Авторизация

Садакъа щолебищ, щущазе мажгиталги тун?

 


Къо бахъанагIан хвел гIолохъанлъулеб букIин якъинлъулеб буго магIирукъал цIикIкIиналъ. Машинаялъ чIван, наркотиказ гъурун, онкология бергьун - кIикъоялда анцIилъе рахъинчIезул занал руго ризлъун хобалалъ. Амма гьелъул гуро бицине бокьун бугеб. 


Зигараялъ ун тIадруссунезухъ буго хвел ккараб рокъоса кьураб кIиго кIудияб пакет. КIиго щай? Цояб - зигараялъ рачIанщиназе кьолеб, цогидаб - гьеб къоялъ бачараб зикрудахъ бикьараб. Чакар, пиринчI, чед, нахул шиша, кампет-печена, гречка, гурдеялъе хам, салфетка…


Нухдаго ургъула кибе дица гьаб нигIмат кьелебан, кванан бахъунарелъул магIирокъоса, мавлидазухъа, ригьналъа, зикрудахъа бачIанщинаб. Узухъда, гьеб буго хварасда хадуб бухIулеб ракI бигьалъиялъе гьабулеб бергьараб садакъа, кIудияб сахаватлъи. Херлъул бусада къадар щваразда хадубги гьебго. Гьоркьохъеб росулъ цо магIирукъ тIубазе ккани гIага-шагарго 300-500 азаргоялде рахуна.

КIалбичанкъоялъул гьарзалъиялъул бицунго бахъинаро. Мадугьалзабаздаса нахъе ккезе бегьуларин абун нигIматазул остолал гIуцIиялъул хIаракатги нилъеда лъала. (Хадуб бащдаб гьеб нигIмат чурулъе уна, киналго гIорцIун рукIунелъул). Руго росаби кIалбичанкъоялъ жидер хабалалъ ругел шайихзабазул хабада (цо къоялъ кIиго-лъабгогицин батIа-батIаго) садакъа-къулгьу гьабулелги. Радалго, росу-жамагIат данделъараб гьеб зияраталде, гIедегIула квалакь нигIматазул ящикIалги ккун. Хасаб сахаватлъи букIуна шагьараздаса рачIаразул. 

Бихьинал руччаби, гIолохъанал, лъимал – киналго гьаниса руссуна жиде-жидер рукъзабахъе додиналго пакеталгун. Кампет-печеналдаса эркенлъарал ящиказул гохI хутIула гьороца рахъ-рахъалдеги хъамулаго хабалазул рагIалда. Гьелъул кIваргьечIо, гIедегIун руго сордоялъ кьижичIого хIадурараб кванде бисмиллагь гьабизе. Гьениб тепсиялда нахъа бицуна исанасеб гIидалде гIадамал цIикIкIун рачIиналъул, цоясул бугеб чIухIараб машинаялъул, цогидас бараб кIудияб минаялъул, лъилалиго ясалъе чумаданалъе бачIараб бащдаб миллионалъул…

Гьебго заманалда: басрияб росдал авалалда чIунтулеб некIсияб мажгит, гьетIараб михIмар. Гьеб бихьула нусгоясда гьоркьов лъабгоясда. Гьав лъабгоясухъ нусгояв гIенеккуларо.


Гьазул умумуз кьучI лъураб росулъ тIун ун тIохалгун къватIир лъурал гъанситаби. Гьениб цIадаз чурун лъугIичIого  лахIул хутIелцин буго. Наккугун жубан хIарч чIварал къадазда бикIухъе лъилали гьитIинаб квер, гIараб хъатIалъ хъвараб цIар…

ГодекIан ракьанда бижараб мичIчIилъа бегун гIасраби рихьараб ганчIил михир.  Лъие гьеб гьанже гирун хIажат бугеб, къачIазе тIох гуро, тIепизе гьоцIу гуро.


Бесдаллъараб годекIан - чан накъит, къварилъигун рохел гIадамаз цоцазе бикьулаго цIвакарал ганчIал. Гьанив гьанже щивго гIодов чIоларо, риидалил бакъукьа рахчун бачазул тIел батула цо-цо. ГодекIан бакьулъ залимаб карул гъветI - гьеб цIилъигун щолин ккола гIумруялъул асар ганчIил тахбакIазул горсвериялде.  КIиго, лъабго тIалаялъул ригьзал - бищун гъоркьияб тIалаялъуб нахърател цIунизе ракьулъе риччарал чIахIиял хъубигицин ратула. ХIанчIигицин рещтIунарин ккола гьел ригьзабахъ.


Гьаб гуро цо бакIалъул къисмат, чан росу, мажгит, годекIан бугеб чIунтулеб магIарухъ. ЛъарагIлъуда щущаразда гуребги, росулъго квегIенлъаби гIуцIун черх хьихьулездаги бихьуларо гьаб пашманлъи. ЧIахIиязда халлъичIеб гьеб лъималазда бичIчIилеб кин, кинидасаго ругьун гьарун гьечIелъул. Кинго бегьуларо инкар гьабизе пакетаздаса, гьарзаяб тIутIалдаса…


АнцI-анцI мисалаздасан цо гьаниб рехсела. Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ лъай-хъвай ккана гьоркьохъеб ригьалъул цо гIаданалъулгун. МагIарулай йикIин лъайдал щиб мухъалъулин гьикъана:


 -Дун Къелеса йиго.

 -Щиб росулъа?

–Рукъдахъа.

-Гьединаб росуго гьечIо гури Къелеб..?

-БукIун буго. Дунги щвечIо.


ЧIвадналцин лъугIун унеб Рукъдахъ росдал пашманаб хIакъикъат! Мажгиталъул гордухъа къватIибе баккун бижараб гIалхул гъветI гIолеб буго лъарагIлъуда щущарал наслабиго гIадин, гIаркьалабиги риччан. МагIарухъе ислам щваралдаса нахъе нуцIа къачIеб Аллагьасул рукъалъул къадал жеги эхетун туго гьениб как баразул наслаби руссиналъул хьулалда гIадин. РачIа, миллатцоял, мажгиталниги цIигьаризе!


Узухъда, руго лъикIалги мисалал. Гьаб нухалъ рекIелъ рукъ ккураб гIузру гьурщун телин. 


Автор: ПатIимат ГьитIинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook