Авторизация

Эбел-инсухъе кагъат

Щуго сон барав Саша уна америкаялъул цо школалъул хIадурлъиялъул классалде.  ЦIали байбихьун моцI араб мехалъ гьесул эбел Ольгахъе учителалъ битIун бачIуна, васасул цIаралдасан хъвараб насихIат. Гьелъ гIажаиблъиги гьабун гIурус мацIалде буссинабула. 

Дир пикру ккана, магIарулазул эбел-инсуеги учителзабазеги дарслъун букIине, гьаб кагъат магIарул мацIалде таржама гьабун лъикIилан. Гьелда жанир руго, гьадинаб ракIалдаго гьечIеб бакIалдасан рачIарал ругониги, тарбия кьеялъул кьуричIого тIуразе кколел рахъал. ТIаде жубазе жо пикруялъулъе бачIарас тIаде жубазеги бегьиларищха!

 

 «Мэрри Моппетс» абураб Сан-Фанциско шагьаралда аскIоб бугеб гьитIинабго росдал хасаб школалда лъималазул рухIияб парахалъи цIуниялде цIакъго цIикIкIараб кIвар кьола. Щибаб рузман къоялъ, лъималазул ихтияр букIуна, жидерго бокьулеб расанкIо, ясикIо, школалде босизе, щибаб къойил росаниги рокьулел тIахьазда тIад кIалъай букIунаро. Щибаб анкьалъ лъималазул ихтияр букIуна цо кинаб букIаниги аваданлъи, кепаб иш гIуцIизе. Масала: бокьулеб ратIлил къо, рокьулел расандабазул, хIаязул къо ва гь.р.лъ. Къад кьижизе бокьуларел лъималазе ихтияр кьола, гордалги бецI гьарун, гьитIинал понаразул канлъухъе жидеего рокьулел маргьаби рицине.

Гьеб школалда классалда жаниб щибаб лъимадул гьитIинаб ящикI букIуна. Гьелда жаниб учителас лъола рокъобе хIалтIи гьабизе кумекалъул алатал, моцIил занятиязул план ва эбел инсухъе кагътал. Гьединаб ящикIалъуб батана Ольгада гьаб кагъатги. Гьениб буго лъималаздаги гьикъун гьезул цIаралдасан хъвараб тарбия кьеялъул 2I къагIида:

  • Дун гогьдаризавуге, мун йортахъизе кколаро дие бокьанщинаб тIубазабизе.
  • Дида хIакъаб жо бугеб хIалалъ битIун абизе мун хIинкъизе кколаро.
  • Дун квешал гIамал-хасиятазде ругьунлъизе виччаге, гьездаса ватIалъизе дие дагьабги захIмат букIине буго.
  • Дида дирго пикру щибго кIварго гьечIеблъун бугин ккезабуге, гьедин ккараб мехалъ, дун квешлъизе лъугьуна, гьеб дуда лъан букIине ккола.
  • Цогидал ругеб бакIалда дун витIизавизе лъугьунге. Дида абулеб жо, бадиса бадибе абураб мехалъ лъикI бичIчIула.
  • Дида дихъаго ккарал гъалатIал, бегьизего бегьуларел, гIассиял такъсираллъун ккезе гьаруге.
  • Дир гъалатIазул хIасилалда кколеб заралалдаса дун цIунизе лъугьунге. Дида бичIчIизе ккола дихъан ккарал квешал  ишазул зарал букIунеблъи ва жаваб кьезе кколеблъи.
  • Дир гIис-бикъинаб мекълъиялде кIудияб кIвар кьоге, дие бокьун букIуна дургун накъит гьабизе, мунгун хурхеналда вукIине.
  • Дица мун йокьуларин абуни, цIакъго ракI хун лъугьунге, гьелъул магIна мун йокьунгутIи кколаро, дур кьури гьечIеб тIадлъи-ханлъиялде дандечIей ккола.
  • Цого жо нусцIул такрар гьабуге, гьабуни дие бокьула гIинкъав чилъун хIазе.
  • УргъичIого дие рагIи кьоге. Дуца гьеб рагIи кквечIони, дун цIакъ рекIекълъун, ракI хун лъугьуна.
  • КIочонге, дида жеги ракIалъул асар, рекIелъ бугеб бокьараб жо бичIчIуледухъ дуе баян гьабизе кIолареблъи.
  • Ццим бахъараб мехалъ битIараб бицин дидаса тIалаб гьабуге. ХIинкъиялъ дихъа гьереси бицун, мун махсароде ккун борчIизеги бегьула.
  • Цин цо тIалаб гьабун, хадуб цоги гьабун, гIемерай хисардуге, цо ккураб гIамалалда чIа, гурони дунги хисардулев, цо ккураб гIамал гьечIев лъугьине рес буго.
  • Дир суалазе жаваб кьечIого тоге, дица жаваб кинго балагьичIого толаро, амма цоги бакIалдаса.
  • Дир хIинкъаби кIвар гьечIел гьадингоял жал ругин абуге. Гьезул цIакъ кIудияб кIвар буго, гьел гьадингоял гIиси-бикъинал жал гуро, гьел дагьалги кIудияллъун лъугьуна дуда ричIчIулел гьечIеб мехалъ.
  • ГъалатIго кколарей, цIакъго  камилайлъун хIаге, дие цIакъ захIмалъула, дун цIакъ рекIекълъула, гьеб гьедин гьечIеблъи лъараб мехалъ.
  • Дуда ккоге дида тIаса лъугьаян абуни дур къадру дида аскIоб хвелилан. Дуца дида тIаса лъугьаян абуни, диеги бокьиларищ гьединго абизе, гьелъ дуца дидаги малъулеб гьечIищ гьедин абизе.
  • Дуда кIочон тоге дун хехго кIудияв гIолев вукIин, гьединлъидал мунги дида рекъон гIемерай хис-хисизе кколейлъи.
  • Дие гьукъуге хIалбихьиял гьаризе. Гьел гьарулел гьечIони дир цеветIей лъугьунаро. Бегьулеблъун батани, гьебги хIисабалде босе.
  • Ахиралдаги – кIочон тоге, дун талихIавлъун гIезе рес гьечIо, дун нужее кутакалда цIакъ вокьулев гьечIони. Гьебни дуда гьадингоги лъала…

 

 



Автор: Шамил МухIидинов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook