Авторизация

Ахирияб свери

АХИРИЯБ СВЕРИ

КIикъоялда анцIго саналъул сапар,

Свери нахъаги тун, тIубан бахъана.

 Пардавал тIутIураб саназул раса,

 Кида мун свакалеб карачелабалъ?

 Дица нахъа тарал гIемер ралъадал,

– ГIищкъул чваххияца киве вачинчIев!

Къосарал дир нухал, хварал дир хьулал,

– Хиялазул гамий гьечIеб чIезе бакI.

БетIергьан, дур берзукь – дир тIолго сонал,

 Дуца, тIехь киниги, бегараб гIумру,

ГIайибазул гохIал, хIакъазул мугIрул,

ХIасраталъул ахир гьечIел авлахъал.

БетIергьан, дун дуда цеве вачIана,

Цебесеб квешабгин лъикIаб нахъа тун.

 Дир нахъа хутIараб соназул раса

 Салул байданалда бухIана дица.

Гьелда тIад рукIарал бакIал хиялал

Доб ралъдал тIиналде рехана дица.

Аллагь, Духъе вачIун вуго дун, гъале,

 Гьаве дуца къабул нух къосарав лагъ.

Дир ракI бекун буго, дир квешлъабазда,

 Ккарал мунагьазда тIасалъугьа Мун.

 Дур кавудал кIалтIа кIусун вуго дун,

 КIудияв БетIергьан, гурхIа дида Мун.


Автор: Расул Х1амзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook