Авторизация

ГIажаибаб къуваталъул инсан

ГIажаибаб къуваталъул инсан Чорхолъ цIикIкIараб къуват-жан бугел гIадамазда гьоркьов Хунзахъ росулъ гIемер рехсола Хочоев АхIмадил цIар. АхIмад вукIана гьоркьохъеб лагаялъул, кIигъуждулъа гIебав, гъеж-квер бицатав, жанив цIураб къаркъалаялъул чи.


АхIмадил мадугьал, жиндир мунагьал чураяв, МухIамадов МухIамадица (АтахI) бицунаан М ахIачхъалаялде АхIмадихъ битIун букIанила 100 литр тIолеб бочка цIураб нарт босизе. Эхеде щвараб мехалъ 40-45 метралъул манзилалъ, гъажалда бочкаги лъун, вачIанила гьев жаниве лъугьун - ма гьале, бухIулел рукIаянги абун.


Цоги, АхIмадил рахъалъ бицуна: ГIалиев XIамидил рокъове щвараб мехалъ гьесул хъизан ПатIимат ятула азбаралда гIака бечIчIулей. АскIовеги вачIун АхIмадица гIака, кьегIер гIадин, гъажалде рехула ва 5-6 метралъ босун добегIан лъола.


АхIмадил гIумру ана шоферлъун хIалтIулаго. 60 абилел соназ МахIачхъалаялда ва Буйнакскиялда цIалулел рукIарал росдал гIолохъабаз бицуна данде ккедал 5-10 гъурущ кьолаанила гьев лъикIав инсанас эбелалъ, кIодоца битIаниланги абун, гьебин абуни АхIмадица жиндирго чвантинисайин кьолеб букIараб. ГIемер баччана АхIмадица, рокъоса шагьаралде «эбел-инсуца студентазе битIараб» квен- тIехги картошкадул хъапалги.


МухIамадов МухIамадица (АтахI) бицана цо нухалъ АхIмад вачIанила жиндихъе лъабилаб баси хъвезе кумекалъе вачIайилан. Живги, мадугьаласул гьари къабул гьабун, вилълъанила Хочолазул дове. Квар- гIарщгIаги босейин абидал, гьалъие кваргIаги щайиланги абун, хурхун лълъурдуздагун, бетIерги кьуризабун, баси гIодоб лъун буго. АхIмадица бохдузда гьоркьосан рачIги цIан дугъдазабун басиги чIезабун горбода нус лъейилан абун буго мадугьаласда.


АхIмад вукIана хIинкъи лъаларев, лебалав, тирияв инсан. Цо нухалъ ЛъагIилухъ росулъе щваравго гьоболасул бакI цIехон унев гьесда цадахъ ккараз абун буго гьоболасул цIакъ ццидалаб, кIудияб гьой бугилан, гьелъ чиги жаниве къазе толарилан. Къададасаги вахун ун вуго АхIмад гьой бугеб бакIалде. Рахсидасаги бичун, гьебги къвалакь ккун рокъовеги лъугьун гьоболасда абун буго гьадигIан хIинкъараб гьойгIаги рокъоб щай хьихьун бугебан, хIакъикъаталдайин абуни гьой букIарабила хьиндал кIкIалахъ чанго нухалъ багъун бергьараб гьой. Цойги нухалъ машинаялъул коробка босизе Горький шагьаралдеги ун тIадвуссунев районалъул гIолохъабазда данде ккун вуго вокзалалда къандалъоялда жаниб лъураб коробкаги къвалакь ккун босун вачIунев. Гьез бицунаан лълъел цIураб ведро босун вачIуневин кколаанила.


1968 соналъ, 9 май кIодо гьабулеб байрамалда, районалъул гугарухъан бергьараб мехалъ АхIмадица хапун жиндаго аскIов вукIарав гьалмагъги кодов ккун свери бахъана. Гьес кодове восарав чийин абуни вукIун вуго доб мехалъ Хунзахъ районалъул тIоцевесев секретарь Маххулов МухIамад.


Кутакалда бокьулаан гьесие спорт, гleмep вихьулаан АхIмад къецазухъ валагьун. 1971 соналъул хаслихъе машинаялъ авария гьабун нилъедаса ватIалъана лебалав, махсара-хочI гIемерав, гIажаибаб къуваталъул инсан. Амма хунздерил рекIелъ гьевги, гьесул гьунар-къуватги, къо хIехьейги абадиялъго хутIана. Ахираталъул рокъов вохизавун ватаги гьев.


Автор: Расул ГIамирханов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook