Авторизация

Халкъияв шаг1ирасухъе сапар

Халкъияв шаг1ирасухъе  сапар

       Дагъистаналъул  халкъияв шаг1ир  Г1абасил Мах1амад хваралдаса  исана т1убана ункъо сон.  Гьесул хабаде щвезе, Къулгьу-Алх1ам гьабизе ва жамаг1аталъул зикруялда г1ахьаллъизе 19 октябралда  маг1арул хъвадарухъаби  щвана Хунзахъ мухъалъул Лъаг1илухъ росулъе.  Гьенир рук1ана Халкъиял шаг1ирзаби Мух1амад Ах1мадов ва Мух1амад Х1амзаев,  хъвадарухъабазул Союзалъул маг1арул секциялъул бет1ер Мух1амад Патах1ов, г1алимчи Мух1амад Мух1амадов (Ибрагьимович), Т1ахьазул  издательствоялъул редактор Г1айшат Г1алиева, «Лачен» журналалъул редактор Г1айшат Г1алиева,  шаг1ирал: Асх1абг1али Х1асанов,  Залму Мух1амадова, Манаша Г1исаева  ва цогидалги. Г1абасил Мах1амадил хабадеги щун гьесул рокъоб бугеб музеялъул хал гьабуна гьалбадерица. Унго-унгоги, ц1акъ т1адч1ун бак1арун, т1оцересел г1асрабаздаса бахъараб жакъасеб къоялде щвезег1ан рук1арал т1аг1елал, рук1а-рахъиналъе, маг1ишат-яшавалъе х1алт1изабураб къайи-ц1а бугоан гьениб цебе лъун. Живго Г1абасилав г1умруялъул ахирал соназда шагьарги тун г1агараб росулъе вахъана ва жиндирго мина-къайиги ц1и гьабун аск1обго бана музеялъе бук1ине хасаб минаги. Гьеб музеялъул хаслъи буго шаг1ирас гьенир маг1арул тарихалда лъалк1 тарал кинаго г1адамазул суратал данде гьарун руго. Гьелги ц1акъ г1емер руго. Нилъеца к1вар кьеч1ого таравги чанги бах1арчиясул ц1ар батула гьениб. Гьединго руго хъвадарухъабазул, художниказул, коч1охъабазул г1алимзабазул сураталги. Гьенибго буго ц1акъ бечедаб дунялалъулго адабият данде гьабураб библиотекаги.   Гьеб буго нилъер миллаталъе шаг1ирасул сайгъат, гьес бугеб къуватги, боц1и-малги  кьун, нилъеде бугеб рокьиялъ, миллатги  мац1ги ц1унеян тараб васигат. 

      Рузманалдаса хадур гьесул рокъореги рак1арун жамаг1атго хабат1е ун Къулгьу гьабуна ва   зикру бачун хварасул рух1алъе кьуна. Киназго гьесул хъизан Савдатие баркала кьуна гьеб тадбир г1уц1аралъухъ.

***

      Г1абасил Мах1амад гьавуна 1932 абилеб соналъ Лъаг1илухъ росулъ.  Т1оцебесеб куч1дузул т1ехь гьесул басмаялде бахъана 1965 абилеб соналъ. Гъваридаб мац1ги маг1аруллъиялъул тарих лъаялъги гьев хехго къабул гьавуна халкъалъ. Гьелдаса хадуб гьесул ц1акъ г1емерал т1ахьал рахъана басмаялда. Киналго жанразда, ва темабазда хъварал асарал руго Г1абасиласул. Гьединго гьев вуго маг1арулазул драматургиялда хасаб бак1 кколев авторги. «Камалил Башир», «Саба Меседо», «Хъах1абросулъа Мах1муд» – гьаб лъабабго трагедия   Авар теарталъ нилъеда бихьизабуна. Миллаталъул ях1алъул, ч1ух1иялъул, рокьул ва кьалул  х1акъалъулъ хъварал эпикиял поэмаби нилъее машгьурал руго: «Рит1ухълъи», «Гурх1ел», «Нек1сияб рокьи»,   «Ражбадинил ях1», «Баг1араб ц1ум», «Росдал свери», «К1иго зани», «Чаран», «Рокьул къиса», «Сурат» ва цогидалги.   Гьеб гуребги  Г1абасил Махамадица авар адабияталде бачана жеги бук1инч1еб куч1дул хъвалеб ц1ияб къаг1ида. Гьеб буго рифма ц1унун, ай мухъазул ахирисел гьижаби рекъезарун куч1дул хъвай. Гьесул творчествоялда т1асан г1емерал г1елмиял х1алт1аби хъван руго г1алимзабаз, гьес ц1и гьарурал жанралги къаг1идабиги рехсон лъик1аб къимат кьун буго.

  Г1абасил Мах1амад вук1ана гьалбал хирияв, гьудулзаби г1емерав рак1 г1ат1идав чи. Гьесул рокъоб кидаго ц1а сун бук1унароан, нуц1аги рагьун бук1унаан. Гьелъ батила гьес миллаталъе нахъа бищунго г1емерал г1адамал рач1унеб музей бан  тараб. Гьеб музеялъул т1алаб-агъаз гьанже районалъул нухмалъиялъ гьабулоеб раг1ула, бокьилаан гьеб культураялъул министерствоялъул балансалдеги босун х1алт1изабуни. Гьеб гьелъие мустах1икъабги буго.

   Гьесие г1адамал хириял рук1иналъул ва ахирал соназ росулъе гочине вук1иналъул  гьал мухъаз цебего бицун бук1ун буго.

Росдалаб г1адатлъиги,

Лъимадулаб божиги,

Жибго бац1ц1адаб рак1ги –

Дун росулъа вас вуго.

Гьобол вач1ун вохулев,

Гьудул вач1ун ч1ух1улев,

Гьалмагъзаби рокьулев –

Дун росулъа вас вуго.

Аллагь разилъаги мунагьал чурайги Г1абасиласул.

Мух1амадрасул Г1умаров


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook