Авторизация

Гьадинаб жойищ гьаб г1умру бук1араб

Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб,

ГIурччинаб ихилан дур хиял ккараб,

ГIадамасул гьумер гьимараб мехалъ –

Цо хIилла батилин хIинкъизе ккараб.

Гьадинаб жоиищ гьаб гIумру букIараб,

МагIица лъалъараб, лъеца чурараб,

ЛъикIалщинал чагIи къанабакь лъураб,

КъабихIабщинабжо ракьалда тараб.

Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб,

ГIузраби гIемераб, гIиллаби дагьаб,

ЛъикIлъи гьабурасе нагIана кьолеб,

НагIана батаял тахида толеб.

Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб,

ГIуруца жиб аяб, дир ракI унтараб,

ЦIвак-цIвакун зобалахъ цIвабиги ругеб,

ЦIар ахIун ватизе гIаданги гьечIеб.

Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб.


Автор: Жабраг1ил Х1асанов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +7
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook