Авторизация

Шамил имамасул зияраталда

Шамил имамасул зияраталда

-1-

Муг1руздаса рик1к1ада,

Нур бараб Мадиналда

Алжаналъул ахилан –

Равзаялъул ракь буго.

Гьелда аск1об Бакъиг1а–

Асх1абзаби, шагьидал,

Салих1унал цолъараб,

Ц1акъ хирияб зиярат.


Г1алам жидехъ урхъарал,

Умматалъул чирахъал,

Исламалъе рух1 кьурал,

Церехъабазул къокъа.

 

Дир г1акълу биххун буго,

Черхалда гъаргъар бала.

Гьалщинал бах1арзазул,

Г1ажаибал къисабаз.

 Гьаниб Аварагасул,

Васиятал ц1унарав,

Анц1азарго чиясул,

Хабал агьлу г1ун буго.

 

Иман лъурал васаца,

 Аллагьги  к1одо гьавун,

Т1олго дуниялалда,

Диналъул аслу лъуна.

Гьанив щивав чи вуго,

Жиндир г1умру берцинав,

Бицен къадруяб   буго,

Къармат1ал васалазул.

Амма, цо маг1арулав –

Г1ажамияв,  генусев,

Г1ажаибаб нух бугев,

Нахъа гъазават бугев.

Бодул  гьалдолеб тарих,

Чодул кьолониб хъварав,

Рит1ухълъиги Ват1анги

Ясбер г1адин ц1унарав.

Гьит1инаб бо къуватав,

Къо-асс жиндир борхатав,

Бах1арчилъи, ях1, намус

 Ирсалъе нахъе тарав.

Хъудулел г1ораздеги,

Хъирул сухъмахъаздеги,

Рокьи свине тогеян,

Аманатал гьарурав.

Имаматалъул къиса

Дунялалда бицарав.

Рорхарал байрахъазда 

Рагъул аятал хъварав.

Ругъназ черх бас-басарав

Бер къапун нахъе къач1ев,

Имамасде зиярат

Гьабизе щун вуго дун.

-2-

Рек1ел х1алуциналъул,

Х1айранал  къаг1идаби,

Къваридго К1удиясде,

Шурулел руго дица.

 

Гьанже дуниялалда

Дагъистаналъул ц1ваби,

Къо банаг1ан рик1к1алъун,

Кунч1ун-сун рихьулилан. 

Умумуца рух1ги кьун,

Ц1унараб маг1арулъи,

Ц1и г1урал наслабаца

Дагь-дагь ккун рехун тана.

Гьанжесеб г1ел муг1рузде,

Ч1ваднахъе щвезе уна,

Рехун тарал хъулбузул,

Тарих цоцай бицине.

Замана хисун ккана,

Хиянатлъиги буго,

Бат1аго доб мехалъул

Наслаби кире инел?

Узденлъи учузлъараб,

Х1ел-х1еди багьалъараб,

Х1алих1атал т1адчаг1и,

Г1емерлъараб х1укумат.

Дур къануналги, имам,

Къалмикьго хут1ун руго.

Имаматалъул тарих,

Т1ахьазда басралъана.

Дур гъазаватал васаз,

Дагьал рехсолел руго,

Дур сухъмахъазда гьанже

Байрахъал ч1валел гьеч1о.

Дур ц1ар бахчизе лъугьун,

Т1убараб къарну ана,

Къоло щуго соналъ мун,

Вагъарав ват1аналда.

Дуда данде рахъарал,

Хъурмазул наслабаца,

Бичулеб буго т1алъи,

Т1у-т1ун цоцахъа бахъун.

Г1емераб рек1к1 гьабуна,

Г1емер х1илла ургъана,

Гьегьал т1адчаг1и рач1ун,

 Чарал харбал рицана.

Дур къадру гьабунщинав,

Хиянатчи  гьавуна,

Дур гъазават какизе,

Г1емераб ях1 бахъана.

Дур борхараб хвалчакьа,

Жакъаги х1инкъун ругел,

Дур асарал  рехседал,

 Сородула  дол жеги.

Дур борхалъидул хъулби,

 Жеги рихулел руго.

Дур бац1ц1адаб ц1аралъе,

Ц1ар кьезе х1инкъун руго.

Къуват дагь бугониги,

Къарт1 жидер т1адег1анал,

Муридзаби рехсани

Сири бач1уна дозде.

Бак1 гьит1инаб  бук1аго,

Гьунаралъ дунял ц1урал,

Маг1арулазул ц1араз,

 Ц1орораб г1ет1 рехула.

Имам, дур миллаталда,

Г1емераб къо бихьана,

Къоабилеб г1асруги

Г1асилъабазда ана.

Г1умру т1убан хисана,

Хасиятал чучлъана,

Чилъиги г1аданлъиги,

Цебе г1адинаб гьеч1о.

Мун ун сонал раледе

Туснахъ гьарун рит1ана,

Рит1ухъал г1олилазул

Къокъаби ятабалде.

Дагьабниги эркенаб

Пикру загьир гьабурав,

Пачаясе инкарчи

Вугилан лъазавуна.

Раг1и бугевщинасе,

Судалъ х1укму къот1ана,

Къоло щуго соналъул,

Асирлъи, ялъуни  – хвел.

Г1емерав г1алимчияс

Сапар бухьине ккана,

Кинабгоги рехун тун,

Ц1орораб Сибиралде.

Амма щиб лъугьаниги

Х1укумат хисаниги,

Ях1ги ц1арги ц1унарал,

Маг1арулал камич1о.

Киг1ан къо бихьаниги,

Росаби рух1аниги

Борхатго ккун бук1араб,

Бет1ер лъийго къулич1о.

Бат1аго камуларо,

Жанисеб хиянатлъи,

Жидерго миллатцояз,

Жинкун, хьимун гьабулеб… .

Жегиги лъуг1ун гьеч1о,

Инкарчаг1азул макру,

Унтизабула керен,

Кванала гьелъ ургьимес.

-3-

Имамасул каламги,

Камилаб малъа-хъвайги,

Киналго сонал рахун,

Раг1улеб  бугин ккола.

Рик1к1адал кьалул сонал,

Цере рач1унел руго,

Рек1к1ги, хиянатлъиги,

Бах1арчилъиги, ях1ги.

Зах1матал сухъмахъазда,

Кьур-кьурарал нухазда,

Кьварарав имамасе,

Чанги къор гъун бук1ана.

Бук1аниги кинабго

Нахъа тарав багьадур,

Борхатаб сиялдасан

К1алъалев вугин ккола:

 «Замана хисардула,

 Ханзаби  т1аса уна,

Т1аса ин гьеч1ев вуго

Бет1ергьан, нилъер Аллагь.

Бижанщинаб махлукъат,

Досде буссине буго,

Диван гьабулеб къоялъ,

Иншааллагь, рихьила.

Дир киналго  муридал,

Муг1рузда шагьидлъарал,

Рец1ц1улаго ругъналгун,

Т1аде рахъине руго.

Гьеб мехалда бич1ч1ила,

Щал бит1арал рук1арал.

Щивасул хияналъи,

Борцина ц1адирабаз».

Кинабго Аллагьасде,

Т1амун тейин абулеб,

Имамасул г1акълуялъ,

Г1одоб биччала керен.

Киг1анго бак1лъаниги,

Квер хьваг1ун тезе ккела,

Жидедаго бич1ч1ухъе

Х1укму къот1улел чаг1и.

Гьезул беццал рак1азе,

Канлъи т1ок1аб щвеларо,

Кант1улареб бет1ералъ,

 Балагь г1емер гьабила.

Г1узраби ругониги

Г1арзаби ругониги,

Г1азизаб   миллаталул,

Къо жеги рук1к1ун гьеч1о.

Маг1арул сверабазда

Сун  гьеч1о жеги ц1аял.

Жан бугел г1олохъабаз

Ц1унила дур  Дагъистан.

Гьел жеги цере руго,

Гьал кьураби хириял,

Гьал иццазе, г1оло доз

Г1азизал рух1ал кьела.

Дозул бер къапиларо,

Дозул квер т1урк1иларо,

Т1адег1анасул рах1мат –

Ях1 бугел маг1арулал.

-5-

Имам, дур тарих лъалев

Г1ажаиблъун ккеларо,

 Бакъиг1алъул ракьалда,

Дуе бут1а щвеялда.

Гьеб дуе Х1абибасго,

Х1адурун тараб сайгъат.

Салам буго К1удияв,

Дуде Дагъистаналъул

***

Муг1руздаса рик1к1ада,

Г1арабазул рахъалда,

Алжаналъул ракьалда -

 Равзаялда г1агарда,

Г1алам жидехъ урхъарал,

Зияратазул ц1ураб,

Бакъиг1алъул хабалалъ,

Хиялазда вуго дун.

Г1арабустан.  Нур бараб Мадина. Бакъиг1алъул хобал. 2014с. 


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook