Авторизация

ХисизабичIого къватIибе кьелеб батани, дирги буго пикру

 МагIарулазул цойги газета букIарабани, дица «БагIараб байрахъ» газеталъул пикруцин гьабилароан. Гьелъулин абуни пикру гьабилареб къагIидаялъ гьечIо иш – хIорс хъурун буго «БагIараб байрахъалъул». Редакция гьардезе лъугьун буго «подписка» гьабейила жидер газеталъе. Нилъер заманалда таксиялъухъцин кIиго гъурущ унила босун, барахщугейила, бегьилеблъун батани…

Газета гьардезе кколаро, газета кьучIдасан хисизабизе ккола. ГIурччиналъ «БагIараб байрахъиланги» хъван, гIемерал тIанчал ругеб жо къватIибе биччанилан, газета цIилъуларо, газетаялъул куц–мохъ гурони.

Киналго магIарулаз, багьаялъухъ балагьичIого газета хъвазе ккани щибха гьабизе кколеб?

Киналго магIарулаз, багьаялъухъ балагьичIого газета хъвазе ккани:

ТIоцебесеб иргаялда, хIалтIудаса нахъе ине ккола гьелъул редактор ГIарипов ХIажи. МагIарулаз кьела гьесие ракІ–ракIалъулаб баркала гьанжелъагIан газета бачаралъухъ, цадахъ хIалтIарал гьалмагъзабазеги кьела. Газеталъе, нилъер заманалда, нухмалъи гьабизе ккола батIияб пикруялъ, чIаголъиялъ, гьанжелъагIан гьабичIеб къагIидаялъ. «ХIурматиял магIарулалин» магIарулаздехун вуссун кIалъалеб мехалъ, «Ассаламу гIалайкумилан» абизе ккелин пикру гьабичIев чияс, магIарулазул газеталъе нухмалъи гьабуларо.

КIиабилеб иргаялда: нахъе ине ккола ГIарипов ХIажилгун пикру данде кколевщинав журналист. Гьел квешал рукIун гуро – гьанжелъагIан «КПСС» – илан абураб рагIиялдасан байбихьун гурого цониги макъала хъвачIого.

Лъабабилеб иргаялда: газеталде рачIаралги, жидерго журналистаз хъваралги макъалаби «къачIалеб» гIадат тезе ккола редакторас. Щибаб макъалаялда гъоркь букIуна авторасул цIар, цIалулез кьезе те гьелъие къимат. Бищунго цIодоравги, лъай бугевги, гIасиявги чи гуро редактор. Гьесда ричIчIуларелги рукIуна пикраби, гьезие нухги кьезе ккола. Редакторасе бокьараб гурони макъала къватIибе бачIунеб гьечIони, газета сверула гьабсагIат бугеб «БагIараб байрахъалде», цоцада релъарал макъалаби хъвараб газеталде. Щибаб макъалаялъул хаслъиги, гьелъул мацIги цIунизе ккола.

Киналго магIарулаз багьаялъухъ хал гьабичIого газета хъвазе ккани, ункъабилеб иргаялда, гьеб къватIибе биччазе ккола магIарул мацIалда. Мисалалъе: «Рищиязда хурхун бичIчIи кьеялъул хIалтIи…» – гьаб щиб мацІ?

Щуабилеб: газетаялда цIикIкIинаризе ккола гIолохъаби.

Дица тIокIаб рикIкIинаро – гьал тIадехун рехсарал тIурани, батIиял гIунгутIаби ритIа–ришун рачIуна.

Газеталъул редакция гьабсагIат цIияб цIаралъе ургъулел руго, амма дун хIинкъун вуго «БагIараб байрахъги» нахъе бахъун «БилбагIараб байрахъ» лъечIониян – букIаралдаса квеш гьабизе лъала нилъеда.

Цойгиги, тIарамагъадисеб. Газета кьучIдасанго хисизе ккани, къваригIуна гьунар. Амма, гьеб Аллагьас кьолеб жо бугоха…

РакIалда бугеб мурад тIубайги!

I99I


Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

Баяналъул кьучI: Журнал "Сабаб"

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Мунагьал чурад,нилъедасан ват1алъалаб 2014 соналда бат1аго лъик1ищ бук1араб газеталъул ах1вал-х1ал?)Добго жакъаги буго(




  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook