретIун букIана цIияб горде. ГIарипида бичIчIулеб букIана гьеб жиндие гIоло ретIун букIин, гьелъ рахIатги хвезабуна, жиндаго ретIун бугебгIанги бокьичIо.
— Гьадинго, цере ккара–ккарал гордазда къаси мехалъ рахъун гIадамал кIетIолелищ?
— Дун гIадан йигилан дуда лъица абураб? — илан гьанжеги гьимана яс. Гьеб гьими букIинчIебани   ГIарипида   кIалъазецин кIвелароан. Гьесда хIакъикъаталдаги ракIалде ккезе букIана гьей гIадан ятиларин.
—     Жание ячIаха... — янги абун ГIарипица гордо дагьабги гlaтIидго рагьана.
—     ЯчIинаро.
КIиялго руцIцIун чIана. Урижа сверухъе ялагьахъдизе лъу¬гьана.
— ГIарип, — илан абуна ясалъ, — дир дуде цо гьари буго... БукIкIун араб гIадин лъугьана ГIарипил ракI. РагIилалдего бокьичIо гьеб гьари.
— Гьа...
Урижа гьанжеги сверухъе ялагьахъдана. ГIарипида ккана цIакъго гIемераб заманалъ ялагьахъдилей, цо вачIине кколев чи вачIунарого рахIат хварай гIадин йигин гьейилан.
— ГIарип, гьадаб нуцIида тIад бугеб кIичI нахъе бахъе... ГIарипица «щай?» — иланцин гьикъичIо. Гьеб суал щаялиго рекъон букIинчIо. ГIарипил тIомол щибаб тIанкI сородана ва циндаго гIунун чIана.
— Къасиго нахъе бахъе...
Ясалъ бетIер цойгидаб рахъалдехун дализабуна, гьимана, амма ахадасан квераз къакъалеб букIараб гъалалъ керен течIо.

***

— Гьаракь–мохъ букIана дур добасан... щиб хIалтIи гьабулев вукIарав къаси вахъун? — илан гьикъана нахъияб къоялъ ГIащахъатуница ГIарипида.
Чай гьекъезе ГIарипги ахIун гьесда цебе чай лъолей йикIана гьей. ГIащахъатуница стакаби столалда тIад лъун рахъинегIан ГIарипица жаваб кьечIо.
— НуцIида тIад бараб кIичI нахъе бахъулев вукIана...
ГIащахъатунил гьурмаде гьулчун бачIана цо бихьулареб жо ва гьебсагIатго нахъеги ана. Заманаялдасан, чай гьекъолев ГIа¬рипги тун жийго къватIие иналде гьелъ абуна:
— Дида кIун букIинчIо гьеб бахъизе...
— Дидаги кIвечIо, — ян абуна ГIарипица, амма ГIащахъату¬ница гьесухъ гIинтIамичIо, нахъцин ялагьичIого къватIиехун ана. ГIарипида бичIчIана ГIащахъатуние гьеб маххул кIичI гуреблъи.
ГIарипида хIакъикъаталдаги  кIичI  бахъизе кIун букIинчIо.

***

Гьаб рукъги тун батIияб рокъове вахъине букIараб хиял тIад буссун бачIана ГIарипихъе. ГIарипие тIадеялдаса–тIаде захIмалъулеб букIана гьаб рокъоб гIумро гьабизе. Гьесда кколеб букIана жиндицаго бегьулареб жо гьабулеб бугилан. Гьанже рахIатхвей цIикIкIинабуна нуцIил хундузда тIад кьабураб гьадаб кIичIалъги. Квер бегьани гурони гIунтIулареб борхалъиялда бугеб гьелъ жаниве вачIуневщинахъе бетIер хъвагIалеб бугилан кколеб букIана.
Жакъаги гьес батIияб рукъ балагьизе ине нигат гьабуна. Заман гIадада биччаларилан ракIалдеги ккун рокъове щвейгун тIахьал чемоданалъуре ракIаризе лъугьана. Гьесул циндаго берчIвана кроваталде рехараб жоялде. ГIарип хIинкъарав гIадин лъугьа¬на. Кроваталде рехун букIана квар. ГIарип хехлъи гьабун гор¬дохъа къватIиве валагьана — щивниги вукIинчIо. Рокъоса бикъун араб жо балагьизе гIадин векерана нуцIида аскIове — маххул кIичI добаго бугоан. Риччалъе ккарав чиясда гIадин ГIарипидаги гьеб кIичI гурони бихьулеб букIинчIо. Гьев кIичIалда тIад речIчIана. Гьесда рагIулеб букIинчIо гьеб кIичI нахъе бахъулаго гьабсагIат жиндицаго рокъоб бахъинабураб гьаракь–мохъ, гьес-да лъалеб букIинчIо жиндидаго балеб бугеб гIетI, гьесда бихьулеб букIинчIо жиндицаго нуцIа хвезе гьабулеб бугеб куц ва юцIцIун чIун жиндихъго ялагьун ГIащахъатун йикIин.
— КIварабищ? — илан гьикъана ГIащахъатуница ГIарипида.
Гьев вукIана бакIида тIад, гьабсагIат хундузулъа жиндицаго бахъараб кIичIги биччараб хъатикь ккун. ГIащахъатунида ретIараб горде батIияб букIана, амма гьанжеги додинабго чIегIераб.
—КIвана...
ГIащахъатун ана.
ТIад вуссун рокъове жаниве щвейгун ГIарипида кигIан балагьаниги квар батичIо.

***

ГIарипил гIумро кIийиде бикьана. Къойидаса–къойиде гьеб кIиябго гIумро цоцаздаса рикIкIалъулебги букIана. Цо гIумро букIана гьесул жиндирго хIалтIуда тIамулеб, киназулгоялдаса щибниги батIалъи гьечIеб, цойгидаб, гIажаибаб, бичIчIизе кIолареб гIумро букIана школалдаса рокъове вуссаралдаса нахъе.
Гьереси букIина ГIарипие кIиабилеб гIумро рокьукъаб букIанилан абуни. Гьев кидаго гIедегIахъдулаан хIалтIудаса рокъове. ГIарипие бокьун букIана жиндидаго сверухъе лъугьунел ругел лъугьа–бахъиназе цо кинаб бугониги жаваб батизе. Якъинго лъа¬леб букIана Урижаца жиндаго гьабулеб бугеб кверщел къойидаса–къойиде цIцIикIкIунеб букIин, жиндирго кIиабилеб гIумруялъул ихтияр кинабго гьей ясалъухъ букIин. Амма ГIарипица гьелде дандечIей гьабулеб букIинчIо. Урижал кверщаликье инчIого ГIарипида кIолароан жиндирго кIиабилеб гIумроялда жанир рижарал  суалазе жаваб кьезе.
Жаваб кьезе кIоларел суалал гIемерал рукIана. Бищунго ГIа¬рипие рахIат толареб жо букIана: Щий кколей Урижа? Щай гьелъ Закарилгун ккараб лъугьа–бахъиналъул цIарго бахъулареб? Дун щай кинаб бугониги гIамал–хасиятго гьечIев чи гIадин батIиязе бокьа–бокьаралъуве унев вугев?
Урижа зама–заманалдаса ячIуней йикIана ГIарипида щиб бу-гониги малъизе. Щаяли бичIчIизабичIого гьелъ чIван къотIун абулаан, гьадинги, гьадинги гьабеян ва тIурун унаан.
Цо сордоялъги ячIана, горда кIетIана.
— ГIарип, мун СагIидида цадахъ чанаве унге...
ГIарип велъана. Гьесда ракIалдацин букIинчIо киве вугониги ине, гьев киданиги ун вукIун ватиларо чанаве, гьесда я гьаб росу лъалароан, я чан букIунеб бакI лъалароан.
Нахъияб къоялъ радал цадахъ хIалтIулев физкультура кьолев учитель СагIид вачIана ГIарипида аскIове чанаве вилълъаян гьаризе. ГIарип тIуркIараб мехалъ СагIидица гIажаиблъи гьабу¬на ва гьесул жаваб кьезе кIолеб хIал гьечIолъи бихьараб мехалъ, рукIкIинарун гъуждулгун нахъе ана.
Нахъияб къоялъ лъана СагIид батIиявги вачун чанаве ун вукIаравлъи ва росулъ хабар тIибитIана, СагIидица цадахъ вачун вукIарав чи больницаялде ккун вугилан. Кьурулъ, цояб нохъодаса цойгидаб нохъодехун гали бегьулаго гъоркье вортун вуго. СагIид гьелдаса нахъе ГIарип вихьанщинахъе рахIат хун лъугьуна. ГIарипидайин абуни СагIид вихьанщинахъе Урижаца живго кIичI бахъизе тIамураб куц ракIалде щола.
Зама–заманаялдасан Урижаца ГIарипида бичIчIизабулеб букIана жиндаго ккезе бугеб жо лъазе кIолеблъи.
ГIарипица росулъе эбелалде хъвалел кагътал халалъана ва гIемерлъана.

***

Цоцалъ хурхун чIарал чIегIерал накIкIаз дунял хехIо бецIлъизабуна. Амма ккезе бегьулаан росдаде къулараб мегIералдаги бакI–бакIалъ рижарал гъутIбуздаги, цебесан чвахулеб xlaбургъараб лъарадаги дунял букIине кколелдасаги хехго бецIлъараблъи лъачIилан; къаси гIадин гIодоре риччан, сундулниги пик¬ру гьечIого гьел киданиги рукIун ратиларо. ГIажаибго тIепун чIун букIана тIабигIат.
ГIарип чIун вукIана Урижа горда кIетIезегIан. Жакъа гьес¬да Урижа йихьун йикIинчIо. ГIарипида ракIалде ккана живго къватIиве вахъине, гьелъул рукъзабазда аскIовеги ун, гIаксалда, къаси гьелъул горда кIетIезе. ГIарипида лъалароан Урижа жиндиего щиб гьабизе къваригIун йигеяли.
ГIарип гордохъа къватIиве лъугьана ва Урижал рукъалъул азбаралъуве ккана. Гьениб букIана кIиго гъветI. БитIун ГIарип гордохъа къватIиве кIанцIулаго Урижал рукъалъул гордухъ чи¬рахъ свана. Гьесда лъалароан гьеб Урижа егулеб рукъалъул гор¬до букIин, амма гьеб гордо Закарил рукъзабахъ лъураб букIана. ГIарипие гьениб канлъи свине бокьичIо. Хадуб рукъзабазда аскIовегIан щвараб мехалъ ГIарипида цебе тIамуна Зака¬рил кIалдисан бачIунеб букIараб полоп ва хIинкъарав гIадин лъугьана; рукъзабазда аскIовегIан вачIун гьениб гьабизе жоги букIинчIо ГIарипил. Рукъалде нахъехун ине нух букIинчIо; биццатаб къед букIана. Рукъалда цебехун ине ГIарипида кIолеб букIинчIо. ГьабсагIат жаниб чирахъ свараб горда кIетIезехъин вукIана – гьеб гьабизеги кIвечIо. Дагьаб мехалъ гьенив чIунги вукIун ГIарип хехлъи гьабун жиндирго гордаде аскIове векерана ва ругьунавго къагIидаялъ рокъове жаниве лъугьана.
Столалда нахъа, бакIида гIодой чIун  ятана Урижа.

***

Гьеб сордоялъ Кариматица байбихьана кагъат хъвазе. Байбихьана гьадин: «ГIарип, дида дур адрес лъалеб букIинчIо, гьанже¬ги лъалеб гьечIо. Дица деканаталда цIехана, гьениб бицана районалде мун витIаравлъи, энисан кинаб росулъе витIаравали доздаги лъалеб батичIо. Гьелъин дица гьаб кагъат... районалъул ОНОялде битIулеб бугеб.
ГIарип, дие мун хIажат вуго. Дида щаяли лъаларо, щибилан дуда абилебалиги лъаларо, амма цIакъ бокьун буго циндаго мун рокъове жаниве лъугьун вачIине; ургъунго, мун вачIунилан щиб¬ниги хисараб жо ккечIилан... щибниги хисараб жо гьечIилан дуда ккезе тIадецин яхъинчIого, гIамал кIодого бохалда бохги лъун гIодой чIовухъего йикIине».
Гьеб бакIалде щвараб мехалъ хъвалеб кагъатги тун Каримат гордохъа къватIие ялагьана. ТIабигIат гIажаибго гIодобе биччан букIана.

***

Жиндирго рокъой жаний гIодой чIун Урижа ятигун ГIарипида горда аскIоса рокъове жанивегIан вачIинеги, жиндидаго хадуб гордо къазеги кIолеб букIинчIо. Урижаги ягъаричIо. Нагагьлъун гьей ягъарани рокъоб жаниб бугебщинаб жоги хIадурун букIана цадахъ багъарахъдизе.
— ГIарип, — илан абуна Урижаца, — мун тIокIав рокъоса къватIиве унге. БачIун букIана... Нилъер рукъалда аскIоса гIебеде буго... ТIокIав къватIиве унге...
Жиндидаго нахъа рагьараб гордо букIин гьабсагIат гурони лъачIеб гIадин ГIарип кьурун вуссун гордохъа къватIиве вала¬гьана. Амма гордехун вуссингун Урижа жиндирго мугъзаде нахъе ккейги бокьичIо гьесие. Гьев дагь–дагьккун, хьибил ккун вачIун, Урижаги гордоги бихьулеб бакIалде, жиндирго кроваталде аскIовегIан къана. ГьабсагIаталда сундулниги пикру гьабизе кIолеб хIал гьесул букIарабани ГIарипида гьанжеги якъинго бичIчIилаан дунялалда живго квер ккун вачунеб цо жо букIин.
— Дун къаси дуда аскIой аний йикIинеха йилъарай...
ГIарипида лъачIо щибилан абизе кколебали.
—     Кьижизе бокьун батани, гьалеха, дир бусаде яха... — илан абуна ГIарипица руцIцIун чIун гIемераб заман бахъунебги букIун. Урижае бакI кьолеб гIадин гьев кроваталдаса нахъегIанги къа¬на.— Дун ГIащахъатунилъуве ина...
—     ГIадалал жал гьаруге... Дица дуда абичIищха гьаб рокъоса къватIиве вахъине бегьуларин мунилан...
— Щай?
— Дие кьижизе бокьун буго, — янги абун Урижа тIаде яхъана ва жиндирго черх берцинаб букIиналда ракIчIеялъ, валагьун ГIарипгун тIад букIараб ретIел чIарбиде хъущтIизе биччана.
Рас букIана Урижал бечедаб.
— Лъимер гIадин гогьдарилев вукIинчIого, бусалъе лъугьа,— ян абуна ясалъ кроваталдаги егун, аскIов вегизе вачIаян абураб магIнаялда юргъаналъул цояб рахъ тIадехун чIвазабулаго.
ГIарип, чирахъги свинабун, гIедегIичIого тIаса ретIел бахъи¬зе лъугьана. Гьесда бичIчIулеб букIана бегьулареб жо гьабулеб букIин, хадуб жиндирго ракI бухIизе букIин, амма... Жиндихъго ялагьун гьимулей Урижа йикIаниги ГIарипида кколеб букIана аскIове къайгун цо сунца вугониги нахъе тункилилан. Гьев тIаса ретIел бахъун бахъингун Урижада аскIове бусалъе лъугьана.
Гордо рагьухъе хутIана.
ГIарипил талихI бахъана хважаиналъул кровать гIатIидаб букIин. ГIарип Урижада хъвалев вукIинчIо. Гьев хIинкъулев вукIана гьелда хъвазе, хIинкъулев вукIана гьелъул черх цIорораб, биччараб батилилан. Амма гьедин батичIо.
— Мун щиб цIакъ, чIалогIадин реххун чIолев чи, — янги абун Урижа ГIарипида аскIоегIан къана ва гьесда къвалги бан тIаде яхана. ГIарипица гьей рачлихъан ккуна. Циндаго тIад яччун йи¬гей ясалъул черхалда сири бараб гIадин лъугьана. ГIарипил ракI тамахлъун ана. Урижал щибаб ччобори тIеркIана, черх дагь–дагьккун цIорона. Гьелъул кверал цин гьесул ботIрол расулъ хурхун чIана, хадуб, расги биччан тун къандалъо къакъазе лъугьана. Гьел кверал, цIулал жал гIадин къвакIун Урижахъ гIенеккулел рукIинчIо. ХIинкъарав ГIарипица жиндидаго тIад яччун йигей яс кроваталдаса гъоркье тункана; биччараб жо чIарбида речIчIу¬леб гIадаб гьаракь бахъана. Гордохъан бачIунеб загIипаб канлъухъе бихьулеб букIана чIарбиде рехун гиргидилеб, чIвар–чIвадилеб бугеб Урижал черх. Гьелъул угьдиялъул цIун букIана рукъ. ГIарип, гьелде аскIовегIан кколареб къагIидаялъ, кроваталъул бетIералда тIасан вахун ана чирахъ рекIинабизе. Рукъ канлъудал цIегун гьесда нуцIида нахъасан вагъаризего кIвечIо. Кроваталде цебе рехун букIана гIолохъанай ясалъул, тIад хъахIилаб кьер чIвараб жаназа. ЧIарбида тIибитIараб Урижал рас кколеб букIана чIагого бугилан. Жегиги, бакI–бакIалда тIеркIелел рукIана ччорбал. ГIарип аскIовегIан къалаго жаназа багъарахъдана, амма хъахIиллъи тIагIинчIо ва гIадатIе цIан ун рукIарал берал рукIалиде рачIунел рукIинчIо. КIалдисан бачIунеб букIана тIогьиллъи бугеб полоп. Дагь–дагьккун Урижал жаназа черхалде сверизе лъугьана. Цин хъахIиллъи тIагIана, хадуб ясалъ хIацIу къулчIизе байбихьана ва берал загIипго къанщана. ГIа¬рип риччалъ гIадин вукIана; гьесул ракIчIун букIана живго гьабсагIаталда вугеб хIалалдаса киданиги ворчIизе гьечIолъиялда.
ГьанжелъагIан мугъалда егун йикIарай Урижа хьибилалдехун чIван ана; расуца гьумер бахчана ва цояб керен чIарбида тIад чIвана. ГIарипида кисан бачIарабали лъалареб квачалъ гъар–гъар базабуна. Гьесие бокьун букIана Урижа кодоеги йосун кроваталда лъезе, амма кIолеб букIинчIо; хIинкъулев вукIана гьелъул черхалда бараб бохьараб гIетI жиндидаго бахинилан. Циндаго ГIарип, рокъове жаниве цойгиги чи вачIарав гIадин, сверухъе валагьахъдизе лъугьана. Гьесда бихьана гордо рагьу¬хъего хутIун букIин. ГIарипица гьеб къан бахъинегIан Урижа тIаде йорхун ячIана ва гьев кIиабизеги гьелъухъ валагьилалде жиндидехунго мугъги рехун чIарбида гIодой чIун ятана.
— Урижа, — ян абуна ГIарипица.
Ясалъ жаваб кьечIо.
ГIарип нечолев вукIинчIо гье¬лъул гIицIаб черхалдаса.  Урижал рас букIана мугъалда тIад бигъун, гIетIуца гьениб рекIинабун.
Урижа гIедегIичIого тIаде яхъана ва гьединго гIедегIичIого йикIарабго бакIалде бусалъе яхана. ГIарип горда аскIоса вагъарулев вукIинчIо.
— Щиб ккараб, ГIарип? — илан гьикъана Урижаца.
ГIарип гIабдал гIадин хутIана. Гьедин хутIулев ватила инсан циндаго сверухъе бугебщинаб жо тIагIараб мехалъ.
Урижаца гьанжеги юргъаналъул цояб кIал вачIаян абулеб магIнаялда тIадехун чIвазабуна.
 — Щайха вачIунарев? Мун хIинкъуге... Дуца дун гъоркье тункизе бегьулароан, цинги кинабго лъикI кколаан... Мунго гIадин хIинкъун чIун вукIана гъой дур хважаиналъул росги... Гъосда цадахъ йигеб мехалъги ккун букIана къаси дур гIадинан. Бо¬кьунги букIана досие хIинкъунги вукIана. Дирги ццин бахъана…
Дагьаб мехалъ юцIцIун чIана Урижа.
—     Мун ватила дир цциналъги щиб гьабилебилан... Дун сабаблъунин дов живго жиндицаго гъанкъарав...
—    ЮцIцIа! — ян абуна ГIарипица. Живго гIажаиблъи гьабунги хутIана: гьеб букIана ахираб заманалда жаниб ГIарипица жиндиего бокьун абураб рагIи. Гьес тIадеги жубана: — ГIащахъатунида рагIизе гурин...
Урижа елъана:
— РагIуларо, хIинкъуге... Дой дир инсуда цадахъ йиго... Урижал гьурмада цIакъ рекъон ккелаан тIеренал къвакIарал кIутIби.
— Дуда ракIалде ккоге, ГIарип, къаси мун дида аскIов вегичIони дикьа ворчIилилан...
Дагьайго йорхунги ячIун, гIункIрукьги къандалъоялда тIад лъун Урижа ГIарипихъ ялагьана
— Щиб дуца дие гьабилеб? — илан хIалалъ гьимана ГIарип.
—     ГIоркьилав, мун лъида гаргадилев вугевали гIаги лъалеб бугищ дуда?
—     Буго. Цин цоясда цадахъ, хадуб цойгиясда цадахъ лъугьун йикIуней ясалда гаргадилев вуго... БатIиязухъ гьечIеб, инсудасан щвараб унтиги бугоха духъ...
Урижа гьимана. ГIарип горда аскIоса вагъарулев вукIинчIо. Горда лъураб цIералдаги речIчIун тIад буссун унеб букIана рогьалил гьури. Зодоса жегиги цониги цIва камичIо.
— Дуда бихьила, ГIарип, доб боржанхъулеб куц... Цо гьаваялда релълъараб тIогьиллъи букIуна бачIинеб... БатIиязда аскIосан уна, дуда гъорлъ бессула...
КъватIиб бугеб квач жанибе бачIунеб бугилан кколеб букIана.
— ГIарип, малъараб гьабичIони дица вахIщиго бецIулаха ду¬да... РакI бухIилаха дур...
ГIарип велъана.
— Велъизени бахIарчилъи гIуна дулъ... Гьедин батани щибха дуда гьабилеб, гIенекке дихъ... ГIащахъатунил росги велъун вукIана мун гIадин... БичIчIичIо дуда... дихъ гIенекке гьанже... БатIалъи щибха гIадамазул, цого чагIилъидал...
ГIарип гьанжеги гьимана ва гIедегIичIого столалде нахъеги ун бохалда бохги бахинабун бакIида гIодов чIана.
— Гьая цо, гIенеккун вугин...
Урижа тIуркIана. ЦIакъго тIасан борчIараб, нич бахъараб, хIинкъи гъорлъ гьечIеб рагъа–рашари букIана  ГIарип гьединан, бохалда бохги лъун гIодов чIей. ГьанжелъагIан гьесие нухмалъи гьабулеб цо къуват букIараб батани, гьанжеги букIана дагьабги кутакаб, амма гьелъ тIубан батIияб бакIалде вачунев вукIана.
ГIарип тIубан хисана. ГьабсагIат гьасда гьедизе кIвелаан жин-дицаго щибниги гьабулеб гьечIилан, гьабулебщинав жо жиндаго лъачIого кколеб бугилан.
Урижал берал кенчIана; гьурмада, бакI–бакIалъ дагьабго багIарлъи гъорлъ бугел лангал лъугьана.
—     Дие цIакъ бокьун букIинчIо дуда гьеб абизе... — Урижа дагьаб мехалъ лъалхъана; бихьулеб букIана гьелъ ццин бахчизе цIакъ яхI бахъулеб букIин. — ГIарип, ургъе мун цойги нухалъ...
—     Нилъер къотIи букIинчIищха дуца цIакъ вахIшиго дидаса рецIел босизе, мунин абуни дида гьарделей йиго...
Урижал гьаракь тIубан хисана.
— Гьаб моцIрол анцIила ичIабилеб къоялъ, радал анцIго тIубазе анцIила анкьго минут хутIараб мехалъ мун хвезе вуго, ГIа¬рип...
ГьанжелъагIан ххвелал гьарулев вукIарав ватаниги, гьанже¬сала ГIарипие хIакъикъаталдаги кеп щвана. Гьев велъанхъун вахъинегIан Урижа тIад ретIел ретIине лъугьана.
— Гьанже дуда яхъине ракIалде кканаха, — ян махсароде ккуна ГIарипица гьей яс.
Урижа горда цее лъалхъана; ГIарипидехун   юссана,   кIалъана:
—     Жакъа анцIила анкьабилеб къоха...
—     Баркала, къосун букIанин...
—     Дуе нух битIагиха, ГIарип... Дида лъала мун метер... уха, гьанже рогьараб мехалъ жакъа букIинарищха, дир вацасухъе уневлъи...
—     Амин аллагь, — илан абун тезехъин букIана ГIарипица, амма хадубги гIажаиблъи гьабуна: — Вацгийищ дур вугев?
— Дуда лъала гурищ дир вац.
ГIарип гьев щив вукIине кколевали ракIалде щвезавулев вукIана, амма щвечIо.
—     Лъаларо дида дур вац...
—     Серажудин, — илан гьимана Урижа.
Кинабго, сверухъе бугебщинаб жо кIалагъоркье чIванилан ккана ГIарипида. Цо лахIзаталда жаниб кинабго хисана. ГьанжелъагIан Урижаца абулеб букIараб жо, гьелъул риццатал кIутIбузукьан бачIанщинаб рагIул магIна гIажаибго гъварилъана. РакIалде щвана Сакинатил жаназа, Серажудин. РакIалде щвана маххул кIичI, живго чанаве инчIолъи. ЦIа рекIараб гIадин лъу¬гьана ГIарипил ургьимес, тамахлъун ана ракI. Цин ГIарип та¬рана, хадуб, кантIарав гIадинги лъугьун гордохъа къватIие кIанцIарай Урижада хадув ахIдана:
— Урижа!
Гьесул гьаркьихъе горда цеве вачIана Урижал эмен, Закари. ГIарип цIорона.
— Закари, — ян борчIана гьесухъа заманаялдасан.
— Дун Закари гуро, ГIащахъатун йиго, — ян абуна ГIарипида цебеги чIун, цин Закарида релълъунги букIун гьанже, дагь–дагьккун ГIащахъатуниде сверизе лъугьараб жоялъ.
ТIубанго ГIащахъатуниде сверун бахъингун гьелъ, дагьабго нечараб гIадинги лъугьун, абуна:
— ГIарип, дица дуда гьарун... абун букIинчIищха васасе ячине ракIалда бугилан...

***

ТIерхьунеб бакъудаса рортарал чIорал, жалго рижараб бакIалъаги ратIалъун кир речIилелали лъаларого хутIана. Цин балагьараб мехалъ кколеб букIана гьезие батIалъиго гьечIин щифералъул тIохда речIчIаниги, карачелабазда цадахъ рачIун ралъдал рагIалда салулъ риланиги. Амма ургъараб мехалъ бичIчIулеб букIана щибаб чIоралъ бецIабгIан бакI балагьулеб букIин, щибалъе бокьулеб букIин киданиги канлъи чIвачIеб бакIалде баккизе. Амма цонигиялда кIолеб букIинчIо. ТIохалъ, гъотIол тIанхаз, къадаца, кинабго жоялъ жиндидаго аскIоб цIунулеб букIана рагIад, жиндидаго аскIоб цIунулеб букIана бакъул чIорал раккизе бегьулареб бецIлъи. Бакъул чIораздаги гьеб бичIчIулеб букIана, амма гьезда чIезе кIолеб букIинчIо бецIлъи бихьараб бакIалде раккичIого. Бакъудаги бихьулеб букIана жин¬дирго чIоразда бугеб хIал, гьел къеркьолел ва къолел ругеб куц. Жиндирго чIоразда гурхIун, гьезие кумек гьабизе кIоларого малъ къосун, pyxl босун ун загIиплъун, билбагIарлъунги бахъун, ра¬кьалда бугебщинаб жоялдаса нечон гьеб бахчана. ГьанжелъагIан дунялалда букIараб къеркьей гIададисеб жо букIин бичIчIана чIоразда, бецIлъи ракьалда бугебщинаб жоялда тIад баччигун.

***

МахIачхъалаялде ГIарип щвана риччалъ.

***

Серажудинил рукъалда цебе бугеб, сараялдаса бахъун ба¬раб гIадаб каву рагьулеб мехалъ ГIарипил канлъи бихьулеб хIал букIарабани, гьесда бихьилаан кавуялда «Морская – 4» – ян хъван букIин. Азбаралъуве лъугьаравго ГIарипида хIажатханалъусан бачIунеб махI чIвана; кавуялда нахъаго букIана нуцIаги гьечIеб хIажатхан. Гьесда гьебги бихьулеб букIинчIо. Гьев кивниги лъалхъичIого, гьанивго гIурав чи гIадин, ругьунго кваранидехун сверана ва цебе батараб нуцIида кверги тункун жани¬ве лъугьана. ГIарипил гьурмалъ речIчIун бачIана рагьлил махI. Амма жеги ГIарип рокъове жаниве щун вукIинчIо, цебе цойгиги нуцIа бихьараб мехалъ бичIчIана гьесда гьаб гьитIинабго цеберукъ букIин. Гьесие цIакъ бокьичIо ГIащахъатуница жиндихъего кьураб рукъалда релълъараб бакI гьаб бати. КIиабилеб нуцIа рагьигун дагьабги цIикIана рагьлил махI.
ГIарипида жаниве лъугьине кIолеб букIинчIо: гьев жиндирго беразда божуларого, кинго букIине рес гьечIеб жоги батун вагъаризе кIоларого хутIана.
Гьеб рукъалъул я хъарщи, я бетон чIарбида букIинчIо — гьениб букIана гIицIаб ракь. НуцIида нахъа, квегIидехун букIана тIаде щибниги рехичIеб, сурукъал хъарщалги цоцалъ кьабун гьабураб столалда релълъараб жо. Столалде тIадеги, гьелда гъоркь ракьудеги ран рукIана гIемерал тIахьал. Столал¬де гъоркье рарал тIахьал ГIарипида рихьулел рукIинчIо. ГIа¬рипида дандбитIун лъун букIана гордо, амма гьенисан канлъи бачIунеб букIинчIо, рокъоб жаниб загIипаб гурони канлъиги букIинчIо. ГIарипие гьеб рукъалъ батIияб асар гьабуна; гьесие бокьун букIана тIад бугеб гIечIого тIасан цойгиги кинаб бугони¬ги ретIел ретIине, ГIарипида кколеб букIана живго толохIоч вугилан. Амма гьеб киналъго гуроха ГIарип нуцIида нахъаго чIун хутIизавурав. Рукъ бакьулъ лъураб маххул кроваталда тIад кьижун йикIана Урижа. Гьей макьидаса йорчIизегIан хутIана гьев нуцIида нахъаса вагъаризе кIоларого, гьенив эхетун чIун.
Урижа йорчIана ва тIаде яхъун ячIана. Гьелда тIад букIана бихьинчиясул ретIел.
— ХIинкъуге, хIинкъуге, — ян абуна Урижаца, бихьинчиясул гьаракьалъ. —Дун Урижа гуро... Серажудин вуго... Гуревани, мун дир адресцин лъаларев чи, аниве кколароан... Дудаго кко¬леб буго Урижа йигилан... Гьедин букIинеги ккола... Жакъа I8 къолъидал аб...
Урижа дагь–дагьккун Серажудиниде сверизе лъугьана ва за-манаялдасан ГIарипил щаклъиго хутIичIо жиндаго цеве Серажу¬дин вукIиналда.
— ГIарип, — илан абуна Серажудиница кроваталда гIодов чIовухъего. — ГIарип, дида щибниги гьабизе кIоларо... Дида бараб жо щибниги букIунаро... КIвезеги бегьулаан, гьанже кIоларо... Мун гьабсагIатго тIад вуссине бегьула...
НуцIида нахъа чIарав ГIарип вагъаричIеб мехалъ Серажу¬дин цIидасан кIалъана:
– Дун батIияб, бакIалъ вуго, ГIарип, мун батIияб бакIалда вуго...:    ,
КIалдиб квер чIвараб гIадин вуцIунги чIун Серажудин цинда¬го мокърукье валагьана. Гьесдаго цадахъ мокърукье ГIарипги валагьана. Амма щибниги жо гьениб бихьулеб букIинчIо. Цебе реххун бугеб жиндирго хьитги босун, кроваталде тIадеги вахун Серажудиница гьеб щай мокърукь лъулъазе гьабулеб бугебалиги бичIчIулеб букIинчIо ГIарипида. Мокърукьан шурулеб букIараб нусиречIи чIван Серажудин вукIарабго бакIалда гIодов чIана.
– ГIарип, гIодов чIа...
ГIарип гIодов чIечIо. ГIодов чIезе бакIги букIинчIо. БукIана кроваталда, Серажудинида аскIоб; Серажудинида аскIов гIодов чIезе гьесда киданиги кIвелароан.
— Дур чIужу Сакинат хваралдаса нахъе бачIараб балагь бу¬го дуде гьеб... Дурго чIужу Сакинат хвараб мехалъ мун вукIана Кариматида аскIов. Амма гьедин вукIунилан гуроха дуе гIакъуба кьолеб бугеб. Дуцаялдаса квешаб гьибичIищ дица хварай Сакинатие... Мун хварал чагIакьа хIинкъана, мун Урижакьа хIинкъизе бегьулароан. Нилъеда бараб жо букIунаро.
Дуда ракIалда бугебищали лъаларо, мун Кариматида аскIов вугеб мехалъ дур тIагъур кIиго–лъабго нухалъ гIодобе бортана... ГьабсагIат дица дуда бицунеб буго мун хвезе кколевлъи Урижада кинан лъарабали. БукIинисеб кинан лъазе кIолебали... Амма дуе кумек гьабизе кIолароха. Кариматида аскIов вугеб мехалъ дур тIагъур кIиго–лъабго нухалъ гIодобе бортана... Ахиралда дур тIагъур гIодобе бортараб лахIзатги Сакинатил pyxl бахъараб лахIзатги цогойин букIараб... Гьеб цого заманалъ ккана. Саки¬натил pyxl бахъулеб мехалъ дур тIагъур гIодобе бортана. Дир мугъ букарана... Чанги чиясул чанги жо лъугьун батила гьебго лахIзаталда, амма лъицаха сунде кIвар кьолеб; дудаги лъачIелъул тIагъур щай чанго нухалъ гIодобе бортулеб букIарабали...
Квачалев вугев чияс гIадин Серажудиница жиндирго гъуждузде тIеренаб ва чорокаб юргъан гIадаб жо цIана.
— Кариматица щиб гьабурабали лъалищ дуда? Дун дур рокъове вачIараб мехалъ, мун хварай чIужуялде къулун дида ватараб мехалъ Каримат щиб жо гьабулей йикIараяли   лъалищ   дуда? (Серажудин хъегIана кIалдиб хъатги чIвачIого). Дун битIун дур рокъове жаниве лъугьунеб лахIзаталда кьижун йикIарай Кари¬мат йорчIана. Дун добцояб рокъов Сакинатгун... Сакинатил жаназагун вугеб мехалъ Каримат цадахъ йигей ясалда бусаби хисизе ячIаян гьарделей йикIана. Дун къватIиве аравго гьел кIиялго цадахъ кьижунги ккана. РекIухъего чирахъги хутIана... Дун доб мехалъ нахъе инчIого, кьурун нахъ вуссун дуда аскIове вачIун вукIаравани тIадеги яхъун Кариматица чирахъ свинабулаан. Дун духъе вачIун вукIинчIевани кьижун йикIарай Каримат йорчIизеги йорчIулароан. Мугъ букарун букIинчIебани дун духъеги вачIунароан...
Серажудиница гьеб бицунеб букIана къанщун бералгун.
— Дица дуе бицунеб буго, ГIарип, дур чIужу хвараб мехалъ Кариматица гьабулеб букIараб жо. Дунялалда вугевшинав чияс гьабулеб букIараб жо бицун хадусала щиб кколебали лъалебищ дуда? Хъатиниб лъураб гIадин бихьула киб бакIалъ щиб жо гьабурабали, гьабулеб бугебали... гьабизе бугебали... Дуда ракIалда бугищ дуца полпил цIун кIалгун вугев дир эмен диваналде вехъерхъулеб заман? Мун вукIана гьесухъ валагьун жаназайищ гьаб яги гIаданищали лъаларого... Гьебго заманалда Набиян абулев, дуда лъаларев васас горде реххун бугеб гьанал кесекалде килищги битIун Кариматида гьаб сундул гьанилан гьикъа¬на...
ТIаса бер босизе хIинкъун Серажудинихъ валагьун вукIарав ГIарипида кколеб букIана гьев Закариде сверулев вугилан. Амма заманалдасан гьев цIидасан сверулев вукIана Урижаде, хадуб вукIарабго къагIидаялъ гьеб жо сверулеб букIана Серажудиниде. ГIарипида Серажудиница бицунеб жо бичIчIулеб букIинчIо.
—     Сунца гьал лъугьа–бахъинал цоцазда хурхинарун ругел? ГьабсагIат дица гъежде юргъан цIанилан дунялалда ккарал батIи–батIиял лъугьа–бахъинал лъалищ дуда? Дунял бижаралдаса нахъе кинабго цоцалъ хурхун буго аб... Дида кIоларо дуе кумек гьабизе... Дуда нусиречалъ бессараб хъанхъра бихьарабищ? Гьададин гьин гIадин бессун буго аб дунял... Кинабго... Мун вуго гьабсагIат нусиречалъ хьухьараб хъанхъраялъул кун ккун вачIинев... Дун гьечIо... Дица гьеб реххун тана. Дун гьеб гьиналъул, гьеб ризго бессараб хъанхъраялъул цониги кварида хъваларедухъ хьвадилев вуго... Дир эменги вуго гьединго, Урижаги йиго... Урижаца цо нухалъ хвалдаса хвасар гьавуна мун. РакIалда бугищ мунго дуцаго гъанкъичIого вукIине долъ мун маххул кIичI бахъизе тIамун вукIараб куц? Дуда бичIчIуларо эб... Мун хъанхъраялъул квар ккун вачIунев вуго... кваралъ вачунев вуго. Гьеб кваралдаса ватIалъизе кIолеб гьечIо дуда...
—     Дида... дида лъаларо... лъаларо кваридаса кинан ватIалъизе кколевали… Дида… — ян лъугIизабичIо ГIарипица абизе бокьун букIараб жо. Гьеб букIана гьесул жакъа къоялда жаниб гьабураб тIоцебесеб кIалъай. Гьесда живго гьабсагIат кIалъаниланцин кколеб букIинчIо, гьеб жиндидаго ракIалде ккараб жо бугеб гIадин вукIана гьев. ГIажаиблъицин гьабуна ГIарипица  Серажудиница жиндиеего жа¬ваб кьураб мехалъ.
— Цин дуда бичIчIизе ккола мунго кварица ккун бокьаралъуве вачунев вукIин… Гьеб лъараб мехалъ, бичIчIараб мехалъ – унгеха… Мун сунца вугониги вачунев вугони, вачунев вукIин бичIчIулебги бугони – ун-ге...
ГIарипил фамилия букIана Юсупбегов. Щай?

***

Гьаб рокъоса къватIиве ун вукIарав Юсупбеговги, гьабсагIат МахIачхъалаялдаса вуссун вачIун рахараб нуцIида цеве эхетарав Юсупбеговги батIи–батIиял чагIи рукIана. Гьаб кIиго–лъабго къоялда жаниб гьев хIалакълъана, гьесул гьурмал кьер бецIлъана ва ватIа вахъизе лъаларедухъ ботIрол рас хъахIлъана. Гьесда жиндаго кIочон тана ахирисеб нухалъ гьумер кида чурарабали, мегеж кида кIкIварабали, горде кида хисарабали. Живго кив хIалтIилев вугевали ракIалдецин щолеб букIинчIо. ГьабсагIаталдаги ГIарипида лъалеб букIинчIо живго унеб мехалъ гьаб нуццIа лъица рахарабали; жиндицагойищ, ялъуни рагьун хутIун батун ГIащахъатуницайищ?
ГIарипида кIочон толеб букIинчIо жакъа анцIила микьабилеб къо букIин. Гьесул кинаб бугониги щаклъи букIинчIо гьабсагIат жиндирго рокъой жаний кIусун Урижа ятиялда. ГIарипи¬ца хIисаб гьабуна рокъоса къватIие Урижа тIуричIого йикIине, рахахъего нуцIаги тун, гордохъан жаниве лъугьине.
Гордохъан жиндирго рокъове жаниве лъугьине ккани Урижал рукъ сверун къараб къададасан вахине кколаан гьев. Гьеб гуребги, Закарил азбаралъусан, гьеб рукъалда цевесан ине ккола¬ан. Амма ГIарип цеве гIадин гьеб рукъалъукьа хIинкъулев вукIинчIо. Гьесие ургъел букIинчIо, къададасан харун унев жиндихъ гIадамал ралагьун ратиялъул, ургъел букIинчIо рукъалда цеве эхетун живго Закари ватаниги.
Гордо батана рагьун. ГIарип гьелде аскIове кIанцIана ва жа¬ниве валагьана. Рокъов жанив щивниги вукIинчIо. ГIарип жин¬даго сверухъе валагьана — азбаралъувги вукIинчIо щивниги. Ури¬жа ятун йикIарайаниги ГIарипида лъалароан щибилан гьелда абилеб букIарабали. Амма Урижа къваригIун йикIана.
Гьей ячIинегIан рокъоса вагъариларин ракIалдеги ккун гордо¬хъа жаниве кIанцIана. Кисан яккараяли лъачIого столалда на¬хъа гIодой чIун ятана Урижа.

***

Набица нуцIида кIутIизецин кIутIичIо, гьев нуцIида цеве лъалхъизецин лъалхъичIо, бачIинахъего тункун рагьун речIчIизе гьебги гьабун жаниве лъугьана. Кариматица бетIерцин борхичIо. Гьей йикIана кроваталда егун; гьелъие ургъел букIинчIо щив жаниве вачIаниги. Наби жанивегIанги вачIун кроваталъул рагIалда живго вихьулеб бакIалда гIодов чIана.
— Щиб ккараб? — илан гьикъана Кариматица заманаялда¬сан.
— Щибниги ккечIо... Каримат, бегьилеблъун батани цохIо суалалъе жаваб кье...
Каримат кроваталда тIадго гьункьун ячIана ва, жиндидего рехараб юргъан хъущтIун бачIинаредухъ, гIункIрукьалда яччун чIана. Гьеб рагъа–рашариялъул магIна букIана гьикъе дургоян абураб.
Набица гьикъана:
— Мун щай дидаса тIурахъдулей? Щиб дица дуе бокьулареб жо гьабураб?
— Щибниги гьабичIо. — Каримат цIидасан йикIарабго къагIидаялъ егана.
— Дуда дица щибниги... Дуда гьеб суалалъе жаваб гурони дица щибниги гьарулеб гьечIо. Дица киданиги абиларо дуда дие бокьараб гьабейилан, киданиги гьикъиларо щай дун вокьуларевилан, киданиги ячинаро дуе бокьулареб бакIалде, теларо дун сабаблъун нечезе...
— ГIела, Наби...
Заманаялдасан Набица цIидасан байбихьана:
— Дица дуда гьарулеб буго цохIо гьеб суалалъе жаваб...
Наби циндаго вуцIцIун чIана.
Каримат гьесда хъвалареб къагIидаялъ тIаде яхъун ячIун, кроваталда тIадго, жиндирго му¬гъалда нахъа, къадада базабун къандалъоги лъун, гIодой чIана. Гьелда тIад букIана гIисинал багIарал мухъалги рахъараб халат. ТIаде юргъанги цIан гьелъ Набида махIаби рихьизе толел рукIинчIо.
—     Дуда кколеб бугоха, Наби, дир жавабалдаса мунго воххилилан...
—     Дица хIехьела гьеб... Каримат, дие мун дидаго цадахъ цо бакIалде ячине бокьун буго... ТIурахъдилей йигони дихъе мун кинанха щвелей?.. Дуца щиб ккарабали бицани...
Кариматица гьикъичIо кие ячине бокьун бугебилан. Гьелъ гьикъана «кида» ячинехъин йигейилан
—     Кида дуца дун ячинехъин йигей? — илан гьикъана Карима¬тица.
—     АнцIила ичIабилеб къоялъ...
—     Дун ячIунаро...
—     Щай?
— АнцIила ичIабилеб къоялъ дица оборт гьабизе ккола...
КигIан цIакъ хIал лъазе теларилан лъугьаниги Набида живго хисаравлъи бахчизе кIолеб букIинчIо. Кариматидаги бихьана гье¬сие жиндирго рагIабаз гьабураб асар, амма щибниги лъугьинчIеб ххвелги гьабун, хъачIаб гьаракьги гьабун абуна:
— Дудаса лъикIав цо ГIарипин абурав вас вукIана... Гьесул лъимер чIвазе ракIалда буго анцIила ичIабилеб къоялъ...
Набида кIалъазе кIвана. Жиндирго хIал бахчизе хьул букIун батила, гьес суал кьуна:
–  БатIияб къоялъ бегьуларебищ? — Гьесда суал лъугIизабизе кIвечIо...
—Дида щиб лъалеб врачаз анцIила ичIабилеб къо щай тIаса бищарабали...

***

Кисан, ячIараяли лъачIого столалда нахъа гIодой чIана Урижа. ГIарип жиндирго беразда божичIого кьурун вуссун гордохъа къватIиве валагьана. Урижада цадахъ йогиги чи вугодаян хал гьабулев чи гIадин вукIана гьев. ВукIинчIо. ГIарип цIидасан Урижа йигеб рахъалдехун валагьана. Столалда нахъа гIодой чIун йикIана Урижа. Рукъ бакьулъегIанги вачIун ГIарип жиндирго гордел маргъалал ричIизе лъугьана. Гьес цин киналго маргъалал, ахадаса бахъараб тIараде щвезегIан ричIана, горде рагьун биччана, хадуб, гIайиб ккарав чи гIадин Урижал бадивеги валагьун гьимизеги гьимун, рукIараб къагIидаялъ маргъалал рахазе лъугьана.
— ГIарип, — илан абизе байбихьулеб букIана Урижаца, амма лъугIизабичIо.
ГIарипидаги лъалеб букIинчIо щибилан абилебали. ГIарипил гьур¬мада бижараб гьими тIаса лъугьаян гьарулев чиясулалда релъунеб букIана.
— ГIарип, — илан абуна гьанжеги ясалъ. — Жакъа чанабилеб къо кколебали лъалищ дуда?
Гьев тIуркIана. ГIарипида ракIалде щвана гьитIинаб мехалъ, росулъ эбелалъ живго, радакь вахъинавун, боцIи гъезе витIулев вукIараб куц. ГIакдада тIил кьабизе, ялъуни гамачI речIчIизе хIинкъун вукIунаан жиндаго унтилилан.
—    Урижа, дун тIоцебе рокъове жаниве ваккараб мехалъ мун йикIинчIо гьаний жаний...
—     ЙикIана... Мун жанивеги ваккана, ана... Дуда гIайиб гьабизе бакI гьечIо... мун гIадин... заман щун бугеб мехалъ киналго гье¬дин рукIуна...
Урижа цин гьимана, хадуб, щаяли тIаде яхъана:
— Дида ракIалде ккараб жо бицинищ?
ТIоцее йихьулей чIужуялъухъ гIадин гьелъухъ валагьун хутIана ГIарип. Гьесда кколеб букIана Урижал гIицIал махIабазул, цояб, кваранаб, квегIалдаса бецIаб бугилан.
— Бице...
— Дида ракIалде ккана мунго хвезе вугеб бакI дуда бихьизабизе.
ГIарип воххана. Гьанжего бокьана гьесие жегиги бихьичIеб, бугебищалицин лъалареб букIараб бакI. ГIадамазе киназего бокьулеб батизе буго живго хвезе бугеб бакI…
— Агьа...    
Урижае кьезе жо балагьулев вугев чи гIадин гьев чIаралъуса вагъаричIого, киса–кирего берал речIчIизаризе лъугьана.    
— Кьода аскIор рижарал гъутIбузукь чIчIун вукIа, дун ячIинегIан... Гъора къасиги руго гъутIби...    
Гьей нахъе–нахъегIан къана; гьелъ ГIарипидаса берал нахъе росулел рукIинчIо. Хал гьабураб мехалъ кколеб букIана ГIарипидасан бачIунеб хинлъиялъ нахъе тункун ячуней йигин гьейилан. Урижа гордохъа къватIиеги кIанцIун тIагIана...
Урижа цееса тIагIингун, рукъалъул ункъабго къед данде къазе лъугьиналъ рахIат хвезабурав ГIарип, гьел цоцаздаса рикIкIад гьаризе гIадин рукъ сверун векерахъдана. Свакан, гьеки–гьунщиялда кроваталда гIодов чIараб мехалъ гьес хIохьел цIарабщинахъе къиркъири бахъунеб букIана кроваталъул. Цинда¬го ГIарип тIаса хьитал рахъизе лъугьана. ГIедегIиялъ гьесухъа цояб хьитил чIоло тIун бачIана. Хьитал гьес берцинго, цоцазда цузарун кроваталда цере лъуна ва тIаса щватаби рахъизе лъу¬гьана. Щватаби ургуялда гъоркь къазаруна. Заманаялдасан, гьес цIидасан, гIицIал хIатIазда тIад хьитал хуна. Цояб хьитил чIоло бухьине кIвечIо.
Урижаца абулел гъутIбузухъе щвезегIан ГIарипие гьеб хьи¬тил гурони ургъел букIинчIо.
Къаси сагIат ичIгоялдехун гурони Урижаги ячIинчIо.
— ГIарип, — илан абуна гьелъ, — къаси рилълун нилъер щибниги жо кколаро... Дуда доба щибниги бихьизе гьечIо... БитIараб бицани доба бихьизе жоги гьечIо. Дун щибаб къойил щола дое дирго эбелалъухъе. ГьанжелъагIан дица гьабураб жо¬ги махсаро букIана... Дица абураб мехалъ холел, абичIеб мехалъ холарел чагIи гурелъул дунялалда рижун ругел...
Урижа лъарал рагIалдегIанги къан цебе батараб ганчIида кIусана ва хъатикье ккараб чIимихги лъелъе реххун юцIун чIана. Гьелъ бицунеб жоялдаги божуларого, щибилан абилебалиги лъаларого ГIарип гьелде аскIовегIан къалев вукIана.
— Дида аскIове къаге, — ян абуна Урижаца.
Гьев чIун хутIана. ГIарипида кколеб букIана Урижа кIалъараб мехалъ гIорул хъуди къотIунеб бугилан.
— Дица ццин бахъараб мехалъ абун букIана мун хвезе вугилан... Дирго вахIшилъи дуда бихьизе гIоло заманги цIан букIана...
Урижа тIаде яхъана.
—     Серажудиница дие бицараб... доб... — илан абун бахъун букIинчIо ГIарипица, Урижаца гьесдехун гали тIамуна.
—     ГIабдал...
Гьединги абун Урижа бецIлулъе тIерхьун ана

***

Жиндирго надалда лъураб квералъ ворчIизавуна ГIарип. Гьес берал рагьизе кколел рукIинчIо гьеб квер Урижал букIин лъазе. Гьелъул жанисеб хъаталъ нодо букIкI–букIкIине гьабулеб бу¬гилан кколеб букIана. Бакъ жегиги тIубанго баккун букIинчIо.
Нолъго, кьодухъа бахъараб рокъове щвезегIан кIочон тезе биччан букIинчIо ГIарипица вегилелде цебе гордо рахазе кколеблъи. Рахазеги рахана. ГьабсагIатин абуни гьеб рагьун бачIун, рогьалил гьомгьоми цIцIулеб букIана.
— ГIарип, гьанже, жеги гIадамал тIаде рахъинчIеб заманги буго. Нилъ лъиданиги рихьуларо... Вилълъа, дица дуда дирго эбел йигеб бакI бихьизабила...
Дол гъутIби ругел бакIалъе щвезегIан гьел цоцазда кIалъачIо. ГъутIбузукьеги щун кьо бахунеб мехалъ Урижаца гьесул квер ккуна:
— Рекере!
Урижаца кверги ккун гьев хадув цIалев вукIана цо чIедараб сухъмахъ ккун. ГIарипие сверухъе бугеб жоялъул ургъел букIинчIо. Гьев сундасаялиго цIакъ разиго вукIана.
— Гьале гьаб бакIалда хвана дир эбел... баба...
ГIарипида кколеб букIун батизе бегьула Урижал эбел хвараб бакIалда цо щиб бугониги, лъиданиги киданиги бихьичIеб жо батилин, гьеб гIажаибаб хъизамалъул чагIи гIадатияб бакIалда хвеларилан. Амма сверухъе бугелдаса гьеб бакIалъул щибго батIалъи букIинчIо. ГъветI, кваранидехун цо гьитIинаб хъарахъ, ГIарипидаги Урижадаги нахъа бащдаб ракьулъ къараб гамачI Жиндирго хварай эбел егун йикIараб бакIилан Урижаца бихьизабуна дагьа–макъабго гвенд ккараб, киса–кибего гIадин ризго херги бижараб бакI.
—     Дур эбел кийха йигей?— илан гьикъана ГIарипица, амма цIакъго загIипго; гьев хIинкъун вукIана Урижада гьеб рагIун батиларилан.
—     Вилълъа дица бабал нахъе хутIараб рас бихьизабила... Же¬гиги ракьулъан баккухъего хутIун буго...
Урижаца гьев квер ккун лъарал рагIалдехун цIана. Циндаго ГIарипил бер чIвана сухъмахъалде тIаде къулараб, гIемер кIудияб гьечIеб ганчIида. ГIарипие гьеб бокьичIо ва гьелда берчIварабго хIал хисун лъугьана. Ток кьабараб гIадин тIуркIана гьев, кверзулъан Урижахъе щун батила гьесул тIуркIи — гьей елъана.
—    Щиб? Щай мун елъулей?
—    Жакъа чанабилеб къо, ГIарип?
Жакъа Урижаца ретIун букIараб гордеялда хъвалсан цIарал багIарал мухъал рукIана.
— Вилълъа... — ян абуна Урижаца ГIарипил кверги биччан тун. ГIарипида жаваб кьезе кIолареблъи бичIчIана гьелда.
РуцIцIун чIун рачIинел ругел кIиязулго рагIадалги лъугьинарулаго баккун бачIунеб букIана бакъ.
— Урижа, нахъ руссине руго...
Урижа лъалхъана ва сверухъе ялагьана.
— Гьаб бакI ракIалда чIезабе...
ГIарип сверухъе валагьана. ГьанжелъагIан бихьулеб букIаралдаса гьеб бакIалъул батIалъи гьечIониги ГIарипие гьеб бакI бокьулеб букIинчIо. Урижаца бихьизабураб бакIалде, цо щуго–анлъго галул манзилалъ сверухъе гьури бачIунеб букIинчIо, кинабго жо гIунун букIана: хъархъил тIамхалги, херги, зазги. Шурулеб жого букIинчIо.
Урижадаса рикIкIалъизеги, гьеб бакIалъа ватIалъизеги гIоло ГIа¬рип цо чанго галиялъ довегIанги къан, лъалхъана.
— Дагьав довегIан къай, — илан гьарана Урижаца гIодобе бич-чараб гьаракьалъ. — Мун дир бабада тIад чIун вуго...
ГIарип эхеде кIанцIана. Гьесда жиндирго хIатIикье валагьизецин кIвечIо. Урижаца довегIан къайин абурабго гьесул хIатIикье цо тамахаб жо бачIана. ХIинкъарав ГIарип, тIокIав нахъ валагьичIого, сухъмахъ чIван росулъехун валагьун тIурана. ТIурана гьев доб цо багIарккараб, бащдаб ракьулъ къараб ганчIида аскIове щвезегIан. Гьеб бахун росулъехун ине кIолеб букIинчIо. Гьес чанго нухалъ хIал бихьана, амма мугъзаде нахъехун гамачI ккейгун, хIинкъун нахъ вуссун, векерун вукIарабго бакIалде тIад вуссунев вукIана. КвегIидехун гьесда бахине кIолареб добго лъар букIана, кваранидехун анани росдадаса дагьавги рикIкIалъулев вукIана.
ГIарип свакана ва кIалагъоркье гIодов, харилъги вегун гloдана. ГьабсагIат гьесие йихьизе йокьун йикIана Каримат; гьесие лъазе бокьун букIана кинаб кьералъул гордеги ретIун гьей йигеяли.

***

Каримат тIаде яхъана. Макьу гIун батичIо. Гьелъул бер чIвана кроваталъул бетIералде рехун бугеб жиндирго чIегIераб гордеда. Кариматие гьеб бокьичIо.

***

ГIодилев вукIарав ГIарип вуцIцIана бачIун гьурмада цебе нусиреч чIун бихьараб мехалъ. Гьеб бекерун бачIинеб бу¬кIана гьурмаде, амма ГIарипил хIохьел чIварабго лъалхъана. ГIарипица гьелде ургъунго пуна. Нусиреч хучана, цересел тIеренал бохдулги кодохъ росун, багъизе къачIан, гьункьун бачIана.
ГIарип тириго тIаде вахъана. Гьесда ракIалде щвана Серажудинил рагIаби. «Мун хъанхъраялъул квар ккун вачIунев вуго... Гьеб кваралдаса ватIалъизе кIолеб гьечIо дуда... Мун сунца вугониги вачун унев вукIин бичIчIигун, унге...»
ГIарипида бичIчIулеб букIинчIо кинан гьеб кваридаса ворчIилевали. Гьесда якъинго бихьулеб букIана, хасго гьанже, жин¬дирго нух тIабигIаталъ бихьизабураб нух букIин. Гьеб хисизабизе кIолеб букIинчIо ГIарипида. Нухлул рагIалда башдаб ракьулъги къан чIун бугеб ганчIицацин виччалев вукIинчIо гьев росулъе.
ГIарип ганчIихъ валагьана ва дагьаб мехалъ вагъаричIогоги чIун гьелде аскIовегIан къана. ГамачI дагь–дагьккун кIодолъулеб букIана. ГIарипица ганчIиде бегьулеб букIараб квер гьаваялдаго хутIана — битIун гьесул кверазукье кколеб букIана ганчIидасан харун унеб цойгидаб нусиреч. Гьесул квералъул рагIдукье ккейгун нусиречги лъалхъана. Гьелдаги бичIчIулеб букIинчIо щиб ккарабали.
ГIарипил тIоцебе бачIараб пикру, гьесул тIоцебесеб къасд бу-кIана гьеб чIвазе, амма хадуб бокьичIо. Жиндаго бичIчIулеб букIинчIо щай цин чIвазе бокьарабалиги ва хадуб жиндирго пик¬ру щай хисарабалиги. РагIадалъ жиндиего щибниги гьабичIеблъи бихьарабго нусиреч ганчIида нахъехун бекерун ана. ГIари¬пил квералда ганчIида аскIобе гIагарлъизе кIвечIо.
ГьабсагIат гамачI багъарахъданиги ГIарипица гIажаиблъи гьабилароан. Гьес кинабго букIине кколеб жо гIадин къабул гьабулеб букIана.
Гьанжеги кIолеб букIинчIо ГIарипида ганчIидехун мугъ рехизе. Гьесда ракIалде ккана нахъе–нахъегIанги къан кIванагIан гьеб ганчIидаса рикIкIалъизе. ТIоцебесеб гали тIамурабго гьев циндаго лъалхъана – пикру бачIана гьесухъе.
«БичIчIана. БичIчIана! Дун ккараб бакI бичIчIана... Серажудинги Урижаги, Закариги... киназулго, киназулго хварал гIадамазулгун хурхен буго... Хварал! Хварал гIадамал руго киса–кирего женжедилел! Гьадаб, тIабигIаталъ жиндирго гIуж лъураб хъизамалъе рокьулел руго хварал гIадамал. ЧIагоял щиб гьабизе...? Кинабго жо лъала хваразда... Хасго букIинисеб... Сакинат ана... Дун щиб гьабизе?.. Урижа уней йиго щибаб къоялъ эбелалъухъе... Закари кIалъалев гьечIо жиндирго хварай чIужуялда гурони... БичIчIана».
ТIадеялдаса тIаде чIахIалъулел, жаниса пикру бахъун ун ракъвалел рукIана ГIарипил берал. Черхалда бохьана гIетI. Гьаб¬сагIат гьесухъ валагьарав чи вукIаравани гIажаиблъи гьабилаан рухIги лъугIун ГIарип гIодов ккечIолъиялда.
«Гъозда лъала букIинесеб... Гьез хваразул рухIазда гьикъула... Хваразда рихьулел рукIун руго нилъ... Дун доб мехалъ Се¬ражудинида хадув векеричIелъул... Сакинатида вихьаралъул... Гьел чIагоязул нухдасан унаро... ЧIагоязул нухдасан хварал унаро... Хъанхъраялъул квар гьезие щиб гьабизе?... Гьезда лъала... . Дида лъачIо...  Дида лъачIо Урижа хварал гIадамазда цадахъ йикIин... Долъ дида гьикъун букIана лъида мунго кIалъалев вугевали лъалебищан... Дида лъачIо, лъачIо, лъачIо, лъачIо, лъачIо... БитIараб буго Урижал... ГIабдал. ЛъачIо».
ГанчIидасан харун унеб букIана цойгиги нусиреч. Заманалдасан баккун бачIана цойгиги. Хадуб цадахъ кIиго баккана. Лъабго... Ункъго. Щуго... ГIарипица рикIкIинчIо; гьев нахъе–нахъе къан ганчIидаса рикIкIалъизе гIамал гьабулев вукIана. Гьесда кколеб букIана нусиречал жиндаго хадур рачIунел ругилан. ГамачI жиндасаго рикIкIалъарабго ГIарип кьурун вуссана ва векерана. Гьанжесала гьев векерулев вукIана Урижа йигеб рахъалдехун. Векерана Урижал эбелалда тIад живго чIун вукIараб бакIалде щвезегIан, гьенив ккун чIезавурав чи гIадин лъалхъа-на. Заманаялъ гьев жиндирго хIатIикье валагьун хутIана. Гьениб ризго бижараб хер тун батIияб жо букIинчIо. Циндаго ГIарипил мугъ букарана. Гьев гIенеккана. Мугъзадасан тIаде харун бачIунеб букIана цIорораб жо. Гьесда кIолеб букIинчIо гордикье кверги бегьун гьеб гIодобе бортизабизе. ГIарипида кколеб букIана квер хъварабго гьеб мугъзада тIадго чIинтIилилан. Букари бахунеб букIана накалдеги, гьениса тIадеги. Заманаялдасан цIорораб жоялъ бакI–бакIалдасан букаризабизе лъугьана тIубараб черхго. Букари тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIана. ГIарипида ккана живго гъанкъулев вутилан. Нахъасан гьаракь бахъинчIебани гъанкъизеги бегьулаан — заман бахъанагIан захIмалъулеб букIана хIохьел цIазе.
— ГIарип, — илан бахъана нахъасан Урижал гьаракь. ГIарип нахъ валагьана. Гьесда нахъа чIун йикIана Урижал гордеги ретIун жиндирго эбел.
— Баба!
ГIарипида лъалеб букIинчIо щибилан цойгиги абилебали. Бу¬кари тIагIана. ГIарипил черх гIажаибго тIадагьлъана. Бакъ дагьабги борхалъуде бахунеб букIана.
— Баба, мун Урижайищ бабайищ?
— Щиб, дир вас, дуе? — илан, Урижал релъи гьабуна ГIарипи¬да цее эхетарай гIаданалъ.
— Дун гьаниса нахъе ваче, баба...
Гьей гIадан гьанжеги елъана. ГIарипида бичIчIана живго гуккулев вукIин, гьаб жиндирго цебе тIамулеб жо букIин, жиндир¬го эбелин кколей чIужу Урижа йикIин. Амма ГIарипие гьей эбел ятизе бокьун букIана.
—     Баба, дун дур васха, ГIарип...
—    Дида лъала, ГIарип, мун... — Урижае цIакъ кеп букIана гье¬сухъ ялагьун. Елъулеб мехалъ гьей киналго чIагоял гIадамал гIадин берцинлъулей йикIана. — Дуе заман щолеб бугоха, ГIа¬рип...
ГIарипица гьеб рагIичIеб ххвел гьабуна.
—     Дир черхалдасан гьанжеги цо квасул цIурал жал харун унел ругоха... Дида вагъизе кIолеб гьечIо, баба... АскIоегIан щай мун ячIунарей?...
—     Дун ячIине бегьуларо, ГIарип. Дудаго аскIоб чIун бугеб жоялъухъ валагье мун...
ГIарип цого бакIалда хенезе лъугьана. Гьесда нахъа бугеб гьава тIогьиллъулеб ва гъункулеб букIана. Гьеб, накIкIуда, гьороца босун  унареб тIалаялъусан бачIунеб кIкIуйдуда релълъун  букIана.
—     Гъорлъе лъугьа, ГIарип, гъорлъе лъугьа... Дуе гIакъуба кьо¬леб жо хутIуларо дунялалда... Дудасан харулел жалги гъун рачIуна... Бабаца малъараб гьабе, дир вас...
—     Агьа... Гьабилаха... Дуца радакь вахъинавун боцIи рехъалъе гъезе витIулаан дун... — Гьанжеги ГIарип гIайиб ккарав чи гIадин гьимана. — Баба, букари къатIинегIан, гьалда гъорлъги вукIун дун дуда аскIове росулъе вачIина... малъа–малъараб гьа¬бизе...
ТIогьиллъиялъулъе гали тIамулеб мехалъ гурони бихьичIо ГIарипида жиндирго хIатIикь, ризаб ххарилъ бессун чIужугIаданалъул халатаб ва цIахIилаб рас букIин. Гьеб букIана гьаб дунялалдаса нахъе иналде ГIарипида ахирисеб нухалда бихьараб жо.
ГIарипие Дунял гвангъана.

ГъазимухIамад ГъалбацIов

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook