Авторизация

Гъуранщинал чагIи…

ТIарикъаталъул устарзаби ругеб жаниблъиялда гIуна дун. ГIадатлъун батичIо нижер гIадамазулъ, кигIан ракIунтараб хвел ккарабги рокъоб ахIун магIил рагIаби рикIкIи, къадаралде мукIурлъулареб согIлъи. Лъахъаса ХIамзат афанди накълолъарал къояз ниж, лъимал гIисинккун гIодулел рукIана, нижер кIудада хванин абун (росдалго лъималаз кIудадаян абулаан калам гьуинав ХIамзат устарасда.)  ЧIахIияз нижеда абуна гIодичIого къулгьугун альхIам цIализе кколин кIудада воххизеян.

 «КигIанго диналда данде чIараб, кьварарал законазул заман бугониги ХIамзат афанди камурал къояз гьидерида аскIор эхетана иманалъ нур гвангъарал дагъистаниял,»- ин бицунаан мунагьал чураяв Суракъатица. Устарзабазухъе щун иман щула гьабурав, гIалимзабазухъ балъго цIалун гIелму камил гьабурав чан чи гIужиев гъурав жалго дагъистанияз Дагъистаналда!  Муршидзабазул ракьалъул къиматги лъан нижер ракьалда гьоболлъи балезул цоял букIана ЦIиликьа ХасмухIамадги гьесул васалги. Советияб заманалъул Советский район бугониги, жидер иман шулалъизе бокьанщинав чи, тIарикъаталъул муридзаби нижер ракьалде хьвадулел гьоркьор къотIичIо. Гьелъги батила комунистаз кьураб «Советский» цIар къабуллъулеб букIинчIеб районалъул халкъалъе. «Советский» хисун «Шамил» цIар районалъе кьей жиндиего хасаб рохеллъун къабул гьабуна, дол соназ Дагъистаналъул муфтиясул заместительлъун вукIарав СайидмухIмад Абубакаровас.  Гьеб цIар хисулеб къоялъ Суракъатгун цадахъ нижер районалдеги вачIана СайидмухIаммад-хIажи.

ДунгIан гIадатияв чияс жиндир бицунев, бицун гьесие къимат кьолеб даражаялъул чи СайидмухIмад вукIинчIо. Щаяли лъаларо, гьесул сураталъухъ балагьизегицин адаблъула жеги. БукIана халкъалъул гьесде гIорхъи гьечIеб хIурмат, гьесдаса чIухIи, метериселде гьесда бухьараб хьул. Гьев камунин лъайдал лъукъана ракIал.

Гьадин ракIалда чIана СайидмухIаммад-хIажи шагьидлъараб къоги.

Август моцIалъул къо, къаде какдаса хадуб гIуж. Зурма, къали, тIармида ахIулел кучIдул, горсверулъ умумузул кьурди - нижер мухъалъул цо росдал жамагIат бакIарун букIана бертадул тепсиялда нахъа. СухIмат гIуцIараб гьоцIу рагIалдаса унеб шагьранухда лъалхъана районалъул бетIер МухIамад МухIамадзагьидовасул машина. Гьесие хIурматалъе гIедегIана тамада, адаб гьабун тIаде рахъана гIолохъаби. Амма, аваданлъиялъул гурулъе вачIунев, гьесул гьурмада букIинчIо гьеб ихтилат гIахьал гьабулеб кинабниги гIаламат.

ЖамагIаталъе саламги кьун, бахIаразда къокъаб каламалдалъунги баркун гьес абуна:

- ХIурматияб жамагIат, гIолохъаби, бертадул лъарги борхун, кьурдул свери бахъулеб хIал гьечIо жакъа ракIалъул, кIудияб пашманлъиялъул ругьел щун буго нилъехъе, чIван вуго Дагъистаналъул муфтий СайидмухIаммад-хIажи... Гьеб, нилъее киназе гIахьалаб къварилъи нужееги бицинчIого тезе рекIее къабуллъичIо… Дун зигараялъ унев вуго.

СихIкъотIи…

-Вай, Аллагь… Уяб жойищ..?-ин гIисинаб шур-шур..

Гьоркьоб къотIана кьурди, бертин, къвине тана зурмил гьаракь.  Ругеб бакIалдаса шуричIого, цIорон ракIалгун хутIана гIадамал…

Исана школаги лъугIун Дагъистаналъул медакадемиялде цIализе лъугьана, исламалъул лъикIаб кьучI щварав, I988 соналъул августалъ данделъарал бахIаразул вас СаййидмухIамад.

ХвелгьечIеб цIар нахъе таразул баракат камугеги наслабазе.


Автор: ПатIимат ГьитIинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Валлагь гъурана ха,нилъер бищун гӏакъилалги,церетӏуралги,къвакӏаралги(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook