Авторизация

Къудукьа Мусалав (1652 – 1717)

  • 11.11.2016 11:11
  • Дин
  • 2 057
  • 0

ХIажи МухIаммад бину Муса бину АхIмад аль-Къудутли аль-Авари аль-Дагъистани – гьадин хъван буго Къудукьа Мусалав абун нилъее машгьурлъарав,  магIарул бергьарав гIалимчияс жиндирго цIар. ГьитIинго инсуда цеве росулъ гIелмуялъул аслабиги цIалун,  Мусалав ана Ругъжаве,  жиндирго вукIинесев вакьад Абубакарида цеве цIализе. Гьелдаса хадуб кьучIаб лъай щвана Мусаласе доб заманаялъ Дагъистаналдаго лъикIаллъун рикIкIарал Сугъралъ ГIали Ризал ва ГIободаса ШагIбан-Къадил мадрасабазда цIалиялъ. Гьесул цIалиялде бугеб гъираги, пагьмуялъул бегIерлъиги  ва исламалде бугеб рокьиги жигарчилъиги бихьун, мугIалимзабазги цIикIкIун кIвар кьуна гьесул гIалимчи вахъинавиялде. Гьениб гьес аслияб къагIидаялъ цIалана Къуръаналъул гIелму, тафсир, хIадис гIелму, гIараб мацI, фикъгьи ва мантIикъ (логика).  Гьеб цIали камил гьабиялъул ва тIадеги лъай тIалаб гьабиялъул мурадалда Мусалав ана Мисриялде, ХIижазалде, Йеменалде. Цо-цо мухIканлъичIел баяназда рекъон  гьев щун вуго: Крым, Казань, Азербайджан, Иран, Хорасан, Гьоркьохъеб Азия, Турция гIадал исламиял хIукуматазде мугIалимзаби ралагьун. ГIагараб бакъбаккул хIукуматазда гьес гъваридго лъазабуна  фикъгьи, хIисаб гIелму ва философия. Ахирги гьесда рагIула Йеменалда вугин СалихI абун бергьарав гIалим. Гьенивеги ун Мусалас СалихIида цебе анкьго соналъ гIелму цIалана. Цо-цо баяназда рекъон, доб мехалъ Турциялъул султIанас    Мусалав Мисриялда мударислъун тана. Гьениб гIезегIан соналги ран руго гьес. 1697 абилеб соналъ  жиндирго мугIалим СалихI хведал Мусалав Дагъистаналде тIад вуссуна. Гьелде щвезегIанги кIигониги нухалъ вачIун вукIун вуго гьев ватIаналде. Жакъаги нилъее нахъе хутIарал хъвай-хъвагIаяз ва кагътаз баян гьабулеб буго гьев кIиясулго цоцазде букIараб адабалъул ва рокьиялъул.

Жиндирго мугIалим СалихIиде Мусалас гIараб мацIалда гьабураб назму магIарулалде буссинабун буго гьадин:

Дур рагIдукь жиб букIараб 

Нижер берцинаб яшав

Бихьун бералъ борцинчIо,

 РагIун гIиналъ босичIо.

Мунгун ватIалъизегIан,

ЛъачIо букIараб лазат.

Мун даим рекIелъ вуго 

РекIараб чирахъ гIадин.

Нужедехун дир шавкъги

Щвараб гIор гIадин буго.

Дун хьулазда вукIуна 

Дуда аскIой щвелилан.

Анищ дир цIикIкIанагIан 

РикIкIалъула дир мурад.

Мунги дунги ратIалъи —

РахIманасул иш буго,

Лъалеб анищ гьелъие

Гьабизе кIолеб кумек.

Салам буго дир дуде,

Къо-лъикI гьабулеб гуреб.

КIудияб салам буго,

ТIаса ин жиндий гьечIеб.

Гьаб назму-кагъат букIине ккола Мусалас Йеменалдаса нахъвуссун вачIиндал хъвараб. Гьеб СалихIихъе щвезабунги буго Мусаласда цадахъ дова цIалулев вукIарав, гьесул гьудул Бакълъухъа Гъулил МухIаммадил Мухаммадица. Гьев МухIаммадги ГIободаса ШагIбан-Къадица  живго Бакълъухъ дибирлъун вугеб мехалдасаго цIализавурав цIакъ лебалав мутагIил вукIана. ГIободаги цIалун Мусаласда цадахъ гIелму цIализе  къватIиве арав гьесул гIумру къокъаб букIун буго. Цин росулъеги вачIун кIиабизеги Йеменалде арав МухIаммад хехаб унтиги чIван доваго хун вуго. Гьесул хIакъалъулъ цIакъ дагьал гурого баянал нахъе хутIун гьечIо.

Мусалас гьеб кагъат битIилелде СалихIица хъван букIун буго «Жабалул агIла» абураб тIехь. Гьединаб тIехь бугин рагIидал Мусалас кагъат битIун буго, Бакълъухъа МухIаммадида гьарун, цо жиндиеги хъвай гьеб абун. МухIаммадил квералъ хъвараб гьеб тIехь гIебедеги бачIун, жеги нахъе буго Гиничукьа ХIайдарбегил тIахьазда гьоркьоб. Гьел кагътал нахъе цIунун рукIиналъ ва тIахьал цоцазухъе ритIун рачIиналъул хIужабаз нилъее мухIканлъи гьабулеб буго дол гIасрабаз Дагъистаналъулги ва исламияб дунялалъулги лъикIал, щулиял гьоркьорлъаби рукIиналде.

Дагъистаналде тIад вуссун хадуб Мусалас байбихьана, унго-унгоги гIелму щула гьабун, камил гьабун дагIват гьабизе. Гьес цо заманаялда Къорода мадраса рагьун гьеб хIалтIизабуна, хадубги  Къудукье вахъана ва, лъикIаб мадрасаги рагьун, гьенир мутагIилзаби цIализариялда тIад чIана. Къудукь мадраса гIицIго гIелму цIалиялда къокълъун течIо гьес, гьениб Дагъистаналдаго тIоцебесеб тIахьазул нусха (копия) бахъиялда кIвар кьуна. Живго Мусалавги кIвахI гьечIого тIахьал хъвалев чи вукIана. Кинабниги, дол соназ, Мусалас букIа, гьесул мадрасаялда ругез букIа, нусха бахъун тIибитIизабун бугоан лъабнусгогIан батIи-батIияб тIехь. Щибаб тIехьалъулги чанго нусха гьабун бугоан.

ЦохIо тIахьал хъваялда ва гIелму малъиялда тIадчIун вукIинчIо живго Мусалавги. Гьесухъе рачIарал масъалабазе кьурал фатвабазул гIемерал кагътал ратулел руго батIи-батIиял росабалъ. ГIемерисел суалал руго  рузман баялда, гьелда хадуб къаде как баялда хурхарал. Бищунго кIудияб кIвар кьолеб буго Мусалас вакъпуялъул ракьазул гIорхъаби чIезариялде, мутагIилзабазе напакъа кьеялде, закаат бикьиялде, мирказул бетIергьанлъи чIезабиялде, ва цогидалги гIумру-яшавалда хурхарал суалазе.  МагIарухъ ругел ракьазул бетIергьанлъи чIезабиялда тIасан масъала цебе лъуна Мусалас  ХIижазалда ругелги гIалимзабазда. МугIрузул росабалъ гIадат хIисабалда рукIарал гьоркьорлъабазул, гIемерисел исламиял кьучIалда лъезе, гьабулеб хIукму шаригIаталда борцине,  рукIине кколел шаргIиял тIалабал чIезаризе гIемерав хIалтIана Мусалав ва гьесул заманаялъул гIалимзаби.  ГьедигIанги мухIкан гьабун, камил гьабун  щулалъизабуна цересел гIалимзабаз нилъер гьаниб диналъул кьучIалда яшав гIуцIцIулеб къагIида.  Доб мехалъ цIакъ захIматаб суал букIана  росабазе хIарим, гIалах, мирк  чIезаби. Гьеле гьеб масъалаялда тIад кIудияб хIалтIи гьабуна Мусалас, хIатта щибаб росдал дибирзабазухъе кагътал ритIунги.

Жиндирго гIелмияб рахъалъул хIакъалъулъ абуни, Мусалав цIакъ гъваридго ва камилго ислам лъалев чи вукIана.

Бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна Мусалас Дагъистаналда гIараб мацI тIибитIизабиялъе. 18 абилеб гIасруялда тIолго мадрасабазда бищун цIакъ кIвар кьун малъулеб тIехь букIана Мусалас  бахъараб «ХIашияту гIалал Чарпарди», ай АхIмад аль Чарпардица (хвана 1345 с) Ибн аль-ХIажибал (хвана 1248 с.) «аш-Шафия» абураб тIохьое хъвараб баяналъе  цIи гьабураб баян.  Гьеб буго гIараб грамматикаялъул тIехь. Гьеб «ХIашият» Дагъистан тун къватIибги цIакъ къиматаб тIехьлъун лъугьун букIана. 1892 абилеб соналъ Турциялда кьабун къватIибе биччан буго гьеб, цеберагIиялъе Къудукьа Мусаласул хIакъалъулъ баяналги хъван. Мусалас бахъана мугIрузул ракьалда рекъараб рузнама, ай какил заманалъул календарь. Цоги гьесул тIахьал руго «ХIисаб аль-Къудутли», «ШархIу асмаиллагьул хIусна» абуралги.  

Мусалас Дагъистаналъе нахъе тана  жиндирго мутагIилзабаздаса мугIрул гIадал гIалимзаби: МохIоса Дамадан, Усишаялдаса ХIажи Давуд, Убраялдаса МухIаммад, Ругъелдаса ГIали-КIули, КIаратIаса МухIаммад, Харахьиса ТIайгиб, БацIадаса МалламухIаммад, Нукъушиса ХIажи Давуд, Къудукьа ХIажи ГIумарил МухIаммад, Къудукьа БацIилав МухIаммад, МачIадаса Багъучилав ва гIемерал цогидалги. Бергьарав гIалимчи  вукIана Мусаласул вас Абубакарги. Бицен буго, гьес гьикъарабила инсуда нилъер кинасул гIелму цIикIкIун бугебилан. Мусалас васасда абун буго дуе дун гIадав чи диеги ватун вукIаравани, дир гIелму  жеги цIикIкIун букIинаанилан.

 Цо-кIиго назму батани гурого, Мусаласул магIарул мацIалда хъварал тIахьал ратичIо, гьел рукIинчIогоги ратизе рес буго. Щай абуни, дол соназ магIаруллъиялда гIажам мацI гьедигIанго цебе тIун букIинчIо ва Мусаласул тIахьалги гIелмуги букIана лъикIаланго гIелму цIаларал мутагIилзабазе бихьизабураб. Гьелъги батизе буго,  гьел данде гьарун къватIире рахъиялда тIад хIалтIи гьабичIого хутIун.  Дамаскалда бугеб бищун кIудияб исламияб библиотекаялда Мусаласул хатIалъ хъвараб кIигониги тIехь буго цIунун.

Сириялъул ХIалеппо шагьаралда Мусалас кIигониги сон банилан абула  мугIалимлъун хIалтIулаго. Гьенив 1717 соналъ къадаралде щун, шагьаралъул хабалалъ вукъунги вуго.

   Жиндирго херлъиялдеги цебе бугеб хвалдеги абурал рагIаби руго Мусаласул цIакъ пикру гьабизе тIамулел, тIабигIаталъул хиса-басиязда данде жиндирго гIумру ккун хъварал:

МагIарда гIазу буго1,

ГIоралда накIкI чIун буго2

Бодул кутак хун буго3,

Ханги парччахIав вуго4.

 

БухI-бухIараб къехь гIадаб,

КъвакI-къвакIараб дуниял.

Ябагъидул кварида

Багьан чIвараб байтулман.

________________________

1. БетIер хъахIлъулеб буго

2. Бецлъулев вуго

3. Черх загIиплъулеб буго

4. Гьава бергьунеб буго


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook