Авторизация

Гьанжезаманалъул адабияталда рух1ияб тема (къокъаб баян)

Гьанжезаманалъул   адабияталда рух1ияб тема 

(къокъаб баян)

Киг1ан  х1укуматалъ к1варкьун т1аг1инабизе лъугьаниги,   рух1ияб адабият  лъуг1ич1о ва,  Совет Союз (1991с.) биххаралдаса хадуб бечелъун, ц1илъун  бач1ана. Изну щвана х1укуматалъул басмаялда, газет-журналазда рух1иял асарал рахъизе. Гьединго радио-телевидениялдасан рес кьуна г1алимзабазул х1акъалъулъ бицине, ваг1за-насих1ат гьабизе. Халкъалъе х1ажатаб, ц1ияб х1ухьел биччараб г1адаб асар бук1ана, гьеб кинабго г1адамаз къабул гьабулеб куц бихьидал.

Къват1ире рач1ана цере рук1арал асарал, г1ажамалдаса кирилицаялдеги  руссинарун. Гьедин,  Инхоса Г1али-х1ажиясул «Макка бахъи» абураб турки 1990 абилеб соналъ бахъана «Сабаб» журналалда. Гьеб бук1анин абизе бегьила, рух1ияб темаялда ругел асарал гьанжесеб хат1алдаги хъван, къват1ибе бахъиялъул т1оцебесеб гали. Рух1ияб адабият машгьур гьабиялда т1ад   к1вах1 тун х1алт1ана филологиял г1елмабазул доктор, профессор мунагьал чураяв Сиражудин Х1айбуллаев. Гьес жинцаго данде гьарун, бак1-бак1азда, росабалъа рак1арун, г1ажамалдаса руссинарун  къват1ире риччана    к1очене рес бук1арал чанги г1алимзабазул т1ахьал.  Гьединго филологиял г1елмабазул доктор Ах1мад Муртазаг1алиевас г1емераб х1алт1и гьабулеб буго рух1ияб адабият рагьиялъеги    мугьажирзабазул асарал миллияб адабияталда гъорлъе рачиналъеги. Рух1иял асаразда т1ад х1алт1улев вуго  филологиял г1елмабазул кандидат, Дагъистаналъул халкъияв  шаг1ир Х1амзаев Мух1амадги. Мух1амадица маг1арул адабияталда цебет1езабуна,  биографияб жанр. Гьесул «Бакълъухъа Саг1адух1ажиясул Мух1амад-апанди» абураб т1ехь к1удияб тиражалъ лъабго нухалъ  басмаялда бахъана. Гьелдаса хадуб къват1ибе бач1ана Мух1амадил «Бакълъухъа Г1абдулгъапурил Мух1амад», «Ч1ик1аса Саг1ид-апанди» абурал  биографиялъулал т1ахьал. Гьезул бищун машгьураб асар ккола «Имам Шамил». Гьеб буго авар мац1алда бахъараб гъазаваталъул х1акъалъулъ хъвараб бищунго мух1канаб т1ехь.  

   Басмаялда рахъизе байбихьана цересел г1алимзабаца г1араб мац1алда хъван рук1арал т1ахьалги. Гьел маг1арул мац1алде руссинариялъ к1удияб асар гьабуна  Дагъистаналда ислам ц1илъиялъеги. Жалго г1алимзабазги хъвана  ваг1забазул, исламалъул аслабазул баян кьурал т1ахьал. Гьелъие ц1акъ к1удияб жигарчилъи бихьизабуна Къурамух1амад-х1ажи Рамазановас (1956-2007). Гьев, къокъидго шагьидлъун, нилъедаса ват1алъарав г1алимас нахъе тараб ирс жеги чанги наслабазе ц1ализе г1ураб буго ва гьесул г1умруги х1аракатчилъиги лъазабиялда т1ад г1алимзабиги х1алт1изе руго.

Бищунго г1емер рух1ияб темаялда т1ад х1алт1арав, гьелъул халкъалъе  бугеб х1ажалъи бич1ч1арав, к1вах1 гьеч1ев автор  вуго устар  Ч1ик1аса Саг1ид-апанди. Гьес нахъе тараб ирс анц1го жилдалде данде гьабун буго: «Назмаби» - к1иго жилд, «Аварагзабазул къисаби» – к1иго жилд, «Къуръаналъул ах1уде  г1авамал кант1изари», - ункъо жилд, «Г1олилазе насих1ат», «Мажмуг1атул фаваид».

    1990  абилел соназдаса хадуб маг1арул цо-цо хъвадарухъабазги байбихьана рух1ияб темаялда хъвадаризе. Ккана т1уранго динияб темаялде  руссарал шаг1ирзабиги Мах1муд-Апанди ва Машидат Гъайирбекова  г1адал.  Гьезда гьаб рахъалдаги раг1и абизе бажарана, ватана жидерго ц1алдолев. Мах1муд-Апандияс х1албихьана  мавлид хъвазецин. Хасаб ц1аралъе мустах1икъав вуго  Мух1амад Х1амзаев. Рух1ияб темаялда шиг1раби хъвана, хадуб гьебго темаялда прозаги хъвана. «Мух1амад Авараг», «Хириял халифаби» «Ункъабго мазгьабалъул имамзаби» берцинаб, мац1алда мух1канго хъварал к1уди-к1удиял асарал руго. Маг1арул рух1ияб ва дунявияб проза  гьел т1ахьаз бечед гьабуна ва цебет1езабуна.

 Жидер асаразулъ к1вар бугеб бак1 рух1ияб темаялъ ккурал шаг1ирзаби ккола      Ах1мадов Мух1амад, Х1асанов Жабраг1ил, Х1амзаев Мух1амад, Патах1ов Мух1амад ва цогидалги.  Гьел шаг1ирзабазул цо-цо  к1уч1дузулъа дагьалго мухъал рехсела, мисалалъе рук1ине:

 …. Дун Дуде вуссунев вуго Бет1ергьан,

Бет1ералда хъах1ал расал раккидал….

Тавбу Дуе Аллагь, дун пашманлъана

Лъанаг1ан гьарурал мунагьаздаса.

Рак1бух1ана Аллагь, лах1зат г1адинаб

Г1умру Дуе кьезе кват1иялдаса.

Ч1умалги ч1ч1вабиги-дуг1аги кеч1ги

Ч1умалги ч1ч1вабиги-какги бакъанги…

Дир нусабго лаго соролеб буго,

Сардалги къоялги щайзе Дуй кьеч1ел?-

Гьел Дуца дий кьуна, Дуца ц1унана,

Рах1муяв х1алимав, х1алк1олев Аллагь!

Дир беццал беразда канлъи бихьана,

Дир г1инкъал г1ундузда зоб гаргадана…

К1ал к1алъалеб мехалъ махх гьелда бала,

Аллагьасул гуреб раг1и гьукъизе.

Мунагьал мугьаллъун рекьараб дир рак1

Рокьул ц1олеб буго Бет1ергьанасде…..

Гьаб буго Мух1амад Ах1мадовасул коч1олъа цо кесек. Гьединал г1езег1ан к1уч1дул руго Мух1амадил асаразулъ. Гьев вуго маг1арул поэзиялда патриотикиябги рух1иябги тема цоцада хурхараб, бухьараб бук1ин бихьизабурав шаг1ир.  Цояб билани цогидалги чучлъулеблъи бихьизабулеб буго гьес жиндирго асаразулъ. Бищунго ц1акъ гьел дандч1вала Мух1амадил поэмабазулъ.

Гьебго темаялда хъварал  руго Жабраг1ил Х1асановасул  (1960-2013) асаралги.  Гьесул «Т1аде рахъа умумул» абураб назмуялда буго:

Т1аде рахъа, умумул, ах1и балел ругин ниж,

Ч1агояз т1ураларел т1алабал г1емер ругин.

Иман гьеч1еб халкъ бугин, хабар гьеч1еб г1ел бугин,

Г1абдалас хадуб бачун, халкъ кьурса унеб бугин….

…Бах1арчилъи сун бугин, саяхълъи бергьун бугин,

Аллагьилан ах1улев ах1макъилан тун вугин.

Рехун тун улбул ругин, умумул к1очон ругин,

Мажгитазда багъулеб мегеж тараб халкъ бугин….

(Т1аде рахъа умумул)

Жабраг1илил ахирал соназда хъварал асарал руго адабалде, иманалде халкъ ах1улеб, дунялалъул пайда гьеч1олъиги дагьлъиги бихьизабулел, ц1аларав кант1изе т1амулел г1адал рух1ияб темабазда хъварал.

      Гьел шаг1ирзабазул кьердаса Мух1амад Х1амзаев ват1а вахъула, сундул х1акъалъулъ хъвалеб бугониги т1олабго поэзия  адабалъул темаялда хъвараб  бук1иналъ. Жиндирго пикру загьир гьабулеб къаг1идаги гьесул буго сабураб, г1одовиччараб:

    Аллагьас ц1унаги мац1 гьеч1есдаса,

   Мац1алде бач1араб абулесдаса.

   Исламги х1алай ккун х1арам гьабизе

   Х1ажичийин абун хьвадулесдаса…..

   …Аллагьас ц1унаги ц1ияб г1елилан,

  Ц1у-ц1уял г1адатал ургъулездаса.

  Имамасул ц1арги ц1огьохъе бахъун,

  Хъулухъ кьезе г1оло кьурдулездаса….    

Гьединго Мах1муд-Апандияс хъвалеб буго:

         Квешал ишаздаса рорч1изе ккани,

        Кидаго Аллагьгун хут1изе ккола.

        Хъубал пишабазе ахир бокьани,

       Аварагасул нух ц1унизе ккола.

       Кепаб г1умруялда г1елинги абун,

       Ахираталъе мун ургъизе ккола.

       Аллагь г1емер рехсон, салават бит1ун,

       Бит1араб нухда ч1а, Мах1муд-Апанди.

Мах1муд-Апандиясул гьаб къаг1ида (авторас жиндего хит1аб гьабулеб)  жеги маг1арул  адабияталда машгьурлъич1еб ц1алулезе  ц1ияб жо буго. Дунялалъул поэзиялъени гьеб машгьураб  ва къабул гьабураб буго. Хасго к1удияб бак1 ккола гьелъ бакъбаккул халкъазул нек1сиял ва гьоркьохъел г1асрабазул поэзиялда. Хосрови, Руми, Саг1ади ва цогидалги дунялалдаго машгьурал шаг1ирзабаз билълъанхъизабураб къаг1ида буго гьеб.

      Нилъер заманалда руччаби-хъвадарухъабазги  ккун буго цо жидеего хасиятаб бак1 рух1ияб адабияталда. Т1оцее гьеб  темаялдехун юссун, гьеб  жиндирго поэзиялъул аслияб нухлъун гьабуна Машидат Гъайирбековалъ. Г1езег1ан ч1ах1и-ч1ах1иял асарал  – поэмаби  хъвана гьелъ: «Имам Шамил», «Ч1ик1аса Саг1ид-апанди», «Гьонодаса Мух1амад-Амин» ва цогидалги. Лъик1аб рух1ияб бечелъигун, лъайгун ва гьунаргун ц1алдолезда цее яхъун яч1ана Шагьри Х1ажиловаги. Гьелъул «Как ах1улеб буго», «Нилъ киналго нухлулал» абурал т1ахьал, г1адан  диналде ва дунял теялде, лъик1лъи гьабиялде кант1изавулел, ч1ужуг1аданалъе хасиятаб х1еренлъиялда, насих1аталъул къаг1идаялда хъварал руго.

     XXl г1асруялъул авалиял соназде маг1арул шаг1ирзаби  лъугьана г1адамасул г1амалал  (ахлакъал)  берцин гьариялъул  темаялда хъвадаризе. Гьеб тема буго маг1арулазе кидаго диналда бухьарабги. Г1адлу, ях1,  намус, иман, нич – буго исламалъул мурад. Гьелде халкъ ах1улел асаралги нилъер миллаталда къо банаг1ан ц1ик1к1унел руго.  

 


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook