Авторизация

Хъвадарухъабазул правлениялда гьабураб хъвай–хъвагIай

 Нилъго нилъехъангойилан абурабила гIатIал хинкIаца…

Исана хъвадарухъабазул союзалъул тIоцебесеб гIатIидаб правление ахIана ХIамзатил Расулил кабинеталъуб. Хъвадарухъабаз кьабун цIураб кабинеталъуб хIухьел цIазецин гьава гIолеб букIинчIо. Цо–цо хъвадарухъаби гIодор чIезе бакIцин щвечIого, гIайиб ккарал лъимал гIадин, нуцIил кIалтIа эхетун рукIана. Амма Совминалдаса ХIапизатги, культураялъул министр ГIабдулхIамидоваги ГIашильтIа Манташ гIадин креслабазда кIусун рукIана. ГьакIкIадилей министрги, килщал рекулей ХIапизатги рихьарав чи гьезул даражаялъухъ расги урхъилароан. Расул ХIазатовасда церего–цере гIодорги чIун, гьесда бадир бералги къазарун, цо билбагIарал гурдалги ретIарал ясалги рукIана.

Кидаго гIадин байбихьана Расул ХIамзатовас гьаб нухалъги кIалъай. Бицана цо щалалиго хъвадарухъабазе премия кьунила ва нилъер адабият цо къадаралъ цебетIун букIиналъе нугIлъи гьабулила, щибаб къойил къватIире рачIунел гьалгощинал цIи–цIиял тIахьаз. Цинги, Расул ХIамзатович, гьанжего–гьанже магIарул мацIалда къватIибе бачIараб, цIияб журнал беццизе жувана. Журнал бахъараздаги абуна гьес молодцийила, бихьиналила, жив воххарав вугила гьадин жакъа хъвадарухъабазул бугеб хIал–хIукмуялъул анализ гьабизе кIварал гIолохъабаздаса. Зама–заманалдасан тIад вуссун Расулица «Сабаб» абураб цIар бахъанщинахъе, цо–цо магIарул хъвадарухъабазул кьунсрул цоцазда данд тункулел рукIана.

МацIалъ бицун хIал кIвечIеб жо квералги хьвагIун бичIчIизабизе лъугьана, хадув кIалъазе вахъарав даргиязул гIолохъанав поэт Къасумбек МигIрабовги. Гьелго гIолохъанал хъвадарухъабазул гIузрабазул бицана хадур кIалъазе рагIи кьурал гIолохъабазги. ГIолохъанав поэтилан абидал квеш бихьана лъарагIазул поэт Бадрудин МухIамадовасда. Цинги гьев лъугьана живила гIолохъанлъи лъалелдего херлъанилан абурал жал рицине.

Бадиб килищги тункун гIайибав чи вихьизавичIого, мажгит гIадаб хъвадарухъабазул союз какизе щай нуж нечоларелан ахIдезе лъугьана, магIарул фамилияги босарай гIурус поэтесса, М.АхIмадоваги. Гьелъги, палхIасил, бичIчIизабуна, жийги Расул ХIамзатовичги гьечIони, цониги тIехь Москваялда бахъизе нилъер хъвадарухъабазда кIоларилан. КIалъалаго гьейги гьоркьой къотIизаюн, данде ахIдезе лъугьарав цоги гIолохъанав поэт, Расулица кверзул ишараги гьабун вуцIцIун чIезавуна.

Хъвадарухъабазул союзалда чIобого бугеб рукъ щай журналалъе кьоларебин «Сабабалъул» хIалтIухъанас Расулида гьикъидал, цо къокъавго тумазул поэт эхе–эхеде кIанцIезе лъугьана, «неформальный» журналазе кабинеталги кьун, хъвадарухъабазул союзалъул хIалтIухъаби къотIнорищ чIезе ругелилан. КIалъаял чIезе тун лъикIилан хабар ккедал, ГIабдула Дагъановас кверзул ишараялда цадахъ тIеренабго гьаракьги гьабун, ГIадалло ГIалиевасда кIалъазе вахъайин бичIчIизабуна. «ХIет гIадаб магжида» кверги бахъун, ГIадаллоги (Дагъановасул гIуж–куц мекъи бичIчIараб лъаларо) къватIиве лъугьун ана. Заманалдасан, тIанчил жалги кодор ккун, жанивеги вачIана.

Гьанже ирга щвана СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъиялде хъвадарухъаби росиялъул суалалде. Членлъиялде щив восаниги ургъел гьечIел хъвадарухъаби, гIемерисел, тIадеги рахъун нахъе ана. Щибаб миллаталъул хъвадарухъабазул секциялъул руководителас, кIвараб куцалъ реццизеги реццун, кIи–кIи хъвадарухъан вихьизавулев вукIана членлъиялде. Гьоркьо–гьоркьоб чан сонин гьесулги бугебин гьикъулел гIолохъабиги, Москваялда тIехь бахъанищан цIехолев Расул ХIамзатовги рукIана. МагIарул хъвадарухъабазде ирга щведал, кIанцIун тIадеги вахъун ГIадалло ГIалиевас, кIиго, церегоялдаса нахъе гIолохъанго гьечIел, хъвадарухъабазул цIарал рехсана. Гьел ккола: ГIарип Расуловги, МухIамад ХIасан–ХIусеновги.

Гьанже гIемер бицун хисизе жо гьечIо, палхIасил, киналго тасдикъги гьаруна ва гьезие жеги–жеги гIолохъанго рукIине тавпикъги гьарана. Вассалам–вакалам.

I5.0I.9I


Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

Баяналъул кьучI: Журнал "Сабаб"

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook