Рохула, гIолохъанаб гIелалъ, хIукуматалъул хIалтIи гьечIин, кинабго квеш бугин течIого, жидеего бетIербахъиялъе, хъизам-агьлу хьихьиялъе предпринимательлъиялъул нухал ралагьун, росдал магIишат бахъинабиялъе цIиял, лъикIаб идеял кьун чIаголъи гьабулеб бихьидал.
ГьанжегIагар дир лъай-хъвай ккана МочIохъа ГIабдулкъудусова ПатIиматилгун. БетIергьанчи Муслимгун цадахъ гIолохъанаб хъизамалъ рагьун буго форель ччугIаялъул лъабго тайпа гIезабизе ракIалда бугеб магIишат. 2 гектар ижараялъе босараб ракьалда жидерго къуваталдалъун рос-лъадуца гьабун буго кIиго хIор, лъабго искусственияб бассейн, бачун буго лъим. Жидеца байбихьи лъураб ишалдехун кIудияб рокьигун Муслимица бицана лъагIелгIан заманалда жаниб Кисловодскалдаса заказ гьабун 50000 тIинчI икра босанила жидеца, гьезул бащдалгIаги рахъинаризе, кIудиял гIезаризе кIвани, 20-25 тонна ччугIилгIаги лъагIалие щвезе ракIалдаги бугила. ГьанжегIагар 300 азарго гъурщиде садокал лъезеги ракIалда бугила жидеда, амма киналъего гIарцулал ресал гIунтIулел гьечIелъул, цIияб рагьараб иш цебетIеялъе пачалихъияб кумек-квербакъи щвеялдеги кIудияб хьул бугила. Районалъул нухмалъиялъул кинаб бербалагьийин нужер хIаракатчилъиялде бугебан цIехедал, гIолохъанал магIишатчагIаз бицана, дагьав цеве МочIохъе вачIарав районалъул нухмалъулев СагIид Юсуповас магIишаталда унел хIалтIаби рихьун кутакалда жидер ракI батизабун, кинабго рахъалъулаб кумек гьабилин рагIи кьун бугилан. Гьелъухъ гьесие ракI-ракIалъулаб баркалаги загьир гьабулеб букIана ГIабдулкъудусоваз. Макъалаялъул ахиралда гьаризе бокьун буго гIолохъанал предпринимателазе гьабулеб ишалъе Аллагьасулги пачалихъалъулги кумек, гьабулелъулъ къуват ва, гьабсагIат браконьерлъиялъулаб къагIидаялъ ккун форель лъугIизабураб мачIхъадерил хIоринибе гьазул гьитIинаб магIишаталъ гIезабун кьураб ччугIаги биччан, доб кочIолъ гIадин нилъер тIабигIияб хIор Дагъистаналдаго, улкаялдаго цIияб къуватгун машгьурлъагиян. Амин.
Автор: ФатIимат МухIамадова