Авторизация

Никита Шангин: «Нижер хъизаналда гIадат гьечIо ниж наибасул наслуялдаса ругилан ахIдолеб»


 

 

Амир Амировасул сурат. Никита Шангин - квегIиса кIиабилев, Хунзахъ ХIажимурадил юбилеялда. 2016 соналъул 29 август.



(Наиб ХIажимурадил наслуялъул чи, Москваялдаса архитектор Никита Шангинилгун гара-чIвари)

 


- Дур умумузулъ цIар рагIарав наиб ХIажимурад вукIин кида дуда лъараб, гьесул хIакъалъулъ ракIалде щвеялъе хутIараб жо бугищ нужер хъизамалда щибго?

 

-  Дир умумузул цояв ХIажимурад кколевлъи дида дунго лъараб мехалдаса нахъе лъалаан.  Бищунго тIоцересел ракIалде щвеял руго гьесул хIакъалъулъ дир кIодоэбел Уммаца бицун щварал, гьелъул кIудаэмен кколаан цIар рагIарав наиб.  Гьелъ бицаралда тIаде дир эбелалъ жубазе жого букIарабищали лъаларо, гьединлъидал, бищун гIемер бицунаан кIодоэбелалъ. Гьелда цIакъ лъикI лъалаан Толстоясул «ХIажимурад» абураб хабар, амма гьелъ гьебги жиндирго къагIидаялда бицунаан. Хадуб, чанго соналдасан дицаго гьеб хабар цIалидал, гьениб хъварабги рокъоб бицунебги чанго жо данде ккана. КIодоэбелалъ дида бицунаан гьесул хIакъалъулъ хъизамалда цIунун хутIаралги халкъалда гьоркьор цIунун хутIаралги баянал ва къисаби.

Кинав чилъун гьев дида вихьулевин цIехани, гьев дида вихьула  Е. Е. Лансереца Толстоясул харбил иллюстрациязда вахъун вугев куцалда. Щайгурелъул Лансере гьел суратал рахъилалде цеве  щун вукIана Дагъистаналде ва гьенир гIемер суратал рахъана, тIабигIаталъул ва гIадамазул. Гьесул Дагъистаналда гьарурал хIалтIабазда гъорлъ  буго цо этюд, гьений яхъун йиго дир кIодоэбел миллияб ретIелги ретIун. Гьелда цIарги гьедин хъван буго «ХIажимурадил васасул яс», - илан. ГьабсагIаталда гьеб этюд цIунун буго  Лев Толстоясул музеялда. 


Дагъистаналда вугеб заманалда Лансере  халат бахъараб заманаялъ гIумру гьабун вукIун вуго дир кIодоэбелалъул  эбелалъул рахъалъ кIудада Хизрил  Исилясул рокъов. Дир  кIодоэбелалъе гьеб заманаялъ букIун буго анкьго сон. Гьелда лъикIго ракIалда чIун вуго художник.

Гьевго Лансереца ва кIодоэбелалъул имгIал МухIамад-Мирза Хизроевас тIамун йиго гьелъул эбел яс Россиялде цIализе йитIи лъикIаб хIалтIи бугин абураб пикру  къабул гьабизе.


Лансереда  берцин йихьун ятизе йиго гьитIинай,  цIодорай яс, яги Лансереда художникасул балагьиялдалъун  бихьун батизе буго гьей гьитIинай яс, дир кIодоэбелалъулъ унгояб ХIажимурадил гIамад-хасиятги  кIудияб яхIги. Гьеб заманалда рукIарал согIал гIадатазухъ балагьичIого кIвана гьелда (магIарулазул тIоцеесей чIужугIадан) тохтурлъун яхъине. Гьеб гуребги, гьей росасе ана гIурусасе, гьебин абуни жакъацин къанагIалъи ккола.

ХIажимурадида хурхарал жал, нахъе цIунун хутIун кIодоэбелалъухъ рукIана гьесул чIумалги гьесул чIолорхъжоялъул бутIаги, гIарцул тIагIалабаз къачIараб. 70 абилел соназ кIодоэбелалъ гьел кьуна Толстоясул музеялъе. Дида ккола гьелъ битIун гьабунин.

 

Гьединав цIар рагIарав чиясул наслуялъул вукIин лъан, гIумру гьабизе кинин бугебин цIеханани, абизе ккола нижер хъизамалда ХIажимурадил  культ кидаго букIинчIин. Кидаго букIана ва буго  къимат гьесул цIаралдехун ва жавабчилъи гьединав чиясул наслуялдаса чилъун вукIиналъ чIезабулеб. ЗахIматаб, къваридаб заман тIаде бачIараго дида ракIалде бачIуна ХIажимурадица Лорис Меликовасда бицараб, кин гьев рекIел къвакIи гIечIого хутIарав, гьесул рахьдал вацал, ханасасул лъимал чIвалеб заманалда ва хадубккун кигIан ракI бухIунги вукIаравали, гьеб рекIел къвакIи гIечIолъиялдаса. Гьеб гIагарлъиялъ дир хIалтIудеги кинго асар гьабичIо, щайгурелъул дун, кин букIаниги, вуго Шангин. Гьеб буго дир Сибиралдаса кIудадал фамилия. Нижер хъизамалда билълъараб  гьечIо щибаб бокIнилъ  ахIдей, Толстосул цIар рагIараб повесталъулъ бицен гьабулев чиясул наслуялъул чагIи кколин нижилан абун. Нижер  умумузул чи, ХIажимурад, машгьурлъи гIицIго гьесул жиндирго иш буго, нижеда бараб жо гьениб щибниги гьеч1о.

 

- Лъазе бокьилаан дур эбел-инсул ва кIудабазул хIакъалъулъ.

 

  ТIоцебесеб иргаялда, бицине ккола, нижер тухум-кьибилалъул тарихалда тIасан тIехь хъван рагIалде бахъанин дир эбелалъ дагьаб цебегIан. ТIохьода цIар буго «Ургъун бахъичIеб къиса. Тухум-кьибилалъул  ва хъизамалъул хIакъалъулъ харбал». Гьеб тIохьода бицен гьабулеб буго тIолго гIагарлъиялъул. ХIатта гьелда яцазул росабазул ва гьезул лъималазул лъималазул хIакъалъулъцин буго хъван. Гьеб тIохьол тIубараб бутIа буго Дагъистаналъул хIакъалъулъ.  Гьединлъидал гьелда руго тIолго жавабал. Амма гьеб жеги къватIибе бахъун гьечIеблъидал, хIал бихьила къокъго жавабал кьезе.

Дир эбел-эмен гьаруна ва гIуна Москваялда. Гьел цIалана МГУялъул биологиялъул факультеталда, гьенибго лъай-хъвайги ккана. Жеги гIолохъанго гьел ратIалъун рукIана, дие букIана  9 сон, яцалъе - 6.


Дир эмен Ген Никифорович Шангин-Березовский ккола  гIелмабазул доктор ва гьединго  жидецаго хъван кучIдул ахIулел чагIазда гъорлъ машгьурав чи. 60 абилел соназ радиоялдасан  кьолаан гьесул кучIдул. Ген - гьеб хIикматаб цIар бугин абизе бегьула, гьеб ккола  30 абилел соназда букIараб, ургъарал цIарал кьолеб модаялда рекъон инсуда лъураб цIар. Лъаларо, гьеб цIар лъолаго инсул эбел-эмен гIелмуялъул ургъалида рукIаралищали, амма эмен вахъана генетиклъун. Дир эмен гIезегIан цудунго хвана. Эменгун ва гьесул цIияб хъизангун лъикIал гьоркьолъаби кидагоги рукIана дир, жеги ункъо бесдал яцги йиго дир ва ниж киналго цIакъ цуцалъ гъункарал руго.

Инсул рахъалъ кIудаэмен ва кIодоэбел  ккола Сибиралдаса. КIудаэмен - Никифор Иванович Шангин гьавуна Алтаялда. Гьесул умумул гьенире рахъун руго Уралалдаса 17 гIасруялдаго. КIодоэбел – Зинаида Феоктистовна Березовская  ккола Омск шагьаралдаса. Гьелъул  умумузулъ журан руго казакалги, татаралги,  къватIире ритIарал полякалги. Гьелъул фамилияги буго 1830 соналда Польшаялда букIараб ахирияб восстаниялъул гIахьалчагIаздасан бачIараб. КIодоэменги кIодоэбелги рукIана рагъулал тохтураллъун. КIудадада нижеца абулаан Никайилан, гьев вукIана тохтур-гигиенистлъун. Дида гьев ракIалда чIана гIатIидаб ракIалъул, гIамал берцинав инсанлъун. Рагъул заманаялъ кигIан фронталде витIи тIалаб гьабуниги, гьев тун вукIана санинструкторал хIадурулел курсал рачунев чилъун. КIодоэбел Зина гьел соназ йикIун йиго рагъулай тохтурлъун ва нухмалъи гьабулеб букIун буго рагъулаб госпиталалъе.


Дир эбел ккола Леонора Николаевна Москаленко, гьеб фамилия ккола гьелъул кIиабилев росасдаса щвараб. Гьелъул кIиабилев рос – Геннадий Владимирович Москаленко ккола Саратовалдаса.  ГIумру ана гьесул конструкторлъун хIалтIулаго. Дицаги яцалъги къабул гьавуна Гена даци. Яцалъ гьев, гьитIинай йикIиналъ, эменлъунцин рикIкIунаан, эменилан абизеги абула.

Дир эбел, цебеккун бицухъе, ккола ХIажимурадил наслуялъул чIужу, бащдай магIарулай. Гьелъул эмен вукIана гIурусав.  Эбелалъул рахъалъ инсул эмен  - Белов Николай Петрович ккола Владимиралъул губерниялдаса. КIудада вукIана инженерлъун.  Рагъул соназ гьев вукIана фронталда нухал, кьоял ралев чилъун. Рагъдаса хадусел соназ гьев чIола армиялдаго ва полковниклъун вахъуна.

КIодоэбел – Умма  йикIана нижер хъизамалда бищун гвангъарай,  киназдасаго батIияй чIужулъун. Гьей Дагъистаналдаса тIоцеесей тохтур-чIужугIадан йикIин гуребги, гьей йикIана пагьму бугей тохтурлъун. Гьелда цадахъ хIалтIараз бицаралда рекъон, цогини букIун гьечIо гьелъ унтарасе мекъи лъураб диагноз. Гьелдаго цадахъ, хIалимай, гIамал-хасият хIеренай чIужу йигониги, ккараб бакIалда гьелъул кьварараб гIамал букIана. Гьединаб мехалда гьелъ бихьизабулан унго-унгояб, ХIажимурадилаб  бахIарчилъиги къвакIиги. Нужецаго хIисаб гьабеха…

1938 сон. Репрессиял. Чорокал мацIал  риччан,   репрессиялде ккезехъин вук1ун вуго  Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул нарком Михаил Григорьевич Кумаритов.  Доб заманаялъ билълъараб жо букIана цин чи доб рахъалде витIилалде, гьесдехун жамгIияб бербалагьи хвезабулеб спектаклял гьари. Гьедин,  цо къоялъ радал  МахIачхъалаялда  тIобитIулеб бук1уна  собрание ва  цереккун хIадурарал чагIаз байбихьула Кумаритов какизе. Дир кIодоэбел гIенеккула  гьез бицунелъухъ ва рагIиги босун Михаил Григорьевичасул хIакъалъулъ бицуна гьелдаса цересез бицун, гьесул хIакъалъулъ гIадамазул ракIазулъ лъугьараб квешаб бербалагьи тIубан хисизабулеб хIалалда. Гьелдаса хадур цогидалги гIадамаз рагIи босун Кумаритовасул рахъ ккун кIалъаял гьарула. Гьедин Кумаритов чIаго хутIула. Амма рагъул соназ гьев араб бакI лъачIого тIагIуна. Дир эбелги ячун кIодоэбел гьеб заманаялъ Дагъистан тун ине ккола.

КIодоэбел дагъистанияз кин къабул гьаюлей йик1араяли дида бичIчIана  гьей хун хадуб. Дунги эбелги гьелъул аманаталда рекъон, гьей юкъизе ватIаналде йосун тIадруссана (Дагъистаналде). Дун виххун хутIана самолеталъул трапалде лъугьиндал чIегIер барал гIадамаз бацараб сверухълъи бихьидал. Гьенир, дида бичIчIанихъе,  рукIана гIицIго гIагарлъи гуребги, гьей лъалел рукIарал, ниж лъаларел ва гIемер батIиял гIадамал (ахирияб нухда гьей тIойитIизе рачIарал). ТIоцеесей тохтур-чIужугIадан, дида ккола ХIажимурад чIухIилаанин жиндирго васасул ясалдаса.



"ХIажимурадги" гьесул "Нохьбикаги", Хунзахъ наибасул юбилеялда, 2016 соналъул 29 август



-  Дур хъизан-лъималазда лъалищ наиб ХIажимурад нужер умумулъан чи кколевлъи?


Дир чIужу – Селихова Татьяна Георгиевна ккола Одессаялдаса. Гьелъул эбел  ккола  базаргабазул наслуялъул чIужу, эмен вукIана немцав, антифашист. Таня ккола режиссер-документалист. Гьелъ бахъана къогоялдаса цIикIкIун фильм. Гьезул  цо-цояз жамгIияталда жаниб кIудияб багъа-башари бижизабун букIана. Масала, «Санкт Петербург. ЦIияб гIасруялъ маркIачIул гIуж»  абураб фильм. 21 гIасруялда шагьаралъул къисматалъул бицунеб буго гьениб. Гьел соназда гьений мэрлъун йикIарай Валентина Матвиенкоца нахъч1ван букIана гьеб жиндир заманалъулаб гуребиланги рикIкIун.

Кин букIаниги гьеб фильм г1адамазухъе щвана интернеталдасан. Нижехъе ахIун бачIунеб букIана Питералдаса гьалмагълъиялъ къойида жаниб 15 азаргоги чи валагьулев вугин гьелъухъилан. РакIалде ккола гьеб киноялъ шагьаралда чанги сурукъаб мина бачIого теялъе гьабулеб хIалтIуе квербакъи гьабунилан.


ХIажимурадил гьитIинав вас ХIажимурадидаса бачIараб гIуруслъараб наслуялъул бицанани, гьенир гIицIго руччаби гурого гьечIого ва гьесул наслу хадубккун руччабазул рахъалъ унеб буго. Дир кIодоэбел, хадуй дир эбел, дунги дир яцги ккола  ункъабилеб наслу. Дир яц Ксения,  гьабсагIаталда кIиабилеб нухалда росасе ун, гIумру гьабун йиго Англиялда, Ланкашир графствоялда. Гьениб гьелъ ингилис мацI малъулеб буго мигрантазда. Россиялда гIумру гьабун руго гьелъул тIоцебесеб ригьнадаса лъимал, Михаил - тохтур ветеринар ва яс Лидия, бизнесчилъи гьабулей йигей. Дирги йиго яс – Маша. Гьей йиго  халкъазда гьоркьосел контрактазул специалист. Машада лъала  ункъо батIияб мацI. Гьелъулги  руго кIиго яс.  Дир яцалъул лъималазулги лъимал руго ясал.  Гьезул цоял гIумру гьабун руго Америкаялда.


- Щибдай абилаан ХIажимурадица жиндир наслуялъул чагIи дунялалда рикь-рикьизе ругеблъи лъарабани?

- Бихьуларищха,  нижер бихьиназул цо дун ва дир яцалъул вас гурого гьечIо, бокьилаан хадубккун анлъабилеб наслуялдагIаги вас гьавун, гьесда ХIажимурадин цIар лъезе.

ГIуруслъараб наслуялъул чагIи кколел руго генетикияб рахъалъ наибасул бищун цебесеб гIагараллъун. Амма нижеца гьеб чIухIи г1адин гуреб, гьесул цIаралда цебе жавабчилъи гIадин къабул гьабула.


- Хъизан Татьяна Селиховагун цадахъ нужеца  «Наиб ХIажимурад. ГIурусалъ бугеб гIаркьел» абураб документалияб фильмалъе сценарий хъван букIин лъала. Кинаб кумек нужее хIажат бугеб гьеб тарихияб кIваралъул проект гIумруялде бахъинабизе?

 

 -  ХIажимурадил ва Дагъистан тун къватIир ругел гьесул наслабазул хIакъалъулъ документалияб фильм бахъизе пикру бижана Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул чагIазда ниж лъан,  цин нижер эбелгун, хадуб нижергун лъай-хъвай гьабидал. Цин нижеда ракIалде ккун букIана эбелгун видео-интервью гьабизе, амма хадуб бичIчIана гьеб тема цо интервью гьабун лъугIулареблъи. Гьелъул буго кIудиб социалияб кIвар. Баркала кьезе бокьун буго Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул хIалтIухъабазе,  ва республикаялда ругел цо-цо теле ва газетазул жуналистазе гьеб проекталъулъ гIахьаллъи гьабуралъухъ. Амма бокьараб кинопроекталъул аслияб квар бугеб суаллъун ккола гIарац. Гьеб гьечIонани, бокьараб кино сверула рокъоб бахъараб видеоялде. Гьединлъидал хьул буго спонсорал ратилилан. Гьединаб жо рак1алде ккарав чиясда лъан бук1ине, гьале дир электроннияб почалъул адрес: arch.shangin@yandex.ru


- Мун Дагъистаналде гIемер щолищ?

Исана ХIажимурад наибасул 200 сон тIубай гьабулеб мехалъ щвана дун гьениве. Гьелдаса цеве щун вукIана 80 абилел соназул ахиралда, кIодоэбел юкъизе. Хадуб заман ккечIо ине. Гьелдаса хадуб Кавказалда кинаб ахIвал-хIал букIарабалиги лъаларищха. 


- Гьанже цодагьаб бат1ияб темаялде руссинин. Дуца дарсал кьолеб Москваялъул Архитектураялъул институталде цIализе рачIунищ дагъистаниял? 

 

- Гьенир гIезегIан дагъистаниял руго цIалулел. Амма дида цере Дагъистаналдаса студентал жеги ккечIо, хьул буго рач1инилан. Жиндир заманаялъ дида цадахъ архитекторлъун цIалулев вукIана  Къурбан МухIамад Каримов. Гьесул гIезегIан цIар рагIарав архитектор вахъана. Гьесул бищунго машгьураб хIалтIи ккола «ВатIан» абураб комплекс (Надир-шагь щущахъ виххизавураб бак1алда Хиц1иб магъилъ бараб – Ред).


Институталда  цIализе бигьа букIунаро, амма гьеб цIакъго  гъира балеб иш буго.  Архитекторасе щола кутакалда гIатIидаб лъай. Щайгурелъул тарихалдаса байбихьун искусствоялде, художникасул ва скульпторасул махщалиде щун, кинабго малъула.  Чанги МАрхИ лъугIарал чагIи хIалтIулел руго архитектораллъун гурелги, скульптораллъун, художникаллъун, артисталлъун, кочIохъабилъун. Масала, дида цадахъ цIалулев вукIана машгьурав кочIохъан ва композитор Андрей Макаревич, вукIана гьединго драматург Михаил Бертнев.

Архитекторасда бер кIутIарабго лъазе ккола бокьулеб бугищ гьесие цебе бугеб объект яги гьечIищали. Лъазе ккола щай бокьулеб яги бокьуларебали бичIчIизабизеги.


-  Дур лъай-хъвай букIанищ машгьурав архитектор, Авартеатралъулги Дагъистаналъул х1укумат жаниб ч1араб Хъах1аб Рукъалъулги проект бахъарав Геннадий Мовчанилгун?

- Геннадий Яковлевич Мовчан дида лъалаан, амма гьесулгун гьумер-бит1ун лъалеб лъай-хъвай букIанин дида абизе кIоларо. Щайгурелъул гьеб заманаялъ дун вукIана студентлъун ва дир муг1алимлъун вукIана цогидав цIар рагIарав архитектор - Степан Христофорович Сатунец. Мовчанилгун гьесул букIана цIакъ гъункараб гьудуллъи. Гьединлъидал Мовчанида дун лъалароан, амма дида гьев лъалаан лъикI.

 

- Дагьалъ цебегIан Москваялда лъуна чIагояв Жириновскиясе памятник. Дур хIисабалда, гьелъ инжит гьарулел гьечIищ Москва ва москваялъулал?

- ГIемерал гIаламалъаби кколел руго нилъеда сверухъ. Гьезул цо бутIа кутакалда ничалги руго.  Щаялиго лъолеб гьечIо памятник Дмитрий Сергеевич Лихачевасе.


- ЦIар рагIарав ХIажимурадил кинаб хасият дуе щун батилин толеб дуца?

ЧIухIиги цIакъго бегIераб ритIухълъи бокьиялъул хасиятги.


Нижер баян:

Никита Шангин гьавуна 1952 соналда Москваялда. 1976 соналда лъугIизабуна Москваялъул Архитектураялъул институт. Гьес гIахьаллъи гьабуна Москваялда ругел некIсиял килисабигун кIалгIаби къачIаялъулъ. Гьединго микьго соналъ нухмалъи гьабуна Большой Театр цIи гьабиялъе ургъараб проекталъе. 

Никита Шангин ккола «Что? Где? Когда?» абураб хIаялъул гIахьалчиги. Гьенив бергьун гьесие щвана «Хрустальная Сова» абураб шапакъатги. 




Автор: Гара-чIвари гьабуна МухIамад ГIабдулхабировас.

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Г1езег1ан интересаб гара-ч1вари буго.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook