Авторизация

Инжитлъиялъе лъураб памятник ва "конкретный беспредельщикал"



ГIурус мацIалда буго цо "мажор" абураб рагIи. Гьелъул кIиго батIияб магIна буго. Цояб ккола, бакъаналъул борхалъи лъаларо, гIодобиччай лъаларо, гьелъул чваххиялда, хIалуциналда абулеб. МахщелчагIазда лъалеб батила. Цогидаб магIнаялда рекъон, мажорин абула бечедал эбел-инсуца хьихьарав, гIарцуца мехтарав, бокьухъе гIумру тIамулев гIолохъанчиясда. "Золотая молодежь" - меседил гIолилалинги абула гьезда. 


Я меседил кверал рукIун, я меседил гIаданиб нах букIун, лъай, пагьму, гьунар, бихьинчилъи букIун щвараб цIар гуро гьеб, жакъасеб Россиялъул ва Дагъистаналъул гIумруялъулъ гьел гIолилазе. Аслияб къагIидаялда инсуца бюджеталъул гIарац бикъун, ришват босун ва цогидаб инжитлъиялдалъун данде гьабураб гIарцуца мехтарал гIолохъабазда лъун буго гьеб цIар - меседил гIолилал, мажорал абун.

Сундулъха гьезул хаслъи бугеб? Цебе реххулеб гIаламат буго гIемерал миллионазул багьаяб автомашина, гьебги гIадатияб данде кколаро, гуллица борлъулареб (броня) букIине ккола. Гьеб машинаялда унаго багIараб канлъуда гъоркь лъалхъани, ялъуни нух щоларого иргаялда (пробкабазда) гьоркьов пакъирзабигун чIани, хвана мажорасул иш. Гьесул авторитетин абураб жо чIвала кIала-гъоркье.

Щибха гьабизе кколеб? БагIараб канлъиялда гъоркь, нухда ругел нух бикьулел мухъалги хвезарун, кIанцIизе ккола машинабазда данде. Дол ав вихьун хIинкъизе ккола ва нух кьезе ккола. Гьеди-гьединал жалги гьаруни, цадахъ Стечкина таманчаги бугони, цониги чиясда гьеб танчица каратI бахъараб хIужаги батани, гьев чиясе тIараде нух рагьараб букIуна. "Конкретный беспредельщик" абураб хIурматияб цIарги кьола гьесие кьурарал бутIрузул къватIулъа жалаз. Гьеб "беспредельщик" абураб жо буго гьезда гьоркьоб хIурматияб цIар. Гьесухъ гIарацги бугони, багьаял машинабиги ругони, тIири гIаданиб гIакълугун лъайги гьечIони, хIажат букIуна цо кинаб бугониги пишаялда вугин абураб цIарги.


Гьев мажорасул пикраби гIаданир ругев цо ХъахIаб рукъалъул ламурас (чиновникас) кьола гьесие кIартIиш (документ - удостоворение) жиндир гIакълучи, ялъуни кумекчи вугин тIад хъвараб. Гьеб букIуна нухда гIодов нухде гаишник кIанцIун вачIани, гьесул къалазда тункун бихьизабизе гьабураб жо. Гьеб бихьарабго ток кьабурав чи гIадин нахъеги кIанцIун, цониги гъутаналдаса гьанги босун базаралде бачIунеб гIадаб машина балагьизе уна багIараб тIагърилавги.

Гьединаб буго Дагъистаналъул хIакъикъат. Цо гьединав мажорица (инсул гьунаралъ бечелъарав бахIарчияс) бронированный джип маршруткаялдаги кьабун арбагI къоялъ (I9 апрелалда) МахIачхъалаялда имам Шамилил къотIнов лъукъана анкьго чи ва чIвана гIумруялъул завалалда вугев цо гIолохъанчи. Гьеб балагьалда чIварал-лъукъарал гIадамалги тун, хъархъикье гIанкI гIадин лъутана бахIарчи - "конкретный беспредельщик". Машинаялъул хал гьабурабго, ратана жаниса кнопка цун хисизарулел номерал. Гьел щибизе гьарурал жал? Гьади-гьадинал гьунаралги гьарун, лъутулаго хисизаризеха.

Гьев ватана гIумруялъул 27 сон барав Муртуз Юсупов, Дагъистаналъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовасул гIакълучи. ХIисаб гьабеха нужецаго, щиб гIакълу кьелеб багIараб канлъуда гъоркь гIадамалги чIван, машина бачунев, тIад гьереси номерал ругев гьав чияс 70 сон барав парламенталъул спикерасе? Нужеда бихьулеб бугищ кинаб тIинде бортун бугеб рухIияб ва иманалъул рахъалъ Дагъистанали? Лъица, кинаб тарбиялъ ва щиб рохьор гIурал рухIчIаголъаби ругел жакъа парламенталъе гIакълу кьун? Щай гьав чи гIодобе бетIерги къулун хваралгун чIагоязда цеве накабазда вачIунарев, хIалаллъи ва тIаса лъугьин гьаризе? Киве валагьун вугев ас гIакълу кьолев спикер? Щай гьезул гIакълучагIилъун гьечIел гIалимзаби, интеллигенция, гIелмуги, динги, гIаданлъиги цIунарал гIадамал, педагогал, тохтирал, инженерал, гIелмияб ва творчествоялъулаб интеллигенция? Гьезул бакIалда гIакълу кьезе росарал чагIахъ балагьун бихьулеб гьечIищ кинаб рухIияб даражаялда парламент бугебали?


ХIасил калам, нилъер нухмалъиялда ругел цо-цо чагIи рухIияб ва намусалъул рахъалъ тIинда ругин тун рукIана дица. РукIун гьечIо. ТIинуги гьездаса тIадегIан батана, гъоркьа тIаде кIетIолел руго гьел нилъеде. Гьев Муртуз Юсупов абурав чиясул гьаб такъсир тохлъукьего ккараб жо, хатIаян тезе бегьула цо-цояз, цогидаз абила дица цIакъго понцIозабулеб бугин.

ГьечIо, щайгурелъул гьебго такъсир 20I4 соналъул 27 январалдаги гьабуна гьес. Лъукъана нухда вугев чи, МахIачхъалаялъул Ленинил районалъул судияв Ш. ХIажиев абурав чияс гьелъухъ 2 500 гъурщил гIакIа къотIана Юсуповасда тIад. Гьеб тамихIалдаса ва гьесие гьаб гIакIа къотIулев судияв хIалтIуда теялдаса тIокIаб кIудияб къабихIлъи лъалищ нужеда?

Гьеб хIукму ва гьевго "беспредельщик" хIалтIуде восараб приказ буго гьелъие гъулбасарал чагIазе лъураб памятник. Дагъистаналъул судалъеги парламенталъеги лъураб памятник. Дагьабниги иманалъулги, бихьинчилъиялъулги гIаламат дагъистаниязул хутIун батани, гьеб кIочене бегьуларо лъиданиги ва киданиги. Пайда щиб...

Хабарал лъикIал рагIайги.


ХадурагIи:

БисавгIалиевасул макъалаялдаса хадуб республикаялъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовасул официалияб хитIаб бачIана Муртуз Юсупов гьеб авария гьабураб лахIзаталъ спикерасул гIакълучиясул хъулухъалда вукIинчIилан. Нижехъе щварал цогидал баяназда рекъон, гьеб хIужа ккелалде лъабго къоялъ цеве  хъулухъалдаса вахъун вукIун рагIула гьев. Гьениб гIажаиблъи гьабизе жо гьечIо, гIага-шагарго гьединаб жаваб бачIинилан пал къотIулеб букIана Дагъистаналъул хIакъикъат лъалел чагIаз цебеккунго. Гьедин ккезеги ккана. 

Редакция 


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьаниб эркенлъи абураб раг1ул г1аксияб маг1на,буго,бокьара-бокьараб гьаби,гьале гьелда бараб буго кинабго,эркенлъи абураб жо буго жидерго ихтиярал лъай,ва гьел ц1унизеги лъай,цониги,гьеб низамалда нахъ рилъараб х1укуматалда,гьединаб жо бук1унеб жо гуро,щай абуни доба х1акимчи вуго халкъалъул хъулухъчи,гьаниб абуни,нужедаго бихьулеб буго(


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook