Авторизация

Авар басмабазул цолъи ва цере ч1арал масъалаби

Авар басмабазул цолъи ва цере ч1арал   масъалаби

   Ассалам г1алайкум, х1урматиял маг1арулал! Нилъер гьаб дандеруссин баракатаб ва миллаталъе пайда бугеблъун  лъугьайги.

       Авар  басмабазул цолъи г1уц1аралдаса бана к1иго сон. Гьеб г1уц1иялъе г1иллалъун  бук1ана районазда  ва республикалда къват1ире рач1унел казият-журналазда х1алт1улел редакторзабазе ва мухбирзабазе  методикияб кумек бук1ине, лъик1аб-квешаб дандбан, г1олел-г1оларел рахъал ц1ехон, х1алт1и цебет1езаби ва заманалда рекъон гьеб  бачин. Гьеб г1уц1иялде гъорлъе уна г1емерисел маг1арул мац1алда рахъулел казиятал ва журналал. Кинаб бугониги сиясат яги цогидал мурадазе г1оло г1уц1араб цолъи  гуро гьеб. Гьаб к1иго соналда жаниб нижеца гьаруна чанги районазде сапарал, дандч1вана редакциялъул   ва администрациялъул х1алт1ухъабигун, гьаруна тарихиял бак1азде, ва миллаталъе к1вар бугел бак1азде пресс-турал. Гьеб киналъулго х1асил гьабун абизе бегьула,  миллияб басмаялъ, ресалда рекъон, жиндаго цере ч1арал масъалаби т1урарел ругин.   

    1990 абилел соназде щвезег1ан рук1арал казиятазул цониги къан гьеч1о, щибаб районалъул нухмалъиялъ х1аракат бахъана гьел ц1унизе. Республикаялъул даражаялда рахъула цо  казият ва лъабго журнал. Миллатал журарал районаздаги руго маг1арул мац1алъул цо-цо гьумер гьоркьоб лъун рач1унел казиятал – Лаваши ва  Кизилюрт мухъал.  Х1укуматалъул харжал гьеч1ого   къват1ире рач1уна лъабго динияб темаялъул казият: «Ассалам», «Нурул Ислам», «Муг1алим», ва республикаялда цох1ого цо, цоги миллатазул гьеч1еб,  эркенаб казият «Миллат». Руго жидерго жамаг1атал лъик1 лъугьун рахъулел казияталги  - «Сугъралъ, «Гьидалъ» г1адал.

   Жалго казиятазул  тиражалъухъ, макъалабазул, темаялъул ва г1уц1иялъухъ балагьидал, руго г1езег1ан г1оларел рахъалги. Масала, тираж. Гьел киналго к1иго яги ц1ик1к1ун къадаралъ дагьлъун руго. Гьеб цох1о гьезие бугеб г1узру гуро –  киса-кибего буго гьедин.  Цоги-цоги баян кьеялъул  алатал раккиялъ бугин тезе бегьула гьеб. Амма,  казият буго сунцаго хисулареб, нахъе ц1унун бук1унеб, нилъер г1умруялъул яшав-маг1ишаталъул мат1у. Тираж ц1ик1к1иналъ бицуна   г1адамал  х1укуматалъул ишазда  ва жамг1ияб г1умруялда г1ахьалъулел рук1ин.

     Хъвалел макъалабазул халгьабуни, г1емерал руго казиятал районалъул г1умру бихьизабулел, руго заг1ипал казияталги. Гьезие бугеб г1унгут1и – журналистал,  специалистал гьенир гьеч1олъи. Ц1акъго г1емер руго районалъул нухмалъулесул ишал рицун гурого, цоги рахъалде к1вар кьоларелги.  Мац1алъул рахъалъ босани, к1удияб гъалат1лъун бихьула маг1арулалъ хъвазе рес бугеб макъала  г1урус мац1алда биччай.  Г1иц1го бюджет бикьиялъул лъазабиял, яги кинал ругониги кагътал, хит1абал таниги бегьилаан гьеб мац1алда.  Гьеб г1унгут1и нижеца рик1к1уна махщел камилал, мац1 лъалел х1алт1ухъаби дагь  рук1иналъ ккараб бугин. Х1алт1ухъабазул къадар босани, руго районал цох1о чиясде рехун казият таралги. Г1емерисел бут1уз к1вар буссинабулеб буго жамг1иял гьиназда (Фейсбук, Инстаграмм ва  гь. ц.) яги районалъул сайтазда х1алт1и гьабиялде. Гьенибги батула щивасул данделъи г1урус мац1алда бицунеб, цониги бат1ияб миллаталъул чи гьеч1онигицин. Гьеб жо ц1акъ рекъон гьеч1о, гьудулзаби.

    Щибаб районалъул Администрациялда  буго Информациялъул отдел. Гьел  квеш  х1алт1улел гьеч1о. Амма, бищун лъик1 гьел х1алт1ула гьеб отделалъул нухмалъулевлъун  казияталъул редактор вугони. Цо-цо районазда гьедин буго, гьеб х1алт1иги цебет1олеб буго. Казияталъул тиражги борхизе, районалъул масъалаби, г1адамазул г1узраби, росабазул г1умру, яшав бихьизабизе ккани, гьелъие х1алт1ул шарт1ал ч1езаризе ккола. Жакъа чанго редакция буго рек1ине автомашина гьеч1ел. Гьезие ц1акъ зах1мат буго росабалъе щвезе, яги хасало гъутабазде, цогиги  маг1ишатал ругел бак1азде, яги район тун къват1ибехун гьарулел тадбиразде  щвезе. Гьелъ г1емерисеб х1алт1и гьабич1огоги хут1улеб буго.  Киг1ан зах1малъаби ругониги жидерго х1алт1и редактораз рак1бац1ц1адго гьабулеб буго. Гьезда гьоркьоса мисалиял казиятал ва редакторал ккола: Гумбет мухъалъул «Гумбет» - редактор Х1. Г1изудинов; Шамилил мухъалъул «Цолъи» - редактор П. Гьит1инова; Хунзахъ мухъалъул «Росдал зах1матчи» - редактор П. Мух1амадова; Ц1умада мухъалъул «Ц1умадисезул гьаракь» - редактор Г1. Малачдибиров; Гъуниб мухъалъул «Гъуниб» - редактор М. Къебедов. Цоги  редакторазги к1вар кьолеб буго гьезда релълъун рук1ине.  

    Гьаб нилъер заманалда росабалъа г1емерал чаг1и шагьаразде рахъун, г1ат1иракьалде гочун руго. Кире гочаниги, росдалгун бухьен т1ун толаро нилъер г1адамаз. Казиятазеги х1ажат буго гьел, къват1ир ругел районцоязулгунги  бухьен щула гьабизе, гьезул х1акъалъулъ хъван, гьезги казиятал т1алаб гьабулеб х1ал гьабизе.

    Нилъер тарих, маданият, адабият бихьизабулеб журнал буго «Гьудуллъи» - редактор М. Патах1ов.  Гьеб журнал ахирал соназда ц1илъун бач1ана, ва дагь-дагьккун тиражги ц1ик1к1унеб буго. Гьединго лъималазе биччалеб журнал буго «Лачен». Гьеб к1иялдего к1вар кьун умумуцаги, муг1алимзабазги, маданият ва адабият лъазабулезги,  х1акимзабацаги т1алаб гьабуни лъик1 бук1ина.  

    Жакъасеб къоялъул т1алабалги х1исабалде росун Авар басмабазул цолъиялъ Авар автономиялъул кумекалдалъун г1уц1ана  «MaгIарухъ» абураб ц1аралда AvarPressa.ru сайт (потрал). Гьениб   буго нилъер миллаталда хурхарабщинаб баян, суратал, радио ва цогидабги.

       Нилъ рекъон х1алт1ани, миллатги мац1ги ц1унун хут1изе буго, умумуца нилъее товухъе нилъецаги  цебеса-цебе кьела намусги, ях1ги, бах1арчилъиги, адабги  хадуб бач1унеб г1елалъе.

Мух1амадрасул Г1умаров. «Авар басмабазул цолъиялъул» нухмалъулев


оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook