Авторизация

Шаг1ирасул къисмат – пашманаб къиса

Шаг1ирасул къисмат – пашманаб къиса

   Гьале дица рагьулеб буго маг1арулазул шаг1ир Жабраг1ил Х1асановасул «Пашманаб къиса» абураб абураб  куч1дузул т1ехь. Гьелда Жабраг1илица гьадинаб т1адхъвай гьабун буго: «Дир гьудул Ах1мадов. Гьал раг1абаца загьир гьабич1еб цойги дица дуда  щибин абилеб? Жабраг1ил».  Шаг1ирзабазул щаг1ирзабазда гьоркьор гьудулзаби дагьал рук1уна. Жабраг1илги дунги гьудулзаби рук1ана. Нижер кеч1ги, рак1ги, бак1ги кидаго рекъон кколаан. Шаг1ирлъи гьудуллъилъун лъугьараб мехалъ, гьудуллъиги шаг1ирлъилъун лъугьуна. Гьединлъидал гьес  дие сайгъат гьабураб кеч1алда хъвалеб буго:

Дир рахъалъан абе АхIмадовасда,

АхIун пайда гьечIин гьанже кучIдузул.

РекIее рокьарал ракьулъе индал,

Ракьалда вукIине бигьаяб гьечIин.

Цойги дуца абе, дун свакан вугин,

Сабурги чорхолъа лъугIулеб бугин.

ГIедегIун сверулел соназ, лъачIого,

Савуялъ бахчулеб бетIерги бугин.

Дир рахъалъан абе АхIмадовасда,

Аллагь тун нахъияб гьереси бугин.

Замана щун бугин нилъеда лъазе

Лъие нилъ къулилел, сунда божилел.

Гьеб коч1олъ к1удияб бух1иги, гъваридал пикрабиги, каранзул ургъелалги, г1умруялъул дарсалги руго. Жабраг1илица гьениб заманаялъул сурат бахъун буго:
                      Цойги дуца абе дир гьудуласда,

Рит1ухълъи бокьарал ракьулъ лъун ругин,

Эркенлъи хириял хабалалъ ругин,

Халкъалъ бидуласе байрахъ чIван бугин.

Гьаб ракьалда лъикIлъи лъун бугин гьоркьа,

Ккун бугин кинабго квешлъи тIадехун.

Жагьилчи бергьанин, гIалимчи къунин,

ГIакъилги гIабдалас кIалъазе течIин.

    Гьалдинаб коч1олаб кагъат г1адада хъваларо – хъвала гьудуллъиги божилъиги, борхалъиги бугеб мехалъ. Дицаги гьеб къабул гьабуна гьудуласул васят г1адин, коч1оца г1умруялъе кьолеб къиматги къуватги г1адин.

  Жабраг1ил вук1ана маг1арухъ г1урав маг1арулазул шаг1ир. Гьесул коч1олъ цолъун рук1ана киналго маг1арул классиказул лъик1алщинал рахъал: Г1али –Х1ажил иллагьияб нур, Мах1мудил панаяб хьухьел, Х1амзатил х1еренаб гьими, Расулил шиг1рияб къуват, Г1абасил Мах1амадил сабураб г1акълъу, Г1умар-Х1ажил  рек1ел гьалдей.

    Гьединлъидал дида рак1алде щола Г1умар-Хажил гьадинал раг1аби: «У, дунги, дир умумулги дир умумузул умумулги г1уна гьал муг1рузда, Дагъистаналда. Гьеб буго дир ват1ан. Дунял щай х1айранлъизе, г1ажаиблъизе  гьабураб дир умумузул Дагъистаналъул бах1арчилъиялъ? Щай гурелъул гьез жидерго ват1ан г1уц1ич1о г1иц1го анищаздасан, хиялаздасан. Хиялалги анищалги  гьез г1уц1ана г1агараб т1алъиялда, ват1аналда сверун».

    Ват1аналда сверухъги рек1еда сверухъги рух1алъул бух1иялъул ц1адуда сверухъги  г1уц1араб поэзия  бук1ана ва буго Жабраг1ил Х1асановасул. Гьесул анищалги хиялалги хут1ана маг1арул ракьалда, маг1арул мац1алда, маг1арул зобазда. Гьесул къисматалъул пашманаб къиса халкъалъухъе щвана шиг1рабаз ц1унун, шиг1раби г1адамаз ц1унун:

Зодихъе гIагараб доба магIарухъ,

МагIу баккуларо, би гуронани.

Бергьенлъи босарав вукIуна дова,

БукIине кколеб жо лъугьараб гIадин.

Доба бихьинчилъи, цIар букIунаро,

ЦIвабзазухъе вахун мун ананиги;

Доба бахIарчилъи, гьеб гьунар гуро,

Гьеб тIабигIат буго магIаруласул.

    Шахтамановас абухъе: «Муг1рузда г1урал г1адатиял чаг1и руго ниж. Кеч1ги нижерго буго, бакъанги нижерго буго. Бакъназе т1амурги нижерго буго. Т1амур хъван кеч1 ах1изе ват1анги нижерго буго. Амма нижеца кеч1 г1иц1го коч1ое гьунар бихьизабизе гуро ах1улеб. Нижеца кеч1 ах1ула раг1аби абизе, чед г1адин кеч1ги нижеца дунялалъе г1ахьал гьабула». Гьал раг1аби ц1акъ рекъон ккола Жабраг1илил шиг1рабазул дунялалда, гьесги кеч1 ах1ула раг1и абизе.  Амма, абураб раг1и раг1изеги гьунар къвариг1уна. Гьеб гьунар Аллагьас кьураблъун бук1ана маг1арул халкъ, гьелъие кеч1 ах1ана киналго гьунар бугел маг1арул шаг1ирзабаз. Ах1ана Жабраг1илицаги. Талих1 буго халкъалда гьесул кеч1 раг1улеб бук1ин:

Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб,

ГIурччинаб ихилан дур хиял ккараб,

ГIадамасул гьумер гьимараб мехалъ –

Цо хIилла батилин хIинкъизе ккараб.

Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб,

МагIица лъалъараб, лъеца чурараб,

ЛъикIалщинал чагIи къанабакь лъураб,

КъабихIабщинаб жо ракьалда тараб.

  Нижеца кеч1 ах1ула раг1и абизе. Гьединлъидалин кеч1 ах1улеб мехалъ абулеб бук1араб – раг1аби раг1изе теян. Гьедин ах1улаан, хъвалаан кеч1 Жабраг1илицаги. Гьесие х1ажатаб бук1ана жиндирго рохел-пашманлъи, пикраби, рек1ел асарал, анищал, мурадал, рак1алдещвеял щивав маг1аруласда раг1изабизе.

   Къисматалъул пашманаб къиса  бигьа гьабизе, заманаялъул кьог1аб хабар гьуин гьбизе, гьунаралъул балъголъи загьир гьабизе рижарал руго Жабраг1илил г1емерисел жугьаби, гьес кеч1 хъвалеб г1адин х1ухьел ц1ала, х1ухьел ц1алеб г1адин кеч1 хъвала, гьесухъе кеч1 бач1уна унтуе дару г1адин:

Дир бицен ккарабго, берцинал ясал,

Бераз ишан гьабун, щурщудиларо.

Кьерилал васазги кьуриларо михъ,

Кьурулъан харулев чи гъов вукIинчIин.

Гьаб, рииги тIагIун, хаселги щвечIеб,

Хиялаца гIодов тIамураб заман.

Сверулъанги гирун, гохIдеги щвечIеб,

Гуккун вукIин дида дунго лъараб мех.

   Щивав шаг1ирасул буго жиндирго заман. Шаг1ирас замана т1аса бищуларо, заманаялъ шаг1ир т1аса вищула, жибго лъазабизе, рагьизе, рогьоги, намусги, бах1арчилъиги, къадарлъиги, къадруги, ничги, берцинлъиги, сурукълъиги, лъик1лъиги, квешлъиги, рит1ухълъиги, хиянатги, хвелги, хвелгьеч1олъиги заманаялъул коч1олъ хут1изе. Гьеб киназдаго гуро к1олеб. К1ола г1иц1го к1удияб гьунар Бет1ергьанас кьуразда. Жабраг1илида лъана гьединаб «Замана»:

                     Лъугьине кколеб жо лъугьун бахъараб,

Лъугьунареб щинаб дуда бичIараб,

РекIелъе, ракъварал тIугьдул кинигин,

ТIубачIел анищал къватIир рехараб.

Нилъерги чидарги чи дуда лъараб,

Чинкваги куракги батIа гьабураб,

ГIабдалги гIакъилги гIакълуялъ цIараб,

Гьудулги тушманги дуда вичIчIараб.

     Гьелда цадахъ шаг1ирасе хут1ула г1умруялда цадахъ г1адада араб заманги т1аса бахъун, гьесие тараб Аллагьасе какги балеб, каранда дуг1аги решт1унеб, рек1елъе зикруги бач1унеб – Аллагьасе бугеб заман. Гьеб заманаялъ хвасар гьавула, вац1ц1ад гьавула шаг1ир.

  Жабраг1илил куч1дузул рек1елъ Аллагь вуго. Гьеб ккола шаг1ирасул бищун к1удияб талих! Аллагьас ц1унаги Аллагь рек1елъ гьеч1ого арав шаг1ирасдаса. Шамил имамасул, устарзабазул, муридзабазул, Ах1улгох1алъул х1акъалъулъ бицунеб мехалъ Жабарг1илил поэзия дуг1аялде сверулеб бугин ккола:

Рогьалилъ ахIулеб будунасул как,

Гендерил щобазда щущалеб мехалъ,

ХъахIаб чалма къарав чиясул барти,

Боржун унеб буго свералабалъан.

Гьасул чол тIваркъиялъ тIадмагIаруллъи

ТIуркIун макьидаса борчIулеб буго.

Гьасул хъахIаб мегеж хъвалхьун бецIлъигун,

Рогьел гIадин буго гьал мугIрузда тIад.

     Бакълъухъ росулъа гьединав бакъ г1адинав шаг1ир маг1арулазда к1очене гьеч1о.  Ахиралда абизе бокьун буго: – Жабраг1ил Х1асановасул куч1дул  ц1аларал маг1рулал рохизе на риххизе руго. Рохизе руго гьелъулъ бугеб бац1ц1адаб, роц1араб поэзиялъул мац1алдасаги, ц1ар бахъарабго рак1алда ч1олел жугьабаздасаги, маг1арул миллаталде бугеб рокьудасаги, ракьалда толеб бугеб гьунаралъул лъалк1алдасаги, лъик1лъиялъул гьаракьалъ гьуин гьабураб зах1матаб къисматалдаги, къиса г1адин г1адамаз ц1ализе бугеб рух1ияб дунялалъул бечелъиялдасаги, риххизе руго - щай гьал куч1дул г1адамазухъе кват1ун щварал  абун. Гьелъие г1илла цо бук1ана - живго Жабраг1илил жиндехунго бугеб т1адег1анаб жавабчилъи, гьес ц1акъ г1емерал соназ т1ад х1алт1ун хъвалаан,  къач1алаан, нусц1ул борцун цин къот1ун гьабулаан.

    Жабраг1ил Х1асанов ана анир куч1дулги тун, куч1дузда т1ад ц1арги тун, гьесул ц1аралъул ц1ваялъ щибаб къо анаг1ан г1адамазе  ц1ияб канлъиги каранзул бух1иги кьолеб буго.

    Жабраг1ил Х1асановасул гьунаралъулъ буго х1еренаб гьимиги, гьуинаб махсороги, рокьул ц1вабиги, рокьукълъи къезабулеб хинлъиги, лъик1лъиялъул лъалк1алги, лъаялъул дарсалги, дунялалда г1адамазе кьураб г1умруялъул маг1на лъайги, маг1арул коч1ол рорженалда рекъон ккейги, рукъалъул ургьел дунялалалъул ургъеллъун лъугьинабизе к1вейги, къисматалда къварилъахъдич1ого гьеб бихьинчияб къаг1идаялъ къабул гьабиги.

    Гьеб кинабго цолъидал лъугьуна унго-унгояб, адабият ч1ух1улеб, шиг1рабазул мац1алъе хвел гьеч1олъи кьолеб поэзия. Ц1але,   маг1арулал, Жабраг1илил куч1дул!

Мух1амад АХ1МАД0В

Дагьистаналъул халкъияв   шаг1ир


Автор: Мух1амад Ах1мадов

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook