Авторизация

«БитIун ккани – рокьи, мекъи ккани – кьал»

Цодагьал церегIан къояз республикаялда араб, «Рахьдал мацIазул бищун лъикIав учитель» абураб, конкурсалъул жюриялда йикIана дун.

 Ралагьана республикаялдаго бищун лъикIаздаса рищун анцIго авар мацIалъул ва адабияталъул дарсазухъ. Учительзабаз, цониги дарсил букIине кколеб бутIа камизе течIого, цIиял технология хIалтIизарун, пагьму-гьунар хIалтIизабун, кечI ахIун, умумузул ретIел-хьит ретIун, гьалбал тIаде ахIун, кьуна тIадегIанаб даражаялда дарсал. Жиб-жиб къойил лъималазе гьадаб даражаялда дарсал кьолел ратани, азарабго баркала буго гьезие авар миллаталъул рахъалдасанго.

Амма дие дарсал рокьичIо. Щай? Щайгурогоха гьел рукIун конкурсалда рихьизарулел дарсал. Конкурсалда бихьизабулеб дарсалъ гьелъухъ ралагьарал гIажаиблъизаризе ккола, гьакIкIан кIалалгун хутIулеб куцалъ бачине ккола дарс. ВахI, адинги бегьулеб букIун буго гуриха дарс кьезейилан цойгидал учительзабаздаги ракIалде кколеб хIал букIине ккола. Дицаги хIал бихьила дирго дарсазда гьадинаб къагIида хIалтIизабизейилан пикрабигун ине ккола гьениса учительзаби.

Гьеб конкурсалдайин абуни, киназулго цо шаблоналдаса гьарурал, цо коцонир чIварал гIадал дарсал рукIана. Цоялъул авал лъикIаб, цоялъул ахир лъикIаб, цоялъул цо кинабалиго бутIа лъикIаб…. Багьана камурабги, лъикIаб рахъ камурабги цониги дарс букIинчIо. Гьединлъидал, чIамучIлъун дарсалгун гьакIкIадилел рукIарал гIечIого, жюриялда жужахIалъул гIакъуба бихьана, цого лъикIаб даражаялъул дарсазда гьоркьоб, бищунго лъикIаб тIаса бищулаго.

Дида гьикъулеб букIарабани, гьел киназего дица кьелаан «победиладружба» - илан абураб тIадегIанаб цIар.

«Оригинальность» - илан абураб жо гIечIо гьадал дарсазе. КIвечIо цониги учителасда жиндехун цIалдохъабазулги жюриялъулги кIвар буссунеб, цойгидазда релъинчIеб, жиндиего хасаб, тамашаяб дарс кьезе. КигIан ургъаниги нахъисеб къоялдего ракIалда чIчIечIо цониги учителасул дарс, дирго гIайиб батизеги бегьула.

БичIчIуларо, щай киналго дарсазда лъимал лъабго кьер гьабурал партабазда нахъа гIодор чIун рукIине кколелали… Цонигиялъ щай горсвери гьабунгIаги гIодор чIезаричIел? МацI лъазабулел нилъ ругел ратани, лъималазда цоцазул гьумер, рагIи абулеб куц, эмоциял, интонациял рихьизе кколарелищ? Интернеталдеги раккун, гIажаибал дарсал рихьейилан гьарани, ран рачIуна цере кигIан бокьаниги… Балагьарасда батула, гьикъарасда лъала.

Конкурсалде дарс хIадурулев учителасда лъазе ккеларищ, гьадаб жинда лъалеб щинаб жо цойгидал учительзабаздаги лъалеблъи ва хIалтIизабулеблъи. Лъилниги гьечIеб гIадаб, щивго нахъгIунтIулареб гIадаб дарс ургъизе ккеларищ конкурсалъе. Щай бегьилареб букIараб киналго правилаби, малъулеб материал кочIодалъун ахIун дарс кьезе… АхIулеб жо бицунелдаса лъикI лъималазда ракIалда чIолеблъиги нилъеда лъалин. ГьитIинал лъимал рукIуна тохтурлъи гьабулел, учительлъи хIалел… Бокьараб роль хIайха… Гьелдаса бокьулеб ва ракIалда чIолеб дарс кинаб букIине букIараб лъималазе.

Гьаб дица бицунеб жоялъул магIна ккола, конкурсалда гIахьаллъизе ва цойгидаздаса тIокIворчIизе ккани, учителасе гIоларо цохIо методика лъай, дарсил къагIида ва бутIаби лъай, дарс кьезе лъай, гьаракь, ретIел-хьит, цIиял технологиял… Щивниги нахъгIунтIуларел гIадал цIиял жал ургъизеги къваригIуна махщел, «воображение» йилан абураб жо букIине ккола.

 «Вай Аллагь, кидагIагидай цIумур кьабилеб» - илан абураб пикру бачIани цIалдохъанасул ботIролъе, хванаха кинабго гьабунщинаб. Гьереси бицинаро, дирги, дида аскIор рукIарал жюриялъул членазулги, зама-заманалдасан бачIунеб букIана гьединаб пикру, гьел дарсазда рукIаго.

Цойги, гьел конкурсазда киналго дидактикиял принципалги цIунун дарс кьунги бажаруларо. Цониги гьеб гьоркьоса камуни, дарсги рагIа ракьанде щвечIеб букIуна. ТIоцере рихьулел лъимал рокьизеги, яги рокьараб ххвелниги гьабизе бегьила, амма жив-жив цIалдохъанасул хаслъи хIисабалде босун бажаруларо, гьезул лъаялъул даража лъаларо учителасда. Лъай бугел, учителас бицунеб бичIчIулел, жаваб кьун бажарулел лъималазе дарс кьезе цере ккани, конкурсалда вугев учителасул талихI буго. Лъаларел лъималазул классалде ккани, кигIан хIаракат бахъаниги, дарс лъугьунаро. Гьединлъидал, конкурсалда къей бергьенлъиги буго битIккеялда бараб жо. «БитIун ккани – рокьи, мекъи ккани – кьал»…. Гьедин рукIунаха учительзабиги жюриялъул членалги конкурсалдаса хадур.

Нилъеда бичIчIула, жиб-жиб къойил гIажаибаб, киданиги лъицаниги кьечIел гIадал дарсал кьун бажарулареллъи. Гьел руго цо-цо лъимал гIажаиблъизабизе ва конкурсазда рергьине ургъаниги гIолел жал. Амма, лъималазул гъира балел дарсал кьолел ругони, риччалел гьечIониги, чIоларо лъимал дарсазде рачIинчIого.

Гьеле нилъер мурад. Конкурсалали бигьаял жалин.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook