Авторизация

ХIел-хIедулел хIакимзабазде



ХIел-хIедулел хIакимзабазде


Нуж, министералги чиновникалги,

Чиналъе х1елулел х1акимзабиги,

Ва  чохьол гурони ургъел лъаларел,

Лъие къуланиги бат1алъи гьеч1ел.


Нуж, лагълъи гьабизе хан валагьулел,

Жал гъоркьа кьурдизе палугьабиян.

Т1адчаг1и рецизе рес щун хадуса,

Хвалилги ургъелал т1аса рехулел.


Нуж, миллатги бичун хъулхъал росарал,

Сородулел квераз ришват босулел.

Ва росуги бичун мандатал щварал,

Маг1арухъа рати шакаб жо буго.


Нуж, Ват1аналдаса  къо борхуларел,

Къадараб ишалда рук1ин лъаларищ?

Наслу-тухумалъе ц1огь гуронани,

Ц1аруе щибниги нахъе толарел.


Нуж, г1адал чаг1аца бичун лъуг1ана,

Лъеберго соналъул гъазават гьаниб.

Ва ц1арги г1арацги жидей хирияз,

Хиянатлъиялде рагьана нуц1а.


Нуж, г1адал ц1ук1буца мац1алги гьарун,

Сибиралде араб таманаб ятаб.

Ва г1урус г1урдалъе г1узрабаз ч1вараб,

Чапана чангиги г1олохъанаб хвел.


Нуж, г1адал чаг1аца цо-цо к1и-к1и ккун,

Биххана щулияб миллаталъул къед.

Ва зулмучиясе гьурра-ги ах1ун,

Ахир лъезе гьанже х1адурун руго.


Нуж, гьаб г1умруялда  х1урул къат1раби,

Х1ур г1адин т1аг1ина заманалдасан.

Ва нужеца гьанир тарал ишазухъ,

Наг1ана г1емераб кьелеб нужее.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook