Авторизация

Дихъ балагьун буго Шамилил сурат…

Дихъ балагьун буго Шамилил сурат…«Замана квешлъун ккедал, куфру гIемерлъун ккедал,
Кинабго чулпа лъугьун, чара къотIун ккун руго».
ЧIикIаса СагIид-афанди (къ.с.)

Дагъистаналъул лъабабилев имам Имам Шамил ракIалде щвезавиялъул сордо тIобитIана 4 февралалъ ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авартеатралда.

Дида ракIалда буго 8 соналъ, цебе 2009 соналъ, ХIажимурад Доногъогун (сайт gazavat.ru) АхIмад МуртазагIалиев (ДНЦ РАН, ДРО «БолмацI») ва «Вацлъи» абураб цIаралда хIалтIулеб нижер гьитIинабго жамгIияб гIуцIцIиялъул къокъа лъугьун рукIана мажгиталда зикру бачинин имамасул рухIалъеги, гъазаваталда гъурарал муридзабазул рухIазеги кьезеян.

Амма тIасан гъоркье буюрухъ бачIана, кьвагьа-гIанхъиги гIемераб хIинкъи цIикIкIараб заман бугин гьеб тадбиралъе ракIаризе бе- гьуларин. Лъица щиб хабар бицаниги 2010 соналъ, гьелго хIаракатчагIи дандеги ракIарун Дагъистаналда тIоцебесеб нухалъ гьабуна Шамил имам ракIалдещвеялъул тадбир. Дагъистан тун къватIир, Туркиялдагун Азарбижаналда ругел магIарулаз гьединал тадбирал гьарулел руго церегоялдаса нахъе, гьезие лъицаниги гьукъулеб гьечIо жидер халкъалъул вукIарав цевехъан кIодо гьавизе.

2010 соналдаса байбихьун Шамил имам ракIалдещвеялъул тадбирал МахIачхъалаялъул батIи-батIиял данделъабазул залазда санайилго гьаруна. Абизе ккола Шамил имамасда гурони бажаричIо 800-гIанасев чи гIодов чIолеб зал занкун цIезабун магIарулал ракIаризеги, живго хун кIиго гIасру инеб бугониги, динияб рикьалабазул бахIсазда ругел цойиде ракIаризеги.

Исанасеб тадбир Авартеатралда байбихьана Шапи Казиевас хIадурарал, имамасул гIумруялъул нух рагьулел документалиял фильмал рихьизариялдалъун. Кутакалда Шамилил тарих ракIазулъе биун тIоледахъ рахъун ругоан гьел.

Цинги, цеве вахъун Дагъистаналъул динияб идараялъул чияс дугIа гьабуна. РетIун чухъагун, бан хвалченгун кIалъазе вахъана тарихчи ХIажимурад Доногъо. Гъваридаб магIнаялъул доклад цIалана гьес Шамил имамасул къадруяб нухалъул бицун.

Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Камиль Ландацаги бицана тадбиралда данделъаразул рекIее къабулаб хабар. Гьединго магIна бугеб, сабруяб, бичIчIикьеялъулаб каламгунги кIалъан, ахиралда дугIа гьабун, имамасул рухIалъе кьезе къулгьу-алхIам цIализе данделъаралги рекIеда ратизаруна Унсоколо районалъул имасас.

ГIащилтIа школалъул цIалдохъабаз цIакъ асар гьабулеб церерахъин хIадурун батана гьеб тадбиралде. АхIулгохIалъул бахIарчияб къисаялдасан кучIдулги цIалун, гьез бихьизабуна аманаталъе кьурав имамасул вас тIадвуссиндал имамасул рокъоб букIараб ахIвал-хIал рагьулеб, Жамалудинил эбелалъ гьабураб магIу рикIкIунеб сценка. Гьеб церерахъиналъ бадиб магIу ххуличIев чи залалда хутIун ватиларо. Гьединго цIакъ берцинго мавлидги цIалана Унсоколо мухъалдаса рачIарал гIолохъабаз.

Дир хIисабалда, гьелдалъун лъугIизе таниги бегьулаан тадбир. Гьеб хIадураразе, оргкомитеталъе баркалаги кьун, амма гьедин лъугIичIоха… Программа халатбахъана «АхIулгохI» абураб гIолохъабазул кьурдиялъ. Лъаларо, дун мекъи ятизеги рес буго, амма 80 къоялъ квен тун, лъим тун, ракьуца какичурун рагъарал гъазиза- би кьурдиялдалъун рихьизари сурун бихьана.

2010 соналъ Ленинил къотIносан унаго, нижеда бихьана «Имам Шамиль. Трагедия» абун тIад хъвараб игIлан. Цо 20 гIанасев чи вакIарун ниж ана гьенире, росун белталгун. Щибха нижеда бихьулеб бугеб? Гьеб трагедия букIун буго балет! Бихьинал рахъун тIадегун нахъе ана гьениса, амма дун лъугIизегIан ялагьана. Нужеца дида абизе бегьула дун «искусство» бичIчIуларей гIадан йигин. Ятизе рес буго, музыкальный школалъул 3 батIияб классалда 8 соналъ цIаларай гIадан ятаниги, амма кьурдулев Шамил имам дида вичIчIичIо! Кодой ШугIайнатги ккун пируэтал гьарун кIанцIелел рукIана сцена халаса гьел.

Гьениб дида ракIалде щвана имамас жиндир эбелалда тIад лъун букIараб 50 тIил кьаби кечI ахIаралъухъ (гьебги копое ахIараб кечI гуреб, магIу букIарабха). Гьеб тамихIги эбелалъе гIоло жиндаго тIаде босун, тIубазабизе тIамуна Шамилица.

Балет кьурдулев ХъахIабросулъа МухIмуд яги БакьайчIиса ЧIанкIа цеве тIаме, яги имамасул наиб ХIажимурад – гуро, мугIрузул васазде гьеб кинго рекъоларо!

Гьединго, кьурдиги. Щибаб жоялъул букIуна гIорхъи. Шамил имам диналъие гIоло вагъарав, накъшубандиялъул тIарикъаталъул устар, кигIан берцинго артистаз кьурди бихьизабун батаниги, кьурдулъ вихьизави – мекъаб буго. Гьединго кучIдулги.

Амма бищун дун хIикматлъараб жо гьеб сор- доялъ ккана, лъун бухари тIагъралгун, ретIун костюмалгун кьерккун цере рахъарал чIарадисезул хоралъул гIолохъабаз ахIараб кечI.

ТIосебесеб аккордалдасанго дида гьеб бакъан лъана! РакIалде бачIана Советазул хIукуматалъул октябренок дун хор бакьулъги чIун гIисинал цIалдохъабаз 22 апрелалъ ахIулеб букIараб кечI: «Дихъ балагьун буго Ленинил сурат, сабураб, гIагараб Ильичил гьумер. ХIет гIадаб тамахаб мегежалъул рас, Россия хIайранаб берзул балагьи…».

Дида гьел гIолохъабаз ахIулеб я рагIулеб, я бичIчIулеб букIинчIо, ботIролъ жуба-гъубазабуна: сценаялдасан дихъ балагьун букIана Шамил имамасул сурат, тушбабазул бо хIинкъизабулеб гьесул цо балагьи.

Дида ракIалде ккана, гьеб сценаялда букIараб бихьарабани, гьев гьединго цидахун валагьизе вукIанин…

Унсоколо районалъул имамас жиндирго вагIзаялъулъ абуна цIакъ магIна ругел рагIаби: «Пикру гьабе, жакъа нилъ рихьаралани, кинаб бербалагьидай букIинаан Шамил имамасул? РачIа нилъеца хIаракат бахъизе, гьес нилъее гьабураб вассияталда рекъон гIумру гьабизе».

МагIарулазул тарихалда руго батIи-батIиял тIанчал. МагIарулал руго эркенал, ихтилат-кеп, кечI-бакъан бокьулел чагIи. Узухъда, кечIги бегьила ахIизе, кьурдиги гьабизе, амма исламалъул нухдаса кьуричIезул хIурматалда тIоритIулел диниял тадбиразда гурел. Сундулъго магIна-гIоркь букIине ккеларищ. Рес кьун бугин абун кинабго чулпа лъугьинабизе бегьиларо, ракьцоял…


Автор: Зайнаб ГIалимирзаева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Ц1акъ лъик1 хъван буго Зайнабица,Шамиль,нилъее тезе ккола балеталъ гурев,гьев живго вук1арав эсул хасиятаб бак1алда!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook