Авторизация

ЦIурмал

Ц1урмал

Гьит1инаб мехалда, рак1алда буго,

Бурт1ал рук1унаан, ц1урмалги рарал.

Магъилъ, г1алахалда кир ругониги,

Ругеб бак1 лъалаан, гьезул зваргъеялъ.

Г1ажаибаб т1аг1ел - ц1ирхараб гьаракь,

Роол къояз  кибго щущан бук1ана.

Бурт1ал ралъаргъине  ургъун ратилин,

Толаан дицани гьел расанк1аби.

Хадув армиялда - г1урус ракьалда,

Г1олохъанав дида рихьана ц1урмал,

Азарго сон барал килисабазда,

Кашишас кьабулел раг1улаан гьел.

Г1урусазул ц1урмал, маг1арухъ ц1аял,

Ц1ияб хабаралъул хасал ишарал.

Нуж киг1ан рухарал, киг1ан ракарал,

Квешаб ругьелалъул хехал ах1ияз.

Инсанасул г1умру раг1алде щведал,

Абула эсие ц1умур кьабг1анин,

Кьурал къоял лъуг1ун къанщулев мехалъ,

Къваридго бухулеб бук1унила гьеб.

Гьудул, цойги г1умру    раг1алде щведал,

Дуда раг1ила   дий ц1умур кьабг1анин?

Ц1а г1адинаб г1умру сун лъуг1анилан,

Бицина  цо чияс    рокьукъаб хабар?

Киг1ан чаг1и арал гьаб ракьалдаса,

Ц1аязги ц1урмазги ц1аралги рехсон.

Амма дир ракьалда кьабуге ц1умур,

Мац1 хванин абураб ах1иги гьабун.

Ракуге щобазда ах1ул ц1аялги,

Ах1уд маг1арулал рахъине ккараб.

Эбелалъ лъимада чияр мац1 малъун,

Лъуг1анин ракьалда дир миллатилан.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook