Авторизация

МагIарухъ – авар басмабазул цолъи

Маг1арухъ - авар басмабазул цолъи


  Зама-заманалдасан данделъун, ругел зах1малъаби рицун, лъик1аб-квешаб рехсон, гьабулеб-толеб дандбан пишацоязул годек1ан г1адин лъугьун буго дагьаб цебе г1уц1араб маг1арул басмабазул цолъи (ассоциация). Бат1и-бат1иял районазде сапарал  гьарун, бак1азде щун, казияталъул х1алт1ухъабазда цадахъ чай гьекъон, ц1ик1к1аразухъ г1енеккун, г1исиназда малъа-хъван берцинго инеб буго гьелъул х1алт1и.  Гьале исанаги щвана Бакълъулазухъе. Киназего рач1ине рес щвеч1ониги г1емерисел рач1ана, ва цо хъизан г1адин, роха-хинлъун   данделъана.  


    Маг1арул районазул казияталъул  къисмат  г1емерисеб бараб буго бак1алъул нухмалъиялда, жибго казияталъул г1уц1и – редакторасда. Маг1арул районазда рахъулел казиятал жакъа республикаялъул бокьараб казияталдасаги мац1алъул бечелъиялъул ва  информациялъул   рахъалъ цере ккарал руго. Гьеб буго щибаб бак1алда пишаялда рекъарал, жидерго х1алт1и лъалел, миллаталъухъ рак1  унтарал х1алт1ухъаби лъеялъул х1асил. Гьединго жакъасеб къоялъул Интрнеталде халкъ буссун бук1иналъ ассоциациялъ рагьана сайт – кинабго маг1арулъи жанибе бачараб. Гьаниб гьелъул бицине бак1 г1еларо, нужго ракке гьаб адресалда  avarpressa.ru .


    Казияталъул къиматги къуватги бич1ч1улев т1адчияс  к1вар кьола гьеб ц1униялде ва жиндирго кумекчилъун лъугьинабула. Гьеб лъаларесе ургъел бук1унаро. Районалъул казиятал руго унго-унгоги критикаги гьабулеб, х1акъикъатги бицунел заманаялъул мат1аби. Дида бицана Шамилил мухъалъул цо бегавул росулъ векерахъдулев вук1анила кьишни-къул бак1арулев. Щай гьадин виххун ккаравин гьикъидал гьес жаваб кьун буго Гьит1инова яч1иней раг1улилан. (Гьит1инова, «Цолъи» казияталъул редактор).  Жиндирго х1алт1и рак1бац1ц1адго гьабич1ев бегавул редакторалъул ругьел щведал векерахъдизавун вуго. Гьаниб щибго къуват-гуч гуро бугеб,  редакторалъул рит1ухълъиги, т1екъалда т1екъаб абизе нахъе къангут1иги буго. Гьединал мисалал чанги рачине бегьула нилъер районазул редакторзаби ва мухбирзабазул х1алт1иялъул.


     Амма, буго цо тайпа х1акимзабазул (чукъбузул)  гьеб данделъи рек1ее г1еч1еб, редакторзабазул гьудулъи  (цолъи) шокъроб ракьа г1адин къарал, ва щиб гьабунги гьел казиятал къазе кколин бюджеталъе экономия бук1ине абун бут1рузда цере х1ел-х1едулел.  Казиятал къай батун буго эзда  кибе ун  лъуг1улеб бугебали лъалареб бюджеталда экономия гьабизе  бак1. Жив вугин бищун кутакав г1акъил абун ч1арав чиясдасаги к1удияв г1абдал вук1унарин абухъе, гьадинги лъуг1ун унеб бугеб мац1ги ц1арги ц1унизе рахъине кколел чаг1и, кепказе г1оло миллаталда т1ад михир бачине лъугьиналдасаги к1удияб зарал г1агараб халкъалъе  кинха гьабилеб? Жиндаго жо бажарич1еб мехалъ щиб гьабунги т1ок1ворч1изеги ккеларищха хъулухъ ц1униялъул мурадалда. Гьединав чиясда абун буго г1акъилас «Аллагьас ц1унайги ц1еч1еб ц1урахинк1алдаса»,- ян.  


    Ассоциация буго щибго х1укуматалъул кумек гьеч1ого, жалго рекъон, милатги мац1ги кколеб бугеб бак1 бихьун, гьелъухъ  рак1 унтарал  редакторзаби данделъун г1уц1араб цолъи. Гьелъ гьеб щулалъулеб  буго. Баркала буго «Миллат» казияталъеги нилъер пикраби рахъизе бак1 таралъухъ.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook