Авторизация

Ралъдал раг1алда

 Ралъдал раг1алда

Хасалихълъи. Каспий. Карачелабаз,

Салудаса лъалк1ал хулулел руго.

Лъеда хъван-хъвач1ого  хъах1ал  х1анч1аца,

Рич1ч1уларел гьаркьал гьарулел руго.


Ралъдал полпихараб раг1аллъиялда,

Г1одовеги къулун дунго хут1ана,

Хинлъиги к1очараб, ц1оройги щвеч1еб,

Ц1ар лъезе лъалареб заманаялда.


Нахъехун - хъудулеб к1удияб шагьар,

Щибго ургъел гьеч1еб дир ургъелазул.

Цебехун – рик1к1ада паркъолеб канлъи,

Я гуми лъаларо, ц1ваби лъаларо.


Лъадахъ балагьула – чан г1асру араб,

Г1асияб кьурулъан гьанибе чвахун?

Чан талих1  къарав чи чвахалабахъан,

Кьабг1езеги гьавун дуца хъамурав?


Чан маг1арулалъул маг1ил къат1раби,

Дур ц1амих1алаб лъадалъ журан т1аг1арал?

Т1огьол муч1дуздаса эхебе чвахун,

Чанги кьо бихараб, нухал гъанкъараб.


Мун цоязе рохел, цоязе г1ажал,

Г1асрабаз гьелчолеб Бичасул х1икмат.

Щибизеха дуе раг1алда вугев,

Рак1 къваридав дирги къварилъалаби?


Щибизеха дуе лъилали къисмат,

Кирали рикьарал нухазул ургъел?

Унтиги сахлъиги лъаларо дуда,

Раг1и хвей, рак1бакъвай бук1унаро дур.


Диргоги щаяли, рохел-пашманлъи,

Дудехун бикьизе бокьула дие.

Данде жавабалъе карачелабаз,

Бицунеб къисадухъ г1енеккун ч1ола.


Г1умрудул нухазда нухкъосун ккарав,

Духъе щун ватула тартадилаго.

Бук1араб-таралъул пикруги гьабун,

Гьавугьин хьвадула дове-гьаниве.

***

Дагъистан, дут1е бакъ ралъдалъан щола,

Щиб канлъиха дуе гьениса щвараб?

Дур раг1аллъабазда гьелчолеб гьалъул,

Пайдаги заралги кинаб ц1ик1к1араб?


Петр Т1оцевесесул рагъул гумуца,

Т1оцебе гьабуна гьаб бак1алда ч1ел.

Досул мурад-къасдал лъач1онаниги,

Лъугьарабщинаб жо нахъе батула.


Таргъу мег1ералда цевеги рещт1ун,

Дос Империялъе порт бана гьаниб.

Пикру данде ккеч1ев кваридаги ван,

Каспий, Россиялда гьоркьобе ц1ана.


Нилъер миллатазул миллатго гьеч1ел,

Рит1ана пачаяс инаралзаби,

Аваралгун,  тумал, лезгигун, лъараг1,

«Лъе малакь!»- абураб амруги гьабун.


Гьаниса муг1рузде цоцахъеги кьун,

Рокьукъаб хабаралъ хехго тана нух.

Гьалбал рокьаниги рагъал ч1алг1арал,

Маг1арул  халкъазул макьу билана.


Кьурабазул парсахъ, г1одолъабазда,

Г1адатал чаг1азе щоларо х1алхьи,

Зулму хьехьоларел, ях1 рехуларел,

Узденал васаца борчана ярагъ.


Баччула порталде гумузда солдат,

Баччула, ч1ехьола, ч1обого уна.

Ч1варал, хварал гьанир туризеги тун,

Ц1ияб сиях1 кьола аскарияхъе.


Ракъдадасан баччун жанибе гъурал,

Гъуранщинал вассал, Россия, дурги,

Ралъададасан  ч1ехьон «Гьурра»-ги ах1ун,

Ахир чан г1олилас гьабураб гьаниб?


Т1арада Индирай, ахада Дербент,

Дур цониги росу гьоркьоб хут1ич1о,

Ч1унтизе, рух1изе, мук1ур гьаризе,

Зулмучияс жаниб би г1одоб т1еч1еб.


Дагъистан, гьит1инаб, ракь дагьаб улка,

Дуда т1ад хут1анищ хобал гьеч1еб бак1?

Персия- Россия бат1а гьабураб,

Дуда тарихалда бихьанщинаб къо!


Дуй бет1ер къот1изе бигьа бук1ана,

Къулун гьебгун гьаниб хьвадиялдаса.

Дуца шагьидасул хвел балагьула,

Хиянатаб х1ели гьабиялдаса.


Гьеб дуе ч1ух1иги ях1ги бук1инч1о,

Бук1ине кколеб жо-г1адат бук1ана.

Дур ясал рукъзабахъ гъаст1а рук1инч1о,

Гъеж гурун васазда аск1ор рук1ана.


Лъаларо пачаяс гьаниб бач1араб,

Канлъийищ бец1лъийищ нилъей бук1араб.

Бич1ч1изе рес гьеч1еб г1адатаздул нух,

Дагь-дагьккун бахъана халкъалда гъорлъе.


Кинги  исламалъул асар т1аг1ине,

Т1адчаг1и росана г1урус гъурщаца.

Шарг1алъул кьуч1даса кьуризаризе

Бикьана пачаяс парчагун дарай.


Довни барахщич1о харжал гьаризе,

Гьегьал нуцалчаг1и чучлъизаруна.

Чорхолъ иманалъул асар дагьлъарал,

Дагь-дагьккун къулана Империялъе.


Пертрал Портин абун ц1ияб ц1арги ч1ван,

Ч1ел щула гьабуна гумузул гьаниб.

Ц1ияб г1умруйилан г1ахьуч1ги бицун,

Г1урус килисаби разе лъугьана.


Дида бич1ч1уларо, дир жаваб гьеч1о,

Гьадаб зулмуялъе, доб гъараялъе.

Киг1ан ургъаниги лъазе к1оларо,

Лъий х1ажат бук1араб добгощинаб хвел.


Щай бахъизе ккараб нахъойги хвалчен,

Хвалдаса къаларел маг1арулаца?

Щибизе ц1идасан ц1аялги ракун,

Ц1ализе лъугьарал рагъул аятал?


Къо бух1арал сонал - т1убараб г1асру,

Ана дур, эркенлъи балагьулаго.

Гьелдеги бук1инч1о рах1ат, я х1алхьи,

Х1ехьезе кканщинаб дуца къварилъи.


Мун т1аде бахъана, дир маг1аруллъи,

Лъел гьеч1ел хвалчаби - дур хасаб ярагъ.

Хвелги ч1вайги дуе щибго бук1инч1о,

Бук1ана ц1унулеб ц1арги иях1ги.

***

Каспий, дуда лъала чанги сонаца,

Гумузде гъун арал асир гьарурал.

Чан къо бух1арав чи рахсазги вухьун,

Сибиралде ваччун виччарав г1одов?


Дир умумузулги чанги сон ана,

Саратов, Оренбург, Тамбов ва Казан.

Рик1к1адал шагьарал, щущараб миллат,

Щал нахъе руссарал, щал дора тарал?


Чан маг1аруласул хабар лъуг1араб,

Лъуг1ел бук1унарел дол авлахъазда?

Чан росасул лъади, г1узрабаз хварай,

Хасалил квачаялъ Волга г1оралда?


Чанги чи нахъвуссун нухги щвеч1ого,

Гьижра гьабун арав Истамбулалде.

Чан х1асратаб лага нуха къанщараб,

Къаданиб зоное гамач1цин гьеч1еб?


Огь, дур  гъварилъуде т1ерхьанщинав чи!

Чан г1алим рехарав дурги т1иналде?

Т1убарал гумиго гъанкъизаризе,

Щиб г1айиб бук1араб устарзабазда?


Гьелчола, сасуна ц1орораб ралъад,

Гьеч1о гьелъул жаваб дир суалазе.

Суна ва кунч1ула рик1к1ада канлъи,

Я гуми лъаларо, ц1ваби лъаларо.

***

Къо бух1араб тарих. Дагъистаналде,

Ралъдалъан баккула жеги-жеги бакъ.

Ях1 лъуг1араб къиса. Карачелабаз,

Полоп толеб буго раг1аллъиялда.


Раг1алда хьвадула г1абдал кинигин,

Жаваб бук1унарел суалалги кьун.

Т1аде къулун буго бец1хъах1илаб зоб,

Дагъистан, г1асрабаз дур г1узрабазде.


Шагьар белъанхъула хъудиялдалъун,

Дир гьит1инлъиялъул х1исабги гьабун,

Ралъдаца копое х1анч1и рит1ула,

Рич1ч1уларел гьаркьал дит1е гьаризе.


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook