Авторизация

Щибха алъул ккараб?


Щибха алъул ккараб?


     1990 абилеб соналдаса нахъе Дагъистаналда рац1ц1адал рищиял рук1инч1о. Рук1ана халкъалъе, росдае,  церехъабазе  г1арцал кьун росарал мандатал. Нилъеда лъала цо депутатасухъе къвариг1елалъ арал жамаг1атчаг1азда дос жинца ричун росарал гьаркьал ругин щибго нужеда цебе нечараб жо  гьеч1ин абун бач1араблъи. Гьедин рит1ана нилъеца ДУМА-ялдеги Халкъияб Собраниялдеги  «вакилзаби». Щибго миллаталъул ургъел гьеч1ев, гьеб биххун аниги жиндиего щолеб жоялъе гурони пикру х1алт1уларел г1адамал т1аде ккеялъ нилъерги рак1буссана ва г1емерисел рищиял комиссиялъ жидецаго т1уба-гьубазабуна. Гьеб киналъулго х1асил жакъа нилъеда бихьулеб буго. Рук1ун ратила ях1 бугел депутаталги, амма цо-цо ях1 гьеч1ез кинабго къинабуна гьоркьоб. Гьеб буго нилъер ургъелгьеч1олъиялъул пашманаб х1асил. Жакъа цониги х1акимчи жанив лъун вугилан раг1идал нилъ рохулел руго,  рокъоб ч1ухь бан бихьидал г1ажаиблъула гьес бак1арун бугеб малалъул х1исабги гьабун. Щибха нилъеца гьабилеб т1ок1аб бажарулеб жо хут1ун гьеч1елъул. Нилъеца цин т1аде ккезаруна дол чаг1и, хадуб гьез нилъеда гьикъич1ого жидерабго х1ана. Цоги пачалихъазда кинаб бугониги гъалат1 ккани живго хъулухъалдаса нахъе уна чи, нилъераз абуни   – г1аксалда халкъалде г1айибал ч1вала.  


  К1иго васги ч1ван къварилъиялда ругел Х1асанх1усеновазе кумек гьабизе Москваялъ вит1арав прокурор гурони ватулев гьеч1о. Кирха ругел нилъерал?  Гьеч1о. Рук1инеги гьеч1о. 28 соналъ нилъер х1алихьалъиялъ г1езарурал т1адчаг1аз щибха гьабилеб, жакъа жидерго бут1рул ц1унизецин къуват гьеч1ел?  


    К1удияб ах1и буго г1адамазул школаздаса авар мац1алъул т1ахьал нахъе рак1арулел ругилан. Буго гьединаб амру. Ц1ех-рех гьабидал лъана нилъер лъай кьеялъул  министерствоялъ х1алт1и гьабич1ого ккараб иш бук1ин. Жиндир заманаялъ Москваялдеги рит1ун тасдикъ гьаризе кколел рук1ун руго т1ахьал. Аз абуни, г1арац гьеч1илан   рит1ун гьеч1о. Кибедай элде биччараб г1арац ана?  Щибизе эзие мац1ги ц1арги, ц1ерг1адин жидеего щолеб  г1арац бугеб мехалъ? Нилъецаго нилъго гъанкъана гьаб суалалда. Гьалъул г1айибги т1оцебесеб играялда лъай кьеялъул министерствоялда буго.


     Щибаб районалда буго жидерго казият. Х1атта рагьун руго Информационныял отделал. Гьелги нухмалъулез жалго реццулел алатазде руссинарун руго. Щибго ургъел гьеч1о х1алт1ухъабазул харжазул, гьезие ч1езарурал квег1енлъабазул,  казият щиб мац1алда хъвалеб бугеб ва цогидалъул, жидерго сурат т1оцебесеб гьурмада батани кинабго лъик1 бук1уна. Жидедаго т1ад ругезда    бихьизе ва раг1изе  бук1ине, данделъабазда лъаниги лъач1ониги бицуна г1урус мац1. Цониги кагъат бук1унаро маг1арул мац1алда хъвараб, киг1ан хъвазе бегьулебги. (Гьаб киназдаго абизе бегьиларо, руго цо-цо бак1ал сахал бут1рул ругелги). Нилъеда лъалеб гьеч1о киг1ан г1урус мац1 бицаниги нилъ маг1арулалъун хут1улеблъи ва нилъеца нилъерго къимат гьабунаг1ан цогидазда цереги къадруялда рук1унеллъи.


   Гьединго маг1арухъ цониги бак1 гьеч1о нилъер мац1алда росдал ц1арал хъвараб. Киг1ан берцин бук1инареб к1иго яги лъабго мац1алда нухраг1алда бугеб иг1лан хъван бугони. Гьелъиеги изну лъицаха кьезе кколеб? Гьукъун гьеч1еб жоялъе изнабиги х1ажалъуларо. Нилъ руго нилъее конституциялъ кьурал ихтиярал х1алт1изаризе к1вах1аллъун, дова кисаялиго чи вач1ине кколин нилъер г1умру лъик1лъизабизеян.


Исана т1орит1арал рищиязде г1адамал рач1ана, гьаркьал кьуна. Цеве вук1аравго бет1ерасда ц1ар ч1вана дагъистаниязги. Гьелъие бищун цебесеб г1илла батила Дагъистаналда г1адлу гьабизе лъугьин – цо-цо х1акимзаби жанир т1амун, ц1ех-рехал гьарун лъугьунеб бугеб хиса-басиялъ божилъи ц1ик1к1ун. Гьанжениги г1адлу бит1арав т1адчи вач1ин халкъалъе рек1ее г1ун батани    


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook