Авторизация

Бахтикал сухъмахъ

Бахтикал сухъмахъ

Бахтикал нухилан цо сухъмахъ буго,

Хунзахъа Гъолоде, Гъарабагъалде.

Вацас йит1аралъуй къват1ий яхъарай,

Яцалъул ц1ар кьуна кьурул парсазе.

Чанги г1асру ана доб мехалдаса,

Г1емераб бицуна  пашманаб хабар –

Хвелг1адин рихарав    Шуша-ханасе,

Хундерил  ясалъул магьариялъул.

Гьей ана т1алъиги Гьундулги к1очон,

Бугеб бак1 лъалареб Къажариялде,

Къадруяв ханасул амруги  ц1унун,

Ц1а лъун бух1ани щиб г1олохъанлъиян.

 Гьелъ къабул гьабуна  ч1ег1ераб къадар –

Ч1ваниги, хваниги холареб иях1.

Ва ана рик1к1аде, маг1идги ец1ц1ун,

Маг1арул васазул ц1аралъе г1оло.

Долъ х1ал лъазе теч1о, рак1 кьват1аниги –

Кьурул сверабазул сог1аб тарбия.

Ва  къабул гьабуна  сайигъат   г1адин,

Г1умаханил х1укму – къо-мех лъик1, Хунзахъ!

Дун пикрабалъ вуго дол г1асрабазул,

Чан Бахтика арай намус бекич1ей?

Чан маг1арул ясалъ   ц1унараб къадру,

Къадада бик1к1араб накъищ г1адинан?

Ахада  гьалдола гьалагаб Гъойсу–

Гьелъ бахчун батила г1емераб жаваб.

Рохел бук1унарел  къоял щваниги,

Къанщана мусудул – чучич1о иях1.

Довасан  щивниги унаро гьанже –

Шагьра нухал руго хъил т1ун къач1арал.

Къваридал  г1асрабиги  нахъа хут1ана–

Рит1уларо ясал дол парсаздасан.

Кьур-кьурарал нухал г1ат1илъаралго–

Кьур-кьурди ц1ик1к1ана  жакъа къват1азда.

Къварилъи г1умрудул к1очон тарабго,

К1арчанлъиялъ ц1уна ц1и бижараб г1ел.

Г1адатазул къвак1и чучун ккарабго,

Чучана маг1арул ясазул намус.

Васазул тарбия тамахлъунилан,

Болнухал  мерхьунел руго мусудул.

Гьаб заманаялъул ихтияраца,

Арал г1адатазда  г1елин абуна

Г1урус культураялъ куцараб г1елалъ,

Г1одобе рехана вацасул т1агъур.

Т1аса к1азги бахъун   г1амал чарлъизе,

Ничалъул г1орхъаби кинан рихарал?

Шагьаразде ине рес рекъонилан,

Росу к1очон тезе кин г1едег1арал?

Нуж гьаб эркенлъуда кьур-кьудулелъул,

Рак1алде щоларищ  кьурул свераби?

Кьолбол ях1 бичич1ел маг1арулаца,

Гьабищха нужее  тараб васият?

Ват1аналъе г1оло ц1адаре арал,

Дозул ц1аралниги лъолищ лъимада?

Рек1елъ чаран  бугел, каранлъ къарт1 бугел,

Ясал рехсолелъул сородуларищ?

Дурго шагьранухги, дол сухъмахъалги,

Данде ккве мех-мехалъ, хиялалъг1аги.

Бахтикал къисматги, дурго г1умруги,

Г1акълу-иях1алъул роцаде баче.

Рохел бихьуларел къоял щваниги,

Къармат1арал улбул, кинан к1очарал?

К1удияб балагьалъ квегъананиги,

«Раг1алцин бекич1ел  гормендоялъул».

 

Мух1амадрасул Г1умаров


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook